Тlолгодунялалъулго сахлъи цIуниялъул гIуцIиялъ (ВОЗ) корона- вирусалъул пандемия лъазабуралдаса пикрабазул рахъалъ халкъ- го кIийиде бикьана.Цояз бахунеб унти махсара хIисабалда къабул
гьабуна, цогидазин абуни, нигIматазул нахърателги гьабун, рокъ- ор чIезе хIукму гьабуна. ТIоцересез гьеб ахIвал-хIал политикияб
хIайлъун рикIкIунеб буго, божулел гьечIо унти унго-унгоги дуня- лалдаго букIиналда. Божугейин гьел харбаздайинги абун, гьез цо- цахъе видео-хитIабалги ритIулел руго.
Кин батаниги, Дагъистаналдаги гьеб унти бахиналда щаклъи бу- гезул сияхI къойидаса къойиде цIикIкIунеб букIин хIисабалдеги
босун, бичIчIулеб буго цебехун бихьичIеб унти тIибитIулеб букIин.
Амма гIадамазул дунял бичIчIиги батIи-батIияб бугелъул, гьелда ре-
къараб хIинкъиги бижулеб буго. Интернеталда батанщинабги цIа-
лун, дун унтиладаян хIинкъун соролел цоял, гьеб ургъунго нилъ
хIинкъизаризе тIибитIизабураб хабар бугин бицунел цогидал. Лъида
божилел?
Инсан сундаго щакдарулеб заманалда гьев яги диналда ракIчIун,
рухIиял церехъабаз бицунелъухъ гIенеккула яги гьес медициная-
лъул махщелчагIазул, психологазул малъа-хъваяздаса пайда босула.
Социалиял гьиназда щалали, кинаб гIакълуялъулали лъаларез бицу- нелъухъги гIенеккун, нилъ тIураладай? Гьеб ургъунго гьабураб ви-
рус батаниги, унго-унгояб батаниги, нилъехъа хисизабизе бажарулеб
жо бугищ? Диниял церехъабазги, жамгIиял хIаракатчагIазги, психо-
логазги, сахлъи цIуниялъул вакилзабазги малъулеб буго нужерго ва
сверухъ ругезул сахлъи цIунеян. Нилъерго сахлъиялъул ургъел гьа-
булеб батичIони, сверухъ ругезда бугеб гIайиб щиб?
Рагьдухъе щун буго
Дагьаб цебегIанги коронави-
русалда тIасан махсараби гьару-
лел рукIарал гIадамал, рагьдухъе
«богIоло» бачIиндал хIинкъун
цIодорлъи гьабизе лъугьунел руго.
Камулел гьечIо, администраци-
ялъ ва сахлъи цIуниялъул идара-
баз гьарурал малъа-хъваязухъги
гIинтIамичIого, шагьаралъул хIухь-
бахъулел бакIазда сверулелги. Гьез-
даги берцинго лъазабулеб буго ка-
рантин лъугIизегIан рокъорго чIун
лъикIилан. ГIенеккулел ругищха
нилъер гIадамал малъа-хъвая-
зухъ? Кинаб бербалагьи бугеб ни-
лъер гIадамазул гьаб ахираб зама-
налда дунялалдаго тIибитIараб ун-
туда сверухъ?
ХIамзат, полициялъул хIалтIу-
хъан: «Коронавирус хехго бахунеб
букIинги, гьеб гIадамазда гьоркьоб
тIибитIулеб бугеб куцги бихьана
нилъеда республикаялдаги гьеб ви-
русалъ гIадамал унтидал. Унтарас-
да аскIор рукIарал, гьесдаса унти
бахине рес букIарал гIадамал ка-
рантиналда руго рокъор чIезарун.
Гьединал бакIазда нижецаги
гIахьаллъи гьабизе ккола. Каран- тиналда чIоларел гIадамал сабаб- лъун, унти бахине рес буго тохтур- забаздеги нижедеги. КIиго анкьалъ
рокъор чIун яхI гьабизе кIоларел
гIадамал сабаблъун щай нижер
лъималги херал эбел-эменги унти-
зе кколел? ГIолилазул ва лъимала-
зул гIумруялъе хIинкъи гьечIин ко-
ронавирусалъ унтанигиян абулеб
буго цо-цо ургъел гьечIел гIадамаз.
Жидеего зарал ккечIелдаса нахъе
чIахIияб ригьалъул гIадамал унта-
ниги гьезие къварилъи гьечIеблъи
бичIчIулеб буго. Цо-цоязул гIадлу
гьечIолъи сабаблъун лъие бокьи-
леб жидерго гIагарлъиялъе зарал
ккезе?! ГьанжелъизегIан нилъер
гIадамал релъулел рукIана коро-
навирусалда, гьеб жидеда хъва-
ларин абун. Кванил нахърателал
гьарурал гIоларо, цоцазул ургъелги
цIуна-къайги гьабизе ккола. Нилъ-
ерго рагьде бачIинегIан чIечIого,
щивас жидерго хъизама-лъул жа-
вабчилъи тIаде босизе заман щун
гьечIищ нилъее?»
