«Дур тIамур магIида гIодулеб буго, гIин кьурун ахIизе вачIа, дир эмен»

 

Микьигьориб росулъ бижараб хIикматаб гьунар

Лъебелазул рохьор вехь гьечIел чундул,

Вихьанищ нужеда Даку араб бакI?

КочIохъабаз цIураб автобусалъе

Авария ккараб кьуру киб бугеб?

Жеги гьитIинав чи вукIана дун гьаб кечI радиоялдасан ахIулеб рагIараб мехалъ. Даку Асадулаев хутIана магIарул ахIулеб кочIол удаманлъун, такрарлъи гьечIеб бергьараб гьунаралъул кочIохъанлъун. Исана 50 сон сверана битIун завалаб ригьалда вукIаго гьев нилъедаса ватIалъаралдаса, амма тIоцебесеб нухалъ рагIулеб гIадин гIенеккула нилъ жакъаги хIасратаб гьаракьалъ гьес ахIулеб кочIохъ.

23 маялда 90 сон тIубана магIарулазул ахIулеб кочIол унго-унгояв классик, мунагьал чураяв Даку Асадулаев гьавуралдаса. Дакул цIар бахъарабго, чилчидилаго мугIрул къотIун чвахулеб лъарги, рорхатал мугIрулги, гьенир тIавап гьабулел цIумалги цере чIезарулеб гьесул гьаракьги ракIалде щоларев чи ватиларо чIахIияб ригьалъул гIадамазда гъорлъ.

Пикрабазул гIурул гучаб карачел,

Халатищ каранда гьелчезе бугеб?

РекIел анищазул щенон балеб цIад,

Дун цIалтун виччизе гьавуна дуца.

Лъида рагIичIеб Тажудин Таймасхановасул рагIабазда Дакуца ахIулеб гьаб кечI.

Даку Асадулаевас ахIана Расулил, Фазул, ХIажи Гъазимирзоевасул ва гьел гурелги нилъер гьунар бугел шагIирзабазул хвел гьечIеб мацIалда хъварал кучIдул.

Гьале дун тIаде къулун вуго мунагьал чураяв Дакуца вацлъи рагIизабурав, гьевгун цадахъ  сапаразде ккарав АсхIабгIали ХIасановас къватIибе биччараб «Дакул кочIол дунял» абураб тIехьалде тIаде.

ХIакъикъаталдаги Дакул букIана жинцаго къедги гьабун бараб, щибаб гамачI бекIкIизеги бекIкIун, тIад къиматаб расенги угьун хIадур гьабун, сокIкIун хъалалъун лъугьараб хIасратаб кочIол дунял. Гьеб кочIол дунялалда тира-сверизе ахIулел руго дица нужги жакъа.

Даку Асадулаев гьавуна 1936 соналъул гьанжесеб Шамил районалъул Микьигьориб росулъ, мугIалим Асадулагьил хъизаналда. Гьесул эмен Асадулагьицаги, хъван пандургун, гIезегIанго лъикI ахIулаан кечI. ЦIакъго гьитIинго загьирлъана кечI-бакъаналде Дакул рокьи букIин. Инсуца пандур хъвалеб яги гьес кечI ахIулеб мехалъ, кIудияб рохалида гьесда аскIове хъурщулаан гьитIинав Даку ва, цIакъ разиго гьелъухъги валагьун, гIенеккун чIолаан. Амма гьитIинго эменги хун бесдал хутIана гьев. ЦохIо Даку гурони Асадулагьил лъималги рукIинчIо.

Амма киданиги ракIалде ккелароанин абулаан Дакуца, кочIохъанги вахъун, гьелдаса жиндир магIишат букIинилан.

Армиялде Даку тIовитIизе ракIарун рукIана гIагарлъиги росуцоялги. Дакуда гьитIинаб мехалъго лъалаан мандолина хъвазе. Доб къоялъги, мандолинаги хъван, гьес кечI ахIула тIаде рачIаразе. ЛъикI гIолохъанчиясухъги гIенеккун, херав микьигьурисес абун буго.:

— ЦIакъ берцинаб гьаракьги буго, дир вас, дур щибаб рагIи бичIчIуледухъ магIнаялда ахIулебги буго. Амма пандурги хъван ахIулеб букIарабани, гIорхъи букIинароанха гьелъулин.

