ТIинкIулеб магIу, гIодулеб ракI

ГIаракъи-чагъир гьекъей дагьлъиялда цадахъ, ахирал соназда цIакъго цIикIкIанин абизе бегьула наркотикал хIалтIизари. Гьелда данде рагъ баниги, гIемераб гIарац сверухъ сверулеб букIиналъ, загьираб хIасил кьолеб гьечIо. Аби буго, наркоманасул бугила кIиго нух — хабалъе ялъуни туснахъалде. Лъабабилеб, ай гьездаса бацIцIадаб нух батизе къанагIатазда гурони кIоларо.

Гъизилюрталда букIараб руччабазул колониялда жанир тIамуразул гIемерисел рукIана наркотиказда хурхараб статьяялда (228-абилеб) рекъон гьенире ккарал. Гьезул цояй, ПатIиматилгун (цIар хисизабун буго), ункъо соналъ цебе туснахъалъуб нижер ккараб гара- чIвари бахъулеб буго гьаниб. Гьей йиго 31 сон барай гIадан. Туснахъалда базе ккола 9 сон. Гара-чIвари гьабулеб заманалда, гьелъ гьениб бан букIана щуго сон.

Гьелъие нижеца кьуна щуго суал.

— Сунца мун тIамурай такъсир гьабизе, кин ккараб наркотиказулгун бухьен?

— Сунца тIамилей, гIарац гIоларого букIиналъ. Дир буго тIадегIанаб лъай, дун ккола педагог. Амма киб щолеб гьаб заманалда лъаялда рекъараб хIалтIиги мухьги? Дие щвечIо, щвечIеб заманалда хIажатайлъун ккана гIарцуда хадуй екерахъдизе. Дир тIалабалда рукIана эбел-эменги. Гьеб гьирида гъоркь йигей дун, росгун цадахъ, ана Москваялде, гьениб байбихьана хIалтIизе. Дица цIалароан хъалиян, гьекъолароан, наркотикал хIалтIизариялъул суалго букIинчIо. Амма доя дир йикIана гьезулгун лъикIаб «гьудуллъи» бугей гьалмагъ. Байрамаз ва цоги къваригIелаз гIебеде ячIуней дунги чанго нухалъ ккана «товар» (наркотик) босизе гьание ячIуней гьелда цадахъ. Дида бихьана, бичIчIана, лъана кинабго – киса-щиб гьелъ босулебали, лъие кибе кьолебали ва кигIанасеб гIарац гьелъие щолебали, аваданаб ва «эркенаб» гIумру. Гьеб кинабго щулаго рещтIана дир ботIролъ. Хехго биххана нижер ригьин ва гъоркьгоги гIагарлъиялъул масъалабаз къан ккун йикIарай дида тIаде ккана гьебги. Гьеб мехалъ дир ботIролъе рачIана лъикIал гьечIел пикраби — дир гьалмагъалда кIвараб щай кIолареб дидагиян абурал. Гьедин байбихьана кинабго. ХIалбихьана цо нухалъ — битIун ккана. ХIалбихьана кIиабилеб нухалъ — ккана жеги лъикI, щвана гIарац. Гьеб хIалалда Дагъистаналдаса оптом росулаан наркотикал, ричулаан Москваялда. Амма гьеб букIана цо къоялъ законалъ дир щекъер кколеб, кида ккунги туснахъалде кколеб бизнес. Дида гьеб бичIчIулаан, къасиги къадги дилъ бессун букIана гьеб асар, амма къойил тIаде бан бачIунеб гIарац, сунцаниги кквезе кIолареб гьеб гъира — гьелъ гIадал гьабуна бетIер. Щолеб гIарцул гIемерлъиялъухъ ялагьун дир бербиххулаан, бетIер сверулаан, кIолароан лъалхъизе.

Иргадулаб нухалъ щвана Дагъистаналде, кидаго гIадин босана «товар», щвана аэропорталде, ва дида аскIоре рачIана хасаб хъулухъалъул хIалтIухъаби (хадуб лъана гьез цебегоялдаса нахъе дида хадуб халккун букIараблъи). Ва цо параялда жаниб дун махIрумлъана эркенлъиялдаса, хъизамалдаса, кинабго буголъиялдаса ва букIине рес букIаралдаса, хIатта дунго дидасаго.

— Кида дуда бичIчIараб дуца кIудияб тамихI гьабун букIин, мун туснахъалде тIамизе йикIин?

