Гъогъолъа Даитбег-дибирасул, Къарахъа МухIамадтIагьирил ва чуязул хIакъалъулъ
Дирги букIана чу цIадул кьер бугеб,
Кьолокь басандулеб, дир мацI бичIчIулеб.
ХIихIиди гIарцулаб, гIамал чалухаб,
ГIодоб хIетI хъвалареб, гIамал парччахIаб.
Хасаб асар буго дир чуяздехун,
Гьезул малакь гIуна дирни лебаллъи.
ГIумархIажи Шахтамановасул гьал рагIабаз гIемераб жо цебетIамизабула. ХIакъикъаталдаги чодул малакь куцана, гьелъул мугъалда лъадарана нилъер умумузул лебаллъиги, бахIарчилъиги, чилъиги. Чу букIана «бараб ахIулъги ахIараб бодулъги» магIаруласул бищун божараб гьудул.
«Гьале чи, гьале чу, чучуге рачел». Гьел рагIабазги жанибе бачуна гIемераб магIна. Жакъаги магIарухъ чуяздехун хасаб бербалагьи буго.
Дагьал церегIан къоязда Шамил районалъул Гьолокь росулъ тIоритIана Гъогъолъа гIалимчи, факъигь ва мударрис Даитбег-дибир ракIалдещвезавиялъул хIурматалда чуял тIамиялъул къецал. Тадбир гIуцIана Гъогъолъ росдал жамагIаталъул, Даитбег-дибирасул наслуялъул чагIазул хIаракаталдалъун.
Чуял тIамиялъул дагьаб хадуб бицинеги тун, цин цо чанго рагIи Даитбег-дибирасул хIакъалъулъ абичIого гIоларо. АнцIила микьабилеб гIасруялъул кIиабилеб бащалъиялда гьавурав, бергьараб пагьму-гьунаралъул ва доб заманалда гъваридаб гIелму щварав гIалим вукIана гьев.
Гьесда цеве цIалана Шамил-имамасул кумекчи ва мирза Къарахъа МухIамадтIагьир, ГIурадаса Муслим ва цогидалги гIалимзаби. МагIарулазул гIемерисезда жеги лъикI рагIичIев, амма жиндирго гIелмуялдалъун ва баракатал ишаздалъун кIудияб лъалкI тарав чи вукIана гьев.
— Даитбег-дибир вукIана жиндир заманалда сверухълъиялдаго лъалев, имамзабазул заманалда машгьурлъи щварав Къарахъа МухIамадтIагьириеги Муслим ГIурадиясеги дарсал кьурав факъигь ва мударрис.
Гьединав гIалимги, умумулги, нилъер тарихги ракIалдещвезабиялъул мурадгун тIобитIана нижеца гьаб тадбир, — ан бицана гьелъул гIуцIарухъабаз.
Аллагь, Дуца салам лъе Даитбег-дибирасда
Жеги гIатIидго Даитбег-дибирасул хIакъалъулъ «ХIакъикъаталъе» бицана Гъогъолъ росдал дибирлъун хIалтIарав МухIамадрасул-хIажицаги:
— Даитбег-дибирасул хIакъалъулъ бицен росулъ кидаго батараб буго. Хасго XVII ва XVIII гIасруялъул бащалъиялда, гьединго, XIX гIасруялда рукIарал гIалимзабазда гьоркьовги машгьурав чи вукIана гьев. Амма XIX гIасруялдаса хадуб, гьесул цIар къватIибе бахъичIого хутIиялъе «сабаблъун» кканин абизе бегьула, атеистаз тIалъи босараб ва диналъул церехъаби тIагIинаризе щибго жо нахъе течIеб советияб пачалихъалъ тIалъи боси. Гъогъолъа гочун Гъоркьа Жунгуталдеги ун, гьенив къадаралде щварав Даитбег-дибирасул васазул наслаби рукIинчIолъиги. ГIицIго Гъогъолъ гьесул ясалъул лъабго лъимал рукIана, гьез нахъе цIунун батанин абизе бегьула машгьурав кIудияв инсул бицен.
Аслияб къагIидаялъ Даитбег-дибирасул хIакъалъулъ бицен тIахьазда хъварав чи ккола Къарахъа МухIамадтIагьир. Жиндирго мугIалим гьев вукIиналъ гьес гIемераб жо хъван буго гьесул хIакъалъулъ. Гьединго гьесул хIакъалъулъ хъвана ГIурадаса Муслимицаги цогидал гьесда цере цIалулел рукIарал мутагIилзабилъун рукIаразги. Живгоги Даитбег-дибир гIелму тIалаб гьабулев Къарахъ мухъалда вукIун вуго саламатал соназ. Амма гьесул тIоцебе гIелму цIализе кида ва киб байбихьарабали, магIишат-яшавалъул хIакъалъулъ жакъа рагIа-ракьанде щун лъалеб жо гьечIо. Щайгурелъул, XVIII гIасруялъул ахиралда гьавурав чи вукIиналъ гьесул нахъе хутIараб жо цIакъго дагьаб гурони батичIо.
