Ахирал соназда ригь арал гIадамаз гIемер бицунеб рагIула Советияб заманалда букIараб лъикIлъиялъул. ХIатта цо-цо гIолилазцин абулеб рагIана жидее Совет Союзалда гIумру гьабизе бокьилаанин абун. ХIисаб гьабидал, бичIчIулеб буго гIолилазул гьеб пикру социалиял гьиназда Советияб гIуцIиялъул хIакъалъулъ бицунел харбазда божун бижараб букIин.
Дун ккола доб заманалъул чи, цIалана школалда ва лъугIана ВУЗ. Гьел сонал ккола дир талихIаб лъимерлъиялъул ва гIолохъанлъиялъул заман. Гьайгьай, дие бокьилаан гIанчIаб гIолохъанлъиялде тIад вуссине! Лъиеха бокьилареб классцоялгун, гьудулзабигун, даималъго нилъедаса ратIалъаралгун дандчIвазе, риидал майданазда бурда-тIил ва торгIо хIазе, рогаткагун «тушманасде» гьужумалъ ине…
Лъимерлъи ккола, сундулго ургъел гьечIеб ва бокьараб мехалда эбелалъул хинкIал кваназе рес бугеб, ай инсанасул гIумруялъул бищунго талихIаб заман.
Ниж, лъимал, машинабазда рекIунаан рачел бачIого, лъим гьекъолаан пластикабазул шушбузухъа гуреб, иццда кIалги чIван. Рокъоса унаан радал, тIад руссунаан дунял рукIкIиндал. Нижер рукIинчIо компьютерал, телевидениялъул батIи-батIиял спутниказул телеканалал, компакт-дискал, сотовиял телефонал, интернет…
КIудияб хIикмалъилъун рикIкIунаан Ильичил чирахъги, тIад къали гьечIеб репродукторги, шарикалъулаб ручкаги, велосипедги. Бечедал чагIазул гурони букIинчIо радио, холодильник, мегеж кIкIвалеб машина. КигIанго херлъун ругониги, гIемерисезе бокьула буссунареб-сунареб урхъиялъул асаралъ, жидерго талихIаб лъимерлъи ракIалде щвезабизе, накъит рекъеялъе харбида гьоркьобе дагьабго содаги бан, хIухьелккун, рекъе-решезабун, цебего араб гIолохъанлъиялъул хIакъалъулъ бицине…
Гьереси щай, араб лъимерлъи-гIолохъанлъиялъухъ дирги букIуна буссунареб чIалгIенги доб заманалде тIадвуссине бокьилин абураб пикру-анищги. Лъимерлъуда нилъ батIайиса балагьула дунялалъухъ, анищаз ва божияз цIун рукIуна ракIал. Божула, киве аниги, щваниги дун, рокъовго гIадин, эркенго, аваданго вукIинин, гIадамал кирго дидаса рохунги разиги рукIинин.
Школалъул къоял, классцоял. Доб заманалда букIунароан цоцазулгун виртуалияб, ай Интернеталъулаб яги мобильникалъулаб бухьен. Цоцахъе гьоболлъухъ унаан, кучIдул гьарулаан ва ахIулаан, хасал тетрадазда хъвалаан рокьул кучIдул ва мурадал.
ГIедегIун бекерулеб ккола гIумру, унеб жо буго заман.
БичIчIулеб буго, харабазул гьеб чIалгIен, Советияб гIуцIиялъул заманалъухъ гуреб, тарихалде араб жидерго лъимерлъиялъухъ, гIолохъанлъиялъухъ, гьудул-гьалмагъзабазухъ ва абадияб рокъоре арал гIагарал чагIазухъ бугеб урхъи букIин.
Цо-цо мехалда лъалел-хъвалез, гьудул-гьалмагълъиялъ дида бадибчIвала дун кивалиго 60-70-абилел соназулъ къан, гьениса ворчIизе кIоларого вугин. Цо рахъалъ гьеб битIарабги батила. Дида лъикI лъала ва бичIчIула жакъасеб къойил сагIтил хехаб кIутIиялъул бакъан. Амма ракIалдаса унаро жакъа дунгун гьечIел гьудулзабазул сипатал ва дол соназул лъугьа-бахъинал.
Ниж-пионеразул данделъаби, спортивиял къецал, гIи-боцIуе рехьлъи гьаби, студентлъиялъул талихIаб заман, «Океан» абулеб транзисторалдасан «Голос Америки» радиоялъул цIиял харбал…
Доб заманалъул гIадамал рукIана киналалиго батIиял, тIокIал. РакI бацIцIалъи, гIумру-яшавалдаса разилъи ва гIагараб партиялъ жал битIараб нухдасан рачунел рукIиналда бугеб божилъиялъ гьел цIунун рукIана Западалъул «гьайбатлъабаздаса». ГIумру букIана чIара-хьараб ва гIодобе биччараб. Вакъарав чи вукIинчIо. Бекьулеб хур, хьихьулеб гIи-боцIи, бертаби, годекIабахъ бахIсал… Гьеле нужее чIалгIен, гьеле аралъухъ, ай лъимерлъиялъухъ бугеб урхъи.
ТIоцебесеб иргаялда, херал чагIазда лъимерлъи цебе чIезабулаго, ракIалде щола жидерго рукIарал хIаял, пайда босулел рукIарал алатал ва рокьулел расанкIаби. Гьале гьезул цо-цоял.