Армиялдаса вуссун хадув, Буйнакскиялда автошколалдаги цIалун, росулъе вачIана Даку. 1961 соналъул маялда хIалтIизе лъугьана Микьигьориб колхозалъул машинаялде. Доб мехалъ росулъе жеги машинадул нух гьечIолъиялъ, Микьигьориб колхозалъул гараж букIана ТIелекь колхозалъул фермаялда. Гьанжего гьанже цIалун лъугIарав, хIалбихьи гьечIев шоферасухъе (гIадат букIана гьединаб) гьев ругьунлъизе вукIине кьуна басрияб, капиталияб къагIидаялъ къачIазе кколеб ГАЗ-51 самосвал машина. Гьеб букIана ТIелекь. КъачIазе бачине кколаан Буйнакскиялде. КIиго къо бана Дакуца гьудулзабигун цадахъ гьеб къачIалев.  Ахирги кIвана хIалтIизабизе. Жинда цIадахъ рукIарал гIолохъабазеги, жеги цо кIудияв чиясеги бокьана машинаялда рекIине.

— Гьеб цIакъ божи гьечIеб машина буго, цIияв, жеги хIалбихьи гьечIев чи дунгоги вуго, бегьулеб батани, рекIунге вацалин  гьарана чанго нухалъ Дакуца. МагIарулазул гIадат буго, сапаралъ ра­хъунеб мехалъ «къо лъугIарав чи данде чIвагеги цадахъги ккогеги» абун гьарулеб. «Расги букIинаро, бихьинчи, гьаниса гIодоре щвезегIан унеб машинаги букIаго. Рилълъун инеги бокьулеб гьечIо», — янги абун, тIаде рахуна ункъоял.

ГIемераб мех бараб, хIалихъе неда-гъедун гириялде ккезабураб машина, къваридаб бакIалде щварабго, нухдаса гъоркье кIанцIана ва гебегун ана. КIиго чиясе гьеб бакIалдаго къадар щвана. Дакуги жеги кIиго чиги захIматго лъукъун больницаялде ккана. Гьелъул хIасилалда Даку сахлъун хадуса ункъо соналъ туснахъ гьавуна.

Туснахъалдаса къватIиве вачIун хадув тIокIав шоферлъиялде тIадвуссинчIо. БакьайчIив чIа­рав имгIаласухъеги ун, гьевгун цадахъ къада­хъанлъун хIалтIизе лъугьана.

Гьеб заманалъ Дакул тIамурги букIунаан цадахъ. ХIалтIуда гьоркьоб хIухьбахъизе чIараб мехалъгицин, кIутIун тIармида килщалгун, бакънал жиндирго къагIидаялъ сверизарулев, кечI ахIиялъул махщел цIубазабулев вукIунаан гьев, гьенисан байбихьанин абизе бегьула Дакул кочIол гIумруялде нухги.

Цо нухалъ БакьайчIибе концерт бачIараб мехалъ, жиндирго имгIалгун цадахъ вукIинесев кочIохъан ана клубалде. Цо бакьайчIисес хъван буго концертгун рачIаразухъе кагъат: «Нижер гьанив вуго цо гIолохъанав къадахъан. ЦIакъ берцинго кечI ахIулев вас, Дакуян абун. Бегьулеб батани, гьари буго гьев сценаялде ахIе», — ян. Гьалбадерицаги, гьеб тамашаяб цIаралъул къадахъанасул кинаб гьунардай бугоян, гьев сценаялде ахIула.

Дакуца жиндиего хасиятаб къагIидаялъ кваранаб накалда лъуна квегIаб бох, эркенго кодоб бегизабуна пандур, тIадагьго кIутIана чIвабзазда килщал ва гьаракь биччана.

СихIкъотIи. Гьалгъан, цIорон хутIана артистазул къокъаги залалда гIодор чIаралги. Сапаразда гIемерал кочIохъаби дандчIвалин абулеб букIана артистаз, амма гьадинаб къагIидаялъ бацIцIадаб, роцIараб гьаркьидалъун, бичIчIуледухъ ахIулеб кечI жеги рагIичIилан,  гIажаиблъун рукIана гьел.

