Жакъа Дагъистаналда ригьин биххи лъугьун буго гIадатияб ишлъун. Ахираб 10 соналда жаниб республикаялда риххулел хъизамазул къадар соналдаса соналде цIикIкIунеб буго. Масала, гъоркьиса ноябрь-декабрь моцIазда жаниб Дагъистаналда гьабун буго 1011 ригьин, гьебго заманалда биххун буго 451-яб. 10 соналъ цебе ригьиназул 20 процент гурони биххулеб букIун батичIони, жакъа гьезул къадар 30 проценталдасаги цIикIкIун буго.
Хъизамал риххиялъе ругел гIиллабазул бицунаго, МахIачхъалаялъул ЗАГСалъул хIалтIухъаналъ абуна: «Ригьин биххеян, гIарза кьезе рачIунел чагIазул гIемерисез абула, гьелъие гIайибиял кколин цересел гIагарал чагIи ва улбул хъизамазул гIумруялде гьоркьоре лъугьин», — ан.
Гьаб масъалаялда тIасан нижеца гара-чIвари гьабуна мисалиял хъизамал ругел цо-цоязулгун ва гьезие кьуна гьадинал суалал:
1. Нужер росулъ гIемерлъун бугищ ратIалъулел хъизамазул къадар?
2. Гьелъие гIилла щиб?
3. Ригьинал риххи дагь ва хъизамал щула гьариялъе щиб гьабизе кколеб?
ХIабибулаева Наира, ДРялъул халкъияй актриса:
— Гьаб масъалаялда тIасан лъурал спектаклязда дица гIемерал ролал хIана. Масала, «Мун йиго дир эбел», «Росулъ ккараб кепаб иш» гIадал.
МагIарухъ гIурал ва гьениб тарбия щварал гIолохъаби гIемер ратIалъуларо. РатIалъула шагьаралъул «тарбия» щварал, ай эбел-инсуца рукъзалги къайиги кьун, гьезда тIадаб хIалтIи улбуца гьабун, гогьдаризарурал ясал, ццулъизарурал васал. Дица абила, лъималазе рукъзалги къайиги кьогеян, биччанте, кIиябго бетIерги ункъабго кверги хIалтIун, захIмат бихьун, гьез жидеего магIишат гIуцIизе. Лъималазе магIишат улбуз гьабуна, гIолохъанал рос-лъади эркенго, кепалда тана ва гьедин эркенго тараз хIехьоларо мугъалда чIвараб гIумрудул гьогьоми ва ратIалъула.
Нижер рокъоб кидаго букIана кьварараб низам: хинкI кодоб кквезе гIураб лъимер тIамулаан кIиго хинкIил багьаяб хIалтIи гьабизе. Нижер кIудадаца малъулаан, анлъго-анкьго сон барай яс хIалтIи гьечIого тезе бегьуларин абун. Баччизе кколареб цIул баччизе, бухъизе кколареб ракь бухъизе тIамеян. Шагьаралда васазе кидаго гьабизе хIалтIи букIунаро, гьединлъидал, анлъго-анкьго сон баралдаса нахъе васал спортзалаздаса къватIире рахъине риччазе бегьуларо. Эбел-эмен ратIалъана — лъимадул талихI къана. Улбул чIаго рукIаго бесдаллъараб лъимер, гIемерисеб мехалда, кIудиял умумузул къайимлъиялде ккола. Гьезул гурхIелалъ, гьез хьихьиялъ, гогьдаризабиялъул хIасилалда лъимер лъугьуна цохIо напсияб мунпагIаталъе хIалтIулеблъун.
КIиго вас гIезавуна, гьезие рокьарал ясал рачана, амма цонигиясе рукъзал кьечIо. Гьезул хъизаназдасаги чIара-хьараб магIишатаздасаги ниж рази руго.
