ЦIвабзазул мацI лъала гьезул щивасда…

Рорхатал мугIрузда руго гIадамал,

Жидерго гIадатаб чIаголъиялда…

Институтал цIалун рахъинчIониги,

ЦIвабзазул мацI лъала гьезул щивасда…

Расул ХIамзатов

 

Халкъияб кIалзул гьунаралъул гIакъил­лъия­лъухъе чан нухалда нилъ тIадруссунел. Хасго ки­цаби-абиязухъе. Чанго нухалда кодобе босула, масала, дица Зайирбег ГIалихановас данде гьабураб авар халкъалъул кицаби-абиязул тIехь. Гьелъул щибалъулги батула жиндирго тарихги. Жакъаги руго магIарухъ жидер кIалзул пасихIлъиялъ нилъ пана гьарулел гIадамал. БитIун бицани, бахиллъула дун гьезда, гьез бицунеб берцинаб мацIалда, халкъияб кIалзул гьунаралъул асарал хIалтIизаризе гьезул бугеб махщалида. Бокьараб магIарул росулъго гIадин, рукIана ва гьанжеги руго гьел дир гIагараб ТIануси росулъги, гьединго ТIануси росдал администрациялде гъорлъе унеб ГIебутIа росулъги. Школаги цо буго нижер, ТIанусиб. ТIануси росдал школалъе лъебергогIан соналъ нухмалъи гьабурав, Россиялъул мустахIикъав учитель, Ленинил кIиго орденалъул кавалер ГIабдулхаликъил МухIамадица бицунеб букIараб пасихIаб мацI гьабсагIаталдаги ракIалда буго дида. ГIемерал кицаби-абиялги хIалтIизарулаан гьес каламалъулъ. Гьединавго вуго гьесул вас Хъайтмаз ГIадбулхаликъовги. Цин хабар бициналде, гьес ракIалде щвезабула гьеб харбие дандекколеб бицен, цинги байбихьула кициялдалъун хабар. Гьединабго бечедаб мацI букIана КIудияб ВатIанияб рагъул гIахьалчи, ТIанусиса Хуриса ГIалилги.

Гьеб пасихIлъиялъул ирсилаллъун жакъа руго гьесул лъималги — Дагъистаналъул тIоцевесев президент МухIу ГIалиев, Россиялъул космонавтикаялъул академиялъул академик, профессор, техникиял гIелмабазул доктор Шамил ГIалиев ва дир классцояй, медицинаялъул гIелмабазул кандидат Маржанат ГIалиева.

ВукIана нижер росулъ Сайгидулагьилан чиги. Гьесул кIалдисан араб чанго калам абиялде сверана. Гьанжеги абула росулъ Сайгидулагьица абухъегойилан. Гьединго ТIануси росулъ росасда йикIана ГIебутIаса ГIалил ПатIимат. Гьелъул каламги чанги сверана кици-абиялде. Руго гьединал кIалпасихIал гIолохъабазда гьоркьорги. Ва дидаги ракIалде ккана дицаго ракIарарал, мунагьал жидер чураял эмен Расулица ва эбел ХIалиматица (гьел кIиялго рукIана учительзаби) данде гьарун дихъе щварал кицабазде сверарал жакъасел магIарулазул каламалъул нужееги бицине, хIурматиял цIалдолел. Дица хIаракат бахъана З. ГIалихановасул тIехьалда ратичIел кицаби лъезе.

Дагъистаналъул гIелмияб централъул ИЯЛИялъул фольклоралъул отделалдаги хIалтIана дун дагьабго заманалда. Доб мехалда дица гьел рахъулаан «Гьудуллъи» журналалда ва «ХIакъикъат» газеталда. Долдаса нахъеги ракIарулелги руго дица гьел гIакъилал жугьаби.

 

Херал магIарулал, нужер цо рагIи…

 

Масала, цо нухалда росулъе щварай дун гара-чIварун хутIана дирго цIалдохъан ГIебутIаса Шамилгун. Дида гьев ватана мадугьалзабазул дова. Дие асар гьабуна гьес абураб гьадинаб каламалъ:

ВачIун вукIанаха гьев дихъе, билигъудги босун, дир гIадалнах кваназе, — йилан. ГIурус мацIалда абулеб, мозги не делай, абураб каламалда релълъараб калам батилин танаха дица гьеб.

