Десантниказул аскар бижараб къолъун рикIкIуна 1930 соналъул кIиабилеб август. Гьеб къоялда Москваялъул рагъулаб округалъул Гьаваялдаса роржунел къуватазул букIана парашютгун самолеталдаса кIанцIулев 12 чи. Гьезул хIалбихьи пайдаяблъунги рикIкIун, пикру ккана ВДВ гIуцIизе. Гьезда абулаан «Вася—дацил аскариланги» —гIемерал соназ ВДВялъул нухмалъулевлъун вукIана Василий Маргелов.
Гъизилюрталда кIодо гьабуна ВДВялъул 90-сонилаб байрам. Гьелда гIахьаллъана Афгъанистаналда рагъулаб борч тIубазабурал десантникал-ветераналги, шагьаралъул администрациялъул вакилзабиги, гьалбалги. Гьез тIугьдул лъуна рагъул ветераназул хIурматалда бараб памятникалда цере.
Афгъанистаналда хъулухъ тIубалаго хварав Муса Мусаевасул васасе «ВДВялъул 90 сон» абураб медаль кьуна «Афгъанистаналъул ветераназул ва локалиял рагъул гIахьалчагIазул Гъизилюрталъул совет» абураб жамгIияб гIуцIиялъул председатель Александр Лежненкоца.
Гьенисан автоколонна къокъана «Парнасалдехун». Гьенирги тIоритIана байрамалъул тадбирал. Афгъаналъул рагъул гIахьалчи ХIасан Ибрагьимовас бицана ВДВялъул тарихалъул хIакъалъулъ. Насрудин Ибрагьимовас ахIана «Офицеры» абураб машгьураб кечI. ВДВялъул ветераназе кьуна юбилеялъулал медалал.