Машгьурав хъвадарухъан, журналист, таржамачи Асадулагь МухIамаевасул хIакъалъулъ Хочо ХIамзатовасул гьаб макъала 1992 соналда бахъун букIана «ХIакъикъат» газеталда. Гьел кIиялго рукIана Хунзахъ районалдаса, гIемерал соназ цадахъ хIалтIана магIарул газеталда, гьединлъидал макъалаялъул авторасда лъикI лъалаан Асадулагь. Берцинаб мацIалъ хъвараб, хъвадарухъанасул гIумруялъул хIакъалъулъ мухIканал, дурусал хIужаби жинда жанир ругеб Хочол макъалаялъул жакъаги буго кIвар. Гьединлъидал, исана Асадулагь МухIамаев гьавуралдаса 130 тIубайги хIисабалде босун, пикру ккана макъала цIидасан газеталда бахъизе. Гьелдаго цадахъ газеталъул хадусел номераздаги кьезе буго хъвадарухъанасул гIумруялъулги хъвадарухъанлъиялъулги хIакъалъулъ батIи-батIияб материал.
Редакция

Хочо ХIамзатов
ГIажаибаб букIана МухIамаев Асадулагьил гIумруялъул байбихьи. Гьев гьавуна 1896 соналда Авар округалъул Гьамуши росулъ мискинаб хъизамалда. ГьитIинаб мехалъ эбел-инсуца Асадулагь гIараб мацI лъазабизе тIамуна.
ГIага-шагарго 1908 соналда Турциялдаса гьесул эбелалъул вац ГIабдурахIман вачIун вукIана росулъе ва, тIадвуссун унелъул, гьес цадахъ бачун ана росулъ букIараб хъизамги. Гьамушиса ун, гамиде рахинегIан гьезул нух халатабги захIматабги букIана. Гьел гамиде рахиндал, гьенив ГIабдурахIманида ватула Асадулагьги. «ВахI, мун кин ккарав гьаниве, щай вачIарав?» — абун цIехедал, Асадулагь мукIурлъана жив, нужедасаги вахчулаго, хаду-хадув вачIанилан ва жиндиеги Турциялде вачIине бокьун бугилан. Гьеб сапарги гьес бухьун буго эбел-инсудаги лъачIаго. Щиб гьабилеб, 12 сон барав чи нахъейищ вуссинавилев? Вачун вуго жиндирго васасда цадахъ Турциялде гьевги. Гьезул чIей букIун буго Бурсаялда.
Харбазухъ гIенеккани, нилъ гьечIеб бакIалда кинабго чIван-чIобого букIуна, жеги хIамаги кIиго шагьиде щолин абула. Амма хIакъикъат батула гьелъул гIаксалда. Асадулагьицаги Турциялда гIемераб захIмат баччизе ккун буго. Хасго имгIал унтараб мехалъ, гьезул тIолабго хъизан хIалтIун буго цо бечедав чиясул ахикь. Гьезул, талихIалъ, лъикI хIалтIарал гIадамазул къимат гьабулев ва сахаватаб хасияталъул чи ватана гьев. Гьесул кумекалдалъун ворчIун вуго Асадулагь гьенив цIализеги.
Асадулагь щвана Сириялдеги. Гьениве унаго, нухда лъелго щиб, вараниялда рекIун щиб, салул авлахъалдасан къечон, кIалдиб хIацIу бакъван, тату хун ине ккун вуго. Рашидия абулеб бакIалда цIализе лъугьун вуго рухIанияб школалде. ЦIализе ккани, гIарацги къваригIунелъул, гьев хIалтIизе лъугьун вуго тIурччи бахъулев чилъун. БакI-бакIалъул гIадатин абула, гьенибги гIадат букIун буго гIадамаз цIа рукъ бакьулъ тIорччода бакулеб. Гьеб тIурччийин абуни, бахъулеб букIун буго, рохьобго цIулги бухIун. ТIурччи бахъизе ун, Асадулагьицаги гьев гIадазги анкьал ралел рукIун руго рохьор. Кин бугониги, Асадулагьица гьеб школа лъугIизабун буго ва нилъер гьаниб гьеб рухIанияб школалда босараб лъай тIадегIанаб лъаялда бащад гьабун буго.
Асадулагь Турциялдаса тIадвуссун вуго 1913 соналда. Амма гьев халат росулъ хутIуларо. Гьесул ракIцIала Шурагьиб букIараб ЧIохъа Мавраев МухIамадмирзал басмаханаялде. Гьенир гIараб ва Дагъистаналъул мацIазда рахъулел рукIана тIахьалги газеталги. Асадулагьида лъалаан парс, турк, лъарагI, гIурус ва цIакъго лъикI гIараб ва магIарул мацIалги. Гьесул букIана хIисаб гьечIого берцинаб, цIализе бигьаяб, ракI балеб хатIги. Асадулагьил лъайги, мацIалги, хасго хатIги басмаханаялъе цIакъ хIажат букIана. Нилъер тIоцебесеб «МагIарулав» абураб газеталъул бетIер буго Асадулагьил квералъ хъвараб. Гьанжеги гIажамалъ хъварал гIемерал тIахьал дандчIвала «Гьаб тIехь хъвана МухIамаев Асадулагьица, Гьамушиса» абун ахада хъварал.

