Мунагьал чураяв дир эмен, ХIасаниласул ХIусенил вас Наби армиялде унеб мехалда, дун жеги гьитIинго вукIана, — ян ракIалде щвезабуна Набил вас Хизрица. -Гьеб букIана 1942 соналъул хасел. Кинаб къисматха ккараб Шамил районалъул Хучадаса ХIусенил Набил?
— Рагъул соназда росу гочинабуна Чачаналде, — ян ракIалде щвезабуна хадубги Хизрица. — ЦIакъ гIемераб ракъиги, къечги, къварилъабиги рихьана. Эмен рагъда тIагIанин хъвараб кагъатги бачIана. Амма заманалдасан, пашманлъигун къварилъиялъ рекIеда гамачI лъураб нижер хъизамалде бачIана ракIалдаго гьечIеб рохел.
— Нужер эмен чIаго вуго, Аллагьасе рецц, — ян инсуца битIараб кагъатги босун нижехъе ячIана ЦIекIоса гьобол. ГIорхъи букIинчIо рохалие, ургъалабаз лъукъараб эбелалъулги гIисинал нижерги ракIал цIилъун рачIана. Инсуца хъулухъ гьабулеб букIун буго Сибиралда. Тушманасдаса Москва цIунулеб мехалда эмен ккун вуго Курскиялъул горсверуде. Тушманасул горсверуда ругел рагъухъабазе тIаде бачIунеб квенги лъимги гьукъун букIана.
— Ракъудасаги къечалъ цIакъго тату хвезабулеб букIана, — ян ракIалде щвезабулаан Набица. — Лъим бугеб бакI абуни рикIкIад, тушманасул хъаравуллъиялда гъоркь букIана.
Къечалъ тату хвезабурав Набица хIукму гьабуна къечон хвеялдаса тушманасул гуллидаса хвейго лъикIилан. Лъим бугеб кIкIалахъе сапар бухьана сордо рукIкIараб мехалда. Набица нух бахъула иццухъе ва цадахъ рукIарал флягабиги цIун тIад вуссуна.
ПалхIасил, тушманас гьал асирлъуде росула ва тIамула лъукъарал немцал машинабазде раччизе. Гьедин гьабулаго цадахъ вукIарав сержантас автоматалъул хъундагъ, лъукъарав цо немцасул ботIролъ кьабулеб мехалда, Набица цебе кверги ккун чIезавула.
— Гьасие гьадинги гIураб жо щун буго, живго те, — ян абула. Щиб къисматха ккараб лъукъарав немцасул? Гьев сах гьавизе госпиталалде ккола. Сахлъун хадуб кIиабизеги рагъулъе витIула ва нилъер армиялъ асир гьавула.
Немцаз щуго командирги цо сержантги, снайпер Набиги маххул хьуриялъ сверун къараб бакIалде щвезарула. Набиги гьалмагълъиги Германиялде рачуна ва хандакъал рухъизе тIамула. Гьениб къаси-къаси кьижизе ине Набида бихьизабула цо херал рос- лъадул мина. Гьел херазул йикIана ясалъул ясги. Наби кьижулеб рукъ букIана жаниса жанибе араб, ай херазда вихьичIого къватIиве ине рес гьечIеб бакIалда.
Набица къад-къад хутIарал рецIун какал ралел рукIун руго рокъове щведал. Цо нухалда как балев гьев вихьун вуго херазул ясалъул ясалда ва гьеб лъарал херал роха- хинлъун руго гьав бусурманчи вихьулинги абун. Гьелдаса хадуб гьез Наби гIорцIизегIан кваназавулаан, гьесдехун букIараб бербалагьи тIубанго хисана.
Цо къоялъ советияб армиялъ байбихьула самолетаздасан бомбаби разе ва заман балелдего тIаде щвараб армиялъ асиралги эркен гьарула.
* * *
ГIурус мацI лъаларев Набиги, гьесда цадахъ нус-нус гьевго гIадин асирлъуде ккун рукIарал солдаталги, рагъ лъугIун хадурги рокъоре риччачIого, Эстониялде завод базе ритIана. Щибаб къойил асирлъуде ккараздаса сурав босулеб букIана.
Сурав босизе ирга щвана Наби ХIусеновасдеги. ЦIакъ гъира гьечIого нуцIаги къирун жаниве лъугьарав гьесда вихьула столалда нахъа гIодов чIарав рагъулав полковник. Гьесда вихьаравго лъала асирлъудаса живго лъутизе кумек гьабурав снайпер Наби ХIусенов.
— Неужели Гусейнов жив?! — янги абун тIадеги вахъун гьев Набида хурхуна. Гьеб дандчIваялъ хвасар гьавуна Наби туснахъалдаса.
Наби кIигониги нухалъ гьесухъе гьоболлъухъги ана. ТIоцебесеб нухалъ гьесухъе щвараб мехалъ гьес жиндирго вукIарав командирасда гьарана жинда хъвай-цIалиги лъаларин, жив вугеб бакI гIагарлъиялда лъазабизе кагъат хъваян. Гьес рагъулав гьудуласул гьари тIубазабун кагъат почалда битIана.
— Гьеб кагъат босун нижехъе ЦIекIоса гьобол ячIанилан ракIалде щвезабуна Набил вас Хизрица. — ГIорхъи букIинчIо нижер рохалие, гьеб букIана нижее хваралъуса эмен тIаде вахъинлъун.
* * *
1947 сон. МахIачхъалаялъул маххул нухлул вокзал. ДандчIвазе рачIаразул цIун бугоан вокзалалъул минаялда цебесеб бакI. Лъалхъана поезд. ГьитIинабго чемоданги кодоб ккун вагоналъуса къватIиве вачIарав гIолохъанавго солдат рахъ-рахъалде валагьана. Сверухъ лъалев чиго гьечIодаян валагьарав гьесда перонаялда вихьула росуцояв. Рагъулаб форма букIиналъ гьесда Наби лъачIо. Къокъабго гара- чIвариялда росуцояс бицана жамагIат Чачаналде гочун бугилан. Гьениве ине нияталда болъодул ахаде щвараб мехалъ гьесда вихьула болъодул тIарада немцазул форма тIад ретIарав солдат ва гьесда аскIов вахъун чIарав милиционер. КIиябго бер гьасда тIаса босичIого валагьун чIун вугоан гьев солдат. Гьав аскIове щвараб мехалда гьес Набида цIехола: — Солдат, мун хъулухъ гьабун щиб бакIалда вукIарав? — абун.
Набица жаваб кьола Курскиялда вукIанин.
— Дуда ракIалда гьечIищ гьалмагъас лъукъарав немцазул солдат ботIролъ автоматалъул хъундагъги кьабун чIвазехъин вукIараб мехалъ, дуца цебе кверги ккун хвасар гьавураб куц? — абун цIехана немцас.
— Буго. ВахI, мунищха дов солдат вукIарав? — ян гIажаиблъун хутIула Наби.
Немцас бицана асирлъуде ккун гьанив хIалтIулев вугин ва метер ватIаналде тIад вуссун ине вугилан. Гьеб бакIалда цоцада къвалалги ран ратIалъана батIи-батIияб рахъалда рагъулел рукIарал рагъулал «гьудулзаби».
Наби ХIусенов хIалтIана колхозалда. Гьабуна хъизанги. Къисматалъ гогь гьавун хьихьичIо Наби. Амма гьес гIемераб хIалтIи гьабуна гьаб ракьалда лъалкI нахъе тезелъун. Бищунго кIудияб талихIлъун гьес рикIкIунаан Аллагь лъалезул ва Гьев рехсолезул кьеразулъ живго вати.