МугIрузул чIухIиги — дур сариназулъ

Каримуллагь ГIабдулаевас — 70 сон

МагIарул бакъназул чвахи цIилъизе, мугIрузул саринал цIунун хутIизе, магIарул рогьелгун, гьелъул бакъналгун рещтIа, Каримулагь, нижехъ гьоболлъухъ.

Мун, халкъияв артист, дурго бакъналгун щола магIарухъе, гьелъий салам кьун. ХIикматго сокIкIарал мугIрул каранда росабаз, цIаруцIун, жаваб гьабула.

МагIарул мацIалда кIалъалеб буго жакъаги дур аргъан Дагъистаналда. МагIарул тарихги магIарул мацIги гаргадула нижгун, духъ гIенеккидал.

Мун, халкъияв артист, аваразул вас, Аваристаналъул ургъалилъ вугев. Миллаталъул къадру, бакъназул устар, Каримулагь, дуе икъбал гьимаги.

МугIрузул чIухIиги — дур сариназулъ, мугIрузул цIумазул — борхалъи гьезулъ, мугIрузул иццазул чилиги — гьезулъ, мугIрузул ясазул намусги — гьезулъ.

Кьурабаз куцараб, чаранлъун бугеб мугIрузул васазул лъадари — гьезулъ. Умумузул кьвари, улбузул хIикмат, бацIцIадаб рокьиги — дур сариназулъ.

Маданияталда дурго цIар бугев, адабияталда хасаб нух бугев, Каримулагь, дур цIва даим кунчIила, магIарул гъансито къалъун хутIизе.

МагIарул бакъназул устар

Каримулагь ГIабдулаев. МагIарул бакъназул устар. Дагъистаналъу­л искусствоялъул мустахIикъав хIа­ракатчи (1993с.), Дагъистан Республикаялъул халкъияв артист (2016 с.). Дагъистаналъул Халкъияв БахIарчи (жамгIияб шапакъат), республикаялъул Культураялъул министерствоялъ кьураб Кадриял орден щварав. 537 бакъаналъул автор. Каримулагьил творчествоялъе сайгъат гьабураб анцIго концерт тIобитIана Дагъистаналда. Рокьула гьесул бакънал магIарулазе. Дур бакънал ахIуларев кочIохъанго ватиларин абураб суалалъеги гьадинаб жаваб кьуна Каримулагьица:

— Жакъа къоялъ цогIаги дир бакъан ахIуларев кочIохъан ватиларо. АхIула гьел руччабазги. АхIула бихьиназги. Гьезул киназулго цIарал рехсезеги бажариларо. Амма аслияб къагIидаялда дир бакъназда кучIдул ахIарал ва гьанжеги ахIулел цо-цоязул цIарал рехсезе бокьун буго: ПатIимат Магаева, Халисат ХIа­мидова, ХIажилав ХIажилаев, Шамил Ханакаев, Умукусум МухIамадова, ГIайшат Тажудинова, Апанди МухIамадов, Эльмира Валиева, ХIусен ГIамирханов, АхIсарат ХIайбулаева, Эльмира Аминова.

Жидер рагIабазе жинца бакънал хъварал цо-цо авторалги рехсана Каримулагьица:

— Расул ХIамзатов, МухIамад Бияс­ланов, КъурбанмухIамад МухIамадов, Шамхал Дибиров, Залму Батирова, ТубхIат Зургьалова, Залму МухIамадова, Залпа МухIамадрасулова.

Руго гьесул бакънал цогидал авторазул рагIабазе хъваралги. Композиторасул буго 130 бакъан, гIурус рагIабазе хъварабги. Гьесул бакъназулъ буго магIаруллъи, жиндирго хъачIлъи-согIлъигун, недегьлъи-хIе­ренлъигун. Гьел бакънал, нилъехъе щвелалде, цин лъадарула гьеле гьал дица тIадехун рехсарал магIаруллъиялъул гIамалаз. Гьединав вуго нилъер Каримулагь — мугIрузулги магIарулазулги сипатал жиделъ рессун ругев бакъназул устар.

 

Дица гIумру тела гIадада инчIин…

Гьавуна Каримулагь ЦIумада районалъул Хуштада росулъ 1956 соналъул 13 маялда. 1974 соналда гIагараб росдал школаги лъугIизабун, цIализе лъугьана МахIачхъалалде, ДГПИялъул музыкалияб факультеталде.

— БитIун бицани, ракIалдаго букIинчIо музыкаялда дирго гIумру хурхинабизе. Бокьун букIана физкультураялъул факультеталде лъугьине. Физкультурникасе дандекколеб лага-черхги бугелъулха дир. Амма битIккечIо. Гьениве ворчIичIеб мехалда, кьуна документал музыкалияб факультеталде. РакI бухIичIо дир гьениве лъугьиналдаса. Дие рес щвана гIагараб миллаталъул музыкалияб гIумруялде гъорлъе лъугьине, гьениб диргоги лъалкI тезе. Гьенирго ракIалде щвезаризе рокьун руго МухIамад Бияслановасул рагIабиги:

— Дица гIумру тела гIадада ин­чIин…

Гьединаблъун рикIкIуна дица дирго гIумруги. Дие щванщинал шапакъатаздасаги тIадегIанаблъун буго дие, кечI ахIизе цеве вахъиндал, бакъан Каримулагь ГIабдулаевасул бугин аби, — ян бицана гьес.