Асадулагьида лъалаан гIараб цIаларал гIемерал гIадамал, гIарабалъ яги гIажамалъ тIахьал хъвалел яги редакторлъи гьабулел чагIи. Гьесда лъалев вукIун вуго МахIач Дахадаевги. МахIачил хъизан Написат-ханумилги букIана магIарул мацIалда бахъулеб «Заман» абураб газета. Газеталъул материалазул мурад букIана социал-демократазул партиялъул пикраби тIиритIизари.
Асадулагьица инкъилабалде кIудияб рохалидалъун дандчIвай гьабуна. 1921 соналда Авар округалъул партиялъул комитеталъ ва окрисполкомалъ гьев тасдикъ гьавула халкъияб лъай кьеялъул отделалъул (ОНОялъул) тIоцевесев заведующийлъун. Гьеб хъулухъалда гьес гIемераб лъикIаб хIалтIи гьабуна округалда школал рагьиялъул, мугIалимзаби хIадур гьариялъул, ятимал лъималазул тIалаб-агъаз гьабиялъул рахъалъ. Дол соназда, эбел-эменги хун, ятимго хутIун вукIарав Хунзахъа полковник пенсионер Халидов Расулица Асадулагьиде кIудияб рокьигун ва баркалагун бицунаан 1921 соналда гьес живго интернаталде витIараб куцалъул хIакъалъулъ.
Дол соназда улкаялдаго ва нилъер гьанивги тIолго халкъалъул пикру тIаде кьураб суал букIана Волга гIор чIван ругел областазда ккараб балагь-ракъи. Кирго гIадин, Авар округалдаги гIуцIун букIана ракъи бугел областазе кумек гьабиялъе хасаб комиссия. Гьеб комиссиялъул председательлъун тIамун вукIана ОНОялъул заведующий МухIамаев Асадулагь. Округалда комиссиялъ гIемераб хIалтIи гьабуна ракъи бугел областазе битIизе тIощел, гIарац ва цогидабги бакIариялъул ва битIиялъул рахъалъ.
Нилъер республикаялда тIахьалги газеталги рахъиялъул иш цIикIкIанагIан, кадрабазде хIажалъиги цIикIкIана. Асадулагьги гьевго гIадал цогидалги нахъеги басмаялъул ишазде ахIана. Асадулагьица бицунаан, букIунаанила цохIо чияс газета гьабизе кколеб замангиян.
1934 соналда, магIарул мацIалда цIияб, кIудияб роценалъул «МагIарул большевик» газета бахъизе байбихьараб мехалъ, гьелъул тIоцересел хIалтIухъабазул цоявлъун вукIана Асадулагь. Гьев хIалтIана советиябгун дармил отделалъул заведующийлъун. Гьес кумек гьабулаан цIиял, хIалбихьи гьечIел хIалтIухъабазе. Асадулагь вукIана цадахъ ругезе лъикIав гIакълучиги, кумекчиги, хIалтIулъ мухIканлъиялъе лъикIав мисалияв чиги. МацIазул ва полиграфиялъул рахъалъ гьев нижее энциклопедиялъунги мугIалимлъунги вукIана. Газета анкьида жаниб анлъго нухалъ бахъизе лъугьараб мехалъ, магIарул мацIалде буссинабулеб материал цIакъ гIемерлъана, ва Асадулагь гьеб отделалъул бетIерлъиялде вачана.
ВатIанияб рагъул соназда газеталъул кIвар бугеб иш кколаан фронталдаса рагъухъабазул кагътазда тIад хIалтIи гьаби, гьезул рагъулал ишал машгьур гьари. Гьеб ишалъулъ лъикIаб гIахьаллъи гьабулеб букIана Асадулагьицаги. Цо гьитIинаб мисал. Редакциялде бачIараб дир кагъат, газеталдаги бахъун, 1946 соналда дун рагъдаса тIадвуссун вачIараб мехалъ, дихъе нахъе кьезе цIунунги батана гьес. Гьединав, ракI биччарав, бачIунесеб заманалъул пикру гьабулев чи вукIана Асадулагь.
