Аслияб къагIидаялъ унтарал руго МахIачхъалаялда
Роспотребнадзоралъул Дагъистаналда бугеб управлениялъ лъазабулеб буго республикаялда свинка унтиялъ унтарал гIемерлъулел ругилан. 2018 сон байбихьаралдаса нахъе гьелъ унтун вуго 357 чи. Аслияб къагIидаялда унтарал руго МахIачхъалаялда ва Гъизилюрт районалда. Унти тIибитIиялъе ругел гIиллабазул цояб ккола гIадамаз прививкабаздаса инкар гьаби. 2018 соналъул январалде прививкаби гьаричIезул къадар бахун буго 12 азарго чиясде. Гьезда гьоркьор руго лъимал ва 17 соналде рахарал гIолилал. Гьеб киналъулго хIисабги гьабун, марталда 9-11 классазул цIалдохъабазе гьаризе руго прививкаби.
345 чиясе диспансеризация гьабизе буго
ГIадамазул диспансеризация гьабиялде кIудияб кIвар кьолеб буго республикаялда. Исана гьеб гьабизе буго 345 азарго чиясе. Щивасда тIадаб буго лъабго соналда жаниб цо нухалда диспансеризация гьабизе. Дагъистаналъул СахлъицIуниялъул министерствоялъул бетIерав терапевт МухIамад ГIабдулаевас абулеб буго жидерго сахлъиялде заманалда кIвар кьейилан.
Исанасеб диспансеризация тIобитIизе буго цIиял къагIидабазда рекъон. Масала, гьабизе буго онкоскрининг. 39-51 соназда ругел руччабаз кIиго лъагIалида жаниб цо нухалда гьабизе лъикIаб буго маммография. Ахираб заманалда цIикIкIунеб буго кIудияб бакьалда рак унти бугезул къадарги. Гьединлъидал 49 соналдаса тIадехун ругезул гьелъулги халгьабизе буго.
ЧIегIераб чай
ГIадамасул чорхол сахлъиялъе кIудияб квербакъи гьабула чаялъ. Гьелъул ватIан ккола Индия ва Китай. Россиялде гьеб щвана ХV гIасруялда. ТIоцебе чай гIезабизе байбихьана Батумиялда ва Чаквеялда. Амма бищунго гIемер хIалтIизабула чIегIераб чай.
Чаялда гъорлъ букIуна: 4 процент кофеиналъул, 18 процент алколоидалъул, 16-25 процент органикиял гурел кислотабазул, 27 процент крахмалалъул, 20 процент клетчаткаялъул. РукIуна гьединго гIемерал витаминал, квен биинабиялъе хIажалъулел ферментал ва гликозидал, каротин, теафловин ва фитонцидал. Чаялда гъорлъ рукIунел витаминазул къадар апельсиналъул ва лимоналъул соказда гъорлъ рукIунездасаги 4 нухалъ цIикIкIуна.
Халкъияб медицинаялда чай хIалтIизабула чорхол гIаммаб хIалтIи рукIалиде ккезабиялъе, би хIалтIизабиялъе, рухI дагьлъи, бетIер свери нахъчIваялъе, квачалъул яги ботIрол унти сах гьабиялъе.
Чаялда цадах хIалтIизабизе пайдаяблъун рикIкIуна лимон, гьелъ кваниде гъира базабула. ГIечул къанцIагун ялъуни гьоцIогун цадахъ чай лъикIаб буго полиатрит, ччорбазул ялъуни суставазул унтаби ва ларингит унти бугеб мехалъ. Чаялъ би бацIцIад гьабула, квен бихIинабиялъе квербакъула, кванирукъ щула гьабула, къеч буссинабула, гIадалнахул хIалтIи роцIцIинабула. Гьанжесеб медицинаялда рекIедаса арав чиясе цIияб чIегIераб чай кьола. Гьелъ рукIалиде бачуна рекIел хIалтIи, кьола къуват ва хIалтIуде гъира базабула.