КIиго релълъараб къисмат. КIиго батIияб къисмат

ВатIаналъул васал, нужей рецц гьабун, свакалей гьечIо дун, кигIан хъваниги. Гьел нужер гьунараз гьале цIидасан цIар гьабулеб буго бихьинчилъудал.

Макьил рахIат гьечIей хIикматай гIадан, солдатасул эбел – дун духъ гьоболлъухъ. Цо вугев васасул бицунеб мехалъ, Хатимат, дур магIу гIорлъун чвахула.

МухIамадхIажица дур къисматалъе багьа тIадегIанаб сайгъат гьабуна. МугIрул улкаялъул бахIарчиясул тIокIлъиялъул буго жакъа бицунеб.

Бихьинчияс бихьун магIу тIоларо — ГIалиасхIаб, дур ракI киндай судараб. Цо вугев васасул пикраби гьарун, чан сордо рогьараб лъабайго яцалъ!

Паналъун гIенеккун йиго жакъаги МухIамадхIажихъ дун, магIуги къулчIун. Гьес гьудул Русланил бицунеб мехалъ, пикрабазда гъаргъар бала хIалуцун.

 

Васасде ирга щведал, дун чучлъизе бегьилищ!

Буйнакск шагьаралъул № 6 школаги лъикIал къиматазда лъугIизабун, МухIамадхIажи цIализе лъугьана Дагъистаналъул пачалихъияб университеталъул юридикияб факультеталде. Лъабго курс лъугIидал, МухIамадхIажида ракIалде ккола армиялда хъулухъ гьабизе ине. ЦIалиги гьоркьоб къотIизабун, гьев иналъе гIилла бицана дие гьесул эбел, Буйнакск шагьаралъул № 6 школалъул авар мацIалъул ва адабияталъул учитель Хатиматица. Хатиматилгун лъай-хъвай ккаралдаса гIурабго заман унги букIана. ГIемер дандчIвала ниж гьанжеги литературиял тадбиразда. Хатимат ккола Хунзахъ районалъул Гъонохъ росулъа, гьелъул гIумруялъул гьудул ГIалиасхIаб – Хунзахъ районалъул ГIобода росулъа.

Цо гьудул-гьалмагъалъ бицун лъана гьезул вас МухIамадхIажиги СВОялъул гIахьалчи вукIин. Ва дун щвана гьезухъе гьоболлъухъ. МухIамадхIажи рокъов ватичIо. Гьев вачIинегIан, гара-чIварана гьесул эбел-эменгун-яцалгун.

Ва Хатиматица дие бицана:

— Учитель хIисабалда, дица кидаго бицунаан ва гьанжеги бицуна цIалдохъабазе ватIан бокьизе ккеялъул, къоккани, гьелъие гIоло рухI кьезе хIадур рукIине ккеялъулги хIакъалъулъ. Гьоркьоса къотIичIого бицуна КIудияб ВатIанияб рагъулги, Афгъаналъул рагъулги, араб гIасруялъул 90-абилел соназул рагъулал тунка-гIусиязул бахIарзазул хIакъалъулъ. Амма ракIалде кколароан СВОялъул бицине ккелин абунги. КIудияб, къуватаб улкаги, улкаялъул гIорхъода бугеб парахалъиги… Амма Аллагьасул хъвай батIияб букIун буго…

Дир васасул вукIана гьудул Руслан. Школалде рачараб тIоцебесеб къоялдаса нахъе щулалъулеб букIана гьезул гьудуллъи. МухIамадхIажицаги хIукму гьабуна, Руслан ине вугилан рагIидал, цIалиги гьоркьоб къотIизабун, армиялде ине. Нижеда лъалаан, щиб бицаниги, МухIамадхIажица жиндирго хIукму хисизе гьечIеблъиги. Щайгурелъул – гьениве ине вукIана вацлъун жиндие хутIизе вугев Русланги.

