ГIумруялъул ицц

ВатIан байбихьула хъизамалдасан, гьелъул гIажаибаб къисаялдасан. Гьелъул гъасда бугеб хинлъиялдасан, хинлъи кквезе ругел лъималаздасан.

ВатIаналъул талихI — талихIаб хъизан, ВатIаналъул чIухIи – гьебги хъизамин. ВатIаналъул шигIру — хъизамалъул кечI, ВатIаналъул къуват – хъизамалъул цIар.

ХIикматаб гъансито, жеги чан нухалъ гIедегIун рачIинел духъе дур лъимал. Гьел хIасратлъун руго гIанчIаб дур кочIохъ, гIумрулъун лъугьараб дур рокьиялъухъ.

Дадаги, бабаги, рукъ цIун лъималги – бугебдай ракьалда батIияб талихI?! Гьеб талихIалъ гурищ нилъей рагьулеб хIикматазул гъамас нух битIиялъе.

Хъизан байбихьула ВатIаналдасан, ВатIан байбихьула хъизамалдасан. ВатIанги хъизанги – гьеб кIиго кваркьи сангарлъун рукIаги нилъер роржадуй.

Лъималахъ урхъарал

улбузул кучIдул

 

Хъизан. Гьеб ккола гIумруялъул аслу. Гьениб бижула лъимадухъ урхъараб эбелалъул хIасратаб кечI. Гьеб кечI хутIула даим нилъгун. Гьелъ нилъее сайгъат гьабула абадияб лъимерлъиги гIолиллъиги. Гьеб кечIалъ цIунула хъизамалъул гъансито. Эбелалъул кочIоеги, гьелъул недегьлъи-хIалимлъиялъеги, хIик­матаб рокьуеги хасаб магIна кьола инсул кьварараб тарбиялъ. Гьеб кIиябго, эбелалъул кечIги инсул тарбияги, цадахъ хIалтIани, хъизамалъул гъотIода тIагIамаб пихъ бижула. Гьединго гьеб гъветI лъалъала дахIабабалги дахIададалги маргьабазги лъималазул лъималаздехун гьезул бугеб гIишкъуялъги. Хъизамалъул бицунелъул, щаялиго бокьула лъимерлъиялде тIадюссине. Гьенисан байбихьулеб батула хъизанги. Саназ ботIрол расазда жидерго савуялъул накъишал рахъанагIан, гIагаралъула нилъ доба рикIкIада тараб лъимерлъиялъул гIорхъоде. Гьекъон къеч хьолареб гIумруялъул иццлъун хутIараб гьелъ цIидасанги ракIарула хъизамалъул гъасде. Унго-унгоги, гьел лахIзатаз нилъехъ рещтIунебщинаб талихI.ГIемер щола дирго лъимерлъиялъухъе, балугълъиялъухъе, гIолиллъиялъухъе гьоболлъухъ. Гьенир дида дандчIвала инсул дарсалги, эбелалъул сариналги, вацазул сипаталги… Гьеле гьеб талихIаб лахIзаталдасан байбихьулеб батизеги бегьула ватIаналъул талихIги. Щибаб хъизамалъе даимлъаги жиндирго гъанситохъ рещтIараб талихIги гъасда бакараб цIаги. Биччанте щибаб хъизамалъул тах берцин гьабизе икъбалалъ.

