Нух — гIумрудул бидурихь

КватIараб сардилъ гIагарай гIаданалъ телефоналде ахIун бачIиндал, расги рекIее гIечIо. Щибдай ккарабилан абураб пикру букIана телефон борхилалде ботIролъ женжедулеб. КIалъалей йикIана Бакьахакьи росдал байбихьул школалда кIикъогоялдаса цIикIкIун соналъ хIалтIарай ва гIемерал соназ гьелъие нухмалъи гьабурай ПатIимат Дибирова. Канлъи бугониги, бухьен гьечIого хутIаралги лахIзатал гIемерал рукIунин, жидер рохел дуеги загьир гьабизе бокьун букIанин, кватIун кканин, гIайиб гьабугеян гьелъул роха-хинлъараб гьаракьалъ дагьайго гIодоеги йиччазаюна.

— АлхIамдулиллагь, ниж чIаго рукIаго Бакьахакьи колодеги машинаби хьвадулеб шагьранух бахъана. — Гьале, АхIмадюсупицаги абулеб буго, бетIералда ГIарабил МухIамадгун Гьигьалъа Бакьахакьибе нух бахъулаго дагьабниги кумек-квербакъи, дугIа гьабуразе, нижер хъизамалъул рахъалдасан, газета гьоркьобккун, ракI-ракIалъулаб баркала загьир гьабеян. Нух — гIумрудул бидурихьинги абулелъул, щиб лъалеб, араб соналъул ахиралда ахирисел «могиканаз» — нижеца рехун тараб росу-кули чIаголъизеги бегьила. Цин найихъаби рачIина минаби цIигьаризе, жидерго найгун рии колода базе, гьезул цIилъаби рихьун, хIухьбахъиялъе рукIинецин цоги росуцоязги рала, цIигьарила минаби ва цIидасан чIаголъила кули. Кулийин абизеги бокьуларо, цо кидаялиго 15-25 цIалдохъанги, 2-3 учительги вукIараб школаги букIиндал гьениб. ГIададайищ 50 соналъ хIалтIарай гьений мугIалимлъун дунгоги дирго ГъачIилъанги ячIун?

 

Бакьахакьибе сапар

ЦIумада районалъул Бакьахакьие дун йикIана 2019 соналда, Лъондодаса МухIамад Асадулаевгун, «Надежда» фондалъул вакил Шамил ГIабашиловгун, Tooba проекталъул гIуцIарухъан Рамазан Мажидовгун, журналист-фотограф Олег Пономаревгун цадахъ. Сапар бухьун букIана Гьадири росдада гъоркье щвезегIан машинаялда, хадуб лъарккун эхеде, лъелгоги ун. ЛъикIаб гьоболлъи гьабуна нижее ПатIимат-адаца ва АхIмадюсуп-дацица.

Гъамсукь росдал бицунел ру­кIу­нин нуж, гьелдаса къураб бакI щибин бугеб нижер Бакьахакьиялъулин абун букIана, сверухъ бугеб берцинлъиялъ, хасго «ганчIазде сверарал» щурункъуркъбуца асир гьаюрай дица гьалбадерида. Дида тIоцере гьенир рихьана септария тайпаялъул ва щурункъуркъбузул агат (септария и черепаховый агат) абун цIар тарал ганчIал. Дидасаги цIикIкIун гьезул интерес букIана гьалбадериеги.

— РикIкIадаб Хушетибегицин шагь­ранух бахъидал, нижерги хьул букIана Бакьахакьиги щвелин автотранспорт, — ан бицана АхIмадюсуп Сажидовас. — Районалъул росабалъе нухал рахъизе ва ток бачине байбихьаралдаса нахъе росуцоязул анищлъунги букIана нух. Кинго гьеб бахъиялде хIукуматалъул квер щвечIо, хIамуздагун чуязда хъизан-лъималги рекIинарун, тIоцебесеб хIажалъиялъул къайи-къоноги бо­сун, цоял — Гьадирисан, цогидал — Гьигьалъан ун, байбихьана цо-цоккун гIатIиракьалде гочине. Хушетдерил гIадинаб, гIумруялъе хIинкъи цIикIкIараб букIинчIо нижер сухъмахънух, амма щибха бащалъилеб шагьраялда? Нух бахъун хадусел къоязго, тохлъукьего чIвараб унтуца, нижги къватIире рахъине ккана росулъа.

