Хинаб хасел, багIари цIикIкIараб октябрь

Дагъистаналде дандеккун, кинаб сипатха бугеб Татарстаналъул?

 

ГIанкIудал тIанчIи хасалихъе рикIкIунин, хIасилалъухъ балагьун къиматги кьолин абураб абиялъул гъваридаб магIна букIин дагъистаниязда бихьана гъоркьиса. Республикаялда хиса-баси ккечIого рес гьечIеблъи бихьизабулел сипатал — гьабулеб бицунелде дандекколарого букIинги, къойидаса-къойиде къачIан, чIухIизабун бицунеб гIемерлъулеб букIинги, бугеб хIакъикъат загьирлъизе бокьунгутIиги якъинго баянлъана цо-кIиго соналъ цебего. ДРялъул бетIерлъуде тIамуралдаса, хасго тIоцебесеб бащалъуда, Рамазан ГIабдулатIиповас рицунел рукIарал харбазги, кьолел баяназги, рачунел хIужабазги гIадамазулъ рижизаруна кIудиял хьулалги божилъиги. 2013 соналдаса нахъе, гьесул нухмалъиялда гъоркь щибго пайдаяб хIалтIи гьабичIин абураб пикру битIараблъун рикIкIине кьучI гьечIо — лъица щиб абуниги, лъалеб хIалалда гIодобе буссана терроралъул хIалуцин, рекъараб туркIи щвана промышленнияб производствоялъе, росдал магIишаталъул цо-цо бутIабаз (цIолбохъанлъи, теплицабазул магIишат) борхана бетIер, ралел бакIал (гIунгутIабазул бицинчIого тани) гIемерлъана, лъикIаб даражаялъул нухал гьаруна мугIрузул чанго районалде. Амма гьабулеб лъикIабгицин дагь-дагьккун сверана харбиде, къеда лъураб кирпичги, бахъараб галиги ва гьеб даражаялъул хIужабиги ккана реццалъе мустахIикъаллъун.

Нух битIаги, лъикI щварав

Нухмалъулесул тах ирсалъе кьураб бакI гуреблъи, гIуж щведал цояв ун, цогидав вачIине кколеблъи кигIан лъикI лъаниги, октябрь моцIалъул хиса-басияз гьадинаб свери боси, хIакъаб жо, гIемерисезе ккана ракIалдаго гьечIеб лъугьа-бахъинлъун. ГIабдулатIиповги ун, ГIумаров, ГIалиев, ялъуни МухIамадов гурев, Васильев вачIине бегьулеблъи дагъистаниязда макьилъцин бихьун букIун батиларо. Путинил макьу къотIизесев чиги нилъеда гьоркьов вати щакаб бугелъулха… Лъабго миллион чи вугеб республикаялда цониги мустахIикъав чи ватичIогойищ, рикIкIадасаги вачун, я нилъ, я нилъеда лъаларев чи тIамизе кколевин абураб суалалъе батила гьадинаб жаваб: Дагъистанги Россиялъул цо бутIа букIин; Москва рикIкIада бугониги, цо-цо хIужаби дораса лъикI рихьулел рукIин; бакIалдасаго чи тани, нахъеги нижералин-дозулалин абурал рикьалаби раккунгутIиялда кигIан дагьабгIаги ракIчIей гьечIеблъи. ТIамуна Васильев, щибха хисараб? Гьабунищ хIурият? ГьабичIо, гьеб гьаби гьесул ялъуни гьев гьаниве витIарасул мурад, масъала букIунги батиларо. Амма къокъабго заманалда жаниб хабар дагьав, чIванкъотIарал ишазул бетIергьан Владимир Васильев вакканин ккола кьучIдаса тIаде. Гъваридаб ва гIатIидаб халгьабиялъул мурадалда Дагъистаналде ахIана Россиялъул гIемерал регионазул (Северияб Кавказалъул хутIун) вакилзабаздаса гIуцIараб прокуроразул кIудияб къокъа. Гьезул хIалтIул байбихьиялъул хIасилги ккана хIукуматалъул бетIер, гьесул заместителал, лъайкьеялъул ва гIелмуялъул министр ва цо-цо цогидалги жанир лъей. Гьелда цадахъго цIех-рех гьабиялъул федералиял идарабазул жавабиял хIалтIухъабазда (ва Васильевасда) цебечIана тамашаяб сурат — Москваялде (Пятигорскалде, Ессентукиялде) «рачине» ишаналде росарал Дагъистаналъул хIакимзабазул ирга буго цIакъго халатаб. Гьел киналго «доре» рачани, щалгун хIалтIизе вугев нухмалъулев, рачинчIого тани, кин гьелгун хIалтIизе кIолеб? Гьеб суалалъ рахIат толарого бугин ккола Васильевасе. Гьелда цадахъ, метердай рачIина дихъе «гьалбал», сезедай абун ругел хIакимзабазул хIалтIи кинаб букIунеб? Гьел бигьаял масъалаби гуро.

