Мариуполалдаса салам

ХIурматияб редакция, салам буго киналго дагъистаниязде ва бицине бокьун буго Хьаргаби районалъул ГIаймаки росулъа гIо­лохъабазул хIакъалъулъ.

2022 соналда нижер шагьар бу­кIа­на биххизабун, хвана гIемерал гIа­дамал.

Нижер рукъ букIана бащдаб бухIун, гумпарабаз борлъ-борлъун. Гьединаб хIалалда ругел минабахъ гIумру гьабун рукIана гIадамал.

Киналго бакIал ралел бригадабаз инкар гьабулеб букIана нижер рукъ къачIазе, гьеб тIубанго биххизабизе кколинги абун.

Хадуб, Хьаргаби районалъул ГIай­маки росулъа МухIамадов Му­хIама вачIана вацал МухIамаев Арсенгун ва МухIамадов Мансургун.

ГIемер захIмалъаби дандчIвана гIолохъабазда, букIаниги гьез тIаде босана нижер рукъ къачIазе.

ХIалтIаби гьаризе гьел лъугьиндалги рукIана роржун рачIунел ракетабиги, кьвагьа-гIанхъиялги. Гьез БетIергьанасда гьарулеб букIана гумпара нижер рукъалда щогегиян, бачIунеб букIана къваригIа-тараб.

ПалхIасил, гьез хIукму гьабуна минаялъул бухIараб рахъ биххизеги гьабун, цIидасан базе. Цогидаб рахъалдаса тIох букIана борлъун. Хисизеян гьеб нахъе бахъидал, бана чвахунцIад. Щуабилеб тIалаялда ругел рукъзал рукIана накалде щвезегIан лъелъ тIерхьун. Арсеница киназулго ракI батизабулаан, дагьаб заманалъ яхI бахъеян гьарулаан.

ГIемерал рукIана гьединал хIу­жа­би, амма гIолохъабаз киназего ку­мек гьабулаан.

ГьабсагIаталда тIубан бан лъугIулеб буго нижер №38 мина.  Киналго гIадамаз, гьенир гIумру гьабулез кIудияб баркала кьолеб буго гьел гIолохъабазе ва лъикIал рагIабаздалъун ракIалде щвезарула ватIаналде арал Арсенги Му­хIа­маги. Мансур жеги гьанивго хIалтIулев вуго.

Антонина ва №38 минаялъур гIумру гьабулел