МагIарул газетазул редакция кидаго цадахъ хIалтIулеб букIана ЦIадаса ХIамзатил цIаралда бугеб Дагъистаналъул литератураялъул, тарихалъул, мацIалъул институтгун. МацIалъул, гьелъул битIунхъваялъул, алипалъул ва цогидалги суалазда тIад хIалтIулел рукIарал Ш. МикагIиловасулгун, М.-С. СагIидовасулгун, З. Къурбановасулгун, З. ГIалихановасулгун ва цогидалги гIелмиял хIалтIухъабазулгун редакциялъулги, гьелъул хIалтIухъабазулги, хасго Асадулагьилги щулияб бухьен ва дандбай букIунаан. Асадулагьие ракI-ракIалъ бокьулаан магIарул маданият, гьеб бечед гьабизе, цебетIезабизе. Масала, ХъахIабросулъа МахIмудил тIоцебесебги (1926) кIиабилебги (1928) гIажамалъ басмаялда бахъараб кучIдузул тIехь Асадулагьил квералъ хъвараб буго, ва абула, гьел кучIдул Игьалиса ГIарашил ГIумаридаса хIалицаго гIадин щвезарунилан. Асадулагьицаги гьалмагъзабазги, ГIумаридаса балъго, гьес кечI ахIулеб мехалъ, нахъасан хъван руго гьел кучIдул.
Асадулагьил квералъ хъван руго гIемерал туркабиги мавлидалги. Хадурккун гьес магIарул мацIалде руссинаруна А. С. Пушкинил, К. Хетагуровасул, Жамбулил, С. Стальскиясул ва цогидалги авторазул асарал ва И.В. Сталинил биография.
МухIамаев Асадулагь цIакъ вохулаан рахьдал мацIалда лъикIаб тIехь къватIибе бачIиналдаса. Жинцаго Асадулагьицаги нилъее нахъе тана чанго лъикIаб асар. МагIарулазда лъикIго лъала гьесул «МагIарулай» абураб къиса (1951).
КIиабилеб тIехьги букIана «КIудадаги васги» абураб къиса (1965). Авторас гьенив вихьизавулев вуго гIакъилав, махщел бугев кIудадаги гIун вачIунев васги. Дицани абилаан гьеб къисаялъул кIвар гьанже тIадеги цIикIкIараб бугилан, щайгурелъул кIудабазул малъа-хъвай гьанже кутакалда хIажат бугелъул.
ЦIалдолезе цIакъ бокьараб Асадулагьил асарлъун букIана «Чаландарил сапар». ГIемераб абула, гьеб бахъизегIан, гьелде щвараб пасихIаб асар лъималазе цIализе букIинчIилан. 1987 соналда бахъараб 5 классалъе бугеб «Авар литературияб хрестоматиялдаги» буго гьеб асаралъул цо бутIа.
Асадулагьица хъван ва гIурусалде буссинабун букIана тIарикъаталъул хIакъалъулъ кIудияб, щвалде щвараб материал. Амма гьеб ахиралде щвезабизе гьесул рес гIечIо.
Асадулагьил йикIана кIиго чIужу, цояй лъарагIай. Гьелъие лъимер гьабичIо. Цояй жидерго росулъа йикIана. Гьелъул йикIана кIиго яс: Сакинатги ПатIиматги. Сакинат хвана, васги ясги нахъе тун. Дагьав цевегIан васги хвана. Гьесул васал цIалулел руго. Яс Чакар мугIалимлъун Гьамуши росулъ хIалтIулей йиго. ПатIиматги, тIадегIанаб лъайги босун, МахIачхъалаялда мугIалимлъун хIалтIулей йикIана. Исана гьейги гочана инсул росулъе ва гьенийги мугIалимлъун хIалтIулей йиго.
ТIахьал хъваниги, МухIамаев Асадулагь Хъвадарухъабазул союзалъул член вукIинчIо. Гьес лъугIизабичIо Литературияб институтги. Нилъеда лъалеб хIакъикъат буго, гIараб цIаларал хIалтIухъаби гьесул заманалда лъикIго сабруялда, гIодоре риччан, жидерго бугеб къуваталда хIалтIулел чагIи рукIин. Гьединазул цояв вукIина Асадулагьги. Гьев партиялдаги вукIинчIо, амма партсобраниязде вачIунаан. Гьесие кутакалда бокьулаан гIарабазулги турказулги кечI-бакъан ва жиб-жиб ригьалъ гьелъухъ радиоялдасан гIенеккулаан. Гьесул горда гъоркь гьелъухъ гIенеккун цоги чагIиги рукIунаан.
Асадулагь хвана МахIачхъалаялда 1965 соналъул 5 декабралда. Гьев вукIана тIолабго гIумру газеталъе кьурав чи. Асадулагь кколаан магIарул адабияталъул рухIиял церехъабазул цояв. Гьесда цадахъ редакциялда гIемерал соназ хIалтIана дунги.
1992 с.

