Расандизе рикIкIунел
Маргьа, маргьа цикIулди,
Царал гIундул кIичIулди,
Киго ГIали вагъулди,
ГIалил лъимал гъулгъуди,
ГъологIучIал квалквади,
Кив вукIарав, кIалберцин?
**
Гьадаб балагьуда тIегь буго,
ТIогиб маххул хеч буго,
Ахада гьабал руго,
Гьабахъ гIадамал руго,
ГIадамахъ кини буго,
Кини цIун багIар буго,
БагIар гIуруца ана,
ГIурул кету лъабчIвана,
Лъарал кету ункъчIвана,
Ункъо букIараб чогьен
ЧехатIаде рехана.
**
Маргьа, маргьа, цIило, цIило,
Цинги гъеду, Гъуниб росу,
Росдал цIцIани, ЦIороса кету,
Кутузул гIундул, гIондокьил наку,
Перкъи, щеркьи, къоркъол мегьед.
**
ВукIанила КIартилав,
КанцIанила нохъоде,
Беканила квегIаб бох,
КватIанила рокъове,
Вуханила кIодоца,
КIатIанила инсуца.
**
ГIалидибир, вай Дибир,
Дур гьакидул гъваргъвари,
ГъалбацIалъул гIергIери
ГIангуралъул хьирхьири,
Хьонда мокъокъил къвакъвай.
**
ЛъабгIин, гIанихух, цIцIанихух;
ЦIоробе араб бахьинхIинчI.
Бихьулареб гъалухIинчI,
Гъал къотIараб накIкIихIинчI.
НикIкIилазул гел-гел,
Гелазул чел-чел,
Чода вугев мун,
ГIодов вугев дов.
**
Гьадаб моцIрол кIир-кIири щиб, бело?
КIиго бачил балагьи щиб, бело?
БахIаралъул хIеренлъи щиб, бело?
Хакъикъалъул къарумлъи щиб, бело?
**
Ицил кверал унтун ругин, катан кье.
Катил цIилал ригъун ругин, курак чIвай.
Бакъ щун, щоб ккун,
Щобил ГIали рохьов ун,
Рахьдал гиби гебегун,
Горбогьодал расандун,
Росонир хинкIал кьурдун,
Кьурда гIачи гIергIедун
ГIодор бачал мимидун.
**
Чаландарил динг, динг,
Дун вуссана, ва ясал.
Росе хъуби, речIчIе гIачи,
ГорцIун ругин жакъа гьал.
Чаландарил динг, динг,
Дие пос гIемерлъаги,
ГIачи нужер цикIкIаги,
ЦIу-цIун хъуби нахъе росе,
Ва ясал!
**
Бох басандун, бакI басандун,
Бис бекерун, канал ричIчIи.
РичIчIи гьороб, гьин хуриб,
Хух магIарда, гIи хьонда.
Хьибил бусада, Салим тIохда.
**
Азалидул зангал ругел дир гIанкIил,
Заит кунал къунщби ругел дир гIанкIил,
МегIер цIурал гIиял ругел дир гIанкIил,
ГIалах цIурал чуял ругел дир гIанкIил,
Чода цIакъал васал ругел дир гIанкIил,
Васахъ лъикIал цIалал ругел дир гIанкIил,
ЦIоров цIакъав эмен вугев дир гIанкIил,
Гъасда цIакъай эбел йигей дир гIанкIил.
**
Гьабги наку, добги наку,
Зобги сверун, ссанда наку,
Ссанда мокъокъил наку,
Кьодукь хIанчIазул наку.
**
ЛъаргIисахун цIад бачIун,
ЦIоросахун накIкI бачIун,
Байги нилъей чвахун цIад,
Чахъабазул хIал хьезе,
Чвахаги тIохил гонгал,
ЦIцIаназул мугъ бекизе.
**
Беке-бекерун цер ана.
Царада нус батана.
Нус бичасе кьуна.
Бичас гIала кьуна.
ГIала къеда бухьана.
Къеца хIуби кьуна,
ХIуби цIадаб лъуна.
ЦIеца тIурччи кьуна.
ТIурччи лъарае бана.
Лъараца цIам кьуна.
ЦIам гъвалие бана.
Гъвалица тIатIи кьуна.
Бежизейин цIеда лъуна,
ЦIорозейин рагьда лъуна,
Къвагъан бачIун, гъадица
КIутIун босун анила.
**
Ва цIилицIи, цIилицIи, гьарс-вай,
ЦилицIидул лам гьечIо, гьарс-вай.
