Доб букIана 1966 соналъул июнь моцI. Туркмениялъул Мари шагьаралда хIалтIулев вукIарав дун, лъади ячине вачIаян инсуцаги ахIун, отпускги босун, «Ташкент-Кисловодск» поездалда сапаралъ вахъана.
Босараб белтида рекъон, вагоналъуве лъугьунаго, гьений дандчIварай 18-19 сон барай гIолилай йихьидал, дун чIун хутIана. ЧIахIиял чIегIерал берал, мугъзадаса гъоркье биччараб бицатаб гъал, узданаб лага-черх, би-рахь жубараб гIадаб кьералъул гьумер. Къокъго абуни, унго-унгояй хIурулгIин йигоан.
Гьей ясгун цадахъ вукIана къокъаб черхалъул, хIалакъаб лагаялъул, чIегIеркIкIуяб тIомалъул, лъабкъойилъа араб гIадаб ригьалъул чи.
БачIинахъего, купеялъул ихтияр кодосев жив вугеблъи лъазабизе бокьараб гIадин, гъоркьа-гъоркьан бералги речIчIизарун, кьварараб гьаркьидалъун буссинабуна гьес дир салам. Щиб гьабулев дун вугониги, гьес дида тIаса бер босулароан, къваригIелалъ къватIиве аниги, векерун гIадин, заман иналдего тIад вуссун вачIунаан.
«Ильичил» станциялда поезд сагIаталъ лъалхъине буго», — ян гермапулалъ лъазабидал, херав, «цIалеб жоялда хадувинги» абун, купеялъуса къватIиве ана.
— Гьасие къваригIунеб цIалеб жо щвезе саламатго заман къваригIина, — ян абуна ясалъ.
Хадуб гьелъ бицана жиндирго къисматалъул кьогIаб къисаги.
— Осетиялъул Беслан шагьаралда аскIоб бугеб гьитIинабго росулъа ккола дун. ЦIарги дида Фарида буго. Щуго сон байдал эменги хун, гьитIинго бесдаллъана. ТIадежоялъе, унтарай эбелалъул тIалаб-агъазалъул захIмалъиги тIубанго диде тIаде бегана, гьелъие дару-дарманги дицаго гьабизе кколаан. Гьелъги батила, дица ният гьабуна тохтурлъун цIализе ине. Амма хадуб гьеб анищ дица дирго рекIел тIиналда букъизе ккана.
Гъоркьиса июнь моцIалъул авалалда Туркменисталъул Тахта-базар шагьаралда даран-базаралда йигей дир яцгIал Чабаханица дихъе битIун бачIараб кагътида хъван букIана: «… хIалчIахъад, Фарида, мединституталде мун лъугьинайизе хIадурлъи гьабун буго, кIванагIан хехго гьание щва…», — ян.
Гьеб кагъатги цIалун, эбелалъ абуна: «Фарида, дир месед, заман щвана дур букIинеселда тIад ургъизе. Мадугьалзабазги гIагарлъиялъги дие камураб жо толаро, мун дурго анищалда хадуй яхъине ккола», — ян.
Басриябго минаялъуб, «хIалакъабго» яшавалда ятана «бечедай Чабахан». Къарз кьеян, щибаб къоялъ гьелъухъе рачIунел чагIаздасан нижеда бичIчIана, гьей, хIарщулъ хIама гIадин, къарзазулъ къан йикIин.
Хадуб Чабаханица бицана жийго мискинлъиялде ккеялъул «балъголъи».
«Тахта-базар шагьаралда наркотикал ричиялъул дир даран цIакъ лъикI унеб букIана. ЧIухIараб минаги машинаги бугей дун, туркменаз бечедай, ай къадруяй гIаданлъун рикIкIунаан.