 

Хъизан — гIумрудул аслу

 

Инсанасул гIумру берцин гьабулеб аслулъун ккола хъизан. Хъизамалъул гъасда бакараб цIаялъ гIадин гьев хинлъулевги ватиларо. Дун кидаго урхъун йикIунаан лъимал гIемерал хъизамазда. Гьел гIемерлъанагIан, баракатги гIе­мерлъулеб батула. Эбел-инсуда цадахъ хурие-хариние араб мехалдаги, йикIунаан рухIдаллъун, мадугьалихъ хуриб лъималазул чIиргъи-хъуй рагIараб мехалдаги. Кваназе гьел гIодор чIедалги, анищалда йикIунаан гьезда аскIое ине — гьениб букIунеб кеп-ихтилат бихьидал. ХIалтIигицин бигьалъулеб батила, цадахъ гьабулелъул. ВатIанги байбихьула нилъер щивасе хъизамалдасан. Гьенисан рагьула нилъее кIудияб гIумруялде гьитIинал каваби. Санал ран кIо­долъанагIан, дагьалъги урхъулелги руго хъизамалъул гъанситохъ. Кирехун ругониги, пикрабиги ратула дора, хъизамалъул гъасда. Нилъгоги гIедегIулел руго хIикматал ракIалдещвеязухъе. Щайгурелъу­л лъимерлъиги, балугълъиги, гIо­лиллъиги — гьеб кинабго нилъеца тола доба, нилъго рижараб гъасда. Цинги — щивасулги цIиял хъизамал. Гьеб мехалда нилъеца хIаракат бахъула рикIкIада хутIараб гъанситохъ тараб гIумруялъул гIидраялда квалквадизе. Пикрабаз гьоболлъиги гIемер бала гьениб. Доба рикIкIада танщинаб лъикIаб нилъеца босула нилъер хъизамазде. Гьедин, гIелаз гIелазухъе кьун, цIигьарула нилъеца тухумазул, хъизамазул гIадатал. Хъизамазул парахалъиялъулъ буго ВатIаналъул парахалъиги. Хъизамалда бекIкIула, лъадарула кIудияб ватIаналъул талихIги. Гьенибго тIирщула рокьиги божилъиги. Гьезие рорженги хъизамалда щола. Хъизан — гьеб нилъее ккола хIикматаб маргьалъун. Гьенир нилъеда данд­чIвала эбелалъул кечIги, инсул насихIатги, кIудадал гIумруялъул дарсалги, кIодоэбелалъул хIасратги. Гьенисан чIвала нилъеда бищунго тIагIамаб кванил махIги, эбелалъул, кIодоэбелалъул квераз гьабураб. Эбел-эменлъун рахъаниги, абадиялъего жиндие нилъ лъималлъун хутIулеб гьуинлъиялъул цIураб гьеб хIикматалда цIарги буго – Хъизан. Биччанте хъизамазул гъанситоялъул кидагосеб тахлъун букIине ва хутIизе рокьи.

 

Хъизамалъул гъасда — талихIалъул расенал

 

Щибаб росулъ руго жидер хIакъалъулъ хъвазе мустахIикъал гIемерал хъизамал. ХIатта щибаб хъизанги мустахIикъаб буго дунялалда ругелщинал берцинал рагIабазе. Диеги бокьун буго дирго гIагараб росдал хъизамазе сайгъат гьабизе гьаб гьитIинабго макъала. Гьел хъизамазул хIакъалъулъ хъваялъеги гIилла буго гIемерлъималазулаб букIинги. КIиабизе босани, нилъ ругьунлъун руго машгьурал гIадамал рахъарал хъизамазул х\акъалъулъ хъван ва бицун. Бокьун буго гьаб нухалда гIадатиял хъизамазда букIунеб берцинаб талихIалъул хIакъалъулъ хъвазеги бицинеги.