Гьесул хIакъалъулъ аслияб къагIидаялъ нилъехъе щвараб жо ккола Къарахъа МухIамадтIагьирица хъвараб. ХIатта, Даитбег-дибир хвараб мехалъ, гьесул вас Ашаханил МухIамадихъе Къарахъияс битIун бачIараб зигара баялъул кагътида (марсият) загьир гьабун буго кинабго гьесул гIелмуялъул гъварилъиги, гIибадатлъиялъе букIараб гьунарги, пагьмуги — кинабго жанибе бачун буго МухIамадтIагьирица. Гьеб назмуялдасан бихьула кинаб гIелмуялъул, гIибадаталъул, дунял рехун тарав загьид Даитбег-дибир вукIаравали.
Гьесул хвараб сон ккола гIага-шагарого 1841-абилеб. ГIарабалъ зонода хъван буго «Мумарису тагIлими ва тадриси илал вафати» абун. МагIна: «ХвезегIан гIелму малъулев ва дарсал кьолев исламияв гIалим ва факъигь вукIана», — абун.
Гьединго: «Усулалъулъ лебалав Гъогъолъа Даитбег-дибир» абураб машгьураб назму буго Багинуса ШугIайб-афандияс гьабурабги.
Усулалъул гIелмуйин абула исламалда бищун тIадегIанал гIелмабазул цояблъун жиб кколеб, бищун захIматаб, жиб щвезе ккани, чиясда цIакъ гъваридаб лъай букIине кколеб бергьун кутакаб гIелмуялда.
ГIелмуялъулъ мухIакъикъ абураб цIарги кьолеб буго гьесие. Гъваридав, бичIчIи бугев, захIматал суалал рорхулев, гьездасан рижарал гарцIал ричизеги махщел бугев — гьединал сипатал гьарулел руго гьесие Къарахъа МухIамадтIагьирица нилъеца бицен гьабураб марсияталда.

Машгьурав гIалимасул хIурматалда Гьолокь росулъ чуял тIамиялъул къецал тIоритIулеб къоялъ, цояб рахъалда Даитбег-дибирасул ва цогидаб рахъалда гьесул мутагIил, Къарахъа МухIамадтIагьирил суратги бакьулъ Къарахъияс гьесде гьабураб, гIарабалдаса магIарулалде буссинабураб назмуги лъураб кIудияб баннер хIадурун букIана тадбир гIуцIарал гъагъадерица.
Гьелъул байбихьиялда руго:
Аллагь, дуца салам лъе Даитбег-дибирасда,
ТIолго мударрисазул бищунго лебаласда, — абурал рагIаби.
Огь, чуял, огь, чуял, чабхил нухазда,
Нужер тIикъвабазул тIадегIанаб кечI…
ПалхIасил, гьакьадерил майданалда рекеризе риччана чуял… Гьенир бергьана магIарул тайпадулал чуязул чанго бекерухъан. Бергьенлъи босана Гъогъолъа Камилил юргъаялъги. Киназего кьуна къиматал шапакъатал, гIарцулал сайгъатал.
Тадбир нухда бачарав магIарулазул унго-унгояв патриот МухIамадхIабиб ГIалискандиевас абуна:
— НухIил гамитIаса къватIире рахъаралдаса чу букIана инсанасул бищун божараб кумекчиги гьудулги. Гьелъул мугъзада тIад гIуцIана нилъер анкьумумуз гьаб дунял, дин, магIишат-яшав. Дунялалдаги ахираталдаги инсанасе гьечIого гIолареб божараб гьудул буго чу. Чуги чиги руго цого хIарпалдалъун загьир гьабизе бегьулел, магIна хисуларел, кьолболъа гIаркьелгIанги жал цоцадаса тIезе рес гьечIел рагIаби ва чIагояб мисал. Нилъер умумул чодалъун рохулелги чIухIулелги ратана. Чодалъун бахIарчилъи борцунебги батана. ЦIияб гIелалъе гьеб цIунеян васият гьабулебги батана. Нилъецаги гьеб цIунизе ккеларищха, — ян.
P.S. Даитбег-дибирасул хIурматалда Гьолокь гьединаб баракатаб мажлис гIуцIаралъухъ гьелъул аслиял хIаракатчагIазе ва Гъогъолъ росдал жамагIаталъе баркала загьир гьабизе бокьун бугилан редакциялде кIалъан вачIана Гьолокьа исламияв хIаракатчи ГIали-хIажиги.
«КIудияв гIалим, Шамил-имамасул муфтизабазулги мугIалим, Даитбег-дибир ракIалдещвеялъул хIурматалда чотIахъабазул къец гIуцIиялъухъ кIудияб баркала загьир гьабизе бокьун буго дие гъагъадерил жамагIаталъе
Гьениб мажлисалда гьез гIуцIараб тадбиралъухъ тIаде рачIарал гьалбадерие гьез гьабураб хъалухъалъухъ чотIахъабазда гьоркьоб цIунараб гIадлу-низамалъухъ
Хаду-хадурги халкъалда гьоркьоб цолъи, вацлъи, гьуинльи бикьулел гьадинал мажлисал гIемер гьаризе гъагъадерил жамагIаталъе тавпикъ ва икъбал кьеги»
Ашахан Юсупов,
Гьолокь-МахIачхъала.
Авторасул суратал