Жигараб гIахьаллъи гьабулаан студент Каримулагьица институталъул гIумруялъулъ. 1976 соналда «Нижеца махщалилал ралагьулел руго» («Мы ищем таланты») абураб конкурсалъул лауреатлъун вахъана гьев. Гьелго соназ гIолохъанав музыкант мустахIикълъана ТIолгосоюзалъулаб халгьабиялда тIоцебесеб бакIалъеги. ЦIалиялдаго цадахъ гьев хIалтIулев вукIана Нагинил цIаралда бугеб клубалдаги. Гьенив хIалтIулеб мехалда, бижана Каримулагьил тIоцебесеб бакъанги:

— Клубалда хIалтIиялъги кIудияб кумек гьабуна дир пагьму-гьунаралъе. Гьениб тIоцебе хIалбихьана дица бакъан хъвазе. Гьениб дида рагIана рокьи тIубачIел гIолилазул къиса. Ва дица хIалбихьана гьеб къиса магIарулазеги бицине бакъаналъул мацIалда. Дида кколаха дир гьеб лъугьанилан — бажарана дихъа тIубачIеб рокьул къварилъи къватIибе кьезе. Гьеб бакъаналда батана жиндирго рорженги — гьеб ахIана «Сонал унел руго…» абурал ХIамзатил Расулил рагIабазда кочIохъан Къурбан МухIамадовас.

— Дир творческияб гIумруялъул байбихьун рикIкIине бегьула Харахьиса ПатIимат МухIамадовалъул «Абе гIолилазда», Расул ХIамзатовасул «Дида тIаса лъугьа, тIерхьун унеб бакъ», «Щай, хирияй гьудул, мун пашман йигей», МухIамад Бияслановасул «Дица гIумру тела гIадада инчIин» абурал рагIабазе хъварал бакъналги. Хъвалаго-хъвалаго, гIун батана 537 бакъан. РакIалда буго, гьел бакъналги нотабазде росун, тIехь къватIибе биччазеги. Гара-чIвари гьабулаго, гIемерисез гьикъула дида бищунго бокьулеб бакъан кинабилан абун. Бакъналги дие ккола лъимал. КигIан гIемер ругониги, эбел-инсуе гьел киналго цохIого даражаялда рокьула. Гьезда гьоркьоб букIунаро бокьулареб лъимер. Гьединго дирги гьечIо бокьулареб, хъвачIониги тезе бегьилаанилан ккараб бакъан, — ан абуна Каримулагьица.

Дур кечI ахIуларев кочIохъанги ватиларо, гьезда гьоркьоса бищунго кинав дуе гIагаравлъун кколевин абураб суалалъеги, Каримулагьица, велъулаго, кьуна жаваб:

— Щивав кочIохъанасул буго цохIо жиндиего хасаб кечI ахIулеб къагIида. Цояз тIаса рищула пашманал рагIабазе дандекколел бакънал, цогидаз — аваданал бакънал, лъабабилез — пашманлъи-рохел жубарал. Гьез ахIулеб щибаб кочIолъ ватула дида дунго. Гьелъул магIна ккола, дирги, кочIохъанасулги, рагIабазул авторасул кумекалдалъунги гьеб асаралда магIарулазул кочIолаб маданияталда жиндирго бакI батанилан абураб. Дица гьел рокьулел-рокьуларезде рикьуларо. Гьезул щивав хирияв вуго дие. Гьезлъидал дир асаралги гIадамазухъе щвезарулел, — илан

 

Творчествоялъулаб гIумруялъул сверабаздасан

— Институт лъугIун хадув Каримулагь хIалтIизе ана Унсоколове. Гьенив ункъо соналъ хIалтIана музыкалияб школалъул директорлъун. Гьел соназ жиндие квербакъи гьабуразда гьоркьор гьес рехсана доб заманалда Унсоколо районалъул партиялъул райкомалъул тIоцевесев секретарьлъун хIалтIулев вукIарав Гьиматил МухIамадил, райисполкомалъул председатель МухIамадгIали ГIабдурахIмановасул, райпоялъул председатель МухIамад Къадиевасул, цIулал тIагIелал гьарулеб фабрикаялъул директор Идрис ГIабдулаевасул, районалъул культураялъул отделалъул нухмалъулев ХIамзат ГъазимухIамадовасул цIарал.