Ламида хъара гьечIо, гьарс-вай.
Хъусида чIегер гьечIо, гьарс-вай.
Нужер гIиги гIемерлъаги, гьарс-вай.
ГIиялъ куйдул чахIалъаги, гьарс-вай.
**
Б-э-э, дунги хъве,
Дир бурутIги нахъе те,
ХетI-бетIерги тIомониб,
ТIатIул сарис хьагиниб,
Хьалбахъ гIучIал магIида.
**
Чаргъеду! Чаргъеду!
Чара хваяб рачIхалат!
Дур ГIалиги гIияда,
ГIалил лъимал рехъада,
Боснор ханал мокъокъил.
Къвагъ, къвагъ.
**
Маргьало-гьаршало,
Гьоркьохъанасул чу билун,
ЧотIахъанасул цIал билун.
Росонир хинкIал кьурдун,
КьуртIа гIачи гIергIедун,
ГIурухъ бачал чIичIидун.
**
Иу-иу-у жаланибе,
Жал къотIизе мукъранибе,
Мукъур квине Кудалибе,
Кан бахъизе хIоботIе,
XIop рагIалда гебегун,
Гор рагIалда басандун.
Баса-бакун тIагъур лъун,
ТIоргъонибе хъубухъун,
Хъабчинибе кIобокIун,
КIигоявгун щурщудун,
Щугоявгун векерун,
Векерун ун, куй босун,
Керенги чIван, оц босун.
**
Дунгоги хIайран йиго,
ХIабибасул ПатIимат,
Гьунщи кIодол хIатIица
ХIажигороги чIинтун,
Билълэунаго гьунщи квеш,
Гекъолаго тIваркъи квеш,
БачIина мун хIорихъе,
ХIанчIила дур гъоркьа кIветI.
**
Адин нако,
Додин нако,
Данде гIучIал
БичIан нако,
Гьаб сагIтил сакIил нако,
Ссанда мокъокъил нако,
ХIорихъ къуркъбузул нако,
Къадалъ хIанчIазул нако.
ЦIирка, цIирка, цIирка нако.
**
Кун меседил расеналъул,
Гьинчалалъул чу магIарде,
ГIала хьинда, хьинда цIибил,
ЦIолбол кету, катил гIундул
ГIондокьил бох, цидул дванк.
**
Аб кIкIал, доб кIкIал,
ГIачи кIкIал, чума кIкIал,
НакIкIилъар, лъабгIин,
ГIани хух, цIани хух,
Цор бихьараб бахьинхIинчI,
Бихьулареб гъвала хIинчI,
НикIваязул гьел-гьел,
Гьалбадирил чу-чу,
ЧотIа рекIун ГIалисканди,
ГIартинире мусудул,
Сивунире бахIарзал,
ХIоринире къуркъби,
Къадалъе борхьал.
**
Гьудубе кIанцI, гьаниб кIанцI,
ЧIалхуласул хурив кIанцI,
Херав дадал гьороб канцI,
Гьалбадерил тIохде кIанцI,
ТIад магъилъа гъоркье кIанцI,
Гъамбулатил рокъов кIанцI,
Рукъиятил бокьов кIанцI,
Разиятил рагьде кIанцI,
Ражбадинил чIалде кIанцI,
ЧIегIерасул гъасде кIанцI.
**
Зирзили, зирзили,
Гьорол зирзили,
Гьорол чуги рекIун,
Даци вачIине.
Сурсури, сурсури,
Бакъул сурсури,
Бакъ гIарцул ярагъ бан,
Дада вачIине.
**
Цо хIелеко букIанила.
ХIариколо хутIанила.
Цо гунзари букIанила,
Гванзай ясалъ беканила.
Бакъда гьоло букIанила,
Мокъокъаца чIучIанила.
ЧIалу рохьоб букIанила,
Гьороца ун батанила.
**
Баги, баги чвахун цIад,
Чабхилъан ицц баккизе,
Чвахаги тIохда гонгал,
Гьалида мочу базе,
Баги, баги чвахун цIад,
Чахъабазул хIал хьезе,
Чвахаги тIохда гонгал,
ЦIцIаназул мугъ бекизе.
**
Ццин-ццин, ццидал хIелеко,
Ццин бахъараб Магьдил хIелеко.
**
БацIил гIундул кIичIулди;,
КIичI бахъулей ХIурия,
ХIама кIутIулев ГIусман,
Ражи бухулей Халун,
ХинкIал рахъулей Чакар,
Чай гьабулей гьидалъей,
Хьи бахъулей къванисей,
Къвали балей хьиндахъей.