Дагъистан — Татарстан

Ахирал моцIазда лъалеб хIисабалда цIикIкIана кIиябго республикаялда гьоркьор бухьенал. Гьарзаго доре-гьанире хьвадулел официалиял делегациязе гьеб нух лъугьун батила цIакъго гIагараблъун, жидерабголъун. Васильевас рагIун ва рагьун лъазабуна гьанжеялдаса нахъе Дагъистаналъе Татарстан бугин стратегияб (цIакъго кIвар бугеб) партнер абун. Гьелъие нугIлъун, гIемер бицунеб хIужалъун ккола нилъе­р республикаялъул хIукумуталъул бетIер­лъун Татарстаналъул экономикаялъул министр Артем Здунов тIамиги. ХIукуматалъул гIуцIиялъул, экономикаялъе чIаголъи кьеялъул рахъалъ гьес тIамурал тIоцересел галабазги (налогал ракIариялъул жаваб кьолев хасав вице-премьер, вице-премьерасда тIадкъалеб кIвар бугеб министерство, премьерас жаваб тIаде босулел экономикаялъул аслиял рахъал ва цогидаб) бицунеб буго Татарстаналъул хIалбихьи нилъехъеги щвезехъин букIин. Щаклъи гьечIо, гIагараб заманалда жаниб министерствабазул (кIигояб цойиде бачун) ва гьенир хIалтIулел чиновниказул къадарги дагь гьабизе букIиналда. Бихьулеб буго министразул гIаммал рагIабаздехунги гьесул кIудияб божилъи гьечIеблъи, тIалаб гьарулел руго чIванкъотIарал, ритIухъал баянал, тарихал. ГIаммаб куцалда, Дагъистаналде дандеккун, кинаб сипатха бугеб Татарстаналъул? Республикаялъул ракьалъул гIатIилъи буго 67,8 азарго кв км (Россиялда 44 бакI), Дагъистаналъул — 50,3 азарго кв км. Тахшагьар — Казань, 1.2 млн чи, Москваялде буго 800 км. МахIачхъалаялда вуго 700 азарго чи, Москваялде буго 2166 км. Аслияб тIабигIияб бечелъи — нарт, гьелъул букIине бегьулеб, хIисаб гьабураб нахърател бащалъула 800 млн тоннаялда (цо-цо баяназда рекъон, 1 млрд тонна). ЛъагIалида жаниб гьениб бахъула 30 миллионгIанасеб тонна. Дагъистаналда ва Каспий ралъдал нилъер бутIаялъул тIинда букIине бегьулеб, хIисаб гьабураб нартил нахърател буго 280 млн тонна (цо-цо баяназда рекъон букIине бегьула чанго нухалъ цIикIкIунги). 2017 соналда нилъер гьаниб бахъана нартил 150 азарго тонна (2016 соналдаса 16 проценталъ дагь). Бищун цIикIкIараб къадар нартил Дагъистаналда бахъана 1970 соналда — 2.2. млн тонна. Татарстан буго цIакъго цебетIураб экономика бугеб регион, гьеб рахъалъ Россиялъул киналго регионазда гьоркьоб гьеб республикаялъ ккола анлъабилеб бакI. Республикаялда хIадурараб къайи-цIаялъул ва гьарурал хъулухъазул гIаммаб багьа (ВРП) 2017 соналда бахана 2 трлн гъуршиде (цебесеб соналдаса 2.8 проценталъ цIикIкIун). Татарстан уна Россиялъул 12 регион-доноразде (жибго жинцаго хьихьулеб ва федералияб бюджеталде гIарац кьолеб) гьоркьобе. ГIумру гьабизе бищунго лъикIаллъун рикIкIунел Россиялъул регионазда гьоркьоб Татарстаналъ ккола ункъабилеб бакI (Москва, Санкт-Петербург, Москва область, Татарстан). КъватIисел пачалихъаздаса щибаб соналъ гьениве вачIуна 250 азарго турист. Дагъистаналъул экономика Россиялъул регионазда гьоркьоб гьабсагIаталда буго 35-абилеб бакIалда. Гьеб ахирисеб бакI гуро, амма нилъер ругел шартIазда рекъон нилъ рохизесеб хIужаги гьеб кколаро. Татарстаналда гIумру гьабула 3.9 млн чияс (Россиялда микьабилеб бакI) – 53 % татарал, 40 % гIурусал, 3 % чувашал, хадур удмуртал, башкирал ва цогидалги, гьединго кIиазаргогIанасев дагъистаниявги. Дагъистаналда гIумру гьабула 3.1 млн чияс, гьезда гьоркьов вуго 4 азаргогIанасев татаравги.
ГIабаш ГIабашилов