Гьаб ракьалда тIад бугебщинаб берцинлъиги, гьайбатлъиги, хIеренлъиги, чалухлъиги, чергеслъиги БетIергьанас барахщичIого кьурал хIурматиял руччаби!
Нуж мустахIикъал руго ракьалда ругелщинал тIугьдузе, нужедаса берцинал гьел гьечIониги. Нуж руго, калам хIалималги, хIалкIолъи бугелги, тIегьлъун кенчIолелги, зазлъун хIенчолелги, канлъи бикьулелги, ханлъи бекьулелги, рокьуе мукIуралги, гIанчIал ракIазул, гогьаб гьимидул, къо ккедал бахIарчиял, хIал ккедал бихьинчиял, бухIараб цIорозабизе, цIорораб бухIизабизе кIолел, гIодизе малъизеги релъизе гьукъизеги кIоларел, БетIергьанас дунялалде битIараб инсанияталъул гьайбатаб ва камилаб бутIа. БухIун щвараб бакъудасаги балеб горо-цIералдасаги кIудияб гъветIалъ цIунулел гIадин, нужецаги цIунула бихьинал квешабщиналдаса, кигIан кIудияб кьуру цебе букIаниги, гьеб кьвагьунги, нух бахъула нужер цо рагIуца. Свалат-салам лъеяв аварагасул хIадисалда буго улбузул хIатIикь бугин алжанин абун. Гьениб бакI щвеялдаса талихIал руго нижги!