**
ЧагIазухъ бугIа буго,
БугIа лъарае бана,
Лъарацаги цIам кьуна,
ЦIанги гIакдае бана,
ГIакдаца бече кьуна,
Бачица бурутI кьуна,
БуртIица тIатIи кьуна,
Бежизеян цIеда лъуна,
ЦIорозеян горда лъуна,
БачIун Уртил катица,
Хъамун ана жиндийго,
Хадуб араб ХIерендо,
ХIатIул кIал цIун бачIана.
**
ГIанкI, гIанкI, лъакI, лъакI,
ЛъакIинибе гьел-гьел,
Гьегьги дица хьухьина,
Хьопги дица къотIила.
Хаба-чIабар бицунди,
Царал гIундул кIичIулди,
КIицIул хуриб бекьулди,
ХинкIал гьарун квананди,
КартIинибе кIанцIунди,
Цояб дица квананди,
Цояб кодое кьунди.
**
Гьадаб тIомор татIул чед,
ТIох рагIалда нахул чед,
Дун сверухъе сверулеб,
Сурма дарайдул ретIел,
Дун кIичIухъе кIичIулеб,
КIичI бахъараб буртина,
РетIинеги щолареб,
Щварасдаги толареб.
**
Милъиршо, милъиршо,
Щобда базе къвачIа кье,
Кьвалакь базе таргьа кье,
Рохьоб босе гIащтIи кье,
ЧIалда базе жини кье!
**
Гьаб магIарда тIегь буго,
ТIогьиб маххул хеч буго,
Ахада гьабал руго,
Гьабихъ гIадамал руго,
ГIадамахъ гени буго,
Гени багIар габула,
БагIар гIобил гьабула,
ГIер меседил гьабула,
Яс куракул гьаюла,
Кету нахул гьабула,
Махх чарамул гьабула,
Чу магIарда гьабула,
ГIала хьонда гьабула,
Хьиндахъ цIибил гьабула,
ЦIолбол кету гьабула,
Катил гIундул гьарула,
ГIондокьил рачI гьабула.
**
Дунги мунги — кIиявго,
Рохьоб бече — лъабабго,
Лъебел гIака — ункъабго,
ГIалил хIама — щуябго.
ШайхмухIамад — анлъавго..
МегIергIанаб гIаладулги цого тIинчI.
ГIалаяльул щинкIилгIанаб
Рущбадулги щуго тIинчI.
ЩурунгIанаб мокъокъилги къого тIинчI.
КъалигIанаб гъагъусакил киго тIинчI..
**
Мокъокъ буго къвакъвалеб
Къаси жиб берталъеян.
Микки буго гъулгъулеб
Гъарим жибги бачеян.
**
Ацида, цацида, цумида,
Хъумида, хъудал рачIида.
**
Амина, замина, бузур, хъузур,
Хъанза, манзал, хъаравуласул кIалтIа
КIих-кIох.
**
Цойида — кIийида, кIоркIамайида,
Лъабида — хъабида, хъарзамайида,
Пампа гIучIал,
— тIваркъ.
**
Ацида, цацида, царада, бакIида,
ГIалида, хъамида, хъадал рачI.
Белек, челек, чартIа, миртIа,
Къимир, зимир, Пилламас занка, рика,
Дица кутIун, дуца босун,
Ччит гавур, гъологIучI.
**
Бидги, бидги, бидал данги,
Данги бидан — сахлиян,
Умахалун, хал-халун,
Чибилдимик, дандимик.
**
Ацида байдан, царада байдан,
Памухь, чалух, чайда байдан,
Рехун бача, гьорол чIимих.
АцIикI-бицIикI, бицIан-цIаликI,
ЦIалги битIун сахлиент.

Цоцазда гьикъулел
Кваналеб гьудгьуд букIанила, парпалеб тIамах букIанила.
— Дир кIал бацIцІине бачІа, тІамах! — ан ахIанила гьудгьудалъ.
БачIинарин ахIанила тIанхица.
— ТIамах квине бачІа, бурутІ! — ан ахIанила.
БачІинарин ахІанила буртІица.
— БурутI чIвазе, бачIа, бацI! — ан ахIанила.
БачIинарин ахІанила бацІица.
БачIинарин аханила гьойца.
— Гьой чІвазе вачIа, вехь! — ан ахIанила.
ВачIинарин ахIанила вехьас.
— Вехьасул къвачIа букъизе бачIа, гІункІкІ! — ан ахІанила.