Инсанасул хасият тIатунеб заман
ХIалимат, учитель: «Дида
ракIалде ккола гьаб унти ур-
гъунго гIадамал хIинкъизаризе
тIибитIизабураб жо бугин. Гье- диналго гIаламатал ругеб грипп
тIибитIараб мехалда школазда ка-
рантингицин лъазабуларо. Коро-
навирус цIияб унти гIадинги би-
хьизабун, гIадамал хIинкъизарулел
руго. Тарихалде раккани, нилъеда
бихьула гьеб унти гIемерал со-
наз цебеги гIадамазда гьоркьоб
тIибитIун букIин. Италиялда
гIемерал гIадамал хванин би- цун хIинкъизарулел руго. Гьениб
гIумру гьабун ругел дагъистания-
зин абуни батIияб хабар бицунеб
буго. Лъида божилел?»
ПатIимат, жамгIияй хIара-
катчIужу, пенсионер: «ЗахIматаб
заман бачIун буго нилъеде. Коро-
навирус тIибитIулеб букIиналъ ва
гьеб чIахIияб ригьалъул гIадамазе
хIинкъи бугеблъун букIиналъ гуро
заман захIматаблъун бугеб. Цо-
цо гIадамазулъ гIаданлъи хутIун
гьечIеблъи бихьун ракIхолеб буго.
Къварилъиялъулъ лъалин инса- насул унго-унгояб хасиятин абу- ла. Гьаб бигьаяб гуреб заманалда,
гIадамазе кумек гьабулелги зарал
цIикIкIаралги гIадамал тIатунел
руго нилъеда сверухъ. Вирусалъ
цIикIкIун зарал гьабизе рес бугел
чIахIияб ригьалъул гIадамазе ку- мекалъе кванил нигIматал росун
щвезарулел волонтеразул къокъа- биги гIуцIун руго.
Гьезда дандекквезин гIадамазе
бищунго хIажатал нигIматал
щуго-анцIго нухалда хираго ри- чулел даранчагIи. Коронавирус
унти бахине биччаларин абун Ин-
тернеталда бицунеб рагIидал, 300
гъурщиде бичулеб букIараб им-
биралъул багьа къасиса радалал-
де 1000-2000 гъурщиде бахинабун
бичизе байбихьана яхI гьечIез. Цо-
цо тукабахъ чадил буханкаялъул
багьа 25 гъурщидаса 50 гъурщиде
бахана. Гьединабго къагIидаялда
вирусалдаса цIуниялъе хIажатал
маскабигун антисептикал 10-50
нухалъ хира гьарун ричулел руго
гьоркьохъабаз. ГIадамазул рес
къотIиялдаса пайдаги босун, щва-
раб хайиралда щибдай гьез гьабизе
бугеб? Нилъер гIадамаз рихьда-
его садакъаби гьарула, мажгитал
ралелъул гIахьаллъула, рихьдае
тIагIат гьабула. Гьадинаб, киназего
захIматаб къо тIаде бачIиндалин
абуни, гIемерисезда кIочон толеб
буго жал бусурбаби рукIин».
Хадижат, росулъ гIумру гьа-
булей гIадан: «Жакъа интерне-
талдаги, годекIабахъги, щива-
сул гъасдаги коронавирусалъул
хIакъалъулъ гуреб батIияб хабар
бицунеб рагIуларо. Шагьаралда
цIалулел рукIарал студентал, зама-
наялъ хIалтIулел рукIарал росуцо-
ял гьал къоязда тIадруссун рачIана.
Росулъ щибаб къоялъ гIакIа ахIула
ва малъа-хъваял гьарулел руго.
Лъимал къватIахъе риччагеян
ва къваригIел гьечIого рокъоса
къватIире рахъунгеян лъазабула.
Росулъе гьеб унти щвеларилан
ракIалде ккола дида. Нагагь щва-
ницин гьебги Аллагьасул хъвай.
Унти кьолевги Аллагь, сах гьару-
левги Аллагь».
МухIамад аварагасул (с.т.гI.в.)
хIадисалда буго: «Кинаб букIаниги
ракьалда вабаъ унти тIибитIун бу- гин абун рагIани, нуж гьенире
унге. Нуж ругеб ракьалда вабаъ
багъарани, унтудаса лъутун гьеб
бакIалдасаги нахъе унге», — ян (Бу-
хари, Муслим).
Гьаб хIадисалда карантиналъул
бицунеб букIин бичIчIилеб батила
киназдаго. ГIицIго нилъерго гу- ребги, сверухъ ругезулги ургъел
гьабизе кколеб заман бачIун бу- гелъул. Нилъер ракьалда унти
тIибитIун букIинги бичIчIун, све-
рухъ ругезул ургъелги гьабичIого
жал унтукьа хIинкъуларин абун
бокьухъе свердулез пикру гьабизе
ккела гьаб хIадисалъул.