ГIодизе ккаралъур щай нилъ релъулел?

МахIачхъалаялъул больницаялда хIалтIулев тохтур, 60 сонил ри­гьалде вахарав ГIалиев Макъсуд, чияца гьумер-кIалги бухун рокъове вачIиндал, гIажаиблъун рукIана киналго. КIалдиб лъуниги килищ хIанчIуларев, къварилъиялде ккарав чиясе кидаго кумекалъе гIедерав Макъсудие ккараб цIехон гьесухъе щведал, гьес бицана гьадигIан цIакъ нилъер, ай дагъистаниязул иш хун батилин киданиги ракIалде ккун букIинчIилан.

 

«МахIачхъалаялъул, МухIамад ХIажиевасул къотIносан вачIунаго, шагьаралъул ахикье сверулеб све­рулъ гIодой ккун йигоан гIолохъанчIужу. Гьелде тIаде ралагьун цоял, гьелъие кумек гьабизе ба­жарараб гьабулел цогидалги ру­гоан. Дун тохтурлъидалха, дида бичIчIана гьелде кIотен бачIун букIин ва, «хехаб кумекги» ахIун, хIалбихьана тIоцебесеб кумек гьа­бизе.

 

Лъавудаса арай гIолохъанчIужуялъул керенбетIер цебе рехун букIана. Гьеб бихьарал цоцо гIоркьилаз, гIолилай гIадхочIги гьаюла­го, жидерго телефоналде яхъулей йикIана.

 

 

«Хехаб кумек» тIаде щведал, гьез гьей больницаялде ячун ана, ду­нин абуни гьел гIолилазе бадибчIвай гьабизе лъугьана. Дица гьезда бер­цинго бичIчIизабулеб букIана инса­насул къварилъиялда тIад релъизе бегьуларин, нилъер эбеляц камурав чиги вукIунарелъулин. Дица цо абун, гIоркьилаз кIиго абун, нижер ха­бар хIалуцана ва иш рагъде ккана. Лъабгоункъоясде данде дир хIал гIелищха, къокъабго заманалда жа­ниб, гIиссинлъималаз тIадеги рус­сун, гьаб жо гьабунаха диеги», — ян бицана Макъсудица хъахIиллъарал беразда кверги бахъулаго.

 

Бищунго гIажаибаб жойилан тIадеги жубана гьес, аскIосан унел рукIаразул цонигияс хIалбихьичIила жал ратIа гьаризе, цо чIужугIадан чIичIидун, ахIдон лъугьиндал, талихIалъ, тIурун ани­ла гIоркьилал.

 

 

Пятигорскиялде сапаралъ унаго, ингушазул Барсуки росдал рагIалда кIиго машинаги дандречIчIун, цIакъ вахIшияб авария ккун батана. Цояб машинаялда рекIун букIана цIа. Амма сундухъго балагьичIого, тIаде рачIа-рачIараз хIаракат бахъулеб букIана авариялде ккарал машинаялъуса къватIире рахъи­зе, цо чангоялин абуни лъугьана талихIкъосараб гьеб лъугьа-бахъ­ин телефоназде бахъизе. Гьединал хIужаби, хасго ахираб заманалда, цIакъго гIемерлъулел рукIин бихьула интернеталде балагьидал. Жидерго телефоназде рахъарал гьел жал со­циалиял гьиназде рехулел ругелъул­ха кепалъего гIадин. Щибха гьелъул магIна? Лъавукълъийищ, инжит­лъийищ яги хIалихьалъийищ? Ба­лагьги къварилъиги гьикъун бачIунарелъул. Аллагьас цIунаги, амма жидерго эбел-эмен, яцал, ясал гьединаб къварилъиялде ккани, гье­зул суратал цогидаз рахъизеги, гьел интернеталдеги рехун гIаламалдаго рихьизе лъезеги бокьиладай цогида­зул къварилъиялда тIад релъулезе?

