«Цогояб Россия» партиялъул праймеризалда гIахьаллъулев Дагъистаналъул Халкъияб Собраниялъул депутат Хучбар Хучбаровасулгун гьадинаб гара-чIвари ккана нижер.
— Хучбар, абула, Пачалихъияб Думаялде депутатлъун унила хасаб статусги, жиндир ресазул гӀатӀилъиги, гӀадамазда гьоркьоб къадру-борхалъиги къваригӀарав чиян. Дуе щай къваригӀараб мандат?
— ХӀакъикъаталдаги, гьединаб пикру буго, амма кинабго гӀицӀго гьелдалъун борцине рекъараб гьечӀо. Пачалихъияб Думаялда ругел депутатал-дагъистаниязда гьоркьор дагьал гьечӀо республикаялъе кӀвар бугел суалал рорхулелги масъалаби тӀуралелги.
ДРялъул Халкъияб Собраниялъул депутатлъун ва ралел бакӀазулгун производствоялъулал компаниязул гӀуцӀабазул нухмалъулезда гьоркьов вугев дун, республикаялъе кӀвар цӀикӀкӀарал проектал гӀумруялде рахъинарулаго, чанги дандчӀвала гӀемер заманги сурсатги тӀалаб гьабулел масъалабигун. Дир ракӀчӀола: нормативазулгун правоялъул хиса-басиял гьаруни, гьел рахъазда нухмалъи гьабиялъул пайда цӀикӀкӀинабизе рес щвезе буго.
Руго гӀемерал федералиял программаби, гьезда гьоркьор — партиялъул проекталги. Гьел гӀумруялде рахъинаруни, республикаялъул цебетӀей букӀина. Халкъияб Собраниялъул депутат хӀисабалдаги пуланаб хӀалтӀи гьабула нижеца, амма жеги кӀудиял проекталгун хӀалтӀиялъе гьеб статусалъул сурсат гӀоларо.
Гьелде тӀадеги, жакъа республикаялъе цӀакъ хӀажат буго, депутатазул хитӀабаздалъун ва цӀиял пачалихъиял программабаздалъун федералиял пачалихъиял идарабазулгун гьоркьоблъи гьаби. Дагъистаналъул лъикӀал ресал руго росдал магӀишаталъул рахъалъ. Гьеб ккола республикаялъул жигараб цебетӀеялъе санагӀатаб рахъ.
Дун вуго ралел бакӀазул устарзабазул ирсилав. ХӀалтӀана нилъер улкаялъул батӀи-батӀиял регионазда: Ростовалда, Чачаналда, Саратовалда, Тулаялда, Ставрополалда. Нижер компанияз рана захӀматал ва масъалаби гӀемерал объектал. Гьениб дида бихьана пачалихъиял идарабазулгун рукӀарал пайдаял бухьеналги. Жакъа «Цогояб Россиялъ» ракӀарулел руго партиялъул проектазе квербакъулел халкъалъул пикраби. Гьеб партиялъул рукӀана медицинаялъул, лъай кьеялъул, муниципалитетазда берцинаб сверухълъи гӀуцӀиялъул ва цогидал чӀахӀиял проектал. Республикаялда гьединал проектал гӀумруялде рахъинариялъеги хӀажалъула лъикӀаб хӀалбихьи. Дида ракӀалда буго гьеб рахъалъ бугеб дирго хӀалбихьиялдаса пайда босизе.
— Рищиязул программаялда дуца кӀвар кьолеб буго бакӀал раялде, гьеб рахъалъ цӀиял къагӀидаби хӀалтӀизариялде…
— ТӀадегӀанал технологиязул кьучӀалда бакӀал рай — гьеб буго улкаялъулги республикаялъулги цебетӀеялъе квербакъулеб нух. БакӀал раялъул рахъалъ цебетӀей бугони, гьелъ жиндаго хадур цӀала экономикаялъул цогидал бутӀабиги. Босараб къайи щвезабизе ккола бакӀалде — гьединлъидал, хехго ва цӀиял технологиялги нухмалъиялъул къагӀидабиги хӀалтӀизарун, разе ккола нухал, кьоял. Нижеца гьедин гьабула ва хӀадур руго гьеб хӀалбихьи тӀолабго республикаялъе гӀахьал гьабизе.
