17 апрелалда тIобитIараб брифингалда РФялъул лъай кьеялъул министр Сергей Кравцовас бицана школазда лъай кьеялда бугеб ахIвал- хIалалъул хIакъалъулъ. ИчIго ва 11 класс лъугIарал цIалдохъабаз ОГЭгун ЕГЭ кьолеб заман чIезабизе буго маялъул байрамкъояздаса хадуб. Министрас абуна, гьеб заманалдениги улкаялда бугеб ахIвал-хIал лъикIлъиялде хьул бугин. «Нагагь экзаменал тIоритIиялдалъун цIалдохъабазул сахлъиялъе зарал букIине бугеблъи загьирлъани, гьел нахърахъизеги бегьула. ЧIванкъотIараб хIукму гьабизе буго маялъул байрамкъояздаса хадуб», — ан бицана Кравцовас.
«ТIолгороссиялъул халгьабиялъул хIалтIаби тIоритIизе руго сентябралда, цIияб цIалул сон байбихьараб мехалда. Амма гьел хIалтIабазухъ щварал къиматал рикIкIине кколаро цIалдохъабазул аттестация гьабилъун», — ан бицана министрас.
Гьединаб хIукму къабул гьабиялъе кьучIлъун Сергей Кравцовас рехсана учительзабазулгун, регионазулгун, лъай кьеялъул идарабазул вакилзабазулгун ва цIалдохъабазул эбел-инсулгун гIакълу дандбаялъул хIасил.
БукIине гьечIо ТIолгороссиялъул цIалдохъабазул олимпидабазул финалияб бутIаги. «Олимпиадаялъул регионалияб бутIаялдаги гIахьаллъун, ТIолгороссиялъул бутIаялда, ай финалалда, гIахьаллъизе ихтияр кьолеллъун РФялъул Лъай кьеялъул министерствоялъ чIезарурал баллал щварал 11 классалъул цIалдохъаби рикIкIине руго гьелъул призераллъун. Гьезие кьезе руго хасал дипломалги», — ян бицана С. Кравцовас.
РикIкIадасан лъай кьей, жакъасеб къоялъул хIакъикъат
Россиялъул Лъай кьеялъул министерство хIадурлъулеб буго рикIкIадасан лъай кьей тасдикъ гьабиялъул хIакъалъулъ законалда тIад хIалтIизе.
Гьединаб законалдалъун рикIкIа- дасан лъай кьей тасдикъ гьабизе кколин абураб пикру загьир гьабун букIана РФялъул Федерациялъул Советалъул председатель Валентина Матвиенкоца. «Школалъул ругьунаб лъай кьеялдаса тIубанго инкар гьабун данде кколаро. Гьебго заманалда рикIкIадасан лъай кьей резервалъулаб, ай жакъа гIадинаб ахIвал-хIалалда яги заманалда хIалтIизабулеблъун букIине гьечIо», — ян бицун букIана гьелъ.
Федерациялъул Советалъул спикералъул пикруялда рекъон, коронавирусалъул пандемиялъ рес кьуна гIадатияб лъай кьеялда цадахъго школалъулги вузалъулги цIалдохъабазе рикIкIадасан лъай кьеялъеги тарихазул технологияздаса гIатIидго пайда босизеги. «Лъай кьеялда гьединал къагIидаби хIалтIизари ккола букIинеселде бегьараб гали. Гьединлъидал, гIагараб заманалда гьеб къагIида тасдикъ гьабизе ккола, рекъонкколеб законгун правоялъул низамги къабул гьабун», — ан бицана В. Матвиенкоца.
Гьелъул пикруялъул рахъ ккуна РФялъул лъай кьеялъул министр Сергей Кравцовас. «Жакъа нилъ ккараб ахIвал-хIалалъги рикIкIадасан лъай кьеялде хехго руссине ккеялъги тIалаб гьабулеб буго лъай кьеялъул хIакъалъулъ законодательствоялда хиса-басиял гьари. Нижеца тIубанго рахъ ккола Валентина Матвиенкол пикруялъул ва хIадур руго рехсараб масъала тIубазабиялъе квербакъулеб закон хIадур гьабиялда тIад хIалтIизе», — ян бицана гьес.