Сайпудинова ИзахIат, Авар театралъул литературияб бутIаялъул заведующая:
— Васасе лъади яче лъидаго цIехечIого, росасе яс кье тухумалдаги дандбанилан малъулаан умумуз. Гьеб гIадат тIубанго тарихалде ана. Жакъа мискинчиясеги бокьулеб буго бечедав, машгьурав чиясул яс васасе ячине.
Гьереси щай, диеги бокьун букIана васазе магIарул гIадатги, гIамалги, мацIги лъалел ясал рачине. Амма васаз жидеего бокьарал ясал рачана, кIудияс — гIурусай, гьитIинас — мулатка. Берцинал хъизамал руго. Дие бокьарал ясал рачун рукIаралани, гьезул иш данде ккечIого букIинеги бегьулаан. ХIалица данде гьарурал хъизамазул гIемерисел риххула.
ГIабдугъапуров ХIайбула, ДРялъул культураялъул мустахIикъав хIалтIухъан, ДРялъул халкъияв артист, режиссер:
— Дир гIумруялда жаниб гьалдаса гIадлу хвараб заман киданиги букIинчIо. Жакъасел гIолилазда лъаларо цебе кигIан лъикI букIарабали.
ХIайваназулго гIадин, гIадамазулги рукIуна тайпаби. Билълъанхъулагоги лъалин лъикI боржунеб хIинчIилан абухъе, тухум-кьибилалъулги буго гьебго къагIида. Аслияб къагIидаялда цебе ригьин гьабулаан лъалел, къадру бащадал чагIазул лъималазда гьоркьоб. Жакъа абуни, ригьин гьабулеб буго бечелъи, хъулухъ цIехон. Масала, бечелъиялде бер щун, ячана васасе бечедав чиясул яс. Кьарияб гьанги, чIахIиял хинкIалги квине щвейищха гIумруялъул аслияб мурад, магIна? Бечедаб хъизамалда мискинав дурцас хIехьезе ккола вакьадасул чIухIараб рагIиги, якьадалъул тIалабалги, лъадул гогьдариги, къокъго абуни, вас ккола бокьун босараб лагълъиялде.
ГIолохъанал улбузда дица абила, гьарураб къоялдаса нахъе лъималазда бице хъизам гIуцIи захIматаб масъала кколеблъи ва хъизамалъул талихI букIунеблъи гьелъул захIматалда бараб. Ригьин гьабилалде чара гьечIого бихьинчиясе къваригIуна я камилаб лъай, яги кверзул махщел.
Аллагьас чIужугIадан ракьалде йитIун йиго наслу гIезабизе. Гьединлъидал, лъай-махщел гуребги, букIинесеб лъимер сахаб букIиналъул мурадалда, гьелъ цIунизе ккола жиндирго чорхол сахлъи.
Дица чара гьечIеллъун рикIкIуна советияб заманалда радио-телевидениялдасан гIолилазе кьолел рукIарал лъикIал, мисалиял хъизамазул хIакъалъулъ бицунел передачаби цIигьари.
ГьитIиномухIамадов ХIусен, «Азия» турфирмаялъул директор:
— Къайи-свери цIуниялъул жавабияйлъун йикIарай чIужугIаданалъе щун буго бокьа-бокьараб гьабизе эркенлъи. Гьайгьай, гьелъие гIайибияблъун ккола, тIоцебесеб иргаялда, телефон. Цоги жоялъул бицун щай, гIолилал ясазе мисаллъун лъугьунеб буго, магIарул хасияталда, гIадат-гIамалалда дандекколареб, гьенисан бихьизабулеб къабихIаб, хъубаб жо. Гьеб ккола улбузухъги, вацазухъги, россабазухъги ясал ва лъудби гIенеккичIого рукIиналъе бугеб цо гIилла. Жакъа хъизам-лъимал гуреб, гIарац, хъулухъ буго гIолилазда цебечIараб аслияб масъала.