КIиго соналъ хIалтIана Хуштада росдал школалда гIуцIарухъан-завучлъун. Гьенир Каримулагьица куцарал кьурдухъабаз чанго нухалда тIоцебесеб бакI ккуна районалда ва республикаялда тIоритIарал музыкалиял конкурсазда. Чонтаулалдаги хIалтIана гьев музыкаялъул учительлъун. Пенсиялде инегIан, хIалтIана Гъизилюрт шагьаралда культураялъул отделалъул нухмалъулевлъун.

— Кивехун хIалтIизе кканиги, дида дандчIвана гIицIго лъикIал гIадамал. Гьезул лъикIлъиялъ квербакъана дие магIаруллъиялъул сипат жиделъ бугел бакънал ургъизеги. Гьел жеги машгьур гьаруна машгьурал шагIирзабазул рагIабазги гIадамазе рокьулел гьединалго машгьурал кочIохъабазги. Бищунго машгьурлъи щвана гIагараб халкъалъ дир бакъназе чIвараб хъаталъги. Гьелъухъ дун налъулав вуго гIагараб миллаталъе, — ян абуна Каримулагьица.

Вокьулев композиторасе хъат чIвана Авар театралдаги. Гьенир кIодо гьаруна бакъназул устарасул 50, 60, 65 соназул юбилеял.

Каримулагь ГIабдулаевас хъвана анкьго районалъул ва шагьаралъул гимназе бакъналги:

— Хунзахъ район (рагIаби ГIабасил МахIамадил), ЦIумада район (рагIаби Сабигат МухIамадовалъул), Болъихъ район (рагIаби Шамхал Дибировасул), Гъизилюрт район ва шагьар (рагIаби Шамхал Дибировасул), Гумбет район (рагIаби СагIид Ордашевасул), Казбек район (Сидрат Айтимирова), Шамил район (рагIаби Залму МухIамадовалъул).

Хъвана Каримулагьица классикиял бакъналги:

— Росулъе сапар. Ансадерил марш. Залимханил хвел. Вавилоналде къираласул гьужум. ТIолбоев — Буран. Туркиялда гIурав магIаруласул ВатIаналъухъ чIалгIен.

К. ГIабдулаевас чанго кочIохъанасе квербакъана кочIолаб дунялалде лъугьине. Гьезда гьоркьорги рехсезе бегьула ХIажилав ХIажилаев, Шамил Ханакаев, Апанди МухIамадов, ХIусен ГIамирханов, чачанай Джамиля Жамалудинова, лъарагIай Рукъият Сатибалова ва цогидалги.

* * *

Гара-чIвариялъул ахиралдаги нижер бицен ккана «ХIакъикъат» газеталъул:

— Жакъа газета ккола магIарулазул гIум­руялъул ва къисматалъул ма­тIу­лъун. 109 соналъ гьелъ бицунеб буго миллаталъул тарихалъулги, магIарулазул машгьурал гIадама­зулги, гIадатал-гIамалазулги хIакъалъулъ. Газета ккола мацI цIунулеб къебелъилъунги. Гьенир цIалдолезда ратула адабияталда, маданияталда, искусствоялда лъалкI тарал гIадамазул къисматалги гIолилазе цIализе макъалабиги. Гьенирго гьезда ратула цIикIкIаразул гIумруялъул дарсалги. Дица кидаго гьабула газеталъе подписка. Цо номер гьоркьоб течIого, цIализеги цIалула. Амма газеталъул тиражалъул халгьабидал, ракIбакъвана. Миллионалдаса цIикIкIун къадар бугел магIарулазе 4500 газета цIакъго дагь буго.

ХIурматиял магIарулал! Газета­лъул букIинесеб къисмат нилъеда ба­раб буго. Хъвай нилъерго газета. Ккве гьелъулгун гьудуллъи! — ян хи­тIаб гьабуна Каримулагьица.

 

ГIадатлъиялъ кIодо гьавула инсан

Жиндирго гIадатлъиялъ кIодолъана Каримулагь миллаталъе. Гьев камураб магIарул тадбир букIунарин абуниги, мекъи букIинаро. ГIагараб мацIалда тIоритIулел слетазде, фестивалазде, адабият-маданияталъул дандеруссиназде щола Каримулагь гIумруялъул гьудул Шагьрустан ГIабдулаевагун цадахъ. Чанго нухалда дицаги ахIана гьев дунго хIалтIулей йигеб тахшагьаралъул №11 гимназиялда тIоритIулел рахьдал мацIазул тадбиразде. Цониги нухалда инкарги гьабичIо. Киса-кивего — миллаталъулги мацIалъулги къисматалъул ургъалида. Гьев ккола «ХIакъикъат» газеталъул гьудулги. ГIемер щола гьев нижехъе гьоболлъухъ. Ва чан нухалда щваниги, цохIого суалги букIуна нижер — миллатги, мацIги, гьезул букIинесебги.

МагIарул искусствоялда жиндирго хаслъи хадусел гIелазе толеб вугев бакъназул устарасе газеталъул хIалтIухъабазул рахъалдасан гьарула щулияб сахлъи.

Шамай Хъазанбиева