ЖамгIиял гьиназул гурони газеталъул милат гьабулев чи вукIунарин абураб пикру щулалъизабизе бокьун буго гьаб заманалъ гIемерав чиясе. Аммаха, гьудулзаби, нуж божа – камуларо «ХIакъикъат» казияталда бахъаралъул, хъваралъул бицун къойил нижехъе кIалъалел чагIи. Балъго гьабун щай, гьединаз ракI хинлъизабула, хIалтIуде гъира базабула.
Баян
Аида ГIабдулмажидова, Авар театралъул гIолохъанай актриса.
Дагъистаналъул культураялъул колледжалда цIалулаго 2007 соналъ хIалтIизе ячIана театралде. ЦIалана ДГУялъул маданияб лъай кьолеб факультеталда.
А. ГIабдулмажидова сценаялде тIоцее цее яхъана «Ясазул дада» МесекIил образалда (реж. С. Имангъолов). Хадуй гьей магIарулазда йихьана «МагIарулай» — Пари, (реж. ХI. ГIабдулгъапуров); «Аманат» — Халисат (реж. ХI. ГIабдулгъапуров);
«Вай, дуе бицине къачIан бугеб цIакъаб хабар», — ин абулаан дир цо мадугьалалъ тIаде-гъоркье щванщинахъе. Гьелъухъего, хириял магIарулал, нижер къиматал цIалдолел, цIияб-лъикIаб жамгIиял гьиназе гуреб, нужее бицине бокьула.
Гьеб, гIалам жанибе сверараб, интернеталъул гIатIилъухъ ятана берцинго авар мацIалда маргьаби, харбал, кучIдул цIалулей гIолохъанай яс. ГIемеразе гьей рекIее гIунги йигоан, камун гьечIо гIунгутIаби цIехолелги.
«Гьаб карантинги лъугIулебго гьечIо, рокъобги чIалгIун буго. Щаялиго жакъа дида ракIалде щвана Мала Насрудин», — гьадин кIарчанго байбихьиги лъун, машгьурав маргьабазул героясул гIумруялдаса цо лъугьа-бахъин цIалулеб буго гьелъ.
Гьунар бугел чагIазе кумек гьабизе ккола, гьунар гьечIез жидецаго нух бахъулинги абулелъул, цебеккун лъицаго газеталдаса бицен гьабичIеб цIияб гьунар рагьила жакъа нужее.
«ЧIужу яче, кIудада» — Магьинур; «Берцинал ясал хъамулел куц» — Разият (реж. С. Имангъолов); «Примадонна» — секретарша ( Гъ. ГъалбацIовас хъвараб пьеса, реж. ХI. ГIабдулгъапуров); «Кавказалдаго берцинай» — Нажабат (реж. С. Имангъолов); «ХIикматаб ГIужрукъ» — Наргиз (реж. С. Имангъолов).
Лъай лъаралдаса нахъе театралда гIурай яс йиго Аида. Гьей йиго Дагъистаналъул мустахIикъай артистка, Унсоколо районалъул ГьаракIуниса Майсарат ГIабдулмажидовалъул яс.
Лъабго сон балелдего моцIал ран гастролазда эбелалда цадахъ йикIунаан Аида. Бицунеб рагIун, кисаяли цIалун гуреб, гьитIинаб къоялдаса нахъе жиндаго бихьун лъана гьелда театралияб гIумруялъул жанисеб рахъ.
Творчествоялъул гьитIинабго гали Аидаца тIамуна 6 сон тIубараб мехалъ. ГIиса аварагасул хIакъалъулъ бахъараб кино Авар театралъул актеразул гьаркьаздалъун авар мацIалде буссинабулеб мехалъ гьениб бутIа лъуна Аидацаги. Хадубги Аида ГIабдулмажидовалъул рекIелъе бортулеб гьаракь, нилъеда рагIана магIарул мацIалде руссинарурал мультфильмазда: «Золотая антилопа» — гьитIинав васасул гьаракь, «Неуловимый Фунтик» — Фунтик, «Умка» — цидул тIинчI, «Мама для мамонтенка» — мамонтенок.