Жакъа, санкциялги экономикаялда захӀматаб хӀалги букӀаниги, Дагъистаналда ралел руго чӀахӀиял объектал: лъел мухъал, лъим бацӀцӀад гьабулел алатал, рищни бакӀарулел заводал, гьорол генераторал, самолет боржунел нухал, школаби ва гь.ц. Республикаялъул власталъухъа бажарана гьел проектазе гӀарац бачӀинабизе. Федералияб централъги рахъкколеб буго, гьезда бичӀчӀулеб буго гьезул бугеб кӀвар ва битӀараб къиматги кьолеб буго. ЗахӀмалъаби дандчӀвала проектал гӀумруялде рахъинарулаго. Гьеб рахъалъ хӀалтӀулев чи хӀисабалда дир ихтияр буго гьелъул хӀакъалъулъ бицине ва гьелдаго цадахъ — республикаялъе кӀвар бугеб гьеб рахъалъул цебетӀеялъе квербакъулел пикраби загьир гьаризеги.
Дун хӀалтӀана «Мостоотряд-99» абураб компаниялда, вукӀана батӀи-батӀиял хъулухъазда. Нижеца, кьучӀдаса байбихьун, Саратовалда бана «Гагаринил» аэропорт. Дагъистаналъул хӀалтӀухъабазе кӀудияб къимат кьуна гьеб мехалда Саратов областалъул губернатор Вaлерий Радаевас.
Къокъаб болжалалда — лъагӀелгӀанасеб заманалда — нижеца бана ЧӀикӀаб — Буйнакск лъел мухъ. Ростовалда бана аэропорталъул комплекс, къачӀана МКАДалъул шагьранухалъул бутӀа. Амма кидаго, кир хӀалтӀулел ругониги, нижее аслияблъун букӀана Дагъистан. Аза-азар хӀалтӀухъан вугеб нижер компаниялъ налогал кьолаан Дагъистаналъе.
— Хунзахъ районалъул депутат хӀисабалда, щиб гьабураб дуца?
— Ниж хӀалтӀула гӀолилазулгун, спортивияб жамгӀияталъулгун, имамзабазулгун ва районалъул нухмалъиялъулгун щулияб бухьенги гьабун. Нижер квербакъиялдалъун миллиял проектазда гьоркьоре рачана БагӀараб кьодаса ЧӀалде, ГӀараниса ГӀободе, Макьасдаса МочӀохъе ругел шагьранухазул проектал. Гьеб ккола росабазда гьоркьосеб бухьенги, гӀадамазе санагӀат гьабиги, районалъулго цебетӀеялъе квербакъиги.
Дица кумек гьабуна щуго росулъе газ бачиналъеги нухал къачӀазе техника щвезабиялъеги. Росабазе босана 10 трансформатор. 15 росулъ бана футболалъул майдан. Районалда ругел автобусал чӀезарулел киналниги бакӀал къачӀана миллияб хаслъи бихьулеб куцалда — хъаравуллъиялъул сиязул сипаталда.
Бищун кӀудияб проектлъун ккола «Макьасда» абураб туристазулаб комплекс цебетӀезаби. Нижее бокьун буго туристазда унго-унгояб Дагъистан бихьизабизе, гьанире туристал рачӀинаризе, гӀолилазе, республика тун инчӀого, рокъобго хӀалтӀизе рес кьезе. Жакъа рехсараб комплексалда хӀалтӀулеб буго 70-100 чиясе бакӀ бугеб «ВатӀан» абураб ресторан. Руго чуязда тира-сверизе рес, зиплайн, роупджампинг, квадроциклал. Кидаго хӀалтӀула сверухълъи берцин гьабизе, санайил чӀола щунусгониги гъветӀ. Бана 200 машина чӀезабизе санагӀат бугеб бакӀги. РакӀалда буго комплекс жеги цебетӀезабизе, гьенир гостиницаби разе. Жакъа гьениб буго 20 чиясе хӀалтӀи. Бокьун буго 100 чиясе хӀалтӀул бакӀ гьабизе.
КӀудияб кӀвар кьола гӀолилазул цебетӀеялъе — лъай кьеялъе, спорталъе, рухӀияб тарбия кьеялъе. Дагьалъ цебе цӀалдохъабазда гьоркьоб тӀобитӀана олимпиада. Призазе биччан букӀана щунусазарго гъурущ. Жеги 600 азарго гъурущ кьуна мадрасаялъе къай босизе ва 500 азарго — гугарухъабазе ургуял росизе.
Киналъулго хӀакъалъулъ дицаго бицине рекъон гьечӀо — баян мухӀкан гьабизе бегьила районалъул бетӀерасда, имамзабазда ва районалъул активалда цӀехон. Гьезда лъикӀ лъала. Кинабго хӀалтӀи гьабула районалъул нухмалъиялъулгун, хасго НурмухӀамад Задиевгун, дандги бан. Гьеб ккола гӀадамазул гӀумру лъикӀлъизабиялъул мурадалда щивас гьабулеб хӀаракат.
