ДРялъул премьер—министр Артем Здуновас тIобитIана видеоконференциялда бицана 2020—2021 цIалул соналде хIадурлъиялъул хIакъалъулъ.
Аслияб кIалъай гьабуна ДРялъул лъай кьеялъул министр Уммупазил ГIумаровалъ. «Дагъистаналда цIалул соналде хIадурлъулеб буго лъай кьеялъул 2440 идара. Щибалъ хIадурулеб буго цIалул соналде хIадурлъиялъул хIакъалъулъ акт. Гьелда бан федералияб базаялда хъвалел руго киналго баянал. 17 августалде киналго школазул халгьабун бахъинабизе буго. Цо-цо муниципалитетазда руго Роспотребнадзоралъул тIалабал тIуразаризе бажарунгутIиялъул рахъалъ масъалаби», — ян бицана гьелъ. Масъалаби тIурачIел муниципалитетазда гьоркьор министралъ рехсана Болъихъ, Хунзахъ, Гъарабудагъкент, Гумбет ва ЛъаратIа районал.
Бицана цIиял объектал рагьиялъул хIакъалъулъги. Каспийскалда рагьулеб буго 280 лъимадуе бакI бугеб лъималазул ах, рагьулеб буго 2294 цIалдохъанасе бакI бугеб ичIго школаги. Гьелде тIадеги, исана жеги рагьизе буго 9074 бакI бугеб 33 школаги 58 лъималазул ахги.
У. ГIумаровалъ хасаб кIвар буссинабуна коронавирусалъул заманалда школазулгун лъималазул ахазул хIалтIул хаслъиялдеги. 20 августалда букIине буго республикаялъул учительзабазул Августалъулаб данделъи ва гьениб жеги мухIканго бицине буго лъай кьеялъул масъалабазул хIакъалъулъин абуна министралъ.
1-4 классазул цIалдохъаби кваназаризе руго школалдаго. Гьелде биччан буго 629 миллионгун 600 азарго гъурущ. Амма гIемер масъалаби руго богорукъал гIуцIиялъул рахъалъин бицана У. ГIумаровалъ.
Байбихьул школалъул цIалдохъаби кваназариялъулги эпидемиялде данде къеркьеялъул мурадалда гьарулел тадбиразулги хIакъалъулъ бицана Роспотребнадзоралъул ДРялда бугеб управлениялъул нухмалъулев Николай Павловас. Гьесул баяназда рекъон, киналниги школазда гьоркьоса санитариял нормаби цIунун руго 604 школалда ва 121 школалда гьечIо богорукъ; 483 школалъул богорукъ буго, амма гьел рекъонкколаро чIезарурал тIалабазде. «624 школалъул богорокъор 1-4 классазул цIалдохъаби кваназаризе хIажалъула 70 азарго гIодор чIолеб бакI, нилъерин абуни, буго 58 азарго. ЦIалдохъабазул гIаммаб къадар бахуна 198 азаргоялде. ХIисабалде босизе ккола цоги хIужа: лъимал кваназаризе ккола тIоцебесеб лъабго переменаялъул заманалда. Руго цогидал масъалабиги», — ян бицана Н. Павловас.
Тахшагьаралъул школазда бугеб ахIвал-хIалалъул бицана МахIачхъалаялъул мэр Салман Дадаевас: «Цо-цо школазда жеги хутIун руго гIунгутIаби. Гьезул цоги нухалда халгьабизе ахIизе руго Роспотребнадзоралъул хIалтIухъаби. №№10, 49 ва 41 школазул администрациязе гьарун руго кьварарал бадирчIваял – гьабсагIаталда гIунгутIаби тIагIинариялъе хIаракат гьабулеб буго гьенибги», — ян.
Данделъиялъул ахиралда Артем Здуновас лъазабуна санитариял нормабазда рекъон цIали гIуцIизе хIажатал алатал – маскаби, квердаххелал, кверазде речIчIизабулел спреял ва гь.ц. – чIезариялъе ресал ратиялда тIад ургъизе кколин абун.