Гьал къоязда ДРялъул экономикаялъулгун социалияб цебетIеялъул министр ХIажи Султанов дандчIвана республикаялъул ва федералиял СМИязул журналисталгун. Гьес бицана «ДРялъул мугIрузул ракьазул социалиябгун экономикияб цебетIеялъул хIакъалъулъ» абураб ДРялъул пачалихъияб программа гIумруялде бахъинабиялъул хIакъалъулъ.
Рехсараб программаялда рекъон ва бизнесалъе кумек гьабиялъул мурадалда гIумруялде рахъинарулел проектазул хIакъалъулъ бицунаго, ХIажи Султановас рехсана гьадинал баянал: «МугIрузул ракьлъун рикIкIуна ралъдал гьумералдаса 500-ялдаса цIикIкIун метралъ борхалъуда бугеб 30 муниципалияб районалъул азаргоялдаса цIикIкIун росу. Республикаялъул халкъалъул лъабил бутIаялъ гIумру гьабула гьениб. Республикаялда къабул гьабуна «ДРялъул мугIрузул ракьазул хIакъалъулъ» абураб пачалихъияб программа. Гъоркьиса, ДРялъул бетIерасул тIадкъаялги хIисабалде росун, нижеца хIадурана цIияб программа. Гьеб гIумруялде бахъинабизе ккола 2024 сон щвезегIан. Гьелда рекъон кинал тадбирал гьаризе кколеб абураб суал нижеца дандбана экспертазда ва жамгIияталъул вакилзабазда. Аслияб куцалда кумек гьабизе буго производителазе», -ян.
Министрасул баяназда рекъон, республикаялъулаб инвестициязул программа гIумруялде бахъинабулаго, гьабсагIаталда балеб буго нусгоялдаса цIикIкIун проект: лъай кьеялъул 25 идара, школалда цебесеб лъай кьеялъул 11 объект, сахлъи цIуниялъул – щуго, спорталъулгун физкультураялъул – лъабго ва кIиго – административияб мина. Гьабулеб буго мугIрузул росабалъе газгун лъим бачиналъул хIалтIиги.
ХI. Султановас ракIалде щвезабуна «100 школа» абураб проектги. Гьелда рекъон 2018-2019 соназда 25 районалъул росабалъ къачIана 139 школа – гьелда тIад харж гьабуна 378 миллионгун нусазарго гъурущ. Исана къачIазе буго 21 районалъул росабалъа 76 школа.
«ЖамгIиябгун социалияб ва инженерияб инфраструктура цебетIезабулеб буго «БакIалъул пикраби» абураб проекталда рекъон. 2019 соналда мугIрузул 16 районалда гIумруялде бахъинабуна 49 проект – гьелде харж гьабуна 170 миллионгун нусазарго гъурущ», -ан бицана министрас.
Министрас жавабал кьуна журналистазул суалазеги.
Низами ХIажибалаев (ТАССалъул мухбир): «Щиб хIалтIи гьабураб гъоркьиса ва чан гъурущ гьелда тIад харж гьабураб гьарураб?»
ХI. Султанов: «Гъоркьиса, мугIрузул программаялда гIахьаллъизе субсидиял кьеян абун, нижехъе бачIана 65 миллонгун щунусазарго гъурщиде 24 проект. Къецалъул хIасилалда бергьана лъабго проект («Хлебный дом» ООО, ИП Шейхова ПатIимат ва ИП КФХялъул бетIер МухIамадов ТIалхIат). Проектазул гIемерисезда мухIканго бихьизабун батичIо гIарац сунде харж гьабизе бугебали. РукIана гьезул магъало кьеялъул рахъалъ къарзалги».
Тимур ГIалиев («Российская газета»): «Гьекъезе бегьулеб ва ракьал лъалъазе лъим бачиналъул масъалаби хIисабалде росун ругищ программаялда?»
ХI. Султанов: «Лъел ва цогидал инженериял объектал гъорлъе рачун руго Республикаялъул инвестициязулаб программаялде. Араб соналъул ахиралда гьезул хIакъалъулъ гIемер бицана ДРялъул Халкъияб Собраниялъул комитетазул данделъабаздаги. 2017 соналде дандеккун, гьел ишазде республикаялъул инвестициязулаб программаялда рекъон биччан буго ункъо миллиардгIанасеб гъурущ (2017 соналда букIана 100-150 млн гъурущ).
Гъоркьиса хIукму гьабуна лъел объектазул проектазул хIакъалъулъ. СКФОялъул цебетIеялъул хIакъалъулъ программаялда рекъон, Дербенталда байбихьун буго гьеб масъала тIубазабизе. Цогидал шагьаразеги хIадурулеб буго проекталъулгун сметаялъул документал».
Къадир ГIабдулгIазизов (РГВК «Дагестан»): «Республикаялда гIумруялде рахъинарулел руго «Дир Дагъистан» абураб программаялъул проектал. Кинаб проект жакъа рикIкIунеб аслияблъун?»
ХI. Султанов: «Гьел киналго руго кIвар бугел. ЦIикIкIинабуна гьезде харж гьабулеб гIарцул къадарги. Масала, «Дир Дагъистан – Дир нухал» проекталъе бакIазул муниципалитетаздаго тана транспорталъул магъало. Гьеб кинабго хIалтIизабизе буго муниципалитетазул нухал къачIазе».
Диляра ХIасанова («Мирмол»): «МугIрузул росабалъа гIадамал гочунел руго гIатIиракьалде. Гьеб рахъалъ щиб гьабулеб бугеб?»
ХI. Султанов: «Нухги, газги, токги, социалияб инфраструктураги гьечIони, гIумру гьабизе захIмалъула. Аслияб масъала буго хIалтIудалъун гIадамал хьезариги. Гьел масъалаби хIисабалде росун руго республикаялъул инвестициязулаб программаялда. Ахирал соназда гIадамал гочин дагьлъун буго. Гьелъие квербакъана «Росдал тохтур», «Росдал учитель», «БакIалъул пикраби» абурал пачалихъиял проектазги росдал магIишаталъул нигIматал хIадуриялъе субсидиял кьеялъги».
МахIач Вердиев («Дагестан РИА»): «Кида букIине бугеб конкурс ва кида лъазе ругел гьелъул хIасилал?»
ХI. Султанов: «Пачалихъияб программа гIумруялде бахъинабиялъул мурадалда ДРялъул республикаялъулаб бюджеталда исана бихьизабун буго 70 млн гъурущ. Гьеб гIарцухъ тIобитIизе буго анкьго тадбир: ункъоялъухъ кьезе буго 50 проценталъул субсидия (лъабго млн гъурщидаса тIаде унареб) – гьел рукIине ккола инвестициязул проектал (кванил нигIматал хIадурулел алатал роси, гIисинал теплицаби рай, кванил нигIматал цIунулел бакIал рай, промышленияб къайи хIадурулеб предприятие гIуцIи яги цIигьаби).
Лизингалъухъ (хадубккун гIарац бецIизеги тун) росдал магIишаталъул предприятиялъе хIажатаб техника босизе ккани, предприятиялъ гIарац тIаде жубазе ккола техника кьолеб идараялъул капиталалде («Дагагроснаб» ОАОялъе) (10 млн гъурущ).
Программаялда гIахьаллъиялъул хIакъалъулъ хитIабал къабул гьаризе руго августалда. ДРялъул хIукуматалъул хIукмуялда рекъон, хIасилал гьарун рахъине ккола 30 октябралде».