Гъоркьехун рехсолел суалазе жавабал кьуна ДРялъул Пенсиязул фондалъул консультант Асият АхIмадовалъ:
«2020 соналда хIалтIулел пенсионеразул пенсиялъе индексирование гьабизе бугилан бицана, цинги гьабизе гьечIин абунги, ниж пашманги гьаруна. Бокьилаан гьелъул хIакъикъат лъазе».
— 2020 соналда хIалтIулел пенсионеразе пенсия рикIкIине буго цIияб законалда рекъон. Гьелъул магIна ккола гьезул страховияб пенсия цIикIкIине гьечIин абураб. Пенсионер хIалтIудаса гIодов чIани, хадусеб моцIалдаса байбихьун, гьесул пенсиялъе индексирование гьабула. Гьелъул хIасилалда, пенсия цIикIкIуна гьев пенсиялде араб моцIалдаса байбихьун киналго соназ тIаде журарал процентазул хIисабги гьабун. Гьединаб хIисаб гьаби хехго гьабулеб хIалтIиги кколаро, гIага- шагарго лъабго моцI уна.
«ХIалтIулел пенсионеразе пенсия къотIизабизе бегьулин абулеб жоялъул магIна щиб?»
— Жакъа улкаялда вуго анкьго миллионалдаса цIикIкIун хIалтIулев пенсионер. РФялъул ХIукуматалъ хIадур гьабулеб буго хIалтIулел пенсионеразе кьолеб пенсия гьоркьоб къотIизабизе рес кьолеб законалъул проект. Амма гьеб киналго хIалтIулел пенсионеразда гуро хъинтIулеб. ЦIияб къагIидаялда рекъон, пенсия кьезе гьечIо календарияб лъагIалида жаниб 1,2 млн гъурущ харж щолел чагIазе.
«Пенсиялъул хIисаб гьабулаго, хIалтIул стажалъул кинаб кIвар букIунеб?»
— ГIемерал соназ хIалтIарав чияс Пенсиязул фондалде налогалги цIикIкIун кьола. Гьединлъидал, цIикIкIуна гьесул пенсиялъул баллазул къадар ва гьезда рекъон — пенсиялъул роценги.
- ЦIикIкIараб стаж бугони, тIаде журала баллал.
- 40 соналъул стаж бугей чIужугIаданалъе ва 45 сон стаж бугев бихьинчиясе тIаде кьола щуго пенсиялъулаб балл.
- 30 сон стаж бугей чIужугIаданалъе ва 35 сон стаж бугев бихьинчиясе — цо балл.
- 2020 соналда цо пенсиялъулаб баллалъул багьа ккола 93 гъурущ. Мисалалъе, исана пенсия чIезабулеб бугони, вукIинесев пенсионерасе тIадеги щола щуго балл ва гьесул пенсиялде тIаде бачIуна 465 гъурущ.
«Пенсиялъул реформаялда рекъон, пенсиялде унел сонал цIикIкIинарун ругониги, цо-цо чагIазул, заман щвелалдего пенсиялде ине ихтияр букIунин абулеб хабар битIараб бугищ?»
— ЦIикIкIун стаж бугел чагIазул ихтияр букIуна заман щвелалдего пенсиялде ине. КIиго соналъ цере пенсиялде ине ихтияр букIуна 42 сонил хIалтIул стаж бугел бихьиназул ва 37 сонил хIалтIул стаж бугел руччабазул.
Пенсиялъул реформа унеб буго бутIа-бутIаккун, гьединлъидал, 2020 соналда кIиго соналъ цебе пенсиялде ине лъиениги ихтияр кьоларо.
2020 соналда 60 сон барав бихьинчиясул ва 55 сон барай чIужугIаданалъул ихтияр буго анлъго моцIалъ цере пенсиялде ине.
«ХIукуматалъ лъимал-инвалидазе гIемерал пособиял ва бигьалъаби рихьизарун ругин абулеб буго. Амма Пенсиязул фондалда гьелъул хIакъалъулъ лъалеб жо гьечIо. Гьелъул хIакъалъулъ мухIканлъи лъазе бокьилаан».
— 18 сон бачIеб лъимадуе «инвалид» абураб статус чIезабула экспертизаялъул медикиябгун социалияб комиссиялъ. Гьелъул хIакъалъулъ мухIканаб баян лъаялъе хитIаб гьабизе ккола гIумру гьабун ругеб бакIалъул социалияб рахъалъ цIуниялъул отделалде.