ГIабдурахIман Маккашарипов ва ПатIимат МухIамадова. ЛъикIаб тарбия кьун, гIадатиял рос-лъадуца гIезабуна анлъго лъимер — лъабго васги лъабго ясги. ПатIимат ккола дир классцояй. Школалда цIалулеб заманалдаса нахъего гьелъул букIана гIодое йиччараб гIамал. Нижгун цадахъ гъалмагъирги гьабулароан гьелъ. Гьикъаралъе жавабги кьун, иш тун йикIунаан. ПатIимат жийгоги ккола лъимер гIемераб хъизамалдаса яс. Лъабго ясги ункъо васги рукIана гьезул.Школа лъугIидалги, бухьенги къотIичIо нижер, цохIо росулъ рукIиндалха. Зама-заманалдасан дандчIваялги гьарула. ПатIиматил рос ГIабдурахIманги гьединго ккола лъимал гIемераб хъизамалдаса — щуго вас вукIана гьезулги. Гьединлъидал гьезие захIматго букIун батилищха гIемерал лъималазе тарбия кьей.ГIумруялъул чанги захIмалъабиги хIехьезе ккана ПатIиматица. Амма лъиданиги хIаллъазеги течIо. ГIурабго заманалъ росдал почтальонлъунги хIалтIана ПатIимат. Гьезул киналго лъималги рукIана дир цIалдохъаби. Бищунго гьи­тIинай Асиятил кIудияб махщел буго суратал рахъизе. ХIалтIулей йикIана росдал ясли-ахалда. РосурагIалда бугеб гьеб къватIисан къачIан берцин гьабун буго Асиятил суратаз. Ясазул кIудияй Мадина цIалулей йиго Кисловодскиялъул медколледжалда. Хадусей яс Наидалги лъугIана гьебго колледж, хIалтIулейги йиго гьебго шагьаралда. Гьоркьохъев вас МухIамад ккола росдал магIишаталъул хIалтIухъан. Гьесги гIуцIана жиндирго хъизан. СВОялъул гIахьалчи, кIудияв вас ХIажимурадил бергьенлъабазулги шапакъатазулги хIакъалъулъ чанги бицана Россиялъул телевидениялдасанги. Гьев мустахIикълъана Бихьинчилъиялъул орденалъе ва Россиялъул Оборонаялъул министерствоялъул «За воинскую доблесть» медалалъе. ГьитIанав вац Сайгидги ккола СВОялъул гIахьалчи. Гьевги мустахIикълъана Суворовасул медалалъе. Гьаб­са­гIа­талдаги кIиявго вац руго ватIаналъул парахалъиялъул хъаравуллъуда. ПатIиматиеги Сергей Меликовас кьуна Амет-Хан Султанил цIаралда бугеб медаль. Росулъе щведал, цо-цо ПатIиматихъеги яккула дун. Гьезул рукъалде аскIое щолелъул, азбаралда бугеб гара-чIвариялъ дагьайго лъалхъизаюна. Гьале доб гIемер лъимал ругеб талихIаб хъизамалда букIунеб гIадатияб гуреб талихI- анлъабго лъимерги, жеги тIаде васасул хъизанги, гьез сверун ккурал талихIал эбел-эменги. ТIокIабги берцинаб сурат бугебдай дунялалда! Хъизамалъул гъасда талихIал расеналлъун ругел умумулги лъималги – гьеле доб хъизамалда бижулеб рокьул байбихьи.

 

Дир чиякълъиялда туманкI речIчIарал

 

Гьединго бокьун буго хъизамалъул ва дагьаб цебегIан кIодо гьабураб мадугьалзабазул къоял баркизе мадугьалзабазул, НурмухIамдовазул хъизамалдаги. Мина босулеб мехалда, тIоцебесеб иргаялда умумуз цIехолев вукIун вуго мадугьал. Хъизамалъул парахалъиялъул гьесда барабги гIемер букIунелъулха. Цо гIакъилас абун буго:

— Нилъер щивасул вукIине ккола, изну цIехечIого, рачIине-инеги бегьулев, нилъеца жиндиде ургъел бикьулев, бокьарабги бицунев чи. Гьесие гIодизеги бегьула. Гьесие велъизеги бегьула, — ян.

