Роржунел алатазул рагъ

Гьал къоязда редакциялде вачIун вукIана СВОялъул гIахьалчи МухIамадрашад Илясов. Гьев ккола Казбек районалъул Гуни росулъа. Гьес бицана рагъулаб хъулухъалде иналъулги гьенир ккарал лъугьа-бахъиназулги хIакъалъулъ.

 

— МухIамадрашад 60-йилъе вахарав мун СВОялде кин ккарав — мобилизациялда рекъонищ яги дуего бокьунищ?

— Киназдаго тIадаб буго ватIаналъул тIалаб гьабизе.

Советияб заманалда дица ра­гъулаб хъулухъ тIубана гIарадачагIи-ра­кетчиказул часталда. 2024 соналдаса нахъе вуго СВОялда. Дун вукIана батIи-батIиял ишазде машгъуллъун, хъизам хьихьизе хIаракат бахъулев чи. Дир буго щуго лъимер: кIиго ясги лъабго васги. Гьезие чед-хинкI балагьизе тIадаб букIинарищха дида.

ГIарцуе гIоло гьениве арав чи гуро дун – гьеб балагьизе бажаруларев чи гурелъул. БитIараб бицани, аслияб мурад букIана ватIан цIуниялъулъ дирго бутIа лъей. Доб 1941-1945 соназул гIадинаб рагъ гурелъул унеб бугеб гьанже. 30-гIан соналъ цебе гIажаибал фильмазда хIикматго рихьулел рукIарал техникиял алатал хIалтIизарулел руго гьеб рагъулъ – роржунел таксиялила, гъудрулила, гIисинал рухIчIаголъабазул сипаталда роржанхъулел жалила. Гьеб якъинлъана гьанжезаманалъул рагъда. Дроналин абулел батIи-батIияб тайпаялъул роржунел алатал руго нилъерги тушбабазулги рахъалда хIалтIизарулел.

— Щиб бакIалда вугев мун гьабсагIат?

— Байбихьудасаго дун ккана Харьковалъул мухъалде. Курск областалдаги вукIана. Кирехун ругониги, рагъул хIалуцин кибго буго. Дун вукIана десантникал раччулеб «Ахмат» абураб машинаялда шоферлъун. Бащдаб лъагIалидасан ана эвакуациялъул къокъаялде. Цого бакIалда рукIунаро: жакъа гьанив, метер – дова. Командирас кьураб буюрухъ тIубазе ккола.

— Щай букIараб гьениве ингоян ракIалде ккун батиларищха чанги…

— ЦогIаги нухалда ккечIо. Узухъда, рагъ лъиениги бокьуларо. Цевего ун вукIараваниянги ракIалде ккечIо. Амма гьениве иналдаса ракIбухIичIо. ВатIан цIунизе щвеялдаса чIухIизе ккола нилъ, бихьинал. ГIицIго пикру букIана лъагIалил контрактги хъван, рокъове тIадвуссинилан абураб. Гьанже СВО лъугIичIого гьеб мурад тIубазе батиларо.

— Кида гьеб лъугIизе бугеб?

— ЗахIматаб суал. Нилъецани жакъа-метерго лъугIизабилаан рагъ, амма бакътIерхьул пачалихъазул мурадал батIиял руго. Гьез теларо гьеб хехго лъугIизе. Дозие бокьухъе кколеб гьечIелъулха СВОялъул хIасил. Нилъер пачалихъалде данде къеркьолеб буго 50-ялдаса цIикIкIун улкаялъул рагъулаб къуватги, политикияб пикруги, гIарцул сурсатги.

— Дуда цадахъ дагъистаниял ругищ?

— ГьечIо. БатIи-батIиял регионаздаса рагъухъаби руго, Дагъистаналдаса хутIизегIан. Батальоналдаго вуго чанго дагъистанияв. Киса щал ратаниги, батIалъи гьечIо — дора ниж киналго руго цо эбелалъул лъимал гIадин. Вацилан гурони абизеги абуларо цоцазда. Командиралги лъикIал руго, цоцазе хIалае рахъине хIадурал, цоцазул адаб гьабулел рагъухъабиги руго.

КIиго ясги лъабго васги руго МухIамадрашадил: цоял — студентал, цогидал — школалъул цIалдохъаби ва бищун гьитIинай яс — жеги школалде ячинчIей. Гьезие магIишат гьабулев вукIарав гьев, кинабгоги тун, вахъана ватIаналъул ахIуе жавабги гьабун.

КIицIул лъукъана. Цо нухалда, гьужумалъулаб къокъаялда цадахъ рагъулаб тIадкъай тIубазабулаго, аскIоб ккараб кьвагьиялъул хIаси­лалда, гьев лъикIаб хIалалда агълъизавуна.

КIиабилеб нухалда гьесул квер тохлъукьего хъвана нацистаз бах­ча-хьван лъураб кьвагьулеб алаталда ва гьеб кьвагьана. Лъабго моцIалъ вукIана МухIамадрашад батIи-батIиял госпиталазда. Гьабуна операцияги. Кваранаб квералъул буртIинкилщил кескал данде ракIарана тохтурзабаз. ТалихIалъ, квер хвасар гьабун бажарана. Госпиталаздаса гьев витIана рокъовеги. Хъизамалда, гIагарлъиялда аскIоб дагьаб заман базе ресги щвана. «ЦIидасан госпиталалда ве­гизавичIони, метерго тIадвуссине ккола дирго гьалмагъзабазухъе», — ян абуна М. Илясовас гара-чIвариялъул ахиралда.

Кавсарат Сулейманова