26 февралалда «Дагъистан» РИАялда тIобитIана «Справедливая Россия» партиялъул республикаялда ругел вакилзабазул гIахьаллъигун пресс-конференция.
Гьеб партиялъул ДРялъул Халкъияб Собраниялда бугеб фракциялъул нухмалъулев Камил Давдиевасул рагIабазда рекъон, гьезул бищун тIоцебесеб тIалаб ккола 2018 соналда улкаялда къабул гьабураб пенсиязул реформаялдаса инкар гьаби.
«Байбихьудаго ниж гьеб реформаялде дандечIун рукIана. Амма Пачалихъалъул Думаялда нижер ахIухъ гIенеккулел чагIи къанагIат рукIана ва «Единая Россия» партиялъул вакилзабаз рахъги ккун, гьеб къабулги гьабуна.
Гьанже улкаялъул Конституциялда хиса-басиял гьаризе президентас кьураб ресалдаса пайдаги босун, нижеца тIалаб гьабулеб буго халкъалъе данде кколареб гьеб реформа тIубанго нахъчIвайилан», — абун бицана Давдиевас.
«Справедливороссаз» тIалаб гьабулеб буго хIалтIулел ва хIалтIуларел пенсионеразе кьолеб гIарац цIикIкIинабиги. Гьеб суал президентас борхана Федералияб Собраниялде гьабураб хитIабалдаги.
«Путиница абулеб буго щибаб соналъ цIикIкIинабизегIан течIого, лъагIалида жаниб цо чанго нухалда цIикIкIинабейин пенсионеразе кьолеб гIарцул къадарилан. Гьеб буго цебеги Пачалихъияб Думаялда чанцIулго борхараб суал, амма гьелъул рахъккун букIинчIо. Гьанже президентас жинцаго цебе лъуна гьеб масъала», — ян абуна Камил Давдиевас.
«Справедливая Россия» партиялъул вакилзабаз тIалаб гьабулеб буго лъай кьеялъе ва сахлъи цIуниялъе бюджеталдаса биччалеб гIарац анкьго проценталдаса дагьаб букIунгутIиги.
«Халкъалъул сахлъи цIуниялде кIудияб кIвар кьезе бугинги абун, хIукуматалъ хIисабалде босулеб гьечIо гьелъие биччалеб сурсаталъул гIей-гIунгутIиялъул суал. Халкъ сахго букIине ккани, гьелда тIад харж гьабулеб гIарацги мукъсанаб букIине бегьуларо. Халкъалъе лъикIаб лъайги, чIобого гьабулеб медицинаялъулаб кумекги букIине кколин ахIи бала нижеца. Амма гьеб кIиябго бутIаялда хурхун къабул гьабураб кIиго реформа букIана сахлъи цIуниялъулги лъай кьеялъулги иш кIалагъоркье чIвазабизе ургъараб. Гьеб ахIвал-хIал хисизабизе къваригIун буго чара гьечIого», — ян абуна К. Давдиевас.
Эбелалъул капитал гIолохъанал эбел-инсухъе бигьаго щолеб къагIида ургъизеги къваригIун буго «справедливороссазе».
«Лъабго соналъ гьеб щвеялъухъ ралагьун чIезаричIого, тIоцебесеб ва кIиабилеб лъимер гьабурабго, гьеб гIарац эбел-инсуе къваригIараб бакIалде хIалтIизабизе щай кьолареб? Масала, мина баялъе батаниги, лъимералъе хIажатаб цогидалъе батаниги, гIарац тIоцебесеб соналъго кьезе ккола хIалтIизабизе», — илан абуна гьес.
Байбихьул классазда цIалулел школлъималазе хинаб къадеквен кьезе букIиналъул хIакъалъулъ президентас жиндирго хитIабалда бицараб пикруги жидер партиялъул тIалаб букIанин тIаде жубана Давдиевас.
Гьес бицаралъул хIисаб гьабуни, ахирисеб хитIабалда Владимир Путиница рорханщинал суалал кколел руго «Справедливая Россиялъул» гъасда рижарал пикраби.