 

Найихъан ва гIуцIарухъан ГIарабил МухIамад

Гьанже лъай-хъвай гьабилин аслияв гIуцIарухъан ГIарабил Му­хIа­мадилгунги, нух бахъиялъе гIемераб хIаракат бахъарав чи вугелъул гьев. Гьев вуго гIелмуялда тIад чIарав, гIолохъанаб заманалдаго росдае ди­бирлъи гьабурав, хIажалъи ккаралъуве хIалае вахъунев, сабураб гIамал-хасияталъул сахаватав инсан. Найихъабазул къокъадул цевехъаниланги абула гьесда.

— МухIамад, Аллагьас баракатаб батаги шагьранухги, рохалие гурони хьвадизеги ккогеги. Аслияб жо, росу цIилъизе сабаблъун ккаги. Нух бахъизе пикру кин ккараб, кин бугониги, бигьаяб иш гурелъул кьураби гIанлъун, мугIрул гелун, дагьабниги санагIалъи бугеб бакI балагьун нух бахъи?

— Гьеб буго умумузулго букIараб анищ. Гьудул-гьалмагълъиялъги, лъале-хъвалезги, тIолалго районцоязго кумек гьабуна ва, трактористасда хадуб ахирисеб газаги кIутIун, нухлул хIалги бихьун гурони, нахъеги инчIо. Кинха вохиларев Аллагьасул кириги, халкъалъул баркалаги цIикIкIараб иш гьабизе БетIергьанас нижее рес кьеялдаса? Дуца абухъе, щиб лъалеб, росдалги магIарухълъиялъулги магIна лъалел, гьелъул берцинлъи бихьарал росуцоял тIадруссун рачIинчIониги, риидал хIухьбахъиялъе рачIинецин цIигьаризе ратила чIвадназде сверарал умумузул минаби. Найихъабазул къокъа буго нижер гIезегIан чи жанив вугев. Щивас абулеб буго найги бачун рачIиндал рукIине цо-цониги рукъ къачIазе бугилан. Абухъего, мугIрул регула церехун унез. Ниж церехун ана ва сапаралъул доб рагIалде щвана. Гьигьалъдерил жамагIаталъеги баркала, Аллагьасе гIоло нигатги гьабун, нухлуе ракь кьуралъухъ.

— КигIан мех араб нух бахъулаго?

— Нух бахъизе байбихьилалде цебеккунго дица гIарац бакIаризе ккезе бугин абун лъазабун букIана мажгитаздаги ватсапалдасанги. ТIо­лабго Россиялдасанго абуниги бегьила, битIун бачIана гIарац. ГIе­зегIан кумек ккана трактор ижараялъе кьурав ТIадгьаквариса Шамилица ижараялъухъ босулеб гIарцул къадар жиндирги садакъа букIунин гьединаб хIалтIулъинги абун, дагь гьабиялъ. АнсалтIаса тракто­рист ШейхмухIамадида дандги бан, хIа­жатаб балагьана, босана ва тIа­де­лъана хIалтIуде. Дунял квачалелде, ай ноябралъул байбихьуде нух бахъун лъугIана. КIиго моцIалъ тIадчIун хIалтIана гьенир.

— Садакъа балъго букIине кколин абуниги, аслиял спонсораллъун щал рукIаралали лъазе бокьилаан?