— Мун вуго ЖамгӀияб квербакъиялъул штабалъулги Волейболалъул федерациялъулги нухмалъулев. Спорталъулгун кинаб бухьен бугеб дур?
— ГӀемерисел дагъистаниязего гӀадин, буго диеги бокьулеб спорталъул тайпа. Федерациялъе нухмалъи гьаби — гьеб буго волейбол цебетӀезабиялъе квербакъи. Дун вукӀана Самбоялъул федерациялъул президентлъунги, «Динамо» футболалъул командаялъул къайимчагӀазул советалдаги. Бугеб ресалда рекъон, дица кидаго хӀаракат гьабула спорталъе квербакъизе.
Волейболги буго Дагъистаналъе ругьунаб спорт. Нилъер мугӀрузда гӀемер ресал гьечӀо батӀияб тайпаялъул спорталъе хӀажатаб инфраструктура гӀуцӀиялъе — географияб хаслъиялъ, гӀатӀидал авлахъал гьечӀолъиялъ, масала, квалквал гьабула гьелъие. Гьединлъидал нилъее рекъонкколеб спорталдениги кӀвар кьезе ккола. Гугариялъулъ церехъаби руго нилъ, хӀажат буго командаялъ цадахъ хӀалеб спорт цебетӀезабизеги.
ЖамгӀияб квербакъиялъул штабалъул хӀакъалъулъ абуни, гьебги буго пикру бегӀерал гӀолилазулгун цадахъаб хӀалтӀи гӀуцӀи. Дие гьениса щола цӀияб лъай, республикаялъул жамгӀияб гӀумруялъул хӀакъалъулъ баян. Гьанибги аслияб иш буго Дагъистаналъул гӀолилазул пикраби гӀумруялде рахъинариялъе кумек гьаби.
— Гьеб дуца бицанщиналъул кинаб кумек бугеб Дагъистаналъе?
— Дие бокьула, жиндир ресалда рекъонкковухъе, щивав чи хӀалтӀулев вугони. ТӀадаб букӀиналъ гуро — рекӀел ахӀиялъе жаваб хӀисабалда. Масала, лъицаниги тӀадаблъун гьабичӀо, дагьалъ цере чвахунцӀадал райдал, къварилъи ккаразе кумекалъе рахъаян абун. Щивав чи вахъана, рекӀел ахӀиялда рекъон.
Дида бичӀчӀана: бизнесалъул хӀаракат жамгӀияталъул къваригӀел тӀубазабиялде буссинабуни, гьабулеб ишалъе пайда цӀикӀкӀуна. ТӀоцебесеб къоялъго штабалда рагьана ракьцоязе кумек гьабиялъул пункт. Штабалъул хӀалтӀухъаби сордо-къоялъ рукӀана хъаравуллъуда. Гьенир гӀуцӀана телефонал ва цогидал алатал токалда лъезе рес, хехал хъулухъазул хӀалтӀухъабазе чӀезабуна хинаб квен, хӀадурана ретӀел бакъвазабизе ва хӀухьбахъизе бакӀ.
Дир заместитель тӀоцебесеб къоялъго ана Мамедхъалаялде, гьениб гьабулеб хӀалтӀул низам гӀуцӀизе, щиб рахъалъ кумек хӀажат бугебали лъазабизе ва балагьалъул зарал тӀагӀинабиялъе гьабизе кколеб хӀалтӀул хӀисаб гьабизе. БагӀараб Хъанчалъул хитӀабалда рекъон, нижеца ракӀарана дараби, хасаб формаялъул партал, гьекъолеб лъим, гьабуна МахӀачхъалаялъул лъималазул ахазе ва цогидал социалиял объектазе кумек. Мамедхъалаялде, Хасавюрт, ДахӀадаев районазде ва Югалъулаб Дагъистаналде ритӀана бульдозерал ва экскаваторал. Гьенирги МахӀачхъалаялдагун Каспийскиялдаги рацӀцӀад гьаруна шагьранухал. Къокъго абуни, гьел къоязда къварилъи ккарал муниципалитетазда хӀалтӀулеб букӀана 30-ниги машина.
Ахиралдаги абила: депутатлъун вищаниги вищичӀониги, дица республикаялъе гьабулеб букӀараб кумек гьоркьоб къотӀизе теларо. Диеги нижер хъизамалъеги тӀоцебесеб бакӀалда кидаго букӀана пикру гьабизе лъалел гӀолилазе кумек гьаби, лъай кьеялъул программабазда ва проектазда гӀахьаллъи, меценатлъи. Аллагьас хъван батани, гьедин гьабила хадубккунги. Амма гьелъие цӀикӀкӀараб рес-санагӀат букӀуна, Пачалихъияб Думаялъул депутатлъун вугони.
Кавсарат Сулейманова