Дир вацгIаласул хъизан ккола ГIобода росулъа. Гьей ккола математикаялъул учитель. Амма дида лъаларелщинал халкъиял кучIдул рицуна гьелъ рекIехъе, цо-цо мехалда кицабахъегоги кIалъала. Масала, цо къоялъ махсародего гIадин гьелъ гьабураб каламги бокьана дие:

Рухьен тIун, тIил бекун йиччанищ йигей? — илан гьикъана гьелъ дида, чан нухалъ щваниги, рокъой ятичIилан. ГIадлу гьабизе чиги гьечIого, йичча-йихъан тун йигин абураб магIнаха.

ЦIакъ кепги щвана дие. Ва дица хъата-масан хъвана гьеб калам. Цогиги гьадинаб каламги рагIана дида Парханисадаса:

Нижеца хIатIал лъуралъур бетIер лъезабила нижеца дур васасда, — йилан.

Цо эбелалъе рекIее гIолеб букIун гьечIо жиндирго цохIо вугев вас лъадул гIагарлъиялъе цIакъго мутIигIав вукIин. Гьебги хIехьезе кIвечIого, гьей гIадан нусалъул гIагарлъигун къацандизе жуян йиго. Цинги, гъой эбелалъул тату хвезе, гьадал рагIаби абун руго нусалъул эбелалъги.

Цо нухалда нижер росулъе пихъ бичизе ячIун йикIана хьиндалай. Гьеб босизе арав Сайгидулагь тIадвуссун вачIунев данде ккана нижеда, зодоб багьа бухьараб пихъ бугила, босун бажаричIиланги абун. Ва гьеб каламги хех гьабун къалмиде босун букIана дица — зодоб багьа бухьараб — цIакъго хираго бугин абулеб магIна.

Сайгидулагьица гIурабго заманалъ хIал­тIи­забуна росдал гьобо. ГьитIинабго росуги, гьединабго гьобоги. Гьабихъе вачIанщинас Сайгидулагьие, баркалаги кьун, гьара-рахьи гьабулеб букIун буго. Кодоре щолел гъурщалги рукIун гьечIо. Кири гIемерлъагийилан гьесие гьара-рахьиги гьабун уней цо гIаданалда гьес абун буго:

Нужеца кьунщинаб кириги босун, къойил уна дун тукаде. Амма добаса дие щибго кье­чIо­ха гьанжелъизегIан киридахъ, — илан.

Гьелдаса нахъе нижецаги цоцазда махсарадего абула киридахъ тукадаса щибго кьоларилан.

Цоги гьадинаб кепаб ишги ккун букIараб Сайгидулагьил:

— Гьабихъ хIалтIун щвараб, тукадаса жиндихъ щибго щолареб кири чIалгIарав Сайгидулагьие жиндирго ригьалъул цо гьалмагъас бачун бугоха шиша. Гьабихъ хIалтIи лъугIарабго, кIиявго гьудулас гьекъон бугоха шиша. Кеплъарав гьев, жиндаго лъачIого, щун ватун вуго годекIаниве.

— Мун, цIикIкIарав чи, кин нечечIев мехтун годекIаниве вачIине, — йилан гьесие бадирчIваял гьаризе лъугьун руго годекIанир рукIарал гIадамал.

Гьел семун рахъинегIан сихIкъотIунги чIун, гьес жаваб кьун буго:

Кири гуреб батIияб мухь диеги щолеб бу­кIинчIоха хIалтIухъ. Гьаб шишаги букIана дие хIалтIухъ щвараб тIоцебесеб мухь. Гьабги босичIебани, дунги тIубанго къезехъин ву­кIа­на­ха, — ян жаваб кьун буго Сайгидулагьица.

Гьелдаса нахъе нижецаги цоцазда ккараб ба­кIалда абула гьединги гьабичIебани, дунги тIу­банго къезехъин йикIанила-вукIанила абун.

