Туркиялъа кумекги тIаде щвана

Туркиялъулазгун гьенир ругел нилъер ватIанцояз дарабаздалъун ва медицинаялъул къайи-цIаялдалъун гьабураб кумек тIаде щвана. Ай, 26 маялъул къаси МахIачхъалаялде щвана гьеб къайидал цIураб кIудияб машина.

 

Гуржиялъулгун РФялъул гIорхъоде (Северияб Осетиялде) гьелда дандчIвазе республикаялъул тIалъиялъ витIун вукIана ДРялъул миллияб политикаялъулгун диниял ишазул рахъалъ министрасул заме­ститель Гьарун Давыдов.

 

 

Коронавирусалда бан киналго па­чалихъаз гIорхъаби къан ругелъул, ТIасияб Ларсалдасан лъураб гIорхъодасан нух щунгутIиялда хIинкъи букIана.

Амма щибгIаги квалквалги ккечIого борчIанин Турциялдаса маши­найин бицана Давыдовас.

 

 

Коронавирусгун къеркьезе Дагъи­станалъе кумек хIажат бугилан ин­тернеталда хабар тIибитIун хадуб Северияб Кавказалдаса вакилзаба­зул 13 гIуцIиялъ кагътал хъван руго Турциялъул нухмалъулев Ражап Эр­догъаниде.

«Гьедин Эрдогъаница улкаялда гIумру гьабулевщинав чиясде хитIаб гьабун буго коронавирусалдаса цIуниялъе гIарац данде ре­хизе бугилан», -абун бицана «ХIакъикъаталъе» Турциялда чIарав Генуса Шамил МухIамадовас. Имам Шамилил цIаралда гьес гIуцIараб ассоциациялъги битIун букIана Эр­догъаниде кагъат.

 

 

КIиго батIияб улкаялда гьоркьоб гьабулеб тадбирлъидал, кIиявго пре­зидентас (Владимир Путиницагун Ражап Эрдогъаница) данд бан буго Дагъистаналъе квербакъи гьаби­ялъул суал. Гьединго гьеб суалалда хадуб хал кквезе РФялъул сахлъи цIуниялъул министр Михаил Му­рашкодаги тIад къан буго.

 Гьединго, Турциялдаса къватIибе бахъаралдаса нахъе нилъее куме­калъе дарабиги цогидаб къайи- цIаги босун бачIунеб машина МахIачхъалаялде щвезегIан хIажалъулеб цIуна-къайги хIадурлъиги гьабизе тIад къан букIана РФялъул МИДалъул ДРялда вугев официалияв вакил ГIамирхан МухIамаддадаевасда. Турциялда бугеб РФялъул официалияб вакиллъиялъ­ги кутакалда хIаракат бахъанин гьеб суал роцIинабизеян бицана гьес.

«Дагъистаналда вирусалъ гIемер чиясе къварилъи кколеб бугилан ин­тернеталдасан цIалидал, нижеда ургъел чIвана. Гьеб мехалда хIукму ккана кумек гьабизе. Амма респу­бликаялда чIванкъотIун кигIан (ки­наб) дару, къайи хIажат бугебали рихьизарурал баянал рукIинчIого, нижее дагьаб захIмалъана хIалтIи гIуцIизе. Гьединлъидал лъале-хъвалез­де ахIи бана гьеб рахъалъ нижехъе баянал ритIеян», — абун бицана «ХIакъикъаталъе» Турциялда гIумру гьабулей магIарулай Асиятица.

 

 

Гьелъул рос ккола Дагъистаналъул культураялъулгун лъай кьеялъул обществоялъул вице-президент Яшар Оз.

Гьеб общество машгьураб буго Дагъистаналъул тарихалъулгун культураялъул бицунел тадбирал тIоритIиялдалъун.

 

 

ПалхIасил, Турциялдаса бачIараб гьеб кумек Миллияб политикаялъ­улгун диниял суалазул рахъалъ министерствоялъ къабулги гьабун, МЧСалъухъегун Сахлъи цIуниялъул министерствоялъухъе кьолеб буго.

Турциялъул «БагIараб Бащдаб моцI» абураб гIуцIиялъул директор Ибрагьим Алтанил рагIабазда рекъон, гье­ниб рагIула 2 млн 600 азарго лираялде къайи. Россиялъул гIарцуде буссинабуни – 27 млн гъурущ ккола гьеб.

 

Алтаница баян гьабуна гьениб бугила щуго ИВЛ-аппаратги, хи­рургиялъул нусазарго маскаги, цIуна-къаялъе хIажатаб 20 азарго комбинезонги, 20 азарго очкабиги, цогидабги.