Бидул къисас ккола умумуз наслабаз наслабахъе кьолеб букIараб некIсияб гIадат. Гьеб баккиялъе гIиллаги букIана хасаб пачалихъ, хIукумат гьечIолъи яги законал хIалтIуларого рукIин. Тухумазулаб къавмазул заманалда гIадатал хIалтIулаан, жакъа законал гIадин. Гьелъ квербакъулаан жалго тухумал цIуниялъе, яхI-намусги, къадруги, низамги гIадлуялда чIезабиялъе.
Советияб улкаялъул тIоцересел соназдаги жамгIияб гIумруялда жаниб бидул къисасалъ саламатаб бакI кколаан. Дагъистаналъул цо-цо бакIазда жакъаги камуларо къисас босиялъул лъугьа-бахъинал. Тухумазда, гьединго, хъизамазда гьоркьоб, къисас босун гурони, рекъезабизе кIолареб тушманлъи ккеялъе аслиял гIиллаби рукIунаан: васасда ва ясалда гьоркьоб бугеб рокьи тIатин, ракьул гIурхъи сабаблъун ккараб дагIба, бугьтан лъей, мацI гьаби ва нахъасан каки. Чи чIвай гуребги, къисас боси букIине бегьулаан гьадинал лъугьа-бахъиназдалъун ккарабги: чи лъукъи, яс хъами, ракь кквей, чиясул яхI-намусалда чIегIераб тIанкI лъей, хъизамалъул яги гьоболасул къадру хIакъир гьаби, зина гьаби, хабзал чорок гьари… Гьез рачунаан тушманлъиялде ва чIвай-хъвеялде.
ТIоцебесеб иргаялда, тушманасдаса бидул къисас босизе кколаан чIварасул инсуца яги вацаз, гьел гьечIони, инсул рахъалдасан бищун гIагарал бихьиназ. ТIадав чияс къисас босичIони, гьесие рогьо букIунаан, халкъалда гьоркьоб къадру холаан ва «хIинкъуч» абураб цIар лъолаан.
ЧIварасул чагIи тушманасда ва гьесул гIагарлъиялъул бихьиназда хадур лъугьунаан. ГIадаталъ гьукъун букIана руччабаздаса, лъималаздаса, как балесдаса, кьижарасдаса, ботIролъан жагъаллъи бугесдаса, захIматго унтарасдаса, нахъасан речIчIун, рамазан моцIалъ, диниял байрамазул къоязда ва гIадамал ракIарарал бакIазда къисас босизе.
ТамихIалде цIалароан такъсир гьабулаго тIадккурав, чIужугIаданалда хIал гьабулаго ва, балъго гъоркьчIел гьабун, жинде тIаде кIанцIулев чIварав, гьединго, зина гьабулаго тIадккурал бихьинчиги чIужугIаданги чIварав чи. Амма гьел чIвазе ихтияр букIунаан гIицIго чIужугIаданалъул инсул, вацасул, васасул ва росасул.
Бидул къисас босиялъул гIадаталъул байбихьуда къисас боси тIадаблъун гьабулаан тухумалъул киналго бихьиназда. Заманалдасан къисас босиялъул гIурхъичIвай гьабуна цересел гIагарал чагIаздалъун.
Къисас босулесда тIадаб букIунаан гьеб иш тIубазегIан хасаб куцалда гIумру гьабун чIей: рохалил данделъабазда гIахьаллъунгутIи, сабуралда хьвади, гIадатияб куцалда ретIа-къан вукIин. Бидуласдаса гуребги, къисас босизе бегьулаан гьесул тухумалъул бокьарав бихьинчиясдаса, херал чагIи ва гIисинал лъимал хутIизегIан. Къисас босизелъун хадур лъугьунаан бидуласул инсуда, вацазда, инсул вацазда ва вацгIалзабазда. Бидуласдаги гьесул цересел гIагарал бихьиназдаги росу тезабулаан. Апараглъиялда рукIине заманги гьел ине кколеб бакIги чIезабулаан росдал харабазул данделъиялда. Цо-цо росабалъ гIадат букIана къисас босиялъул иш ирсалъе кьолеб. Гьелъие нугIлъун букIине цо лъугьа-бахъиналъул мисал бачина. Цо пуланаб росулъ чи чIван, гIемерал соназ апараглъиялда вукIана ГIали. Сонал анагIан росу-ракьалъухъ чIалгIун, амма тIадвуссине хIинкъун вукIана гьев. Ункъого сон бараб мехалъ, «дун киназдаго кIочон ватилаянги» абун, гьев тIадвуссуна гIагараб росулъе. Цо пуланаб къоялъ ГIали годекIаниве вачIуна ва гIолохъабазда абула цIакъ халалъун бугин мегеж, гьалъул гIадлу гьабурав чиясе кири букIинаанин абун. Цо гIолохъанчи вахъуна гьесул магжие гIадлу гьабизе. Цинги, херасул мегежги ккун гьес, «Би бакъваларо, налъи холароянги» абун, херав хъун рехула. Гьев вукIуна лъеберго соналъ цеве ГIалица чIварав чиясул вас Муса.
