«Релъи-хъуй гьечIого, рохизе лъалел,
МагIу чвахичIого, гIодизе лъалел,
ГIишкъул рекIараб цIа цIунизе лъалел
МагIарулал ругел лъикIал гIадамал».
Дагъистаналъул халкъияв поэт Р. ХIамзатовасул гьел рагIабаздалъун байбихьулеб кечI хадусан лъугьана нилъер магIарул миллаталъул кидагосеб гимнлъун. Дагъистаналъул цогидал миллатазул гьединаб гимн жеги гьечIо.
Гимн цIалулаго яги ахIулеб рагIарабго, беразде цебечIола магIарулазул цебесеб гIумру, гIажаибго берцинаб, бахIарчияб гIамал-хасият, халкъалъул тарих. Таманал гIасрабаз рухIалда барахщичIого ватIанги цIунарал, ракълилаб гIумруялда цогидал миллатазе мисалги бихьизабулаго захIматалъулъ чIелги босарал умумузул гьунарал щола ракIалде.
«Миллаталъул асс ккураб,
Умумузул нух ккураб,
Наслабазе лъалкI толеб
Тарих буго «ХIакъикъат», — абурал рагIабаздалъун байбихьула нилъер халкъалъул чIухIилъун кколеб миллияб газеталъул гимнги. Гьелъул автор ккола магIарулазул, гIолохъанго гIумруялдаса ватIалъананиги, адабияталъул тарихалда бихьулеб лъалкI тарав шагIир, республикаялъул Р. ХIамзатовасул цIаралда бугеб литературияб премиялъул лауреат МухIамад ПатахIов (1962-2020).
Жиндир заманалда гIемерал соназ республикаялъул магIарул газеталъул редакциялда хIалтIарав, гьелъул кIвар бичIчIулев МухIамад ПатахIовасул гьаб кечI къватIибе бачIана 2013 соналда Дагъистаналъул басмаханаялда къватIибе биччараб «РагIи лъугIаралъуб магIу баккила…» абураб тIехьалда. Гьеб букIана магIарул газета къватIибе бачIунеб бугелдаса 96 сон тIубараб, гьелъул пайда ва хIажалъи халкъалда тIубанго бичIчIараб заман.
Узухъда, магIарул газеталъул кIварги гьелъул къимат-къадруги кIодо гьабун хъвараб тIоцебесеб кечI гьеб гуро. Гьесде щвезегIанги (газеталъул араб номералда цIалулезда рихьунги ратила) ЦIадаса ХIамзатица, Тажудин Таймасхановас, Расул ХIамзатовас, Фазу ГIалиевалъ, Ибрагьим Утарбиевас, МухIамад ГIисаевас ва цогидазги, 1917 соналъул 3 апрелалдаса байбихьун, захIматчагIазухъе заманаялъул тIалабазда рекъон батIи-батIиял цIаразда гъоркь цIализе щун бугеб магIарул газеталъе ракI-ракIалъго сайгъат гьарурал жидерго асарал. Гьезул аслияб пикруги буго миллат цолъизаби, гьелъул лъикIал ишал кIодо гьари. Дагъистаналъул имам ХIамзатбегил рагIаби руго «Халкъалъул цолъи тушманасул яргъидасаги къуватаб буго» абун. Жакъа гьеб умумузул букIараб цолъи нилъееги цIакъго хIажат буго.
М. ПатахIовасул гимналъ рагьулел руго магIарул миллаталъулги гьелъул мурадал къойилго загьир гьарулеб, «умумузул нух ккураб» газеталъулги унго-унгоял, хIакъикъиял хасиятал.
Гьале гьеб «ХIакъикъаталъул» гимн:
Миллаталъул асс ккураб,
Умумузул нух ккураб,
Наслабазе лъалкI толеб
Тарих буго «ХIакъикъат».
Иманалда яхI лъолеб,
Исламалда рухI лъолеб,
РитIухълъи чучулареб
Чирахъ буго «ХIакъикъат».
Адабият буцIцIунеб,
Маданият гIуцIулеб,
ГIаданлъи беричлъулеб,
Байрахъ буго «ХIакъикъат».
ЦIиял харбал гьурщулеб,
Гьикъанщинаб рагьулеб,
Ругьалаби бечедаб
Чапар буго «ХIакъикъат».
Беразе матIу гIадаб,
РакIазе сурат гIадаб,
Сабабгун дарман гIадаб
ГIакъил буго «ХIакъикъат».
Аваразул цебехъан,
Вацлъиялъул гьоркьохъан,
Намусалъул лълъарахъан —
ЧIахъаги мун, «ХIакъикъат»!
Гьанже магIарул газеталда, гьелъул тарихалда ва хIаракатчилъиялда хурхарал киналниги тадбиразда ахIула «ХIакъикъаталъул» гимн». Гьединаб хIукму ккана редакциялъул хIалтIухъабазулги, гьелъул гьудулзабазулги. Чанго къо цебеккун нилъер республикаялъул ХIукуматалъул рукъалда цебе, тахшагьаралъул аслияб майданалда «ХIакъикъаталъ» 109 сон тIубаялъул хIурматалда гIуцIараб тадбиралда гьеб гимн ахIана Россиялъул культураялъул мустахIикъав хIаракатчи, Дагъистаналъул халкъияв артист ТIагьир Къурачевасгун цадахъ газеталъул хIалтIухъабаз. Гьелъ кIудияб асар гьабуна сверун ракIарарал цогидал миллатазул вакилзабазеги.
Зикрула Ильясов