ЦIалдохъабазе захIмалъулеб буго
ГьабсагIаталда коронавирус сабаблъун байбихьараб рикIкIадасан лъай кьеялдаса рази гьечIо я цIалдохъаби, я гьезул эбел-эмен, я учительзаби. ГIаммаб Россиялъул халкъияб фронталъул «Лъималазе – ращадал ресал» абураб проекталда рекъон, улкаялда тIобитIана цIех-рех. Гьелда гIахьаллъана улкаялъул батIи- батIиял регионаздаса 13-18 сон барав 2695 цIалдохъан. ЦIех-рехалъул хIасилал рахъун руго «Российская газеталда».
ЦIалдохъабазул 75 проценталъ абуна, жидее аслияб къагIидаялда кьолин хъвавул хIалтIабиян абун. ТIадкъаялги тIуразарун, гьез рахъула гьезул суратал ва ритIула учителасухъе халгьабиялъе. 56 проценталъул жавабалда рекъон, жидецаго цIализе кколеб буго адабияталъул дарс. БатIи-батIиял интернет-сайтаздасан цIалулел руго цIалдохъабазул 54 процент ва 50 проценталъ дарсал гьарулел руго онлайн-платформабазда.
ЦIех-рехалъул гIахьалчагIазул 77 проценталъ бицана рокъоре кьолел тIадкъаязул къадар лъалаго кIодолъанин абун. 49 процент мукIурлъана хехго свакаялъе ва 65 проценталъе дарсал лъазаризе гIемерго бигьаяб букIун буго школалда, ай классалда учителас бицараб дарсида. РикIкIадасан лъай босизе захIмалъулеб бугин абуна цIех-рехалъул гIахьалчагIазул щивав кIиабилев цIалдохъанас. АнцIгоясда гьоркьоса анлъгояс бицана классалдаго цIализе лъикI букIанин абун ва щивав лъабабилес загьир гьабуна тIадкъаял тIуразаризе цIакъ захIмалъулин абураб пикру. Щивав щуабилев цIалдохъанас карантин рикIкIунеб буго каникулаллъун, ай щибго цIалулеб гьечIо.
Рехселин цIалдохъабазул цо-цо пикраби:
— Школалда цIали гIемерго интересаб буго. Дарсида учителас бицараб жо лъикI ва бигьаго ракIалда чIолеб букIана. БичIчIичIеб жо учителасда гьикъизе ресги букIана гьениб. Рокъоб дарсазда тIадчIезе захIма- лъулеб буго.
— Тартибалде бачине ккола цIалдохъабазе кьолеб тIадкъаялъул къадар. Учительзабаз кьурал киналго тIадкъаял тIуразаризе заман гIоларо. Нижее бихьизабун буго радал микьго тIубаралдаса къад 12 тIубазегIан заман. Цо-цо мехалда тIадкъаял тIуразаризе ккола тIолабго къоялъ. Дир пикруялда, букIине ккола щивав учителас кьолел тIадкъаязул мухIканаб роцен ва гьеб цIунизе ккола учительзабаз.
Гьебго цIех-рехалда гIахьаллъана улбузул 2400 чиги. Гьезул 48 проценталъ загьир гьабураб пикруялда рекъон, рокъосан лъимал цIализарулаго, гьезул уна гIемераб заманги къуватги. ГIемерисезухъа бажарулеб гьечIо лъимер дарс лъазабизе гIодоб чIезабунцин.
62 проценталъ абуна жидер лъималазул цIалул хIасил цIакъ квешлъулеб бугин абун.
РикIкIадасан лъай кьеялдалъун гIадатияб школа хисизабизе бегьуларин абураб пикруялъул рахъ ккуна цIалдохъабазул эбел-инсул 70 проценталъ. Кидаго рокъосан цIалулел рукIине бокьиларин лъазабуна цIалдохъабазул 60 проценталъги.