Гьал къоязда 80 сон тIубала Шамил районалъул МачIада росдал школалъул учитель, ДРялъул мустахIикъав учитель, ДАССРалъул лъай кьеялъул отличник МухIамад Хираевас.
Ругъелда росдал анкьгосонилаб школаги лъугIизабун, МухIамад ана Буйнакскиялъул педучилищеялде цIализе. 1960 соналда, училищеги лъугIизабун, МухIамад хIалтIана ЦIумада районалда. 1970 соналда вачана ЦIекIоб росдал школалде хIалтIизе ва гьенисаги МачIада росдал школалде.
Хираевасда бичIчIана, тIадегIанаб лъай гьечIого, математикаялъул учитель тIубаларевлъи, гьединлъидал гьес заочно цIалун лъугIизабуна пединститут.
ТIадегIанаб даражаялда дарсал кьеялъул мурадалда, гьес школалда чIезарун рукIана киналго шартIал: районалдаго лъикIаб кабинет, гьаб заманалъул тIагIел-гIучI, цIалдохъабазгун цадахъ хIадурарал берзул алатал. Районалъул лъай кьеялъул управлениялъ тIобитIараб халгьабиялъул хIасилазда рекъон, Хираев рикIкIана районалдаго лъикIав математикаялъул учительлъун. Ахираб 25-30 соналда жаниб гьесул анцI-анцI цIалдохъанас росана цересел бакIал районалъул ва республикаялъул олимпиадабазда.
1980 соналда ДАССРалъул Лъай кьеялъул министерствоялъул коллегиялъ гьабураб хIукмуялда хъвалеб буго: «Шамил районалъул МачIада росдал гьоркьохъеб школалъул учитель МухIамад Хираевас аттестаталда лъураб къимат, тIад калам гьабичIого, педагогикияб вузалде лъугьунев абитуриентасул экзаменационнияб тIанчиде босула», — ян.
Хираевас абула: «Дир цIалдохъабазухъа ункъил-щуйил къиматазда кьун бажарула улкаялъул бокьараб вузалде лъугьине математикаялъул экзамен», — ан. Гьеб битIарабги буго. Хираевасул цIалдохъаби цIалана Москваялъулги Санкт-Петербургалъулги вузазда.
Хираевасул дарсазда вукIунаро кIваркьун гIенеккуларев цониги цIалдохъан. Гьелъие нугIлъи гьабула Хираевас дарс кьолеб къагIида бихьизе районалъул школаздаса математикаялъул учительзаби рачIунел рукIиналъги, Лъай кьеялъул министерствоялдаса яги районалъул лъай кьеялъул управлениялдаса халгьабиялъулаб бригада бачIиндал, мастер-класс гIадин, рагьарал дарсал кьезе гьев тIамулев вукIиналъги. Гьеб киналдасаго вохарав МухIамадицаги абула: «Учителасул хIалтIулъ батана дида гIумруялъул талихI», — ан.
Учителасул хIалтIул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ бицунаго, насихIат хIисабалда, гьес абула: «Эбел-инсуца учителасухъе кьун буго жидер бищунго кIудияб бечелъи – лъимер. Нилъеца кьураб лъаялда ва тарбиялда бараб букIуна лъимадул букIинесеб гIумру. Къокъго абуни, нилъ, учительзаби, ккола улкаялъул, халкъалъул ва цIалдохъабазул букIинеселъул жавабчилъи кодосел чагIи», — ян.
Шамил районалъул лъай кьеялъул управлениялъул нухмалъулев Ибрагьим ХIажиевас загьир гьабуна гьадинаб пикру: «МухIамад ккола учителасул ишалде рокьи бугев, хIалтIулъ цIилъи лъугьинабизе хIаракат бахъулев, жиндегоги цIалдохъабаздеги кьварараб жавабчилъи бугев, гIун бачIунеб гIелалъе лъикIаб лъайги тарбияги кьеялъулъ бергьенлъаби росарав чи», — ян.
ЛъикIав учитель гуревги, МухIамад ккола жамагIатчиги, гьев жигаралда гIахьаллъула росулъ тIоритIулел киналго ишазулъ. ВацIцIа-вакъадго ретIа-къан, къамартIго вачIунев учителасухъ балагьун, гьесул хIеренаб ва гIакъилаб каламалъухъ гIенеккун, сундулъго гIадлу-тадбир буголъи бихьун, гIемерисез абула, гIицIго цIалдохъабазе гуребги, росдал гIадамазеги тарбия кьолев, хьвада-чIвадиялъулъ мисаллъун лъугьарав чи вугин нижер Хирасул МухIамадин.
«Жакъасел школазда лъугьун бугеб ахIвал-хIалалъе дуца кинаб къимат кьолеб?» — абураб суалалъе гьес кьуна гьадинаб жаваб:
— Бищунго квещ ккараб жо буго, цIалдохъаби цIалудаса нахъе кIанцIун рукIинги хIукуматалъги жамгIияталъги учителасул ва тарбиячиясул хIалтIул къимат гьабунгутIиги, — ян.
Жиндирго лъималазе тарбия кьун бажаруларев учителасул кинабгIаги ихтияр букIунаро чияр лъималазда цеве эхетизе — ян абулеб Хираевас. МухIамадил буго цоцалъ рекъараб, захIмат бокьулеб хъизам. Лъадигун цадахъ гьес гIезабуна ункъо лъимер. КIудияв вас Даниял ккола ралел бакIазул управлениялъул генералияв директор, Рашид – минабазул цебесеб рахъ берцин гьабулел алатазул цехалъул начальник, кIудияй яс Асият – йичарухъан, Мариян – чед бежулей гIадан.
Жиндирго лъималазул гIумру-магIишаталдасаги, гIадамазда гьоркьоб бугеб гьезул къадруялдасаги вохунги чIухIунги вугин живилан абуна МухIамадица.
МачIада росдал жамагIаталъ ва школалъул коллективалъ баркулеб буго МухIамад Хираевасда 80 сон тIубаялъул юбилей. Гьарула сахлъи, рохел ва хIалтIулъ бергьенлъаби.