(Байбихьи 24-аб. номералда)
Дагъистаналъул гIадал рорхатал мугIрул щвечIониги, щобаздегIан къараб, санагIатаб бакI бищун буго яшав гьабизе Турциялде гочарал нилъер миллатцояз. Гьенире щолаго цо нилъерго Казбек районалде, Буртунаялде рачIунеб гIадаб хIисаб букIуна. Цебесеб нухалъ, ай 2004 соналъ щведалго рекIелъе бортун букIана Гуней росдал тIабигIат, сверухълъи. Гьелдаса нахъе ккараб берцинлъиялъул гьечIоан Шигьабудин гIураб Эседия росуги.
Шигьабудин Озден -жамгIияв хIаракатчи, хъвадарухъан, «Дагъистан» журналалъул редактор. Къокъго абуни – сахав магIарулав, халкъалъе хIажатав, Турциялда гIолел магIарул наслабазул метериселъул пикру гьабун пайдаяб иш гьабулев лъикIав инсан. Аваразул интеллигенциялъул гьев лъаларев чи гIемер ватиларо. Дагъистаналдаса рачIунелги дораго ругелги магIарулазе годекIанлъун лъугьараб, Шигьабудинил азбаралъур рещтIана нижер къокъаги. Нижее салам кьезе рачIарал бакIалъулал магIарулазул саламатаб горсвери лъугьана. Кванил нигIматал хисун столалде рачIана магIарулазул цIваби гIадал цIарал хъварал, нилъерго мацI, тарих цIуниялъе риччалел басмаби. Гьанир рукIун нилъеца цIалуларел, цIиял рахъарал ва цересел тIахьал ругоан Шигьабудинихъ. Гьезда тIаде цо чанго дицаги жубана (халкъияй шагIир Залму Батировалъ саламгун гьесие сайгъаталъе ритIаралги рукIана тIахьал). Данделъараз лъай-хъвай гьабуна Шамил районалъул жакъасеб гIумру рагьулеб «ЦОЛЪИ» казияталъулгунцин.
Гьенисаги щвана Гунеялде, рихьана чIороголъарал чIахIиял минаби, тира-сверана, жамагIат гъункараб мехалъ чIухIун къачIарал къватIахъ, лъалхъана Дагъистан ракIалде щвезабулел суратазгун алатаз къачIараб ашбазалда. Гьениб бицана, жеги балугълъилалде эменгун цадахъ сапаралъ унаго Турциялде ккарав, Гунеялда вукъарав дир кIудияв инсул вацасул хIакъалъулъ. Гьидалъа МухIамадин абулеб букIун буго Гунеялда гьесда. Лъана гьев махщел камилав маххул къебед, гIертIал гьарулев устар вукIараблъи, баянлъана гьесул наслуялъул лъалкIал. Алжанул гIаркьел гIадаб гьайбатаб росулъ цIикIкIун руго чIунтулел минаби, лъугIулел руго магIарул мацI бицунел, кIудияб кIвар гьечIо гьеб цIуниялъулги.
ТIубан сапаралъул ва гьенир дандчIварал анцI-анцI магIарулазул хIакъалъулъ бицани, хабар цIакъго халалъила. Гьел гара-чIварияздаса рекIелъ хутIарал цо-цо пикраби рагьила.
Гуней росдал годекIанир
Дагъистаналда бизнес гьабизе хIалбихьарав КIаратIаса наслуялъул Карим: «Даран-базаралда гьоркьоб ритIухълъи гьечIо Дагъистаналда. ХIалбихьун букIана, амма цIакъ рекIекълъана. Гьобол-гьудулъиялъе лъикIал руго Дагъистаналъул магIарулал, цоги иш цадахъ гьабизе бегьулареблъи бичIчIана».
Шигьабудин Озден: « Дие бокьиларо дагъистаниял жидеда божизе бегьуларел гIадамал ругин абулеб рагIизе. Нижелъ эбел-инсуца куцана магIарул чи лебалав, ритIухъав вукIине кколин. Киналго гьединал гьечIеб къагIидаха».