Афгъанистаналдаса дие наркотикал щвезарулел гIолохъаби таможниялда тIатинарун, милициялъ жанир тIамуна. Гьел дида гурхIилищха, туснахъалдаса йорчIизелъун, «чIахIиял чагIазе» ришваталъе кьун, кинабго дир бечелъи тIагIана. ЦIидасан добго бизнесалда байбихьизеян къарзалъе босараб гIемераб гIарацгун наркотиказда хадур Афгъанистаналде арав кIиго туркменавги, араб мухъ-рахъ лъачIого, тIагIана. Гьанже дир иш, дуда бихьухъе, пакъирлъиялде ккун буго, къарз нахъе тIалаб гьабун рачIунезги чара хвезабун буго. «Бечедай Чабахан» абун цIар щварай дун, мискин-пакъир гIадин, росулъе тIад юссинеги бокьун гьечIо. Хирияй Фарида, цохIо духъа бажарула дие кумек гьабун, къарзазул хьуцIилъа дун яхъун», — ан, жиндирго кIаркьеналдаса гирун унеб магIуги бацIцIунаго, гьелъ дида къвал бана.
— Дидасан щиб кумекгIаги дуе щвелеб?! -илан абуна дица.
— Тахта-базар шагьаралъул наркотиказул иш кодосев туркменав Ниязил вуго Амин абун вас — цIакъ гьайбатав гIолохъанчи. Мун гьесие ине разилъани, нилъер гIумру алжаналъул ахикь муъминчиясул гIадаб букIина, — ян абуна гьелъ, дир ботIрода кверги бахъун.
Гьоркьоб заман иналде Чабаханица, диргун лъай-хъвай гьабизе Амин рокъове ахIизеян, бечедаб тепси гIуцIана. Борхатаб черхалъул, гIодобе биччараб гIамалалъул, гьайбатаб гьумералъул гIолохъанчи вугоан Аминги. Гьесда дир ракI рекъана, яцгIалалъе кумекги букIинин абураб хьулалда, дун гьесие ине разилъана. ЦIараб сордоялъ ниж бахIарасул рокъоре магьари лъезе рачине машина битIун бачIана.
ЦIияб гIагарлъиялъулгун лъай- хъвай гьабулаго, тIаде вачIана дибирги, чараб халгIат ретIарав, цIцIел гIадаб мегежалъул чиги, гьебго куц- мухъалъул лъабго туркменавги. Гьел гьеб рукъалъул чагIазулгун хъваш- башалда рукIаго, гьекъеян абун цо гIаданалъ дихъе бегьун бачIана рахьдал гIадаб кьералъул лъамалъиялъ цIураб гьитIинабго чинидул суркIа.
— ХIинкъуге, гьей ккола бахIарасул яц, гьазул гIадаталда рекъон, бахIаралъ гьеб суркIаялда жаниб бугеб гIаладул рахь (кумыс) тIубанго гьекъезе ккола, — ян малъана Чабаханица дида.
Заман иналдего дир черх гIажаибго хинлъун, дунгоги ургъел гьечIого гIадин, йохун лъугьана. Цо рагIиги абун, дибирас киналго жиндихъго гIенеккизаруна.
Мехтун гIадин лъугьарай дида, гьез бицунеб жоги, магьари лъейги макьилъ гIадин бихьулеб букIана. Хадуб ккараб лъаларо, рогьалилъ тIуркIун йорчIарай дун, херав, чIегIерав ва хIалакъав «бахIарасул» къвалакь ятана.
ЦIакъ бечедав чи ватана дир херав-бахIаравги. ЦIорол цIарагI босун унев чи гIадин вукIуна гьев дие щибгIаги къварилъи ккеялда хIинкъун. Бихьинкету дихъ балагьаниги, щакдарула. Пайда щиб, гьесда берчIваялдаса дие загьруяб борохь бихьизе бокьулеб бугони. ТIадежоялъе, гьес наркотикалги хIалтIизарула, росасул борч тIубазабунги гьесухъа бажаруларо, гьединлъидал, лъимерги дие щвезехъин гьечIо», — ян угьун хIухьел биччана Фаридаца.
— ЯцгIал?!
— ЯцгIалалъе щиб, гьелъие гIарац щвана, гьанже гьелъул иш лъикI буго.
— Гьанже нуж киреха рахъарал?
— Гьаб «шайтIан» батIа гьабизе кIвелародаян ургъулаго, дун дирго ватIаналде — Осетиялде тIад юссуней йиго. АсатIинал руго берцинаб куц-мухъалъул ва чIухIараб гIамал- хасияталъул гIадамал. Гьаб «маймалакги» бачун дун росулъе ячIани, гьез дида щиб абизе бугебалиги лъаларо.
