Тохтурзабазеги къваригIуна кумек

Исана июлалда байбихьизе буго коронавирусалъ унтарал гIадамазул сахлъи цIунизе къеркьарал тохтурзабазе психологияб кумек гьабизе. Гьелъул хIакъалъулъ «ХIакъикъаталъул» бетIерав редактор ГIумахан ГIумахановасулгун гьабураб гара-чIвариялда бицана «Журавли» абураб ГIелмиябгун сахлъи цIуниялъул комплек­салъул (НОК) генералияв директор, М.В. Ломоносовасул цIаралда бугеб Москваялъул пачалихъияб университеталъул (МГУ) профес­сор, Гъуниб районалъул Шангъодаса МухIамад ХIабибовас.

 

— МухIамад, дуца загьир гьабу­на нужер сахлъи цIуниялъул ком­плексалда тохтурзабазе кумек гIуцIизе бугин абураб пикру. Щай дуда гьеб ракIалде ккараб?

— КIиго моцIгIан заманалъ ниж хIадурлъулел руго тохтурзабазул реа­билитациялъе. Улкаялъул машгьурал тохтурзабазухъе цо чанго анкьалъ цебе ругьел битIана, дора хIалтIарал тохтурзабиги рачун, Каспиялъул рагIалда бугеб нижер комплексал­да хIухьбахъизе рачIаян. Нилъеда лъала: цIияб унтиялъул хасият жеги лъалелдего, тохтурзаби хIалтIана, свакги кIочон, кIвахIги тун, жидер сахлъи цIуниялъул санги гьабичIого, хIатта гIумруялъе хIинкъи букIинги лъалаго. Гьеб унтиялъ камиял кке­заруна щивасул хъизамалда, кол­лективалда. Нижедасаги ятIалъана гIагарай гIадан ПатIимат АсхIабова — МахIачхъалаялъул больницаялъул «багIараб зонаялда» хIалтIулаго, ун­тизеги унтун, 52 сонил ригьалда.

Жалгоги унтилин ва рокъосез­деги жидеца унти бачIиналъул хIинкъи цIикIкIараб, ай тIасан борчIараб захIматаб ахIвал- хIалалда хIалтIарал тохтурзаба­зул психикаялде букIана аслияб тIадецуй. Бигьаяб жо гуро щибаб къойил — цоцин гурев, цадахъго чанго унтарав холевлъи бихьизе — гьединаб хIужаялъ бакIаб асар гьабула ракIалъе. Гьелъги унти ккезабуна гIемерисел тохтурзаба­зулъ. Гьединлъидал гьезие чара гьечIого хIажат буго реабилитация. Кин гьеб кумек гIуцIилеб? Гьеб масъала нижеца дандбана Росси­ялъул гIелмиялги медицинаялъул­ги центразул хIалтIухъабигун ва хIадурана реабилитациялъул ца­дахъаб программа. РакIалде ккола, Каспиялъул рагIалда эхетараб, санагIатал шартIалги ругеб ком­плексалда тохтурзабазул сахлъи тIадбуссинабиялъе цIикIкIараб пайда букIинин абун. Нижеца рази­го къабул гьарила тIолабго улкаял­даса тохтурзабиги медицинаялъул цогидал хIалтIухъабиги.

 

— Дагъистаналдаса гуребги, тIолабго Россиялдаса тохтурзаби рачIине ратила комплексалде. Чан чиясе бакI бугеб гьениб? КигIан заманалъ гьел рукIине рес бугеб комплексалда?

— Тохтурзаби къабул гьаризе руго тIоцебесеб июлалдаса сентябралде щвезегIан. Цадахъго 60 чи вачIине рес буго. Гьез комплексалда базе бегьула 7-10 къо. Нижеца гьабураб хIисабалда рекъон, кIиго моцIида жаниб щунусгониги тохтурасе ку­мек щвела. Бокьилаан, реабилитаци­ялъул болжал цIикIкIинабизе, амма гьеб гIицIго нижеда бараб иш гуро. ГIарцул рес рекъани, бокьун буго ре­абилитациялъул программа лъабго соналъ гIумруялде бахъинабизе.

 

— Цо нухалда дие рес щвана нужер богорокъов кваназе. Гьеб букIана 27 улкаялдаса гIахьалчагIи данделъараб ТIолгодунялалъул кон­гресс тIобитIулеб мех. Реабилита­циялда ругел тохтурзабазе чIобого кьезе бугищ гьениса квен, яги гьез жидерго гIарцухъищ босизе кколеб гьеб? Спонсоразул кумек щвезе бугищ нужее яги кинабго «Журав­лиялъул» сурсатазухъищ букIине бугеб?

 — Кинабго — квенги, реабилитация­ги, рукъзабахъ рукIинги — тIаде босу­леб буго «Журавли» абураб НОКалъ. Спонсорал гьабсагIаталда гьечIо — хьул буго гьел рукIиналде. Спон­сорал щвечIониги, кинабго гIуцIизе буго тIадегIанаб даражаялда — гьелда щаклъизецин бегьуларо. Реабилита­циялъул аслияб бутIа ккола кванил режим гIуцIи. «Журавли» НОК Пи­таниялъул централъги нилъергун къватIисел улкабазул нутрицолога­зулгун ва диетологалгун дандги бан, гIуцIун буго кванил къагIида, тартиб. ГьабсагIаталда нижер бухьен буго 27 улкаялъул махщелчагIазулгун. Нижер руго тIадегIанаб классалъул бажари бугел богогьабиги техноло­галги. Квенги буго татуяб, тIагIамаб ва чорхое зарал гьабулареб.

