4 августалда лъабго моцI тIубана БежтIаса МухIамад ГIабдулхIамидов гIумруялдаса ватIалъаралдаса. «Хехаб медицинаялъул кумекалъул» машинаялъул шоферлъун 20 соналъ хIалтIарав гьесул 62 сон букIана.
«ГIиси—бикъинаб жойилан тун
батила инсуцаги гьеб унти»
МухIамадил яс Эмилияца гьадин ракIалде щвезабулеб буго эмен ками:
— Эмен БежтIаса эхеве МахIачхъалаялде вачIана унтаравги вачун. Амма живгоги цIа-кан бахун вукIана гьев. Гьединлъидал хал-шал гьабизе вачиндал, гьуърузда кIиябго рахъалдаса пневмония батана. Амма больницаялде вачине ккараб жо гьечIин, рокъовго сах гьавуниги бегьулин абуна тохтурзабаз. КигIан «Медицинаялъул хехаб кумек» ахIаниги, жал цIакъго захIматго унтаразухъе гурони унарилан, гьелги рачIинчIо. Гьединлъидал кIвараб- лъараб гьабун, дицаго сах гьавизе байбихьана гьев. Медсестра ккола дунгоги. Тохтуралъ хъвараб рецептги букIана.
ИчIабилеб къоялъ инсуе квеш лъугьана — хIухьел дагьлъун, гъанкъулев вукIана гьев. Гьеб мехалда киса-кибего ахIи базе лъугьана дун. ХIалица «Горячая линиялде» ахIун, бачIинабуна «Медицинаялъул хехаб кумекги». Радал ичIго тIубайдал ахIараб гьеб, къаси сордо бащалъулелъул гурони тIаде щвечIо.
Гьедин больницаялде хъамун ана гьев. Амма чанго сагIаталдасан ахIун бачIана эмен къадаралде щванилан.
—Гьедин цIа—канги бахун, щайдай гьев хIалтIулевгIаги вукIарав? Хасго МахIачхъалаялде щвезегIанги вачIун…
— Эбги цо нухалъищ вачIарав? Лъабго-ункъониги рейс гьабуна инсуца гьедин унтун вукIана. Гьелъул хIакъалъулъ эбелалдецин кIалъан йикIана дун. Жинца чанцIулин гьесда гьарараб рокъов чIайилан гьелъги абуна. ГIиси-бикъинаб жойилан тун батила инсуцаги гьеб унти. Доб мехалда кутакалда гIемер чи унтана нижер росулъ. БитIун эмен хвараб къоялъ дир росги вукIана гьеб унтуца унтун захIматаб хIалалда. ХIалица витIана больницаялда вегизе.
БежтIа нижер эбел-инсул мина больницаялда аскIоб буго. Гьединлъидал бокьараб мехалда кодове щолев чи вукIиналъ, гIемер витIулев вукIун ватила гьев шагьаралде-нахъеги.
-Гьединал захIматал унтаралгун чанго сагIаталъ рекIун унеб бакIалде витIулеб мехалда жиндеги бахинин гьеб вирусилан кколароандай инсуда?
— ТIоцебесеб нухалда гьедин унтаравги вачун эхеве щведал, дир яцалъул азабаралъув машинаялъувго кьижун вуго гьев, нужеде унти бахинилан хIинкъун вугин живилан. Жалго бетIергьанаб мина буго яцалъул. Гьединлъидал эмен гьенив чIолаан, машина лъезе санагIалъи букIунилан.
Нижер хъизаналъе гуребги, цогидал чагIазегицин захIмалъун буго гьев хвей. Лъиениги зарал букIинчIо гьесул. Зигара бан инстаграмалда лъураб гьесул сураталъухъ балагьун, кутакалда ракI лъикIав, разияв чиясул гIадаб гьумер бугин нужер инсулин рукIана нижеда киналго.
Карантин лъун букIиналъ, росулъе вачине ресги ккечIого, Гъизилюрталда вукъана гьев, дирго ясалда аскIов. КIиго соналъ цее онкологиялъ унтун хвана гьейги.
-Гъоркь цогидал унтаби ругони, вирусалдаса рорчIизе захIмалъулин абулаха. БукIанищ инсул гьединаб гIузру?
— Бидул тIадецуй цIикIкIараб букIунаан гьесул. Амма унтидал, гьеб гIодобе ккана. Тохтурзабаз абуна гьедин букIунин гьебилан.
