ТIоцебесеб июналда байбихьана рахьдал мацIал малъиялъул курсал. Гьел гIуцIун руго Дагъистаналъул халкъазул мацIалги адабиятги цIуниялъул ва церетIезариялъул фондалъул хIаракаталдалъун.
Анвар Аджиевасул цIаралда бугеб МахIачхъалаялъул №29 школалда тIоритIизе руго рахьдал мацIал малъиялъул риидалил курсал. Гьезул хIакъалъулъ тIадехун рехсараб фондалъ хIадурараб проект мустахIикълъана ДРялъул бетIерасул гранталъе. Гьелда рекъон, 2-5 классалъул цIалдохъабазда малъизе руго миллиял мацIал. ГIуцIун буго гьезул щуго группа: магIарул, дарги, лъарагI, тум ва лезги мацIазул.
Риидалил курсал рагьиялъул тадбиралда гIахьаллъана цIалдохъабигун гьезул эбел-эмен, Фондалъул вакилзаби (ГIали Камалов, Заид ГIабдулагатов), проекталъул нухмалъулей Шамсият Султанбегова, преподавателал ва гь.ц. Гьез бицана рахьдал мацI цIуниялъул бугеб кIваралъулги гьелъул мурадалда курсазда гIуцIизе ругел тадбиразулги хIакъалъулъ. Школалъул директор МухIамад Халитовас бицана миллиял мацIазул курсазде школалда гьабураб хIадурлъиялъул ва цIалдохъабазе гIуцIарал шартIазул хIакъалъулъ. «Ниж кутакалда рохарал руго гьеб къиматаб проект гIумруялде бахъинабулеб рукълъун рукIине щвеялдаса», — янги абуна гьес.
Проекталъул нухмалъулей Шамсият Султанбеговалъ кIварбуссинабуна дарсазда кьезе ругел баяназде ва цIали гIуцIиялъул къагIидабазде. «ЧIамучIал дарсал рукIине гьечIо — нужер лъимал гьенире разиго хьвадизе рукIиналде кинабгIаги щаклъи гьечIо», — ян абуна гьелъ, цIалдохъабазул эбел-инсуде хитIаб гьабулаго.
«Нужер бадиб дида халлъулеб буго хIинкъиялъул асар. Гьеб батизе буго щивасул хъизамалда рахьдал мацI билулеб букIиналъул хIинкъи. Гьеб битIарабги буго. Нилъеца цадахъ хIаракат гьабила Дагъистаналъул щибаб халкъалъул мацIги маданиятги наслабазе цIунизе. Ва жакъа нилъеца гьелде тIамулеб буго тIоцебесеб гали», — ян бицана Дагъистаналъул халкъазул мацIалги маданиятги цIуниялъул фонд гIуцIарав ГIали Камалова.
Тумазул мацI цIуниялъул центр рагьана гъоркьиса МахIачхъалаялда. Гьениб хIалтIи гIуцIиялъулги миллаталъул мацIалъул бугеб кIваралъулги хIакъалъулъ бицана гьеб централъул нухмалъулей ПатIимат ГIалиевалъ. «Щай нилъее хIажат бугеб рахьдал мацI? ГIемерав чияс кьола дие гьеб суал. Дида гьеб мехалда ракIалде щола машгьурав композитор Ширвани Чалаевасул рагIаби. Цо нухалда гьес гьадин абуна: «Хвезелъун рижарал руго нилъ киналго. Ахираталде щведал, нилъ дандчIвалин абула тухумалъул умумулгун. Гьел хвана, Дагъистаналда гIурус мацI тIибитIилелдего. Щиб мацIалдаха нилъ гьелгун гара-чIваризе ругел? Дозда лъалароан гIурус мацI — нилъеда лъазехъин гьечIо миллаталъул мацI. Щиб гьез абилеб нилъеда, халкъалъул бечелъиялдаса наслу махIрумлъизабуни?» — ян. Рокъоб, хъизамалда рахьдал мацI бицине лъицаниги гьукъуларо. Лъималазул ахалда яги школалда кIвар кьоларин багьанаби ралагьичIого, щивасул рокъоб бицине ккола гьеб. Эбелалда буго лъимералда рахьдал мацI лъангутIиялъул аслияб гIайибги», — ян бицана ПатIиматица.
Машгьурав гIалимчи, социолог, философ ва исламовед Заид ГIабдулагатовас мисалал рачана, мацIал тIагIиналъул рахъалъ Дагъистаналда бугеб ахIвал-хIалалъе къимат кьолаго. РукIине ругел дарсазулги гьенир тIоритIизе ругел расанди-хIаязулги хIакъалъулъ баян кьуна щуябго мацIалъул педагогасги.
Лъимал цIуниялъул халкъазда гьоркьосеб къоялъ байбихьана рахьдал мацIал малъиялъул риидалил курсазул дарсал. Щибаб лъимадуе гIуцIарухъабаз сайгъат гьабуна миллияб мацIалда баркиялъул саламгун хъвай-хъвагIай гьабураб открыткаги шоколадалъул плиткаги. Хьул буго гьеб авалияб гали талихIаб букIиналде ва миллиял мацIазул къадру камиллъизабиялъе икъбал ккеялде.
Кавсарат Сулейманова