Гьеб букIана 2020 сон. МухIамадхIажица хъулухъ гьабулеб букIана Забайкальеялда, Читаялда. Советияй чIужугIаданги мугIалимги хIисабалда, дица вас лъадарана ватIаналде рокьи аслиябилан абураб пикруялъулъ. Гьелъги батила, гьединавлъун гIезеги гIуна дир дарман. Гьес хъулухъ гьабулеб бакIалъул командованиялъулги лъикIал пикраби рукIана гьесул хIакъалъулъ. Ва заман щвелалдего (досрочно) щвана гьесие сержантасул цIарги. Къоло кIиго сон гурони гIумруялъул гьечIев гьев тIамуна отделениялъул командирлъунги. Дун йикIана къоял рикIкIуней, кидадай вас тIадвуссине заман гIагарлъилебилан абун. Амма къисматалъ батIияб хъван букIун буго – санагIалъи ккун, цоцаздаса вичIуларев кIиявго гьудулас къотIи гьабун буго ватIаналъул ахIиги къабул гьабун, гьелъул парахалъи цIунизе ине. Гьеб букIана 2022 соналъул февраль… Дида ракIалде щвана дицаго лъималазе кьолел ругел патриотикиял дарсал. Гьанже дирго васасде ирга щведалищ, дун чучлъизе кколейилан диего ракI-макI гьабуна дица, — илан магIу бацIцIана Хатиматица.

 

ЧIухIиги бухIиги цадахъ букIана

Эбелалъ бицунелъухъги гIене­ккун, ясазги бицана дие вацасул хаду­себ къисматалъул:

— Армиялдаги цадахъ вукIарав, цинги СВОялдеги гьудул Руслангун цадахъ ккарав МухIамадхIажил хIа­къалъулъ нижеца эбелалдаса гIемер жо балъго гьабулаан. ТIо­це­бесеб къоялдасаго байбихьун Му­хIамадхIажи вукIана рагъул цебесеб кьерда – Киевалда гIагарлъухъ. Гье­нире щвезе 35 километр хутIун букIун буго… Чанги гьереси бицине ккана эбелалъе. Эбелалъул рекIеда лъалеб букIараб гIадин, нижеда гьей, гьелъухъе щведал, кидаго ятулаан рахIат хун. Амма гьей гьечIеб бакIалда гIемер гIодаралха ниж. Цинги щукруги гьабулаан. Гьелда лъалароан къокъабго заманалда васас гьарулел рукIарал бахIарчиял ишазул хIакъалъулъ. Нижеца гьелда абун бугелъулха гьев гIорхъодаго вугин Русланида цадахъилан. Руслан цадахъ вугилан абидалги, цо дагьай гIодое йиччалаан гьей. Зама-заманалдасан МухIамадхIажилгун видеобухьенги гьабулаан нижеца эбелалъе. Цо заманалдасан хабар къотIана вацасул. Я вугеб бакI, я гьесие ккараб жо лъаларого, гIурабго заман ана. ГIемер рекерахъдизе ккана ниж. Ва ахир-къадги лъана нижеда вац лъукъун вугеблъиги, гьев госпиталазда сах гьавулев вугеблъиги. Лъалароан гьеб эбелалда. Дагьабго гьесул мадар лъугьиндал, нижеца эбелалда абуна гьабсагIаталда нилъехъе МухIамадхIажи кIалъазе вугилан. Гьей тамашаго, васвасдилаго, ялагьун чIана нижехъ. Вай, дир берзул канлъийиланги абун, чIезе кIоларого йикIана гьей, вас кIалъан вачIинегIан. Гьалеха доб жиндихъ эбел ялагьун чIун йикIараб «цIурмил» гьаракь. Телефоналдасан вас вихьидалги, гьелъул экраналда гIемер къочардиялъ, эбел рекIедаго ятулей йикIинчIо васасде кIалъазе. Амма гьесул кIалъай рагIарабго, бичIчIана эбелалда гьесие цо жо лъугьун букIинги. Цого жоги гIемер цIехолеб букIана гьелъ. Гьесулгун кIалъай лъугIидалги, цIидасан пикрабалъе ккана эбел… Живго вац рокъове вачIинегIан, нижеца гьев лъукъун вугиланги бицинчIо гьелда. Госпиталалда гIурабго заманги бан, нижер бахIарчияв вац рокъове витIун вачIана сакъатлъиялда бан. Жиндирго вацасдаса чIухIуларей яц Дагъистаналда йикIунейго ятиларо. Яцазда, улбузда гIадин, гьеб чIухIи бахчизеги лъаларо. Нижеда цадахъ гьеб кIиябго моцIалъ рукIана бухIиги чIухIиги, — ян къварилъахъдизе лъугьана яцал.