 

— ТIоцебесеб июналдаго бегьула­роанищ реабилитация байбихьи­зе?

— Тохтурзаби жеги эркенлъун ратуларо, карантин жеги лъугIун гьечIелъулха.

 

— Бицунеб буго «Журавлиял­да» РакIалдещвеялъулгун рец­цалъул парк балеб бугин абун. ГIадамал хвасар гьарулаго хварал тохтурзабазе балеб памятникищ гьеб? Яги КIудияб Бергьенлъи­ялъул 75-сонилаб байрамалъул хIурматалдайищ балеб бугеб?

— Улкаялъул президент Влади­мир Путиница 2020 сон лъазабуна РакIалдещвеялъулги реццалъулги лъагIеллъун. Гьединлъидал ниже­цаги паркалъе лъуна гьебго статус. Гьениб букIине буго «Матерям жу­равлей мира» абураб «кечI ахIулеб» фонтан, Дунялалъул кIиабилеб рагъда хварал лъималазе памятник. ХIадурулеб буго коронавирусалъ ун­тарал гIадамал хвасар гьарулаго хва­рал тохтурзабазе мемориалги. Парк рагьизе буго лъагIалил ахиралде.

 

— Нужер НОКалда гIемер рукIуна халкъазда гьоркьосел гIелмиял дандеруссинал. Коронавирусалъул темаялда гьединаб данделъи гIуцIизе ракIалда бугищ?

— Бокьун буго тIасияб соналда COVIDалъул бицунеб гIелмияб кон­ференция тIобитIизе. Гьелда бан гьабун буго хасаб хитIабги. РакIалда букIана 2020 соналъул 2-5 сентя­бралда «Биомехатронные системы» абураб темаялда ТIолгороссиялъул конференция тIобитIизеги — гьел­да гIахьаллъизехъин рукIана къватIисел улкабаздаса гIалимзабиги. Коронавирусалъул инфекция тIибитIиялда бан, 2021 соналде бахъизе ккана гьеб. Гьеб ишалъулъ нижее квербакъулеб буго МГУялъул Ис­кусственнияб интеллекталъул ин­ституталъги механикаялъулгун математикаялъул факультеталъул гIелмияб къокъаялъги.

 

— Дида рагIана, коронавирусалъул унтиги пневмонияги бугев 250 чи къабул гьавизе рес буги­лан абун нужеца март моцIалдаго ДРялъул хIукуматалде хитIаб гьа­бунилан…

— ГIажаиблъизе ккараб жо гуро гьеб. Нилъеда бихьулеб букIана дунялалдаго коронавирус хехго тIибитIулеб бугеблъи. БатIи-батIиял улкабазда гIемерлъулеб букIана ун­таразулги хваразулги къадар. Боль­ницабазда гIолел рукIинчIо унта­рал регизаризе бакIал. БичIчIулеб букIана Дагъистаналдаги унти хъинтIичIого хутIулареблъи: ахи­рал соназда цIакъго гIемерлъана цIализе яги хIалтIизе, ялъуни ун­туе дару балагьизеян ва дунял бихьизеян абун, республика тун къватIире сапарал гьарулел дагъи­станиял. Гьединаб ахIвал-хIалалда, дир пикруялда рекъон, цIакъ хIажат буго власталъулги, бизнесалъулги, гIалимзабазулги, тохтурзабазулги, хIатта щивав инсанасулги цолъараб ва цокIалаб хIаракат. Жидехъа ба­жарараб кумек гьабизе хIадурал ва гIадамал хвасар гьаризе гъира барал гIадамал гIемер руго нилъер.

 

— МухIамад, реабилитациялъе нужехъе рачIина, гIицIго вирусо­логал гурелги, терапевтал, кар­диологал, неврологал ва цогидал махщелчагIи. Жакъа гIемер чи­ясе хIажат буго психологияб ку­мек, гIемер руго, унтаразул тIалаб гьабулаго, рекIелъ унти ккарал. Бегьулародай гьезухъе консуль­тациялъе рачIине ресукъал хъи­замаздаса гIадамал? Бажариларо­дай гьезухъа гьединал гIадамал чIобого къабул гьарун?

— ЦIакъаб пикру буго гьеб, гьеб масъала дандбазе ккела реабилита­циялде рачIине ругел тохтурзабазда. Коронавирусалъ квелъ бараб Дагъи­станалъул халкъалъе кумекалъе ин­кар гьабиларин ккола гьез.

 

— Реабилитациялде рачIине бегьулищ тохтурзабазул хIакъалъулъ макъалаби хъварал ва больницабазда бугеб ахIвал- хIалалъул хIакъалъулъ бицарал журналистал, хасго телевидениял­да хIалтIулел ва, передачаби рахъ­улаго, коронавирусалъул унти жи­делъе ккарал?

— ЛъикIаб пикру буго гьеб! БитIараб буго: гIумруялъе хIинкъи бугеб къокъадулъе ккола журнали­сталги. Ниж хIадур руго реабилита­циялъе бачIараб щибаб къокъадулъе цо чанго журналистги ккезавизе. Гьебги дандбазе ккела хадубккун.

 

— КIудияб баркала, гара- чIвариялъе заман батаралъухъ! Гьарула лъикIабщинаб ишалъулъ икъбал.