«Гьанже гьеб кинабго
багъулеб буго дилъ»
МухIамад ккола ДРялъул культураялъул мустахIикъай хIалтIухъан Халисат ХIамидовалъул вацги. Гьев гьелдаса анлъго соналъ гьитIинав вукIана. Жеги лъагIел сверун букIун гьечIо гьезул кIудияй яц хIежалда хваралдасаги.
Гьадин байбихьана Халисатица нижергун гара—чIвари:
— Дир рекIел тIегьлъун вукIарав вац МухIамадги камун, кутакалда жанисан чIунтун йиго дун. Росдал гIадамалги гьединго ругин абизе бегьула. ЦIакъ хирияв вукIана гьев гIадамазе. «Гамидов, ис» абун рукIунаан гьесда. БежтIадерил мацIалда вац абулеб магIна буго гьеб рагIул (ис).
Гьев хвараб мехалда МахIачхъалаялда йикIана дун. ТIоцебесеб больницаялда хвана гьев. Гьенибе дихъе ахIичIев чи хутIун ватиларо, зигара бан. Ахиралда трубка чIегIерлъун бихьулеб букIана дида гьеб къоялъ.
МухIамад унтараб мехалда гьесухъе тIаде-гъоркье инеги бегьуларого, цIакъ захIмалъун букIана. Гьесул ясазги абуна, дадал яц, мун ракIги унтарай, лъабкъойилъа соналги арай гIадан йигила, гьединлъидал цIуна- къай гьабейилан.
Амма гьесул ясаз инсуе кумек гьаричIеб бакI хутIун гьечIоан. Гьараниги щибха, 20 соналъ живго хIалтIараб хъулухъалдаса кумек щвечIеб мехалда… Ахирги «Горячая линиялдеги» ахIун гурони бачIинчIо гьезул машина. Амма кватIун бугин гьесие кумек гьабизеян абун буго тохтурас.
Гьаб БежтIа больницаялъул коллективалда гьоркьоса камурав чи цохIо дир вац вуго. Амма гьав чиги гьадин хванилан абун цохIо цIарниги бахъун гьечIоан гьеб больницаялъе баркала кьун республикаялъул нухмалъиялдаса рачIарал кагътазда.
-Халисат, ахирисеб нухалда кида дуда МухIамад вихьарав?
— Дун МахIачхъалаялде ахIун йикIана Хатимат МухIамадовалъ РГВКялдасан бихьизабулеб передачаялда гIахьаллъизе. Рагъул гIахьалчагIазул хIакъалъулъ 9 маялдехун хIадурулеб букIана гьеб. Нижер эменги КIудияб ВатIанияб рагъул ветеран ккола. Гьесул бицине ахIун йикIана. Гьединлъидал сапаралъ яхъиналде цее дун вацасухъе ана рамкаялда жаниб лъураб инсул сураталда хадуй. Бицана дие гьеб передачаялда бихьизабизе цадахъ босизе къваригIун бугилан. Гьеб мехалда инсул суратги дихъе кьун, МухIамадица дун тIойитIана жив кутакалда халккун чIун вукIине вугин гьеб передача къватIибе бачIиналъухъиланги абун. Гьесие цIакъ бокьулаан Хатиматил передача. Нагагь дежурствоялда вугонигицин, рокъове векерун вачIунаан гьелъухъ балагьизе.
Гьеле ахирисеб нухалда МухIамад вихьараб лахIзат. Амма передача бихьизе къотIи букIун гьечIо гьев мунагьал чурадида.
Гьеб къватIибе кьун рагIула 7 маялда, МухIамад абуни, 4 маялда хвана.
Дунни телевизоралъухъ балагьичIо, гьелде регIараб хIал букIинчIелъулха.
Гьанже гьеб кинабго багъулеб буго дилъ, кутакалда ракIхун буго гьесда хадуб. ГIамал берцинав чи вукIана гьев.
Нижер больницаялъул цеве вукIарав бетIерав тохтурас МухIамадие хъвараб характеристика цIалидал, гIодойги чIун, гIодана дунни. АнцIго соналъ цадахъ хIалтIарав чи лъикI лъаларищха гьесда.
Зигараялъ рачIанщиназ бицуна «Скорыялда» унев чияс росулъ данде кканщинасе гьимулаго чIезабулаанила машина, рахайин тIаде, щвезарилин абун. Жиде-жидер хвелал ккарал чагIаздагицин кутакалда рекIеда кIутIун буго МухIамадил хвел.
Гьанже Аллагьасул къадаралда гьабизе жо гьечIо…