Вацасул шапакъаталги рачIана гьез рихьизе. Гьел ран ругоан хасаб рагъулаб пиджакалда. Вацасул бахIарчилъиялъул нух жинда даим цIунун хутIизе бугеб пиджакалда. КIиго моцI гурони СВОялда базе санагIалъи ккечIев, 21 сон гурони гIумруялъул гьечIев, мугIрузул улкаялъул гIолиласги гьелъул бахIарчияб тарихалъе сайгъат гьаруна жиндирго бахIарчилъиялъул гвангъарал лахIзатал:

— Медаль «За отвагу», медаль «За отличие в учениях», улкаялъул Оборонаялъул министерствоялъул ХIурматалъул грамота, медаль «За участие в СВО», медаль «За отличие в воинской службе».

Хабар-кIалалда ниж рукIаго, тIаде вачIана МухIамадхIажил эмен ГIалиасхIабги.

— Дица бицинаро васасул хIакъалъулъ, гьев гIадал аза-азар васал руго жакъа ВатIанги цIунун. Дирго хIакъалъулъги щибха абилеб. Дун гIадал умумулги гIемер ругелъул, васал арал нухдеги ралагьун. Рецц Аллагьасе, чIагогIаги вачIун вугелъул, — илан абуна гьес, — дица бачина васас бицаралдаса цо гьадинаб мисалги. Гьелъ бицунеб буго Россиялъул халкъазул цолъиялъулъ букIин гьелъул къуватгийилан, — байбихьана ГIалиасхIабица:

— МухIамадхIажиясухъ гIемер гIенеккана дун. КIудияб асар гьабуна дие гьесул рагъулаб гьудуллъиялъул хабаралъ. Бокьун буго гьеб дуеги бицине:

— Унел рукIана рагъал. ЧIвалел рукIана дир къайицадахъалги ва цогидалги. Унел рукIана гьужумалъ церехун, цоцазде регIичIого. Хванилан-чIванилан гьалмагъзабиги тун цин церехун инчIого ресги букIинчIо. Амма цо заманалдасан кIиго дагъистанияв тIадвуссун ана солдатал чIвараб бакIалде, цояв жеги чIаго вукIанин кколин жидедайиланги абун. Ватизеги чIаго ватун вуго гьев. КIикъого километралъ вехъерхъун вуго гьез лъукъа­рав гIурус солдат, госпиталь бугеб бакIалде щвезегIан. Дида солдатасул хадусеб къисмат лъаларо, васаздаги щибха лъалеб, амма гьев солдатас абун буго, сахлъаравго, бищун цеве жив Дагъистаналде ине вугила, цIакъ бокьун бугила данде ккарав щивав дагъистаниясда къвал базейилан. Гьел рагIабазулъ бугебщинаб берцинлъиги, рокьиги, тIадегIанлъиги, — йилан абуна гьес ахиралда.

Дие рагъ кидаго лъугIизе гьечIо

Гьалеха тIаде щвана МухIамад­хIажиги. Дун ячIиналъе гIилла бициндал, гьес хъата-масан абуна жиндир хъвачIониги гIелин, амма цIакъ бокьилаанин жиндир гьудулги вацги Гъуниб районалъул КIогьориб росулъа Руслан ХIажиевасул хъвазейилан. Ва гьебсагIатго гьесул гьурмал кьер хисана, гьев пикрабалъе ккана.

— Хъвала дур Русланилги, амма бокьилаан духъ гIенеккизеги, — ян жаваб кьуна дица. Ва гьадин бицана дие ракьцояв ГIумарасхIабил вас МухIамадхIажица:

— Дун цIакъго веццун ватиларищха нужее дир эбел-инсуцаги яцазги, — йилан гьимана МухIамад. Бокьун букIана СВО ахиралде щвезегIан дова вукIине, ВатIаналда цебе дирго тIадаб борч тIубазе. Амма хъвай батIияб букIун бугоха. Гьеб кIиго моцIалда жанив дун чанго соналъ кIудияв гIуна, эбел-инсул рокъоб бичIчIичIебги бичIчIана гьаниб. Лъана гIумруялъул хиралъиги, гьединго гьелъул магIнаги. Къойил дандчIвана хвелгун. Бихьана гIумруялъ гьелда тIад босулеб бергьенлъиги. Россиялъул чанго регионалде щвана дун, армиялдаги хъулухъ Читаялда гьабуна, ай, гIурусазда гьоркьоб гIемер заман бана. Амма дун хIакъир гьавулеб, дир напс гIодобе гьабураб рагIи жеги лъицаниги абичIо. Дида гIемер рагIулаан бицунеб доз дагъистаниял инжит гьарулилан. Ратила дозда гьоркьорги, нилъераздаго гьоркьор гIадин, квешалги. Амма дида гьединал дандчIвачIо. Дие гьалдалъун абизе бокьун буго нилъер къуват буго цолъиялъулъ. Дие гьеб дагьабги мухIканлъана СВОялдаги. Чадил кесекгицин бащад гьабулеб, сардил макьугицин цоцазе кьолеб рагъулаб гьудуллъи дида кидаго кIочене гьечIо. Гьединго доб рагъги дие киданиги лъугIизе гьечIо дирго пикрабалъ. Кидаха кIочон телел къварилъи-рохелги гIахьал букIарал дирго рагъулал гьудулзаби. Дица яцаздаги абулаан эбелалда дир ахIвал-хIал бицунгейилан. Инсуде ургъел бикьизе бокьулаан. ГIажаибго батIияб бигьалъи лъугьунаан рекIее, черхгицин тIадагьлъун бачIунаан. Амма эбел ракIалде щвараб мехалда, дунялги унаан чIегIерлъун. Урхъун вукIараб куцха дун гьелъул веэдиялъухъ. Къойил хвалде данде унагоги, гьелъул гьаракьалъ цо кинабалиго къуват кьолаан дие. Гьей кIалъараб мехалдаги, гьелъул гьаркьихъ хIайранлъун, вуцIцIухIун чIунги хутIулаан, гьелъул магIил гараз вигьинавулаан. Дир рукъалъул къеда бан букIана Аллагьилан тIад хъвараб кIудияб сурат. Дица эбелалда гьарулаан дурго магIуялъе кумекалъе, мун, гьадаб сураталда цере квералги ккун, гьардейилан жив цIунейилан. Дида кколаан эбелалъул магIие жаваб гьабичIого теларин Аллагьасилан абун. РагIана Досда дир эбелалъул цохIо вугев жиндир дарман цIунейилан абураб гьари. Амма кIочене кIолев гьечIо дирго Руслан. Бекана дир къисматалъул цояб рахъ, билана дир гIумруялъул магIна, рихх-риххана дир пикраби. КIочене кIолев гьечIо Изюмалда берал къанщарав дир гьудулги вацги, хирияв, гIагарав, тIокIалъ киданиги, макьилъ гурони, вихьизе рес гьечIев Руслан, — цIидасан пашманлъана МухIамадхIажи.

 

Изюмалъул рохьазда берал къанщарав гьудул

Руслан ХIажиевги цIалана Буйнакск шагьаралъул №6 школалда. ГьитIинав Русланил анищ букIана кинаб бугониги гьунар гьабизе. Хасго бахIарзазул хIакъалъулъ цIалун хадуб гьесда цIа рекIунаан. Жиндирго гьудул МухIамадхIажидаги абулаан гьес рачIайила цадахъ гьунарал гьаризе. Цинги живгоги велъулаан жиндирго пикрабазда. Амма кIиявго гьудуласда кисаха лъалеб букIараб ВатIаналъе гIоло бахIарчилъиялъул гьунарал жидехъ ралагьун чIун рукIин, гьез жал ралагьизе ругеблъи. КIиявго гьудуласе цIакъ хирияб букIана ВатIанги. Гьез цоцазеги такрар гьарулаан МухIамадхIажил эбел-учителалъул ВатIан бокьизе кколин, гьеб рокьиялъ рагьулин гьунаразде нухалин абурал рагIаби. ЦIализеги лъикIал рукIана гьел. ГьитIинго бихьана Русланида къисматалъул кьогIлъи — анлъго сон барав гьев бесдаллъана. Ва гьес жиндиего рагIи кьун букIана эбелалъулги цохIо йигей яцалъулги тIалаб гьабизе, гьезда захIмалъи бихьизе тунгутIизе. ЛъугIана гIагараб школа. Дагьабго мехалда рикь-рикьана гьудулзабазул нухал. МухIамадхIажи хутIана Дагъистаналда. Руслан цIализе лъугьана Уфаялде, топливно-энергетический колледжалде. Ва гьеб лъугIизабуна тIокIлъигун. Гьаб заманалда МухIамадхIажилги лъугIана ДГУялъул юридикияб факультеталъул лъабго курс.