Турциялда дандеккун Дагъистан кин бихьулеб социалияб цебетIеялъул ва исламияб рахъалъин абураб дир суалалъе, Шигьабудиница гьадин жаваб кьуна: «Турция Европаялдаса нахъе ккун буго кIикъогониги соналъ, гьедигIанабгосеб заманалъ Турциялдаса нахъе ккун бугин абизе бегьула Дагъистанги. Россиялъул хIукуматалъ халкъалъул гIумру лъикIлъиялъе биччалеб гIарац, гьелъул кверщел кодобе щвараз бикъулеб букIиналъулъ буго гIиллаги. Бикъа-хъами кибго батила, амма доба цIикIкIун бугин ккола. Исламалъул бицани, гьаниб щибаб росдал, шагьаралъул имамлъун вуго тIадегIанаб лъай щварав, халкъалъул щибаб суалалъе жаваб кьун бажарулев чи. ХIукуматалъ харжги кьун тарал чи руго гьел. Мекъаб, хIукуматалъул политикаялде данде кколареб рагIи гьезул букIунаро. Бокьарав чиясе эркенго дин гьабизе рес буго, хIал гьабулев яги гьукъулев чиги гьечIо».
Турциялда ругел нилъер миллатцоял гIажаиблъулел руго мажгитаздеги хьвадун гIаракъи гьекъолел дагъистаниязда. Чанги батIияб тепси гIуцIараб бакIалда гIодой чIана дун гьел къоязда, амма чаялдаса къвакIараб гьекъолеб жо рикIкIадасан балагьунгицин бихьичIо. Нилъер гьаниб гьобол вачIингун гьабулеб «хIурмат» гьезда лъикI лъалеб бугоан.
Яшарил гьакида Бурса къотIун Анкараялде
РоцIцIараб зоб, камилго цIураб моцI, кваранихъе гIаздалал тIогьазул мугIрул, рохьаз сверун ккураб, ахазулъ щинкIараб некIсияб Бурса. ГIажаибаб асар хутIана гьеб шагьар къотIун унаго рекIелъ. Чан биги, магIуги, рекIкIги, пахрулъигиха бихьараб гьеб чIухIараб, Анатолиялъул ракьалда тIибитIараб, гIусманиязул тIоцебесеб тахшагьаралда. Бурсаялда гIумру гьабун ругел Кавказалъул наслаби цолъизарулеб гIуцIиялъул нухмалъулевги ватана нижее салам кьезе нухде вахъун. Гьесул гьариялда рекъон Дагъистаналдаса росарал хунжрулги щвезаруна Анатолиялъул кавказиязе рикьизе.
Нус-нус километралъул нух нахулъа рас цIалебгIанги лъачIого тана нахъе. Рогьалил гIужде гIагарлъун батана заман Анкараялде щолаго. Асиятица бицунеб букIана жийго гIураб ватIан Закаталаялъул. Гьениб яшав гьабулел аваразул гIумруялъул бицунаго, баянлъана миллияб рухIияб хазина, умумузул ирс цIуниялъе гьениб нилъеразе кьоларел ресал, гьечIеб ихтияр. Гьеб кинабго бихьизе, бичIчIизе Дагъистаналдаса гьоболлъухъ рачIунелги нагагь рукIунин абуна Асиятица.
Яшарилгун Асиятил гъанситухъ магIарулай Мелигьагун
БитIахъе бахиллъана сверухълъиялъухъ балагьун, тIоцересел бакъул чIораз Асиятил рагъиде ахIарай дун.
Унго-унгояб цIа бакулеб гъансито бугоан ункъабилеб тIалаялъул рагъида. ЦIакъ ургъун, берцинлъигун санагIат рекъезабун ралел руго турказ гIемертIалаял минабиги.
Гьалбал рачIине кколин гIемераб рагъа-рашари бугоан нахъисеб къоялъ хважаинзабазул. Бугеб-гьечIеб нигIмат хIадуризе журана гьел. Вабабай, дунги гьобол, цоги щалдай рачIинаян ургъел чIвана, чIваниги цоги бакIалде гьезги йиччачIо. Дагъистаналдаса ячIарай журналисталъулгун лъай-хъвай гьабизелъун рикIкIадаб Кахраман-Мараш шагьаралдаса ячIуней Асиятил росасул гIагарай гIаданалда дандчIвазе ана ниж шагьаралде. АнцIгогIан сагIатги нухда бан, анлънусгогIан километр нухлулги нахъа тун, автобусалдаса рещтIуней, Европаялъул къагIидаялъ ретIа-къарай гIаданалъул гьурмада свакалъул асарго гуреб, цо парангалъул гIадаб гьими бугоан.