Жиризабун кIалгун, вохуца холаго вачIана Фаридал рос. Цин велъун, хадув гIодун, маймалак гIадин кIанцIон, нижее кIудияб концерт кьуна наркотикалъ мехтарав гьес. Хадуб, цIакъ свакарав чияс гIадин, хIухьелги биччан, гIодов кIусаравго, кьижун ккана.
— Гьалеха дир «гьайбатав» рос, — ан бетIер кIибикIана асатIиналъ.
Хадуб, щибалиго ракIалде щвараб гIадинги лъугьун, кьижарав росасде килищги битIун, гьелъ абуна:
— Гьаб шайтIан бегараб бусада гъоркь бугеб ящикалъуб буго лъабго чемодан цIураб нижер хазина. Нилъер поезд къаси Красноводскиялде щола ва, саламатаб заманалъ, гьениб лъалхъула. Гьав чи дидаса ватIа гьавуни, кIиябго чемодан дур буго, гьезда жаниб бугеб бечелъи дуе гIумруялъ гIола, — ян.
— Фарида, дида бичIчIула дуца хIехьезе ккараб гIакъубаги, дур рекIее бугеб захIмалъиги. Дун ккола бусурбанчи, Аллагьасул лагъ. Хирияб Къуръаналда хъван буго рос-лъади ратIа гьариялдаса кIудияб хIакъ щибго гьечIилан. ГIайиб гьабуге, дида кIоларо дур гьари тIубазе, — янги абун, дица хабар къотIизабуна.
Бакуялде поезд гIагарлъулагоги байбихьана Фаридаца добго рахъу хъирщизе.
— Ясазул мурад тIубазаби Кавказалъул гIолохъабаз тIадаб борчлъун рикIкIуна. Гьабе дие кумек, батIа гьабе дидаса гьаб маймалак, босе гьаб бечелъиги, — ян гьардана гьей.
— Пулан гIадав дур росасе ахираталде нух битIиялъе кIудияб бахIарчилъи къваригIинаро, амма Аллагьас какараб такъсир дица гьабуларо, -ян, инкар ккун дунги чIана.
МахIачхъалаялъул вокзалалда, поездалдаса гъоркье лъугьунаго, «нух битIаги» абураб дир каламалъе жавабги кьечIого, къварилъун дихъги ялагьун, Фаридаца абуна:
— Гьаб рухIчIаголъиялъухъ дица дуе цIакъ кIудияб хазина кьолеб букIана. Амма дур тавакаллъи гIечIо, мун хIинкъана. Щиб гьабилеб? Йохъ, гьаб маймалакги бачун дун росулъе унаро. Бесланалда ралагьила дица гIарцул къиматги лъалел, рекIелъ ракьаги бугел гIолохъаби, — янги абун, гьей кьурун юссун жиндирго купеялъуе ана.
Лъаларо хадуб щиб гьезул ккарабали.
Инсанасе бищунго къиматаб жо ккола гIумру. Халикъасул гурони ихтияр букIунаро гьев гIумруялдаса ватIа гьавизеги.
Исламияб диналъ чорхолъ иман щула гьабун букIинчIебани, бечелъиялда бер бахиллъун, дихъаги гъалатI ккезе бегьулаан. Хирияб тIехьалда хъвараб «Дунялалъул боцIуде бер халалъун, жужахIалъул гIазаб босуге»,-абураб малъи гIадахъ босиялъ, Аллагьас гIумруялъго квер чIвана дида. Туркменистаналдаса рокъове щварабго, инсуца дие ячана лъади, нижер буго бечедаб магIишат, берккезе хIинкъараб анлъго лъимер ва гьезулги анцIила цо лъимер.
Бигьаго бечелъизе бокьун, чияр биялъ кверал хъублъизарун рукIаралани, кин дун валагьизе вукIарав дирго лъималазул бадиве?! Ахираталда БетIергьанасда цебе кин дица жаваб кьезе букIараб, — ян лъугIизабуна КIодохIмадица жиндирго хабар.