Нижеца бицунеб масъалаялъухъ гIенеккарав ХIусенил вас ГIабдулаеги бокьана жиндирго пикру загьир гьабизе:
— Къуръаналъул аятазда гIадин, гIолилал божулел руго телевизоралда рихьизарулел къваригIел гьечIел жалазда, гьездаса босулеб буго мисал. Исламиял гIалимзабаз абула, бихьинчи бихьинчилъун вугони, чIужугIаданги чIужугIаданлъун йикIунилан. Бихьинчияс жиндаго тIадаб иш гьабулеб гьечIони, чIужугIаданалъ гьеб жиндего тIаде босизе ккола.
Жакъа цо-цо бихьиназда батун буго бигьаяб нух, лъудбиги хIалтIизе тIамун, гьез тIаса бищула рега-рахъун, квана-гьекъон, рахIаталда гIумру тIами. Кинаб къадру букIинеб хъизамалда хIалтIуларев, ай лъадиги лъималги хьихьуларев росасул? Лъие къваригIараб хоно гьабулареб гIанкIу ва гIункIкI кколареб кету? Руччабаз гьединал россаби хIехьоларо ва хIасил ккола цо: риххарал хъизамал, бесдаллъарал лъимал.
МухIидинов МухIамад, ДГПУялъул математикаялъул кафедраялъул доцент, педагогиял гIелмабазул кандидат:
— Жакъа руччабазе бихьиназдаса къваригIараб жо дагьаб буго. Лъадул буго мина-рукъ, машина, хIалтIи, гьелъие щолеб буго росасдаса цIикIкIараб харж. Гьединлъидал гьелъ росасе лъикIабги бицунаро.
Бокьа-бокьараб гьабун, эбел-инсуца лъимал гогьдаризарула, гьезие чIезабула къваригIунебги къваригIунаребги. КъанагIалъун руго, хъизамги хьихьун, лъималазе гIадлу кьун бажарулел унго-унгоял бихьинал. Цебе нилъер умумуз чияр лъималазеги гIадлу кьолаан, жакъа нилъеда кIолеб гьечIо нилъерго лъималазе гIадлу гьабизе.
Кколеб куцалъ дирго хъизамалда жаниб гIадлу-низам гьабун бажарулеб гьечIони, гьеб сурукъаб ахIвал-хIал битIизабизеян, дица кинаб гIакълу кьелеб? Дида лъалел гIемерал хъизамал руго, рос-лъадул кIудияб дандеккунгутIи бугониги, лъималазе гIоло абун, риххичIого чIарал. БитIун гьабулеб буго гьез, эбел-эмен ратIалъани, лъималазул талихI къуна.
Абула, жугьутIазул хъизамал бищунго щулиял рукIунин. Гьаб масъалаялда хурхун, дандекквеялъе букIине, нижеца гара-чIвари гьабуна жугьутI миллаталъул пуланав чиясулгунги. Гьев ккола Александр Назаров, Халкъияб магIишаталъул институталъул математикаялъул кафедраялъул доцент:
— Цоги миллатазул хъизамазда дандеккун, Дагъистаналъул жугьутIаз жеги цIикIкIун хIехьана хъизамазул талихIкъосин. ГIилла, СССР биххун хадуб Дагъистаналда хутIичIо жугьутIазул диаспора, гьелдалъун хвана нижер хъизамалъулал гIадатал. Гьанир жугьутIал дагьлъун рукIиналъ, рес кколеб гьечIо васазе нижерго миллаталъул ясал рачине. Рачине кколел руго батIиял миллатазул, ай батIиял гIадатазул, батIияб диналъул, батIияб мацIалъул, батIияб гIамал-хасияталъул ясал. ГIемерисеб мехалда гьединал хъизамал щулиял рукIунаро.
ГIизраилалда къанагIат рукIуна Дагъистаналда гIадал хъизамал, гьенир гIемерисел хъизамал рукIуна Европаялъул улкабазда гIадал, ай гражданлъиялъулаб ригьнада, цадахъ гIумру гьабулел.