— Дица тIадехун рехсана кумек гьабуралщинал, цIарал ккун абичIони­ги. ТIоцебе баркала росдал бегавул Рабадан ГъазимухIамадовасе. Хадуб баркала, кIалалъгун квералъ кумек гьабурал ХIажимурад Шайхулисламовасе, Садикъ Гъазиевасе, Нурулагь Нурулаевасе. Гьел гIолохъабазул кумек букIинчIебани гIемерго захIмалъилаан гьаб хIалтIи. Баркала буго мадугьалзаби — Гьадири, Бакьахакьи, ГъачIилъ, Гьигьалъ-ГIурухъ росабазул жамагIатазе ва тIолалго районцоязе.

— Дур пикруялда, щибха хисилеб росулъ гьанже?

— Ахирги тIубана умумузулги, жакъа рахъ-рахъазде рикьарал бакьахакьисезулги, гьездаго гъорлъ «ахирисев могиканлъун» вугев АхIмадюсуп Сажидовасул хъизамалъулги мурад. Киданиги берзукьа инаро гьесул ва ПатIиматил бадиса баккараб рохалилги пашманлъиялъулги магIу. Рохалил бичIчIана щаяли. Щай пашманлъиялъул? Щайгурелъул, чанги церечIун ратила умумулги, росуцоялгун гIага-божаралги гьеб талихIаб къо бихьичIого ахираталде арал, чIаго рукIаниги, бихьизе рес ккечIел росуцоял. Гьезул рохалил магIуялъулъ дагьабниги дирги, дида цадахъ рахъунчIаразулги бутIа букIиналдаса вохаравги вуго. Цо лахIзаталъгицин рекIекълъичIо ва асар ккечIо гьеб бахъиялда гIа­хьаллъиялдаса, гьелъул гIаксалда, вохарав ва чIухIарав вуго.

Хиса-басиялъул бицине цудунго букIаниги, абила, нух бахъизе байбихьилалдего Гъизляралда чIарал росуцояз абуна умумузул минаби цIигьаризе байбихьизе бугин их щварабго. Гьелдасанго бичIчIулеб гьечIищха росулъ ккезе ругел хиса-басиял. Божи буго гьенибги цIидасан рагIилин лъималазул чIиргъи-хъуйги, цIилъилин, чIаголъилин жакъа чIобоголъун бугеб росугиян.

— Транспорт хIинкъи гьечIого хьвадиялъул рахъги рагьун, нухлул хIакъалъулъги абеха цо-кIиго рагIи.

— БатIи-батIиял рахъалги хIиса­бал­де росун, бищун хIинкъи гьечIебги, къокъабги, квалквал гьечIебги буго гьеб. Гьебго бицана трактористасги. Щибго квалквал гьечIеб, транспорт хьвадизе ярагьунеб шагьра буго гьеб. ХIисабалде росана лъим чвахулел бакIалги. Цо бакIалда гьабуна сверел (водоотвод), дунял хинлъидал гьабизе абун тарабги буго кIиго-лъабго гьединабго бакI рекъезабизе кколеб, доб мехалъ цо-цо квач цIикIкIаралги къоял камичIелъулха, гIададисеб хIалтIи ккечIого букIине, жибго тана. Цо анкьалъ гьабизе хIалтIи хутIун бугин абила гьениб, цинги букIинарищха нух рагьиялъул рохалил тадбирги. Жакъа къоялдаги, щибаб къоялъин абуниги бегьила, хьвадулеб транспортги буго гьенибе, гьелъ лъикIаб «михир бачинги» ккеларищха нухлуеги ракь щулалъиялъеги, цIадал ралалде хIарщ гIемер букIунаредухъ. ГIатIилъи-гIеблъиги гьелъул щуго метр буго. Буго нижер, найихъаби-росуцоязул, хас гьабун нухалъе абун рагьараб гIарцулаб фондги, нухлул киналгIаги харжал гьениса рукIине руго.

Нагагь ккани, жидерго садакъа-хайрат нухалъе биччазе бокьарал чагIи, картадул номерги хъван теха бокьарасе букIине. Гьале гьеб: 2202208315406802.

Хадижат Залимханова