«Россиялъул Федерациялда пенсиялдалъун гражданал хьезариялъул къагIида гIуцIула щивасе пенсия щвеялъул рахъалъ ритIухълъиги цIунулаго, батIи-батIиял ригьалъул гIадамазул пикруялъулъ тIадрекъейги кьочIое босун, чIезабула гьелъул пайдаяб хIалтIи, гьединго щибаб соналда, ай лъагIалида жаниб цоцIул, федералияб законалде рекъонкколедухъ гьабула пенсиялъул индексация», — ян хъван буго цIигьабураб Конституциялъул 75-абилеб статьяялъул анлъабилеб бутIаялда.
«Россиялъул Федерациялда, федералияб законалда рекъон, чIарагьечIеблъун ккола социалияб страхование, щивав гражданинасе социалияб рахъалъ кумек гьаби ва социалиял пособиязулгун цогидаб кьолеб гIарцул индексация гьаби», — гьале цебехун рехсарабго статьяялда гьоркьобе бачараб цIияб пункт.