Ва — цадахъ армиялде. Русланил эбел Бахуца кигIан гьараниги, къабуллъичIо васасе рокъов чIезе. Гьеб кинабго бакIлъана Бахуе, васас СВОялде ине вугин абураб мехалдаги. Гьардолей йикIана эбел жинда жаниб рухI лъурав цохIо вугев васасда… Амма лъимерлъудасаго гьунаразухъ гIащикъ вукIарав васас гьаб нухалдаги инкар гьабуна эбелалъе:

— Дун гIадал васал гурищ доре ине ругел. Щай дун, дир эбелалъулги яцалъулги макьил гьуинаб рахIат цогидазги цIунизе тун, рокъов чIезе кколев. Гьаб дирги ВатIан кколелъул. Жакъа дие ВатIан бокьичIони, метер нужги рокьизе гьечIо дие.

Амма эбелалъул рекIее рахIат букIинчIо. БицинчIо гьесги эбелалда рагъул коронив вугилан, абуна Украинаялъул гIорхъода ругилан. Хадусеб къисматги – МухIамадхIажилго гIадаб, Киевалда аскIоб… КIиго релълъараб къисмат… Ва кIиго батIияб къисмат…

Цо къоялъ кIалъана Руслан эбелалъухъе, гьеб букIана рагъул цересел кьеразда гIахьаллъизе унеб лахIзат. Гьес щибго бицинчIо эбелалда. Амма гьесул вуцIцIунчIеялъ бицана кинабго. ГIодулей эбелги гIодое йиччазаюлаго, гьес абуна:

— Эбел, воре мун гIодуге. Нилъ жеги рихьила. Дица инсуе рагIи кьун букIиндал, нуж цIунизе. Эбел, дие мун йокьула…

Гьел рукIана Бахуда васасдаса рагIарал ахирисел рагIаби…

Ва гьале Дагъистаналдаса магIарулас Россиялъе гIоло, Дагъистаналъе гIоло, гIагараб Гъуниб районалъе гIоло, КIогьориб росдал сухъмахъазе гIоло, гIагараб шагьаралъул букIинеселъе гIоло, тIолалго улбузулги умумузулги макьуялъе гIоло къанщана берал кидаялиго вацлъиялъулаблъун букIараб Украинаялда, Изюмалъул рохьазда. Гьесда щвараб гулла батана хвалилаб.

КIиго релълъараб къисмат — гIанчIаб лъимерлъиги, гьунаразде бугеб гIишкъуги, ВатIаналде бугеб рокьиги, щварал шапакъаталги…

КIиго батIияб къисмат — Русланил цIар боржана даимлъиялде. Гьесие хун хадуб щвараб Бихьинчилъиялъул орденалъги «За отличие в воинской службе» медалалъги жеги чанго гIелалъе бицина жидерго бетIергьанасул къисматалъул гвангъараб къиса.

МухIамадхIажил гьунаралги чанги рехсела гIун бачIунеб гIелалъ. ЧIаго хутIарав гьудулас жеги чанги бицина бахIарчилъиялъул абадияб дунялалде арав гьудуласул хIакъалъулъ…

 

Солдатасул эбел, кин йигей мун?

Бахуца ракIалде щвезабулеб буго:

— Гьел рукIана КIалбиччанкъоя­лъул къоял. 2022 соналъул кIиабилеб маялда Баху ана МахIачхъалаялде, яцалда байрам баркизе. Яцалъухъ сордоги бан, гьей радал рокъое ине къватIие яхъана. Ва гьеб параялъ тIаде ячIана росасул яц. Гьелъул юцIцIунчIеялъулъ букIана бицине лъалареб хIинкъи. Бахуе бокьун букIинчIо жиндир рекIеда хъинтIараб пикру уяблъун батизе. Амма гьей мекъи ккана – аскIоеги ячIун, гьелъ цин Бахуда къвал бана, цинги абуна къвакIун чIайилан. Эбелалда кинабго бичIчIана.

КъуркьичIо солдатасул эбел жиндирго къисматалъе жиндирги жий гIадал улбузулги макьил гьуинлъиялъеги гIоло рухI кьурав цохIо вукIарав васасе гIоло. АхIула гьей дандчIваязде, буго гьелъулъ къуват васасул бицине. Гьеб къуваталъ ккун ятула гьей ракьалдаги. Цоги ракI бохизе жо буго гьелъул – МухIамадхIажи, гьанжеялдаса нахъе Русланил бакIалда жиндие васлъи гьабизе вугев.

Пашманго ялагьун йиго дун Русланил сураталъухъ — роцIараб гьумер, гьурмада кунчIарал талихIалъул цIурал берал, йокьулин гIолилалда абизе щвечIел кIутIби, гIумруялъухъ гIашикълъараб балагьи…

Шамай Хъазанбиева