Гьелдаса хадуб цIакъ хехго цIар тIибитIана Дакул Хунзахъ районалда ва кватIичIого гьев районалъул культураялъул рукъалъул директорлъун тIамуна.

Гьенисан Даку уна Дербенталде культураялъул училищеялде цIализе. ЦIали лъугIун хадув Даку вачIуна Авар театралде хIалтIизе ва гIумруялъул ахириял соназда хIалтIулев вукIана Даггосфилармониялда.

Амма пайда щиб, къокъаб батана БетIергьанас гьесие кьураб гIумру.

1976 соналъул марталда, БежтIа концертги кьун, гьениса нахъруссунаго, къваридаб шагьра­нухда свери босизеги кIвечIого, кьурдаги тункун, кIкIалахъе бортула Дакуги цогидалги тIад ре­кIараб автобус. Гьенив къадаралде щола Даку.

Гьединаб ккана ахир магIарулазул машгьурав кочIохъанасул.

Макъалаялъул байбихьуда дица лъурал мухъал руго ТIелекьа гьунар бугев кочIохъан ГIумар ГъазимухIамадовас, Дакуе къадар щванин ра­гIарабго, хъварал. Гьездаса хадусел ккола гьалги:

Дур би гIодоб тIураб гIасияб кIкIалъахъ

ГIурул лъималъ буго кверщел гьабулеб.

Керен дур тункараб хъирул ганчIида

Хъарчигъаялъ буго бусен гьабулеб.

 

Дакуй къадар щванин хабар бачIиндал,

Мокъокъаца буго зикру бачунеб.

ТIармида ккараб хIур бацIцIунеб мехалъ,

ХIули гъунеб буго гъарималдаса.

 

Дакуде ракь хъваге, микьигьорисел,

Рокьул кучIдул росун Расул щвезегIан

Мусру тIад жемуге, жамагIатчагIи,

Жаназа бихьизе ниж рачIинегIан.

Нахъеги къулулев вуго дун «Дакул рекIел дуниял» абураб АсхIабгIали ХIасановас данде гьабураб тIехьалде.

Гьенир лъун руго Дакуца ахIулел рукIарал, умумузул халкъияздаса байбихьун ТIелекьа Этил ГIалил, ЧIанкIал, ХъахIабросулъа МахIмудил, ХIамзатил Расулил, Фазу ГIалиевалъул ва ХIажи Гъазимирзоевасул рагIабазда гьес ахIарал хвел гьечIел кучIдул. Гьенир ратана цереккун бицен рагIарал, амма живго Дакуца ахIулел рагIун рукIинчIел кучIдул. ЦIакъго асар гьабуна «Нохъода хутIарал» абураб, нохъодул тIалуги ккун, гIиял рехъенгун цадахъ гьенив жанив хутIарав кIиго вацасул хIакъалъулъ халкъияб кечIалъ. Лъел цIезе лъарахъе ун бищун гьитIинав вацасда батула нохъодул кIалтIу бацун. Гьеб халкъияб асаралъул хIакъалъулъ гIатIидго хъвазе ракIалде ккана газеталъул хадусел номеразда.

«ГIумруялда жанив дида лъала лъабго кочIо­хъан. ГьитIинав чи вугеб мехалъ инсухъе вачIун, кечI ахIулев ракIалда вуго Игьалиса ГIарашил ГIумар. Хадув гIолохъанлъуде вахиндал, лъай-хъвай ккана ЧIалдаса ГъазимухIамадилгун. Гьале гьанже ваккун вачIана цоги бергьарав кочIохъан —  Даку Асадулаев». Гьедин абун букIана мунагьал чураяв ХIамзатил Расулица, Дакул тIадегIанаб гьунаралъе къимат кьолаго. Гьел рагIабиги ху­тIа­на дир рекIелъ рикIун.

Дакуца щибаб кечI ахIулаан черхалда щибаб рас бахъун чIоледухъ, каранда би гьалдезабун. Гьесул кочIохъ гIенеккидал, дида цебе тIамула чилчидулаго чвахун унеб мугIрул лъарал ракIал гIажиз гьарулеб бакъан. Гьединаб тIадегIанаб гьунар кьун букIана гьесие Аллагьас. Аллагьас мунагьал чурун ратаги, наслабазе нахъе хутIараб гьесул цIаралъул къимат ссунгеги.

Ашахан Юсупов