Федералияб даражаялда лъимер- инвалидалъе кьола: социалияб пенсия, щибаб моцIалъ кьолеб гIарцулаб выплата (ЕДВ) ва социалиял хъулухъазул набор (чIорого дараби ва санаториялда хIухьбахъи гьабизе рес).
2020 соналда щибаб моцIалъ кьолеб гьелъул багьа ккола 1155 гъурущ. Гьеб гIарац бикьула хадусел бутIабазде: чIорого кьолел дараби (889 гъурущ), чIобого кьолеб путевка (138 гъурущ) ва транспорталда чIорого санаториялде ине (127 гъурущ). ГIарацги босун, гьел хъулухъаздаса инкар гьабизеги бегьула.
Лъимал-инвалидазе букIуна 13454,64 гъурущ социалияб пенсия ва социалиял хъулухъаздаса инкар гьабуни, щибаб моцIалъ кьола 2783 гъурущ.
Лъимал-инвалидазе чIорого кьола: гIунсби, инвалидазул коляскаби, гIинда бакIазе аппаратал ва дараби.
Лъимал-инвалидал эркен гьарула 50 кв. метралде щвезегIан гIатIилъиялъул цо мина-рукъалъул налогалдаса. Гьезул ихтияр буго жамгIияб транспорталда чIорого рекIине. Гьединго лъимал-инвалидазул ихтияр буго конкурс гьечIого вузазде яги техникумазде цIализе лъугьине.
Бигьалъаби тIалаб гьариялъе хIажалъулел документал: гьавиялъул хIакъалъулъ свидетельство, эбел- инсул паспортал, МСЭялъул хIукму, лъимадул ва улбузул СНИЛСал.
Хадусел суалазе жавабал кьуна адвокат ШехмухIамад ГъазимухIамадовас
«ГIураб стаж бугони, «ЗахIматалъул ветеранасе» жеги тIадеги бигьалъаби рукIунин абулеб жо битIараб бугищ?»
— 1995 соналъул 12 январалда къабул гьабураб РФялъул №5 Федералияб законалъул анкьабилеб статьяялда рекъон, гIураб хIалтIул стаж бугел «ЗахIматалъул ветераназе» бигьалъаби рукIуна.
«ЗахIматалъул ветераназе» рихьизарун руго хадусел бигьалъаби:
- Щибаб моцIалъ кьолеб гIарац. Гьелъул къадар щибаб регионалда батIи-батIияб букIуна.
- ЖамгIияб транспорталда чIорого рекIине ихтияр.
- ЖКХялъухъ кьолеб гIарцул 50 проценталъул бигьалъи.
- Цаби-гIусал къачIаялъе ва лъеялъе гьабулеб бигьалъи.
«Коронавирусалъул «баракаталъ» РФялъул хIукуматалъ лъималазе кIиабилеб нухалъги анцIазарго гъурущ кьолеб буго. Гьеб кьеялъул низам кинаб букIине бугеб?»
— 23 июналда Россиялъул президент Владимир Путиница гъулбасараб хIукмуялда бихьизабун буго 16 сон тIубачIел лъимал ругел киналго хъизамазе цо нухалда анцIазарго гъурущ кьезе.
Июналда лъималазе гьединаб гIарцулаб кумек щварал хъизамаз, цIияб компенсация босиялъе, Пенсиязул фондалде киналгIаги документал кьезе кколаро. Кинаб бугониги гIиллаялдалъун, июналда яги июлалда лъималазе гIарац щвечIел чагIаз, гьеб тIалаб гьабун, хитIаб гьабизе бегьула 2020 соналъул тIоцебесеб октябралде щвезегIан.
Россиялъул хIукуматалъ гьеб мурадалда регионазде битIизе буго 270 миллиард гъурущ.
«Июлалдаса нахъе жалго бетIергьанал машинаби ругезе цIиял низамал рукIине ругин абулеб буго. Гьезул хIакъалъулъ мухIканлъи лъазе бокьилаан».
— Кьваризабулеб буго кваранаб рахъалда руль бугел машинаби хIалтIизариялъул рахъалъ низам.
Гьеб гуребги, наркотикал яги мехтизарулел жал гьекъолел чагIазул медицинаялъулаб хал гьаби кьваризабулеб буго, ай гьез тIадеги анализал кьезе ккезе руго.
Хасаб лабораториялда балагьизе буго машинабазул конструкциялда хиса-баси гьабун бугищалиги.