
Абула мажгиталъул къадалъ лъураб цо гамачI хIеж борхиялда бащалъулин. Гьедин бугониги, нухазе хIадурараб гамачI мажгиталъе хIалтIизабизе бегьуларо. Инсанас гьарулел киналго хIалтIабазда гьоркьосан нухал гьариги кьоял райги рикIкIуна бищунго цIикIкIун кири щолеллъун. Бицине бокьун буго гьединаб камилаб лъалкI ракьалда толеб, тухумалъе квербакъарав, Шамил районалъул ГIурада росулъа ЧIегIеразул ХIажил ва гьесул нухдасан арал хъизамалъул гIагарлъиялъул хIакъалъулъ. Гьанибго абила ЧIегIеразул хъизамалъул нухал гьарулаго араб гIаммаб хIалтIул стаж 150 соналде гIаралъанин.
ХIажи — ЧIегIеровазул цевехъан
ЧIегIеров ХIажи гьавуна 1903 соналда КъахIиб районалъул ГIурада росулъ ичIго лъимер бугеб кIудияб хъизамалда. Гьесул эмен Сидул ЧIегIеро гIумруялъго хIалтIана нухал гьариялда ва кьоял раялда. 1921 соналда, хъачагъаздаса Лъануб росу эркен гьабулеб рагъда гIантаб гулла щун, эмен чIвана, бесдаллъана ичIабго лъимер. Гьеб балагьалдаса хадуб, кIудияв вас ХIажиде бегана хъизамалъул жавабчилъи. Хъизам хьихьизе эбелалъе кумек букIинеян, гьес гьабизе ккана гьабигьанлъиги вехьлъиги. 1923-1928 соназда, дагьабниги гIарац щолеб бакI абун, хIалтIана Аваро-Кахетия нухда, нухал къачIалев чилъун. ГIолиласул хIалтIуде бугеб гъира бихьун, 1928 соналда ХIажи витIана Буйнакскиялде, нухазул мастеразул курсазде. ЦIали лъугIун хадув гьев тIамуна добго нухда мастерлъун. 1931 соналда гьев витIана Москваялде, лъай- махщел борхизабиялъул курсазде. Гьениса тIадвуссарабго, тIамуна гьеб нухлул прораблъун. 1932 соналда ХIажи тIамуна Гъуниса ЧIараде бахъулеб нухда хIажатабщинаб чIезабулевлъун.
1934-1938 соназда цIалун Дагъистаналъул автомобилазулгун нухазул техникум лъугIарабго, гьев тIамуна Нухазул управлениялъул инспекторлъун. Гьанибго абила, ХIажи вукIана КъахIиб районалда тIоцеве нухал гьариялъул махщалие цIаларав чи. Камилаб лъай-махщелалъул специалист хIисабалда, ЧIегIеров тIамуна батIи-батIиял жавабиял хъулухъазде.
Нухазул мастерлъун хIалтIана Гъуниб участкаялда ва Аваро-Кахетиялъулаб нухда, 1939-1940 соназда Анцухъ-ЛъаратIа ва 1940-1941 соназда Хайдакъ районалъул Шеляги- Варсит нухазда гьабуна прораблъи. Хадуб, гьесул цIикIкIараб бажари- жавабчилъи букIин бихьун, тIамуна гьеб участкаялъул начальниклъун. 1941 соналда, гьениса вачун, тIамуна Дербент шагьаралъул 421 нухазул эксплуатациялъулаб управлениялъул начальниклъун.
ГIемер соназ гьабураб ракIбацIцIадаб хIалтIухъ ЧIегIеров ХIажие кьуна гIемерал шапакъатал: 1933 соналда — ударникасул грамота ва рукьалда балеб сагIат, 1934 соналда — ХIурматалъул грамота ва велосипед, 1941 соналда — ДАССРалъул Верховный Советалъул ХIурматалъул грамота ва гь.ц.
