ЦIумада районалъул росабалъ гьарурал ва гIурал васаз медалаздалъун бечедаб бачIин бакIарана 2019 соналда тIоритIарал спортивиял тадбиразда.
Байбихьана санайилго тIобитIулеб халкъазда гьоркьосеб «Иван Ярыгин. Гран-при» турниралдасан. Гьениб бергьенлъи босана ТIиндиса МухIамадрасул ГъазимухIамадовас, Хъварщиниса МухIамадрасул Идрисовас ва КIванадаса Шамил Мусаевас. Европаялъул чемпионлъун вахъана Гьадириса Сайпудин МухIамадов.
Гьебго соналъ нилъ рохизаруна UFCалъ тIобитIараб речIчIухъанлъиялъул рахъалъ тIадагьаб цIайиялда Россиялдаго тIоцебесеб чемпионасул рачел босарав Силдиса ХIабиб НурмухIамадовас. БахIрейналда тIобитIараб квержубараб рагъул рахъалъ дунялалъулго чемпионлъун вахъана Гьигьалъа МухIамад МухIамадкаримов ва рагъулаб самбоялъул рахъалъ кIиабилеб нухалдаги чемпионасул цIар босана МухIамад Шагьрудиновас.
2019 сон бергьенлъабаздалъун бечедаб букIана ветераназда гьоркьор Россиялъул чемпионаллъун рахъарал Агъвалиса ГIабдурашид ГIабдурашидовасеги Лъондодаса МухIамад Бадрудиновасеги.
ЦIумада районалда спортивияб гIумру цебетIезабиялда кIудияб бутIа лъурав чи ккола Гьигьалъа тренер ТIалхIат ГIабдулбасиров.
1986 соналда хIалтIизе лъугьана КIванада росдал школалда учительлъун ва гьенисан байбихьана спорталде тIоцебесеб гали тIамизеги.
— 2007 соналда тIобитIана ДРялъул спорталъул, лъай кьеялъул ва гIелмуялъул, экономикаялъул министерствабазул хIалтIухъаби ва районазул спортивиял гIуцIабазул нухмалъулел гIахьаллъараб данделъи, — ян бицана гьес. – Гьениб дица загьир гьабуна ЦIумада районалда спортсменал хIадур гьариялъул база гIуцIун лъикIин абураб пикру.
Гьелъул рахъ ккуна, рагIи кьуна, амма рагIудаги ишалдаги гьоркьоб кьватIел лъугьана.
Хадуб баянлъана жалго спортсменазул хIаракаталдалъун гьеб иш гIуцIараблъи. Гьайгьай, спорталде рокьи бугел ва гьелъие гьабулеб харжалда хадур хачадизе ругьунлъичIел, сахаватал гIадамазул квербакъиялдалъунха! Масала, Хуштадаса ХIажиевазул хъизамалъ гьабун буго чанго рукъ, столовая ва цогидалги бакIал гъорлъе рачараб спортивияб «гьитIинаб шагьар» жидерго росдада гIагарлъухъ.
Риидалил заманалда гьенире рачIуна спортсменал.
Гьев тренерас хъван буго «МоцIрол календаралда рекъон гIисинал гугарухъабазул физическияб хIадурлъи» абураб тIехьги. Жеги лъилго кIвар буссинчIеб гьеб гIелмияб бутIаялъул гIемерсоназулаб цIех-рехалъул хIасилалда ТIалхIатица чIезабун буго моцI цIилъараб, бащалъиялде гIагарлъараб, бащалъараб ва бащалъиялдаса араб мехалда тIубанго батIи-батIияб асар гьабулин балугълъиялде рахинчIел гIисинал гугарухъабазул спортивияб хIадурлъиялъеян. Бихьизабулеб буго моцI цо хIалалдаса цоги хIалалде сверулеб заманалда цIикIкIун кIвар кьезе кколин. ЧIванкъотIун абуни, гьел ругин моцIрол календаралъул микьабилел, анцIила щуабилел, къоло кIиабилел ва къоло ичIабилел къоял.
Нилъер мугIрузулаб улкаялъул цIар дунялалдаго рагIизабурал ЦIумада районалдаса спортсменал хIадур гьариялъулъ кIудияб бутIа лъуна ТIалхIат ГIабдулбасировасул тренерлъиялъулаб хIаракатчилъиялъ.
Гьев вуго ДРялъул физическияб культураялъул мустахIикъав хIалтIухъан, РФялъул мустахIикъав тренер. МустахIикълъана ДРялъул бищунго тIадегIанаб шапакъаталъе — «Республикаялда цебе гьабураб хъулухъалъе гIоло» орденалъе.
Гьаниб ахиралда рехсечIого тезе рекIее къабуллъичIо Россиялъул Спортивияб гугариялъул федерациялъул президент, Олимпиялъул чемпион Михаил Мамиашвилица гъоркь гъулбасги гьабун, 2011 соналъул 28 июналда кьураб Грамотаялда ругел рагIаби: «ЦIумада районалъул Сагид МуртазагIалиевасул цIаралда бугеб спортивиябгун методикияб централъул директорасе шапакъатлъун кьолеб буго эркенаб гугари цебетIезабиялъулъ лъураб гIемерсоназулаб бутIаялъухъ ва дунялалъул, Европаялъул чемпион, Олимпиялъулал хIаязул призер, ТIолгороссиялъулал къецазул гIемерал чемпионал ва призерал тарбия кьун гIезаруралъухъ», — ан.