— РакIбацIцIадго абуни, дун ккведал кинабго бичIчIаниги, дица яхI бахъулеб букIана гьел захIматал пикраби рикIкIад гьаризе. Ахирал секундазде щвезегIан хьул букIана йорчIилин, кIвелин гIарцухъ эркенлъи бичун босизеян абураб. Амма дида чIванкъотIун бичIчIизабуна дир хьулал тIуралареллъи, гIагараб заманалда жаниб эркенлъи бихьулареблъи. БичIчIана дица гьабураб ва дун ккараб бакI, лъана къвакIараб тамихIалде цIазе йикIин, ва дида, гIемер лъикI лъалаан туснахъалде ккарал руччабаздехун Дагъистаналда букIунеб бербалагьи.

— РекIекълъанищ дуцаго гьабуралда?

— РекIекълъана, щаклъи гьечIого мукIурлъана риччарал гъалатIазе. Сундалъун бечедаб бугеб инсанасул гIумру, сунца гьеб борцунеб? Эркенлъиялдалъун, гьелде ва дуе бокьухъе хьвадизе рес букIиналде щвараб жо щибго гьечIо. Кинаб эркенлъиха гьаниб, туснахъалда букIинеб? Гьание ккедал, дица нагIана кьолеб буго дир доб гIумруялъе. Радал тIаде яхъаралдаса къаси кьижизегIан цо галигицин тIамизе ккола форма ретIарав хIалтIухъанас абухъе. Дур гIумруялъул щибаб лахIзат цогидаз рекъезабулеб заманалда гIумруян кин абилеб? Щивха гIайибияв? Гьайгьай, дунго.

— Кинал дарсал дуе кьурал дуда бихьараб гьеб киналъго ва бугищ цоги нухалъ гьеб такрарлъиларин абураб ракIчIей?

— РакIчIей сундулъниги ва лъилниги букIунаро, метер букIинесеб нилъеда лъаларо, лъазе ресги гьечIо. Амма, аби буго, нилъер къисмат буго нилъеда кодобин абураб. Гьединлъидал, яхI бахъани квешлъиялдаса рикIкIалъизе, квешал ишал гьаричIого тезе, жалго гьел духъе киданиги рачIунаро — Аллагьасда кинабго бихьула ва Гьесда лъикI лъала лъихъе кинаб квер битIизе кколебали. Дарсазул абуни, гьаниб жаниб бараб щуго сон дие бащалъула 1000 дарсида, гьел тарихаз толаро цебехун букIараб такрарлъизе, наркотиказул рахъалде ялагьизецин. ТIуянго гIадалайлъун, бетIер сверарайлъун йикIине ккола гьаниб бихьарабги хIехьезе ккарабги такрар гьабизе ккани. ХIакъикъаталдаги чIужугIаданалъе туснахъ буго дунялалдаго бугеб жужахI. ГIеларищ гьеб цо нухалъ бихьараб?

ТIоцебе дица гIемер кьолаан Аллагьасдехун юссун суал — сундуе гIоло дие гьадинаб гIакъубаян абун. Цинги гIемер ургъун, гIемер гIодун,  магIу тIун, дирго ботIролъ дир букIараб гIумру, дица нахъа тараб нух сверизабун хадуб батана жаваб — наркотиказулгун бухьен ккаралдаса нахъе гIемерал гIадамазе дица кьураб гIазабалъе гIоло. Дунялалда тIад щибниги гьечIо эбелалъул магIил багьаяб, амма дир бизнес букIана гьелда тIад гIуцIараб, дие щолеб гIарац букIана гьеб магIуялъ чурараб. Дир букIана бечедаб гIумру, амма гьелъул багьа букIана лъил бугониги бекараб къисмат, хвараб гIумру, щущараб хъизан. Квеш ккараб жо буго гьеб кинабго дида цIакъго кватIун гурони бичIчIичIолъи.

— Дуца гьабураб гьез гьабичIого букIинелъун, дуда бихьараб гьездаги бихьичIого букIине гIоло, щиб абилеб дурго гIага-божаразда?

— Дудагоги бихьула, нижеца яхI бахъула къачIа-кIатIан рукIине, нижеда гьоркьоб букIуна махсара-хочI, камуларо аваданлъи, амма лъида лъалеб нижер рекIел хIал, лъида бихьулеб нижер магIу. «Отбоялдаса» хадуй дун егула, амма гьалгощинал соназ гьаний йигониги, сагIтаз кIоларо кьижизе, щоларо макьу — лъугIулеб жо батиларо магIу, сахлъулеб жо батиларо ракI. Бицине бегьила гIемераб, абила къокъго — мискинго, амма эркенго, гьаниб бичIчIана дида цIакъго гIадатиял, амма кутакалда гъваридал гьел рагIабазул магIна. РикIкIад гьаре наркотикал, гьеб буго кIудияб балагь, гьел хIалтIизариялдалъун дуца чIвала мунго, гьел ричиялдалъун дуца чIвала цогидал. Гьале нужеда цебе буго дир мисал. Гьабе къимат эркенлъиялъул, гьелде щвараб жо гьечIо.

ГIабаш ГIабашилов