Гъуниб районалъул СалтIа росдал жамагIаталда лъикI лъалаан Аминат-кIодо. Гьей гьаюна араб гIасруялъул 20-абилел соназул байбихьуда.
1970-абилел соназда дун хIалтIулев вукIана гIелмабазул кандидатасул диссертациялда тIад. Щвана республикаялъул централияб архивалдеги, цIалана дол соназул хIакъикъат рагьулел гIемерал документалги. БакIаб асар гьабулаан гьез ракIалъе. Кин гIумру гьабулеб букIараб нилъер умумуз? Рукъги, хъизамги, колхозалъул хур-ахги жидер гъуждузде бегарал руччабаз киндай хIехьараб гьеб захIмат? Лъималазе тарбия кьолаан, хасалоялде цIул ва боцIуе рагIи-хер хIадурулаан, лъелго рикIкIадал хъутабаздеги ун, колхозалъул хIалтIи гьабулаан… Унго-унгоял бахIарзал рукIун руго нилъер умумул! Гьединал пикрабазулъе тIерхьунаан дун, диссертация хъвалеб мехалда.
СалтIа росдал анкьгосонилаб школаги лъугIизабун, эбелалъул кумекчIужулъун йикIана Аминат. 1939 соналда гьелъги росуцояв МухIамадов ГIабдулхIамидицаги гьабуна ригьин. Росасдаса разиго йикIунаан гьей. Гьабуна щуго лъимер: кIиго васги лъабго ясги. Бигьаго букIинчIо кIудияб хъизамалъул тIалаб гьабизе. Амма захIмалъабазе къуркьизе куцан йикIинчIо гьей. Росдал колхозалда цин звеньеваялъун, цинги бригадирлъун хIалтIана Аминат ва мустахIикълъана «ЗахIматалъул ветеран» абураб цIаралъе.
ТIоцебесеб лъимер, яс Хамиз, гьаюн лъагIел балелде байбихьана КIудияб ВатIанияб рагъ. ГIабдулхIамид ана ватIан цIунизе. Телавиялда лъелазул училищеялдаги цIалун, ГIабдулхIамид витIана фронталде. Моздок шагьаралда гIагарлъухъ ккараб гIасияб рагъулъ захIматго лъукъана гьев ва госпиталалде витIана. Рагъуе ярагьунаревлъунги рикIкIун, МухIамадов рокъове ана. ХIалтIана росдал школалда байбихьул классазул учительлъунги, росдал советалъул секретарьлъунги, Кировасул цIаралда бугеб колхозалъул бухгалтерлъунги.
Аминатица баркала кьолаан къисматалъе: «Рагъдаса чIаго тIад вуссана дир бетIергьанчи ва лъимал гIумруялъул нухда лъезегIан цадахъ вукIана гьев. Киналго лъималазул буго лъикIаб лъайгун махщел, гьез гIумру гьабулеб буго шагьаралда. Жакъа дир лъималазул буго 12 лъимер, гьезул лъималазул – 19 ва гьезулги лъималазул – щуго. Гьеб буго дир аслияб талихIги гIумрудул хIасилги», -ян абулаан Аминат-кIодоца.
Дун вуго кубачияв. Аминатил вас МухIамадилгун гьудуллъи ккана дир: нижер ясал Фатима ва Хадижат цIалулел рукIана МахIачхъалаялъул №39 школалда. СССРалъул ГIелмабазул академиялъул Дагъистаналъул филиалалда цадахъ хIалтIулел ругониги (кватIичIого бала 50 сон), МухIамадилги дирги гьудуллъи букIинчIо. Гьудулзабилъун ниж лъугьана ясазул классалде собраниязде хьвадиялъ. Гьедин гьуинлъи ккана нижер хъизамазулго.
МухIамадица хьихьана эбел. Аминатие бокьулароан шагьаралъул гIумру. РекIеего гIолароан гьелъие киданиги хинлъи кьоларел батарейкаби, хIалтIулареб лифт, кидаго рахан рукIунел мадугьалзабазул нуцIби, къотIносан хьвадулел машинабазул хъуй гурони рагIулареб шагьаралъул гIемертIалаяб мина… Анкьидаса гIемер (бищун цIикIкIун – моцI) заман балароан гьелъ васасухъ. Хадуб байбихьулаан росулъе ракI цIазе: хур-ахикь квалквадизе, гIертIал цIезе, цIадаб цIул лъезе… Гьабизе кколеб хIалтIи гIемер рикIкIунаан гьелъ.
Дунялги заманги хисун бугеблъи бичIчIулаан Аминат-кIодода. Жийго жиндаго хIебтIун бажарунгутIи бичIчIараб мехалда, васас малъарабги гьабун, гьесда аскIое яхъана гьей. Гьаниб букIана гьелъие чIезабун хинаб рукъги, татуяб квенги, ракIгъезабулел лъималазул лъималги. РукIана кумекалъе кидаго хIадурал «нилъерго» тохтурзабиги: Аминатил кIиабилев вас АхIмад вуго Республикаялъулаб централияб больницаялъул реанимациялъулаб отделениялъул нухмалъулев. МухIамадил хъизан ПатIиматги йиго тохтур. Гьезул хIеренаб тIалабалда гъоркь йикIана Аминатги. Дагьал церегIан къояздайин абуни къадаралде щвана гьей. Аллагьас иманалда тIойитIун ятаги.