Гьалбал хирияв МухIамадсултан
ХIажил баракаталдалъун ГIурада росулъа бахъана нухазул хIалтIабазул махщелчагIазул цIар араб хъизам. Гьесул нухдасан ана гьитIинав вац МухIамадсултан. Гьесул захIматалъул книжкаялда буго цо хъвай-хъвагIай: «1932 соналъул ункъабилеб октябралда восана №420 ДЭУялъул нухазул хIалтIухъанлъун», — абун. Пенсиялде инегIан, гьоркьоса къотIичIого, 46 соналъ гьев хIалтIана Гьидерил кьодаса ЛъаратIе унеб нухда мастерлъун. «ГIумру ана дур нухал гьарулаго, кидагIаги гьел лъугIизе ругел?» — абун лъебелаз махсара гьабидал, гьес жаваб кьолеб букIун буго: «Халалъиялда гIеблъи бащалъидал, нухазул хIалтIи лъугIула», — ян. ГIумру гьабунги гьев гьенивго чIун вукIана. Гьес абулаан лъебелалги, бежтIаселги, къелги жиндир гьалбал кколилан. Цониги сордо букIунароан нухда бугеб гьесул рокъоб лъабго-ункъо гьоболас сордо бачIеб. ГIадамаз жакъаги бицуна гьесул лъади Мариянил хинкIазул чIахIалъиялъул, гьалбадерил гьелъ гьабулеб букIараб адабалъул. (Рекъон букIина нухлулаз рухI рехсеялъе Гьидерил кьода МухIамадсултанил ва Мариянил цIаралги хъван, мемориалияб хъарщи чIвани).
Лъайги бажариги бугев инженер
1934 соналда МахIачхъалаялъул нухазул техникум лъугIарав чи хIисабалда, ХIажил лъабабилев вац ХIадис тIамуна Унсоколо районалъул ДУялъул нухмалъулевлъун. Гьесул хIалтIуде бугеб рокьиги, лъайги, бажариги бихьун, 1940 соналда гьев тIамуна нухазул управлениялъул кIудияв инженерлъун.
1946 соналда Терек гIорда тIасан кьо балеб ДЭПалъул прораблъун хIалтIана, 1947 соналда – ДУялъул кадрабазул отделалъул начальниклъун ва 1954 соналда — ДАССРалъул Нухазул управлениялъул начальниклъун.

Къадруяб цIар нахъе тана
Дагъистан бахун къватIивги машгьурав чи кколаан ЧIегIеразул ХIажил ункъабилев вац Асадула. Рагъдаса тIадвуссиндал, гьев гIемерал соназ хIалтIана хIукуматалъул жавабиял хъулухъазда, чанцIулго вищана ДАССРалъул Верховный Советалъул депутатлъун ва КПССалъул обкомалъул бюроялъул членлъун.
Буйнакск шагьаралъул округкомалъул тIоцевесев секретарьлъун хIалтIулаго, гьес къокъабго болжалалда, мугIрузул районазул халкъги бахъинабун, цIигьабун къачIана рагъул соназ рехун тун букIараб ГьаркIасуниб – БагIараб кьо шагьранух. Гьелдалъун мугIрузул районазде унеб нух къокълъана 70 километралъ. Гьесул бидулъ бессун букIана инсанасе лъикIлъи гьаби, кумек гьарун вачIарасда кверчIвай . «Дагъконсерв» цолъиялъул нухмалъулев М.-А. ГIалиевас абуна: «Асадула ккола Дагъистаналда вугев тIоцебесеб номералъул бихьинчи», — . «Гидатль – талисман мой и совесть моя» абураб тIехьалда Суракъат Асиятиловас хъвалеб буго: «Гьес ирсалъе тана жиндирго къадруяб цIар ва тIад хIур хъвазе течIеб яхI-намус. Асадулал зани буго цIар рагIарав гIалим Ибрагьим ХIажиясул зонода аскIоб. Гьидерида лъала жидерго машгьурал ракьцоязул къимат гьабизе»,- ян.