БачIинарин ахIанила гІонкІкІоца.
— ГIункІкІ чІвазе бачІа, кету! — ян ахІанила.
Бекерун бачІанила кету. Кету гІонкІкІода речІчІанила. ГIункІкІ къвачІида речІчIанила. КъвачІа вехьасда речІчІанила. Вехь гьойда речІчІанила. Гьой бацIида речІчІанила. БацI буртІида речІчІанила. БурутI тІанхида речІчІанила. ТIамахги гьудгьудалъул кІалдибе кIанцIун анила.
**
— БахIаралъ гъамас аниш?
— Ана.
— Гъансиниб лъун дарай аниш?
— Ана.
— Дарай кьотІизе кIвекьмахх анищ?
— Ана.
— Каранда чIван, рукIкIен анищ?
-Ана.
— Килщида ххун, баргъич анищ?
— Ана.
**
— Киб букІараб, цIум, цIум?
— ЦІамда букIараб цIум, цIум.
— Диeсеб киб, цІум, цIум?
— Росулъ бугеб цIум, цIум.
— Росу киб бугеб, цIум, цIум?
— ЦIаяль бухIана цIум, цIум.
— ЦІа киб бугеб, цІум, цІум?
— Лъиналъ свараб цIум, цIум.
— Лъим киб бугеб, цIум, цIум?
— БуртIица гьекъана цIум, цIум.
— БурутІ киб бугеб, цIум, цІум?
— Носоца хъуна цIум, цIум.
— Нус киб бугеб, цIум, цIум?
— ГанчІица бекана цIум, цIум.
— ГамачI киб бугеб, цIум, цIум?
— ЧІвадниб речІчІана цІум, цIум.
**
— Кий йикIарай, къешо?
— Гьоболлъухъ йикIана, къешо.
— Диесеб нисухинкI киб бугеб, къешо?
— Гъансиниб буго, къешо.
— Гъамас киб бугеб, къешо?
— ЦIеца бухIана, къешо.
— ЦІа киб бугеб, къешо?
— Лъеца свинабуна, къешо.
— Лъим киб бугеб, къешо?
— ЦIорокье ана, къешо.
— ЦIер киб бугеб, къешо?
— Бакьуца биинабуна, къешо.
— Бакь киб бугеб, къешо?
— НакІкIулъе тІерхьана, къешо.
— НакІкІ киб бугеб, къешо?
— Махил рохьобе ана, къешо.
— Махил рохь киб бугеб, къешо?
— БуртIаз кванана, къешо.
— БуртIал кир ругел, къешо?
— БацІица чIвана, къешо.
— БацІ киб бугеб, къешо?
— Гьойца чІвана, къешо.
— Гьой киб бугеб, къешо?
— Вехьгун ана, къешо.
— Вехь киве арав, къешо?
— ГIисинлъималазе бикьизе
ЦІулакьодул къвачIа цIезе ана.
**
— Ворея цо? — Цо росдал бетIер мун.
— Ворея кIиго? — КIиго бералда канлъи льикІ
бихьула.
— Ворея лъабго? — Лъабго бохил бакІида вукІине лъикI.
— Ворея ункъо? — Ункъо бохил юргъа чода лъикI.
— Ворея щуго? — Щуго гвангъараб цІваялъ канлъи лъикI кьола.
— Ворея анлъго? — Анлъго оц бараб мехалъ, кутан лъикI халтIула.
— Ворея анкьго? — Анкьго вас годекIанив вугони, paкI лъикI букІуна.
**
— ЦIа кье, гIадамал чагІи!
— ТIаса рокъое яха.
— Гьал жал щал кколел нужер?
— MeгIергIучIал, мадугьал.
— Гьал цоял щал?
— КІиликІичІал, дахІалай.
— Рокъор щал ругел нужер?
— Цагърил кІалтІаги бегун, гъвала буго, дахІалай,
— ГъастIа гъургъур бачунеб кету буго, дахIалай,
Рахъун лъурал хинкIал руго, дахІалай,
Хвизе гьабун чурпа буго, дахIалай,
Кванан ине гIодой йикІа, дахІалай.
— КватІугеян гьарун буго эбелалъ,
ГIодой чIезе заман гьечIо, хириял.
— ГIакълу бугей яс йиго мун, дахIалай,
Дуйго цIаги хинкІги босе, дахІалай.
БогIол рокьи букІунебин, кІалдиб лъе…
Рагьде щведал гьой бортана: — XIaп, хIап, xIaп!
ХIинкъарай яс тIурун ана — тІвап, тІвап, тІвап.
