ДАССРалъул ЦИКалъул ункъабилеб сессиялда, 1928 соналъул кIиабилеб ноябралда, къабул гьабула республикаялда районал гIуцIиялъул цIияб проект. Гьелда рекъон, Хасавюрт округалда гьоркьоб букIараб Казбек участкаялъул бакIалда гIуцIула Казбек подкантон. Хасавюрталъул кантоналда гьоркьоб букIараб гьелъул центрлъун букIана Хубар росу. 1930-1931 соназда райцентр букIана Гуни росулъ. Хадуб гьеб бахъана Дилималде.
1929 соналъул лъабабилеб июналда, ДАССРалъул ЦИКалъул хIукмуялдалъун подкантоналъул цIар хисизабуна подрайоналде. 1930 соналъул 25 декабралда, ВЦИКалъул хIукмуялдалъун, Дилим росулъ центргун, гIуцIана Казбек район. Районалъе кьуна Дагъистаналъул машгьурав революционер Султан-СагIид Казбековасул цIар.
Казбек район буго Чачан республикаялъул гIорхъода. Аслияб куцалда гIумру гьабун руго магIарулалги чачаналги.
1944 соналда чачанал хIал гьабун Гьоркьохъеб Азиялде ва Казахстаналде гочинарун хадуб, Казбек районалде гьоркьоре кьуна ГIавухъ районалдаса чачаназул кIиго росу: Юрт-Аух ва Акташ-Аух. Хадуб гьезул цIарал хисизаруна Калининаул ва Ленинаул абун.
***
1972 соналда Дагъистаналда тIоцебе районалъул рохьазде бачун бачIана тIанкIал ругеб 50 ритIучI. Гьанже гьезул къадар бахуна 1500 бетIералде. БагIараб тIехьалде росарал тIанкIал ругел ритIучал гIезарулеб Алмахъалда бугеб ферма ккола нилъер республикаялъул чIухIилъун.
Районалда рохьил магIишат цебетIезабиялъе кIудияб хIалтIи гьабуна И. ХIусеновас, М. ГьитIиновас, В. Акановас, А. Лалаевас, Г. ХIайбулаевас, Ш. Ибрагьимовас, М. Мамайхановас, Г. СултIанмурадовас, К. Юсуповас, М. ГIумаровас, А. Герехановас, З. ХIамзатовас ва цогидазги.
***
Туристазда ва гьалбадерида Казбек район лъала тIабигIат берцинаб бакIлъун. Гьезда гьоркьоре ккола Сулахъалъул ва Алмахъалъул жанирлъаби, Горенжо ва ЧIегIераб хIорал, ГIарцул-нохъо, Инчхаялъул расалъи, Алмахъалъул некIсиял хутIелал.
Районалда буго гIадамал сах гьариялъе жиндаса пайда босулеб чIабтIилгун водородалъул хIарщги.
ГьабсагIаталда Казбек районалда гIумру гьабулеб буго 48668 чияс, районалда хIалтIулел руго 15 школа, 14 лъималазул ах, районалъулаб централияб ва кIиго участкаялъулаб больница, тохтурзабазулаб кIиго амбулатория, фельдшерлъиялъулгун акушерлъиялъул (ФАП) 9, фельд-шерлъиялъул 5 пункт.
***
Казбек район гIуцIаралдаса, гьелъул гIорхъабазул ккана гьал хадусел хиса-басиял: 1928 соналъул ичIабилеб декабралда бахъараб ДАССРалъул ЦИКалъул Президиумалъул хIукмуялдалъун Данухъ росдал совет кьуна Гумбет подкантоналде гьоркьобе;
1929 соналъул 27 январалда, ДАССРалъул ЦИКалъул Президиумалъул хIукмуялда рекъон, Басрияб ЧIикIаб росдал совет рехана Буйнакск кантоналде;
ДАССРалъул ЦИКалъул Президиумалъул хIукмуялдалъун, ГIаркьухъ росдал совет кьуна Гумбет районалде гьоркьобе;
1944 соналъул щуабилеб июналда, ДАССРалъул Верховный Советалъул (ПВС) Президиумалъул хIукмуялда рекъон, Бавтугъаялъул росдал совет кьуна Гъизилюрт районалде;
1944 соналъул анкьабилеб июналда, РСФСРалъул ПВСалъул указалдалъун, ЦIияб Лак районалдаса Сталинаул ва Калининаул росабазул советал цолъизаруна Казбек районалде; 1960 соналъул 15 июналда, ДАССРалъул ПВСалъул указалда рекъон, Миякьоб росдал совет Гъизилюрт районалде кьуна;
1963 соналъул тIоцебесеб февралалда бахъараб, РСФСРалъул ПВСалъул указалда рекъон, Гумбет районалдаса Аргъвани, ГIаркьухъ, Данухъ, Ингишо, МелъелтIа, Лъа-ратIа ва Щабдухъ росабазул советал цолъизаруна Казбек районалде;
1964 соналъул 18 февралалда, ДАССРалъул ПВСалъул указалда-лъун, гьел росаби цIидасан кьуна Гумбет районалде;
1963 соналъул 16 марталда,
ДАССРалъул ПВСалъул указалда рекъон, Миякьоб, ЧIиркъатIа, ТIад ва Гъоркь Инхо, Килалъ росабазул советал рехана Болъихъ районалде; 1967 соналъул анлъабилеб июлалда бахъараб ДАССРалъул ПВСалъул указалдалъун, Миякьоб росдал совет кьуна Гъизилюрт районалде;
1971 соналъул 18 августалда, ДАССРалъул ПВСалъул указалда-
лъун, Хасавюрт районалдаса ЦIобокь росдал совет бачана Казбек районалде; 1975 соналъул 14 марталда,
ДАССРалъул ПВСалъул указалда рекъон, гьеб цIидасан кьуна Гъизилюрт районалде.