Гьеле гьединаблъун ккола дие гьеб хъизанги. Мунагьал жиндир чураяй ТIанусиса ХIасанхIусенил Сапинатица гIемер такрар гьабулеб рагIулаан дида:

— Пайда щибха, гьаб чиякълъиялде речIчIизе цо туманкI букIарабани дир, — илан абун. ГIолохъанлъудаги лъимерлъудаги долъ абуралъул магIна бичIчIизего бичIчIулароан. Гьанже мухIканлъана дие гьелъул магIна. Гьеле гьединаллъун, дир чиякълъиялда речIчIараб туманкIлъун руго дие гьел, дир мадугьалзаби. Камилилги Асиятилги руго лъабго ясги кIиго васги. ЦIикIкIарав вас ГIабдухаликъ хIалтIулев вуго Москваялда. Гьес лъугIизабуна Дагъистаналъул промышленниябгун экономикияб колледж. КIиабилев вас СайгидмухIамадица лъугIизабуна полициялъул колледж. Заочно цIалулев вуго МахIачхъалаялда, правовияб институталъул юридикияб факультеталда. ХIалтIулев вуго Росгвардиялда. Гьев ккола СВОялъул гIахьалчиги. ГIабидатицаги лъугIизабуна гьебго институталда гьебго факультет. ХIалтIулей йиго Хунзахъ районалъул РОВДялда. Хадусел ясал Шумайсат ва Аминат цIалулел руго ТIануси росдал гьоркьохъеб школалда микьабилеб ва анкьабилеб классазда. Дун росулъе щолелъул, Шамай-адайиланги абун, гьел данде рекерун рачIунеб мехалда, гIажаибго берцинаб асаралъул гъамутакье ккола дун. Гьел лахIзатаз дида ккола хьухьикьан бакъ гьимулеб бугилан ва жиндирго чIораз дир талихIалда тIасачиякълъиялъул партал бахъулеб бугилан. Унтарай эбелалда хадуб хъулухъ гьабизеги кумек гьабуна гьез дие щугогIан соналъ. Рукъалъул хIалтIаби гьарулеб мехалдаги, хьолбохъ эхетулаан гьел. Гьедин букIуна гьанжеги. Нилъеда лъалаха, жанив чи гьечIони, мина кинаб хIалалда букIунебали. Амма гьеб хIалалде нижер мина ккезе бичIчIачIо гьез. Гьединал мадугьалзаби росулъ ругони, ургъелги сундулго букIунеб гьечIоха. Бокьула дие, тIубараб хъизанго данделъараб мехалда, гьезул гьениб букIунеб ахIи-хIурги релъи-хъуйги. Гьеле гьединаб, гIемерал лъимал ругеб хъизамалда букIунеб релъи-хъуялда кидаго бахиллъула дун. Гьелеха доб, дун даим жиндихъ урхъараб талихI. ГIемерал лъимал ругел хъизамазда талихIалъул кьер-махIгицин батIияб букIунин ккола. Дун инегIан, дие рокьулел квеналги гьарула гьез. Хасго гьитIинал мадугьалзабаз хIаракат бахъула мадугьалзабазул борч тIу­базе. Тира-сверизеги цадахъ уна ниж. Дица гьел рачуна дирго лъимерлъиялъулгун дандчIваялдеги, ай, гьитIинаб мехалда дунго тирулей йикIарал гIалахазде. Цадахъ тIугьдулги ретIула нижеца. Гьаб нухалда дун эхеде ячIиналде, дир лъимерлъиялъул авлахъаздаса ретIарал тIугьдузул квацIиги хIадурун батана гьез дие.

— Шамай-ада, гьалеха жакъаги мун дандчIвалей йиго дурго лъимерлъигун, — иланги абун, тIугьдул сайгъат гьаруна гьез дие…

ГIемерал руго гьединал ракIалде­щвеял… Хъизамалъул къо гIагар­лъулелъул, цIидасанги гьел ра­кIалде­щвеяз гьоболлъухъе ахIана дун.

ЧIахъаги дир улкаялъул щибаб хъизам! ЛъугIугеги гьелъул гъасдаса талихIалъул гвангъи!

Шамай Хъазанбиева