ТIаде щолеб гьой хинкІ кьуна: — Магь, магь, магь!
**
— Мун кибе, чаргъеду, чара хваяб рачІхалат?
— Чолонибе инеб, чу гьекъезе, колонибе инеб,
Къвал чуризе, иццухъе инеб,
ГьудмагIарде гебегизе инеб,
ГормагIарде басандизе инеб,
БацІал ккун тIагъур лъезе инеб,
ТIогърониб хведер лъезе инеб,
Харил чода рекIине инеб,
Чанаб гьойда къвал базе инеб.
**
—Мун кибе, гъеду?
— Керен чІван оц босизе.
— Оц, щибизе, гъеду?
—Рохьобе бачине,
— Рохьобе щибизе?
— Рахал раччизе.
— Рахал щибизе?
— Рукъзал гьаризе.
— Рукъзал щибизе?
— ЧIужу ячине.
— ЧIужу щибизе?
— Лъимал гьаризе.
-Лъимал щибизе?
— Кодоб тIохол къайи кьун,
Бакъда жоялда цере тезе.
— Мун киса?
— Колодаса.
— Колода хабар щиб?
— Бергьараз къурал толарого,
Къиямасеб къо чIун буго.
— Мун кин вачIарав?
—Ярагъ лъикІаб букІун.
— Ярагъ сундул букІараб?
— ГIучІ-мичІилалъул.
— ГIор кин бахараб?
— Горбода гIучІал чІван.
— ГIор гьитIинаб букІун батила.
— ГIор гьитІинабищ букІунеб, цояб рагІалдаса цогиялде мокъокъ боржунареб.
— ТIинчІ мокъокъ букІун батила.
— ТІинчІ мокъокъищ букІунеб, росу сверулеб.
— Росу гьитІинаб букІун батила.
— Росу гьитІинабищ букІунеб, цояб рагІалдаса цоялде гьаракь рагIулареб.
— ГIадамал гъугъал рукIун ратила.
— ГIадамал гъугъалищ рукІунел, магІарда гьиштIараб борхьил гьаракь рагIулел.
— Аздагьо борохь букIун батила.
— Аздагьо борохьищ букІунеб, харилъа къватІибе баккулареб.
— Хер борхатаб букIун батила.
— Борхатабищ букIунеб, зарукьа кьватибе баккулареб.
— Зар кIудияб букIун батила.
— КІудиябищ букІунеб, кьабуни бетІер бекулареб.
— БетІер маххул букІун батила.
— Маххулищ букІунеб, пуни гьорохъ унеб.
— Гьури хIалаб букIун батила,
— ХIалабищ букІунеб, пуни цІа рекІунареб.
— ЦIул биччараб букІун батила.
— ЦIул биччарабищ букІунеб, эбелалъ Ахсу кІкIалахъа бачIараб канго-кан.
**
Щуго килщил хIакъалъулъ:
Билълъа кваназеян гьалъ абуна,
Квен киб бугебан гьальъ гьикъана,
Аллагьас кьелин гьалъ абуна,
КьечІони щиб гьабилебан гьалъ гьикъана,
Кьурун бахъилилан гьалъ абуна.
**
Цо хIама хIежалде унеб букIанила.
Дунги бачинарищан бацІица гьаранила,
Дунги бачинарищан хIелкица гьаранила,
Дунги бачинарищан бачица гьаранила,
Дунги бачинарищан катица гьаранила.
ХIама разилъанила, къватІире рахъанила.
Цо заманаялдасан
Нух теялъе кечI ахІеян гьаранила бацІида.
БацІицаги ахІанила:
— Цо богое хІама буго, бурун бу, бурун бу!
Цо богое бече буго, бурун бу, бурун бу!
Цо богое кету буго, бурун бу, бурун бу!
ХIелекоги цо богое, бурун бу, бурун бу!
БацIица ахIун бахъарабго, хІамицаги байбихьанила:
— Хамица дур щекъер къала, огь, вай, вай!
Бачица мун къадалъ цвила, огь, вай, вай!
ХIелкица дур бер бахъила, огь, вай, вай!
Катица хъатги бала, огь, вай, вай!
**
—Милъиршо, щибиркIо, магь бухьине рохьен кье,
Рохьобе босизе гIаштIи кье, кан бичІизе жини кье,
Жадухъ ине рахълъен кье, хехлъи гьабе, хехго кье!
— ГIачи гIергIедулел ругин, яхI габе,
Мимидулел бачал ругин, дагьалъ чІа!