ЖугьутIазул кидаго букIана щулияб хъизам, ригьин биххи рикIкIунаан гIорхъолъа борчIараб ишлъун. Гьелъие аслияб гIиллаги букIана чIахIиялги, лъималги, гьезул лъималги цадахъ цо рокъор гIумру гьабун рукIин. Жакъа жугьутIазул гIемерисел хъизамал руго тIурачIел, ай кIудиял умумул цадахъ гьечIел, хъизамалъул гIадатал цIунуларел, гьединлъидал хъизамал риххиги лъугьун буго гIадатияб ишлъун.
БитIараб тарбия кьеялъул кинабго иш бараб букIуна лъикIал мисалазда. КIудиял умумуз, жидерго мисалаздалъун, лъималазеги гьезул лъималазеги кьолаан камилаб тарбия.
ХIукуматалъул гIуцIи хисиялдалъун, хисана хъизамалъулаб идеология. Жакъа нилъее бищун аслияб жолъун лъугьун буго бечелъи. Гьединлъидал жакъа лъималазе жидерго улбуздаса мисалалъе босизе пайдаяб жо дагьаб буго.
Дир пикруялда, хъизамал риххи дагь гьабиялъул мурадалда чара гьечIеблъун ккола миллатазул нус-нус соназ хIалбихьарал умумузул гIадатал цIигьари ва гьездаса пайда боси. Цо пуланав гIакъилас малъухъе, лъимералъе тарбия кьезе байбихьизе ккола гьеб кинида бугеб мехалдаса байбихьун.
ШехмухIамадов МухIамад, Тарихалъул, археологиялъул, этнографиялъул институталъул гIелмияв хIалтIухъан, квералъ хъварал исламиял тIахьазул фондалъул заведующий:
— ХIалалал жалазда гьоркьоб Аллагьасе бищунго рихараблъун ккола ригьин биххи, цIар тIамиян абулеб аварагасул хIадисалъ жанибе бачуна гьеб масъала. Амма, кинго дандекколел гьечIони, росасул ихтияр буго цIар тIамизе. Дида халлъараб хIужа ккола, гьоркьор лъимал рукIаго риххаразул лъималазул гIумру букIуна талихIкъараб. Амма эбел-эмен хун хутIарал лъималазул цонигияв гIадада холаро, дунялалъул рокъов гьезул цонигияв хутIуларо жиндиего нух батичIев, гIадамалъе вахъинчIев. Гьезда хадуб Халикъасул букIуна хасаб бербалагьи.
Школалъул аслияб ишлъун дица рикIкIуна, лъай кьей гуреб, лъималазе битIараб тарбия кьей. Масала, аслияб куцалда нижехъе мадрасаялде рачIуна цIалиги гIадлуги гьечIел, хадув чIезе чи гьечIолъиялъ, гIадада хвеялда хIинкъи бугел лъимал. Гьениб кьураб исламияб тарбиялъул хIасилалда, гьезул рахъуна лъикIал гIадамал, пайдаял чагIи.
Цебе росулъ ригьин биххи рикIкIунаан рогьо-ничлъун, гIорхъолъа араб ишлъун, жакъа нилъ гьелда ругьунлъун руго.
Учителасул махщалил къимат гьабулеб гьечIолъиялъги, васазе кьварараб тарбия кьезе школазда бихьинал хутIунгутIиялъги захIмалъизабулеб буго гьеб масъала.
Цоги, жакъа лъималазе хъизамал гьарулел чагIи ккола араб гIасруялъул 90-абилел соназда тарбия щварал гIадамал. Жидерго гьечIеб лъайги, гIакълуги, тадбирги гьез кин кьелеб жидерго лъималазе?
Лъималазе исламияб тарбия кьуни гурони, хъизамалда лъугьун бугеб захIматаб ахIвал-хIал лъикIаб рахъалде хисизабиялъе батIияб нух дида бихьуларо.
