Коронавирус тIибитIизе байбихьаралдаса республикаялда хварал медицинаялъул хIалтIухъабазул къадар 32 чиясде бахана.
Гьезие ва тIолго улкаялда хварал киналго тохтурзабазе исана 5 октябралда памятник лъезе ракIалда буго Россиялъул миллиардер Игорь Рыбаковасда. Памятникалъе проектал ритIизе хасаб конкурсги лъазабун буго.
Гьеб киб лъелебали жеги мухIканлъун гьечIо. Цояз Санкт-Петербургалдайин, цогидаз – МахIачхъалаялдайин абулеб буго.
Амма памятникалъул цо бутIа гIахьалаб букIина Хунзахъ районалъул ГIорутIаса тохтур МахIамад ХIасанхIосеновасеги.
БитIун коронавирусалъ къвал жемизе байбихьараб заманалда, цIа-канги гIодобе ккезабизе кIвечIого, гIумруялдаса ватIалъана гьев.
Гьал къоязда МахIамадил махщелцояз редакциялде бачIана гьадинаб кагъат:
«Халат бахъараб унтудаса хадув нилъедаса ватIалъана цоги лъикIав инсан – махщел тIокIав тохтур, гIолохъанал тохтурзабазул насихIатчи — МахIамад ХIасанхIосенов.
1956 соналда Харахьи гьоркьохъеб школаги лъугIизабун, МахIамад цIализе лъугьана Буйнакскиялъул медицинаялъул училищеялде.
ЦIали лъугIун хадув, 1964 соналде щвезегIан, хIалтIана Гумбет районалъул Килалъ росдал ФАПалъул заведующийлъун.
Цинги гьебго соналъ Дагъистаналъул мединституталде лъугьана цIализе.
Гьелдаса хадув, 1970 соналдаса 1976 соналде щвезегIан хIалтIана Гъизилюрт шагьаралъул больницаялда педиатрлъун.
1976 соналъул 5 февралалдаса нахъе гьанжелъагIан МахIамад хIалтIулев вукIана Харахьи больницаялда лъималазул тохтурлъун.
Гьев вукIана кутакалда жиндирго хIалтIи бокьулев, гIадамал хирияв, махщел камилав, гIолохъанаб гIелалъул лъикIав насихIатчилъун.
Гьединлъидал гьесул кутакалда къиматги гьабулаан унтараз ва цадахъ хIалтIулез.
ГIумруялъго ракIбацIцIадго гьабураб хIалтIухъ МахIамад мустахIикълъун вукIана ДРялъул мустахIикъав тохтур абураб цIаралъеги гIемерал шапакъатазеги. Гьев кколаан тIадегIанаб категориялъул тохтур-педиатрги.
Нижеда кидаго кIочон теларо МахIамад, гьесул гIаданлъи, гIамал-хасият, гIадан хиралъи».