-Асият, дуца таржамачилъи гьабеха нижее, -ян шурана дица гьалмагъалъул гIинде, интеллигент гIадай Мелигьа йихьидал.
-Щибжоя? ЧIая мун гьай кIалъазегIан, -ян елъулаго балагьана Асият дида аскIое гIагарлъулей Мелигьахъ.
-Вай, ПатIимат, лъикI щварай! КигIан лъикI ячIарай! Дунги ячIана мун йихьизе.
Дун гьакIкIан хутIана гьей, Шамилил заманалъго Турциялде гочарал умумузул наслуялъул ясалъухъ балагьун. Жеги магIаруллъи бихьичIей, турк гурони мацIалъ цIаличIей, 30 соналъ Стамбулалъул чIахIиял музеязда хIалтIарай гIадан дида кIалъана бацIцIадаб магIарул мацIалъ.
Мелигьаца бицана Марашалда гьабулеб, Турциялда бищунго лъикIаблъун рикIкIунеб дондурмаялъул (мороженное) шагьаралда гIагарлъухъ бугеб жидерго Ортотепе росулъ санайил тIобитIулеб оцбаялъул хIакъалъулъ. РакIалде щвезабуна лъимерлъи, харабазул биценал:
-Мун нижер росулъе ячIине ккола, гьенир гIемерал магIарулал руго. Херал чагIаз цIакъ берцинго бицуна нилъерго мацI, гъозда гIемерал кици-биценалги лъала. Дун гIумруялъ Истамбулалдаги йикIун лъалебги кIочана. Дун гьанже хIалхьиялда йиго, гIемер щола росулъе. Исана оцбай дица гьабуна росулъ. Оцал щвечIо хурир разе, чуялъ бекьана. ЛъикIаб байрам букIуна, гIемер чи вачIуна, садакъа бикьула, батIи-батIиял къецал тIоритIула. АскIоб бугеб росулъаги ахIула гIадамал. Гьенирги магIарулал ругелъул. Гьедин, цоцахъе хьвадула ниж байрамкъояз…
Цониги магIарул кечI лъалищин абидал Мелигьаца, кочIол рагIабазе баянги кьолаго, цо чанго мухъ цIалана рекIехъе:
-Нижер гIагарай гIадан йикIана ШугIайнат абун. Гьелъухъ рокьи ккун букIун буго ГIалиасхIаб абурав васасул. Гьасиеги кьечIого, цогидазеги инчIого йигей гIолилалъул бицун гIолилас абун буго:
Ингишдерил рагъиде
Щун бихьула багIарбакъ,
Кодобеги щоларо,
Щобдасаги унаро, -ян. Ахир кьун йиго ШугIайнат ГIалиасхIабие, амма гъов аскаралде арав нахъ вуссун гьечIо.
Цоги, церегIанго соназ цо яс йикIун йиго нижерго росулъа васасухъ рокьи ккун, амма гъосие гъой къабуллъун гьечIо. ГIолилал данделъараб, цо гвай бугеб бакIалда гьелъ, васасе квешезего, ахIун буго:
Щвайги, гьудул, щвайги,
дуй чIужу щвайги,
Катан бацIцIунарей,
гъал битIуларей.
Щвайги, гьудул,
щвайги, дуй чIужу щвайги,
Гордил квенчIелалде
рахъу бахъуней,
Къвалазул рагIалалъ
къалал рацIцIуней.
Гьевго васасухъ балъго рокьи ккарай цогидай ясалъ гьенибго ахIун буго:
Щвайги, гьудул, щвайги,
дуй чIужу щвайги,
Гъанситу цIвакарай,
цIилицI гургинай.
Щвайги, гьудул, щвайги,
дуй чIужу щвайги,
Катан гъизуларей, гъал бетуларей, -абун. Гъов васасги кIиабилеб кечI ахIарай яс ячун йиго чIужулъун.
Мелигьалгун дир накъитги гьоркьоб къотIизабун бугIун рукъ цIуна тIаде рачIарал гьалбадерил салам-каламалъ. ЦIидасанги дун рещтIаралъуб данделъана, жеги гIемераб лъай-хъваял ккараб, магIарул годекIан.