Гьунар бугевги гьечIевги чи кIалъалев вихьарабго ватIавахъизе лъалаан мунагьал чураяв СалихI Имангъоловасда. Жинцаго лъолел спектаклязда жавабиял ролалги кьун, божилъи гьабуна гьес Аидада. ЯчIинахъего халкъалъ лъикI къабулги гьаруна гIолохъанай ГIабдулмажидовалъ хIарал образал. ХIакъикъаталдаги гьелъул мацI буго, шагьаралда гIурал лъималазул гIадаб бек-бекун бицунеб гуреб, эркенго чвахун бачIунеб.
Творчествоялда тIад хIалтIулев чи хIелхIедизе регIуларо
Карантиналъул заманалда Аида ГIабдулмажидовалъ гьабулеб хIалтIухъ баркалаги загьир гьабизе, гьелъие цо чанго суалги кьезеян кIалъана дун. Телефон борхана, халкъалъе бищунго рокьулел магIарул театралъул актеразул цояй, Аидал эбел Майсарат ГIабдулмажидовалъ.
— Щиб яц, ПатIимат, дица дуе бицинеб? Бахун цIа-кангун бусада руго Аидаги гьелъул васги. Гьезие хъулухъалъе яхъун чIун дунги йиго. ЙикIанаха гьей ракIчучиялъе цо жал гьарулей, интернеталда лъолей. Пандемия лъугIидал нужецаго гьабе гара-чIвари, — янги абун, дун тIаса йихьизайизе лъугьана Майсарат.
— Майсарат, 13 соналъ дудаго цее сценаялда яс йигеб мехалъ гьелъул хIакъалъулъ бицине щибнигийищха дур гьечIеб?
— Гьеле гьелгощинал соназ дудаги цее гурищ йикIарай гьей? — ян суалги кьун гьоркьой къотIизаюна гьелъ дун.
— ГIемерал спектаклязда гIахьаллъунги йихьана, балагьаразеги гьей йокьулей йиго, диеги цIакъ бокьула гьелъ ролал хIалеб къагIида. Шапакъат-квара щиб бугеб Аидае кьураб?
— Дида бихьичIоха, гьудул, гьелъие кьура-тараб жо.
Жийго рагIизайиги берцин йихьизе гьаюдизеги лъаларей, рецц- бакъалда хадуй лъугьунарей гIадан Майсарат йикIин цебего лъалеб жо букIана. РитIухълъиян къеркьолеб, тIекълъиялда рекъолареб гьелъул гIамалалалъ, рагIул бегIерлъиялъ, гIужилго гьеб речIчIиялъ, шапакъаталгун тIокIлъи тIаде гьукъулеб букIин хIакъаб буго. Эбелалъул гьеб хасияталъ ясалъеги квалквал гьабулеб бугодаян паркъана дирго пикру.
— Цо тIугьдузул квацIиниги, компетазул килониги къвалакь къан ячIине ккелароанищ, ясалъул яги дурго хIакъалъулъ хъвазе дун рекIеда ятизайизе? — ян махсара гьабуна дица Майсаратие.
— Йо, ГьитIинова, творчествоялда тIад хIалтIулев чи хIелхIедизе регIун вукIунаро. Гьел дуца абулел жалги дихъа лъугьунаро, — ян жиндирго къагIидаялъ кьваризабуна гьелъ.
— Кьолел шапакъаталги, гьабулеб рецц-бакъги чарагьечIеб жо гуро, аслияб жо буго чиясе жиндирго махщел, пиша бокьи, гьелда тIад хIалтIи. Гьеб хасият бихьизе бокьила ясалъулъги, — ян лъугIизабуна Майсаратица дие кьолеб жаваб.
ХадурагIи
Коронавирус тIибитIиялдалъун лъазабураб пандемиялъул низам тIаде щвезегIан Авар театралъулал хIалтIулел рукIана, халкъияб кечIги кьочIое босун, Россиялъул мустахIикъав артист ХIусен Казиевас хъвараб «Кьурулъ хутIарав ГIали» абураб пьесаялда тIад. Гьениб Аида ГIабдулмажидовалъухъе кьун буго Айзанатил образ. Гьеб спектакльги сценаялда лъолеб буго ХI. Казиевас.
Цогидал гIемераздаго гIадин, Аидадаги хъвана гьаб захIматаб унтул кваркьи. Гьанже гьелъие мадар лъугьунеб буго, амма жидерго ишцояв, гьунар тIокIав артист НурмухIамад НурмухIамадовасухъ гIодулел берал гьелъулги ракъван гьечIо.