 

Дагъистаниял, кавказиял кида­го рукIана къварилъи ккаралъуре тIоцере рортулеллъун, балагьалде ккаразе кумекалъе рахъунеллъун. Гьединал хIужабазул, ай кавказиязул бахIарчиял ишазулги нилъеда гIемер рагIана. Жиндирго рухIги кьун гурищ нилъер ракьцояв, гIумруялъул 24 сон барав Марат РахIметовас Москва гIурулъ гъан­къулел рукIарал ясал хвасар гьару­рал? Астраханалда, пуланаб мина­ялда рекIараб цIадул балагьалъукьа кавказияс гурищ гьитIинаб лъимер хвасар гьабураб? Москваялда, мех­тарал гIоркьилаз инжит гьавулев вукIарав херав чи дагъистанияз гурищ нахъе вачарав? Чан нилъ­еда рагIарал гьединал хIужаби? Гьездаги кIвелаангури, жидерго гIумруялъе бугеб хIинкъиялъул пи­круги гьабун, нахъегIанги чIун лъу­гьа-бахъунеб телефоналде бахъизе? Амма гьездаги гьединалго цоги­дал гIолохъабаздаги бичIчIула жал дагъистаниял, кавказиял рукIин. Кавказалда балагьалде ккаразе ку­мекалъе рортулеб гIадат дагьабни­ги яхI-намус бугесул бидулъ бессун букIин. Чияр къварилъиялда тIад релъи — Кавказалда инжитлъилъ­ун рикIкIунеблъи. Гьедин букIана гIасрабаз, гьедин малъулаан уму­муз лъималаздаги.

 

 

Свалат-салам лъеяв аварагасул хIадисалда буго: «ГIадамазда гурхIуларесда Аллагьги гурхIуларо», — ян. Цогидаб хIадисалда буго: «Жи­дер рекIелъ гурхIел бугезда Аллагь гурхIула, нуж ракьалда ругел гIадамазда гурхIа, зобалазда ругел малаикзаби нужедаги гурхIила», — ян.

 

Аллагь разилъаяв ГIумар ибну ГIабдул-ГIазизица абуна: «Алла­гьасе бищунго бокьулеб лъабго гIамал буго: рецIел босизе кIолеб букIаго тIаса лъугьун тей; ццим бахъиналда аскIоб сабру гьаби; Аллагьасул загIипал лагъзадерида гурхIи», — ян.

 

 

Цо нухалда аварагас, михIмаралдеги вахун, ахIун абуна: «Ле, кIалалъ бусурбанлъарал, рекIелъе иман лъугьинчIел гIадамал! Ну­жеца бусурбабазе зарал гьабуге, гьезде рогьоги баге, хадур лъугьун гьезул гIайибалги ралагьуге. Бу­сурбанчиясул гIайибал ралагьулев щив чи вугониги, ТIадегIанав Ал­лагьас гьесул гIайибалги ралагьула. Аллагьас гIайибазда хадув лъугьа­рав чи, дунялалдаги ахираталдаги къватIивги чIвала, рокъов вахчун гьев вугониги», — ян.

 

Кинабха бугеб жакъасеб къоялъул хIакъикъат? Жакъа нилъ дагьал гIиссинлъулел руго. ГIедегIулел руго гIодизе ккаралъур релъизе, чияр къварилъиял­да тIасан гали бегьунги гIарцуе лагълъи гьабизе. Жакъа нилъер щивасухъ кодор ругел телефонал­ги, планшеталги, ноутбукалги ва цогидабги алат буго нилъее кьу­раб рахIмат. Гьездаса битIун пайда босани, гьел нилъее нигIматлъун рукIуна, мекъи хIалтIизабуни – жужахIалъул гIазаблъунги батула. Щукру гьабичIеб нигIмат нахъе бо­сулинги абун бугелъул, щай нилъ заманалъул лагъзаллъун рукIине кколел? Щай нилъеца заман нилъ­еего мутIигI гьабулареб?