Цебе щибаб росулъ букIунаан хъизамазда хадуб херазул халкквей, ай хъизамазул киналго масъалаби тIуразарулаан къадруял харабаз. Гьеб къагIидаги тарихалде ана, цебе гIадаб къадру херазулги гьечIо, гьезухъ гIенеккулел чагIиги дагьлъун руго.
Ригьин гьабулеб буго лъидаго дандбачIого. Аварагасул хIадисалда буго: «Бихьинчияс лъади ячуна ункъо мурад тIубаялъе гIоло: берцинлъиялъе, бечелъиялъе, тухум-кьибилалъе ва диналъе гIоло. Амма талихI дуе ункъабилелъ гурони кьоларо», — ян. Жакъа абуни, гIемерисеб мехалда ригьин гьабулеб буго цебесеб лъабабго мурад тIубаялъе гIоло.
Исламиял пачалихъазда гьечIо хъизамал риххиялъул Европаялда ва Россиялда гIадаб масъала. Аварагас абун буго: «Динги бугев, нужер тIабигIат-хасияталда данде кколев чи яс гьарун вачIани, сундухъго балагьичIого, гьесие яс кье. КьечIони, пасалъи тIибитIизе буго», — ян.
Ясалъул талихI букIуна, бечедасда аскIоб гуреб, иман-яхI бугев чиясул рокъоб.
МухIамадов ГIабдула, РФялъул Художниказул союзалъул член:
— Гьелъие ругел гIиллаби ккола: бечелъи бокьи, хIалтIизе бокьунгутIи, хъизамалъул жавабчилъи жидедаго тIаде босизе бажарунгутIи, лъималазул пособиеги кванан, вега-вахъун кепалда гIумру тIамизе бокьи.
Ригьин биххуларо хъизамалъул жавабчилъиги квен-тIехалдалъун гьеб хьезабиги росас жиндего тIаде босулеб бугони. Росулъ гIемерлъун руго, жидерго хъизамалги рехун тун, цереса цере унел гIолохъаби. Гьединго росулъ дагьлъун руго, гурун рукьабигун, магIишат гIуцIулел гIолохъаби. ЧIам-чIам гьечIони, дам-дамги, щулияб хъизамги букIунаро.
Бечелъиялда, хIатта жиндие къваригIинчIеб жоялда хадув векерулаго, росасул заман гIолеб гьечIо лъадул масъалабазде кIварги лъималазе тарбияги кьезе.
ХадурагIи
Бихьулеб букIахъе, кьучIдасанго хисулел руго магIарулазул хъизамалъулал гIадатал. Тарихалде ана, магIарул къагIидаялъ васасе лъади ячунеб ва яс росасе кьолеб гIадат. КIудияб дарамалде ритIиялъул суал чара гьечIого лъималазда гьикъизе, дандбазе ккела. Амма, хъизам гьабун хадуб, вас гогьдаризе, яс кIичIардизе лъугьани, эбелалъ гуреб, инсуца тIил кодобе босизе ккола.
ХIурматиял цIалдолел, бокьилаан лъазе гьаб масъалаялда тIасан нуже-нужерги пикраби.
Исана «ХIакъикъаталъ» рагьулеб буго «Щулияб хъизам — талихIалъул кьучI» абураб рубрика. Мисалаздалъун бицина гIадилал хъизамазул, цоцалъ рекъарал рос-лъадул ва, гьез тарбия кьун, лъикIал гIадамаллъун лъугьарал лъималазул. Амма, нужер кумек щвечIони, гьеб ишалъул хIасил кколаро. Божи буго, «ХIакъикъаталъул» гьудулзабаз гьаниб жигараб гIахьаллъи гьабилин абураб. Хъвай нижехъе росабалъ, шагьаразда, мадугьалихъ, хIалтIуда цадахъ ругел, цогидаз жидедаса мисал босизе мустахIикъал хъизамазул хIакъалъулъ. Бице хъизамал риххиялъе кколел ругел гIиллабазул ва хъизамал цIуниялъе гьаризе бегьулел ишазул хIакъалъулъ.
НУРИ НУРИЕВ