Гьидерил гIадаталда рекъон, чи чIварав чиясде тIаде къотIулаан чIварасул ирсилазе кьезе лъеберго гIака, жамагIаталъе — ункъо ратIал жанибе унеб хъазан ва цо оц. Гьеб гуребги, эркен гьавуралъухъ абун, хасаб къадаралъул гIарац кьезе кколаан гьидерил бодуе.
XVIII гIасруялъул 60-абилел соназда билълъанхъизабуна маслихIат гьабиялъул масъала. Гьелда рекъон, бидуласул божарал чагIаздаги чIварасул гIагарлъиялдаги гьоркьоб гьабулаан къотIи-къай. Гьениб рецIалие кьезе бихьизабулаан я гIарац, я гIарац-меседалъул гьабураб къайи, яги боцIи-панз.
Цо гIадатияб гуреб рекъел гьабиялъул мисалги бачинин. НекIо ГьентIа росдал Къвангъурал ва ДугIилал абулеб кIиго тухумалда гьоркьоб букIун буго лъугIелго гьечIеб дагIба-рагIи ва чIвай-хъвей. ГIадаталда рекъон, бидухъ би босичIого бегьилищха? Гьедин, гьел тухумазул гIемерал гIолохъаби чIван, гIорхъолъа араб ахIвал-хIал лъугьунеб букIинги бихьун, рекъел гьабизеян, ГьентIаре рачIун руго гьидерил росабалъа къадруял чагIи. Тухумазул бихьиналги данде ракIарун, гьез абун буго: «Гьадин цоцаца чIвалел ругони, хIинкъи буго заманалдасан тухумал лъугIиялда. Квералги рачун, рекъел гьабиялдаса ун буго тухумазда гьоркьоб лъугьун бугеб тушманлъи. Гьелъие ахир лъеялъе буго цо нух — кIиябго тухумалда гьоркьор ригьнал гьаризе ккола. Гьез хинлъизарила согIал ракIал, гIагарлъизарила хъизамал, тIагIинабила тушманлъи», — ян. Гьез малъухъе, кIиябго тухумалда гьоркьор гьарун руго ригьнал, ккун буго гьоркьоблъи, щулалъун буго рекъел, лъугIун буго чIвай-хъвей, тарихалде ун буго тушманлъи.
Биялъ би чуруларинги абун, шаргIалъ лъикIаблъун бихьизабуна къисасалъул бакIалда рецIел (дият) боси. РецIел щвезабулаан живго бидулас, гьесул гIагарлъиялъ ва жамагIатчагIаз. Гьел унаан чIварасул минаялда аскIоре. Гьенире щолаго, бидулас ва гьесул цересел гIагарал чагIаз тIагърал рахъулаан. Гьезда аскIове вачIунаан чIварасул гIагарлъиялъул бищун херав ва къадруяв чи. Гьес абулаан: «Аллагь тIаса лъугьаги нужедаса», — ян. Гьеб мехалда накабазда гьесда цере чIолаан бидуласул гIагарал чагIи.
РецIел кьун хадуб бидулас чIварасул гIагарлъи ахIулаан жиндихъего кваназе. Кванде байбихьилалде кIиябго тухумалъул бихьиназ кверал рачунаан. Хадуб лъугьунаан ракълилаб ахIвал-хIал.
Россиялда гьоркьобе Кавказ бачиндал, хIукуматалъул законаз гьукъана гIемерисел некIсиял гIадатал ва загIиплъана къисас босулеб гIадаталъул къуват. Россиялъул Уголовнияб кодексалъ чи чIвай рикIкIуна кIудияб такъсирлъун ва къисас босарав чи гIемерал соназ эркенлъиялдаса махIрум гьавула. Амма жакъаги камулел гьечIо бидул къисас босиялъул лъугьа-бахъинал. Гьелъие нугIлъи гьабулеб цо мисалги бачина.
Гьаб заманалъул бищун машгьураб къисас босилъун лъугьана Россиялъул архитектор, асатIинав Виталий Калоевасул иш. Гьев хIалтIулев вукIана Испаниялда, минабазул проектал рахъулев чилъун. Гьесул лъади Светлана йикIана Осетиялда, кIиго лъимергун цадахъ. 2002 соналъул июлалда гьел Москваялдаса Барселонаялде самолеталдаги рекIун роржунел рукIана. Амма, Швейцариялъул диспетчер Петер Нильсонил тохлъиялдалъун, гьел рекIараб Ту-154 дандречIчIана Boeing-757 самолеталда. Гьеб авариялда хвана Калоевасул хъизам. Гьелъие гIайибияв Нильсон тамихIалде цIачIого теялъ гьалаглъана Калоевасул ццим. Авария ккун лъагIел бараб къоялъ, данделъаразда рагIизабун, Калоев гьедана диспетчерасдаса къисас босизе бугилан. Гьес лъазабуна Нильсонил адрес ва 2004 соналъул 24 февралалда, лъадул ва лъималазул суратгун, гьесухъе ана. Сурат бихьидал, Нильсоница Калоев нахъе тункана ва, кьабун квергун, сурат бортизабуна. Гьесда кIиго хъачIаб рагIиги абун, Калоевас диспетчерасда нус чIвана ва гьениса лъутана. КIиабилеб къоялъ гьев гостиницаялда полициялъ ккуна. Швейцариялъул судалъ гьесие къотIана микьго сонил туснахъ.
Нури Нуриев