ТIагьиров — унго-унгояв профессионал
МахIачхъалаялда нухазул техникумги лъугIизабун, ЧIегIеразул яцалъул вас МухIамад ТIагьиров гIемерал соназ хIалтIана республикаялъул нухазул управлениялъул идарабазда ва батIи-батIиял хъулухъазда, гIемерал соназ Дагъавтодоралъул начальниклъун. Дунялалда бараб 59 соналъул 39-яб гьес кьуна нухал гьариялъе. ТIагьиров вукIана ралел бакIазул унго-унгояв махщалилав. Гьелъие нугIлъи гьабулеб цо мисал бачина. Гьев цIалулев вукIана МАДИялда. БагIараб дипломалда цIали лъугIизабизеян нияталда вугев гьесие рес ккечIо. 1965-1966 соназ рарал кутакал цIадаз республикаялъул нухазул магIишаталъе гьабун букIана цIакъго кIудияб зарал. ТIубанго биххун букIана 173 кьо, лъеца босун ун букIана шагьранухазул 26 километр, лъабго моцIалъ нухал къотIун рукIана мугIрузул анкьго районалде. Гьеб балагь тIагIинабиялъе къваригIун букIана гIолохъанаб къуват, мугIрузул нухазда захIматал шартIазда хIалтIул хIалбихьи. Гьединаб гьунаралъул специалист вукIиналъ, ТIагьиров Москваялдаса ахIана. ВачIинахъего гьев тIамуна нухазул управлениялъул бетIерав инженерлъун ва начальникасул заместительлъун. ТIабигIияб балагь лъугIизабиялда бихьизабураб гIуцIарухъанлъиялъухъ гьев мустахIикълъана ДАССРалъул мустахIикъав бакIал ралев чи ва ункъо соналдасан РСФСРалъул мустахIикъав бакIал ралев чи абурал цIаразе. МухIамад вукIана нухал гьариялъул ва кьоял раялъул унго-унгояв профессионал. Гьев хIайран гьавун вукIана Швейцариялда нухал гьарулел ва къоял ралел къагIидабаз, гьес абулаан жиндир анищ бугила Дагъистаналъул мугIрузда гьединалго нухал ва кьоял разеян. Жакъа ТIагьировасул вас МухIамад хIалтIулев вуго Дагъавтодоралъул начальникасул заместительлъун.
МухIамад — маххул нухазул специалист
Шагьранухазда гурелги, ЧIегIеровал хIалтIана маххул нухаздаги. Гьеб тухумалдаса ЧIегIеров МухIамадица бергьенлъиялда лъугIизабуна Ростовалъул маххул нухазул транспорталъул институт. Гьенибго лъугIизабуна аспирантураги. Гьев гIемерал соназ хIалтIана Северияб Кавказалъул маххул нухазул МахIачхъалаялъул локомотивазул депоялъул начальниклъун. Гьесул вацал АхIмад, ГьитIино ва ГIалиасхIаб, нухазул цIалул идараби лъугIун хадур, хIалтIана нухазда ва, цогидал ЧIегIеровалго гIадин, лъугьана лъикIал специалисталлъун.
МухIамадица кидаго вацазда малъулаан: «Нилъер хIалтIи гIадамаз ракIалде щвезабулеб гьечIолъиялъул магIна ккола гьеб лъикI гьабун букIин. Нухал гьари ккола гIасрабаз гIадамазул баркалаги Аллагьасул кириги букIунеб, жавабчилъи цIикIкIараб хIалтIи. Гьединлъидал тIадаб буго гьеб лъикI гьабизе», — ян.
ПалхIасил, ЧIегIероваз цIунун буго жидерго тухумалъул махщалие ритIухълъи.
Нури Нуриев