Сайгидулагьил бицен ккун бугелъул, рехсезе бокьун буго гьаб хадусебги:

— Коммунистазул кьеразулъ вукIарав цояв, дин гьабизе биччараб, гьелъие нухал гIатIидго рагьараб мехалда, хьвадизе лъугьун вугоха мажгиталде. Мажгиталъув как балев тIоцеве гьев вихьараб мехалда, жиндирго бераздаги божуларого, ундай-гуродаян васвасдизе лъугьун вуго Сайгидулагь. Дов чи гьев вукIиналда ракIчIарав гьас киназдаго рагIизабун абун буго:

— Гьалеха гьанжелъизегIан Аллагь вилун вукIаравги, гьанже гьевги ватун, мажгиталде вачIун вуго, — ян.

Мажгиталда рукIанщинал, цин нечон, сихI­къо­тIун чIун руго. Цинги дов чи живго велъизе лъугьиндал, цадахъ релъун руго гьелги.

Гьеле гьединал, абураб-тараб рагIи рихунарел, махсараялъе жаваб махсараялъ кьезе лъалел умумул рукIана нилъер. Гьединал дарсал магIарул гIолохъабазе годекIабахъ щолаан. Гьанже годекIабахъ гIодор чIолелги дагьлъана. Ва годекIабахъ рагIулел рукIарал гIакъилал гIум­руялъул дарсазухъ гIенеккулелги дагьлъана. Дол ана, нилъер умумул, гIакъиллъиялъул бачIинги нилъее тун. Абуларищха, хварав чи чIагоявлъун рикIкIунила чIагоязул ракIалдещвеязулъ гьев вугебгIан мехалдайилан. Чан нухалда нилъеда ракIалде щолел нилъерго росабалъ рукIарал гIакъилал, цIодорал, пасихIаб каламалъул, жидер щибаб рагIи гIумруялъул дарсаллъун гIолилазе рукIарал умумул. Чан нухалъ абулеб нилъеца, гьезул цIаралги рехсон, мунагьал чурадалилан. Биччанте гьезул гIакъиллъи гIун рачIунел гIелазе даимал дарсаллъун хутIизе…

Доб букIана тIоцебесеб кIалккураб къо. Рогьалилъ къватIие арай ГIалил ПатIимат, бакъинегIан хурийги хIалтIун, тIадежоялъе рокъое ячIунелъул магьги баччун, гIетIулъ тIерхьун, ячIине данде ккана дида. Нухда бугеб тукадаса чед босизе, магьги гIодоб лъун, гьелъ абуна дидаги тукадул йичарухъаналдаги:

Валлагьги, дир ясал, гьаб кIалалъул тIокIалъ я яц, я вац рукIинелищалиго лъаларо дида. цIакъ свакана, татуги хвана, — ян. ТIоцебе бичIчIулеб букIинчIо гьелъ абуралъул магIна. Хадуб бичIчIиларищха — гьадин хIалтIулей йигони, тIокIалъ кIал ккун бажариларилан абулеб магIна.

Нилъедаги сурукъ вихьула нилъерго ракIалъ восуларев чи, цо абизегIан сурукъав гьечIониги. Цо гьединай гIадан базаралда дандчIвайдал, ПатIиматил рекIееги лъикIаб гуреб асар гьабун бугоха. Гьеб къоялъ бицинегIан даранги ккун гьечIо гьелъул. Гьелъие гIайибияйлъун ПатIиматица гъой гIадан рикIкIун йиго. Базаралдаса тIадюссун ячIу­ней гьелде дандеккана дунги. Дармил дица гьикъидал, щибго ургъичIого, жаваб кьуна гьелъ:

Гьагъай борхьил сурат, свенкил бетIер дандеккедалго, лъалеб букIана жакъа нухбитIулареблъи, — йилан.

КIиго-лъабго нухалъгIаги гьеб калам такрар гьабейилан гьарана дица ПатIиматида. Бихьулищха гьелда батараб дандекквей — борхьил сурат, свенкил бетIер

ЧIалгIаде халат — ххамие балагь, — илан абураб абиги дида ПатIиматидаса рагIун букIана.

Цо макъалаялда хъван бахъинаро гьазги гьалго гIадал росуцоязги абураб-бицараб. ЦIакъго росулъе ракIщведал, церечIола дида гьезул щивасул сипаталги росдал годекIанги… Ва пикраби гIедегIула гIагараб росулъе…

Шамай Хъазанбиева