Наслабиги цолъизарулаго…

ИчIабилеб декабралда, ВатIаналъул БахIарзазул къоялъ Гъизилюрт шагьаралда рагьана иргадулаб «БахIарчиясул парта». Гьединаб цIаралда гъоркь акция тIобитIулеб буго тIолабго Россиялда. Руго гьединал партаби Дагъистаналъул шагьаразул ва районазул щибаб школалдаги колледжаздаги… ГIемер гIахьаллъула газета­лъул хIалтIухъаби гьеб проекталда рекъон тIоритIулел тадбиразда. Гьаб нухалда диеги рес щвана Гъизилюрт шагьаралъул № 8 школалда гьединаб тадбиралда гIахьаллъизе. ВатIан бокьиялъул кIудияб байрамалде сверараб гьеб дандеруссин сайгъат гьабун букIана СВОялъул бахIарчи, «Бихьинчилъиялъул орденалъул» лъабцIул кавалер (лъабабилеб – хун хадуб), Казбек районалъул Гуни росулъа МухIамад ХIасановасе. Гьесул бахIарчилъиялъул хIакъалъулъ чанго нухалда хъвана газеталдаги. Гьесги къанщана берал ВатIаналъул парахалъиялъе гIоло. МухIамадил гIумруялъул букIана гIицIго 28 сон. Нахъе хутIана ясги ва жиндирго цIар лъурав васги (вас гьавуна МухIамад хун хадув).

Тадбиралда гIахьаллъана школалъул директор Ибрагьим Абакаров, Гъизилюрт шагьаралъул терроризмалде данде къеркьеялъул коми­теталъул отделалъул нухма­лъулев Салимхан Иразиханов, гьебго отде­­лалъул бетIерав специалист Са­лихI Темуркаев, тарбия кьеялъул рахъалъ школалъул директорасул заместитель Гьарун ХIусенов, учительзаби, цIалдохъаби, бахIарчиясул эмен Хасай ХIасанов, яц Марият, гIагарлъи ва цогидалги гьалбал. Ибрагьим Абакаровас, Гьарун ХIусеновас ва Салимхан Иразихановас гIатIидго бицана МухIамадил бахIарчилъиялъул ва рагъулал нухазул хIакъалъулъ. ГIенеккаразе кIудияб асар гьабуна МухIамадил эмен Хасайил кIалъаялъ. Гьесул кIалъаялъул пикраби гьаридал, бичIчIулеб букIана вас МухIамадил бахIарчилъиялъул ва ВатIан бокьиялъул кьалбал гIагараб Гуни росулъан, инсул гъанситохъан рачIарал рукIин. Лъана кинаб къебелъухъ куцараб бугеб бахIарчиясул лъабабго «Бихьинчилъиялъул орденалъул» къисаги.

— ХIурматиял гьалбал, школалъул учительзабазул, цIалдохъабазул коллективал, тIаде рачIарал гьалбал. ТIоцебесеб иргаялда, кIудияб баркала нужее дир вас кIодо гьавизе ракIалде ккаралъухъ. БахIарчиял умумуз нилъехъе ирсалъе кьураб талихIаб ватIан цIунизе ирга щвана гIолохъанаб гIелалде. Дозул рухIазе гIоло жакъа щивав гIолохъанчиясда тIадаб буго ВатIан цIунизе. Дица дирго васазда кидаго малъулаан кигIан кIудияб даражаялда ВатIан бокьизе кколебали. ВатIаналдаса байбихьула цогидаб рокьиги. ВатIаналде рокьиялъ тарбия кьола эбел-инсудеги, гьудулзабаздеги, гIагарлъиялдеги, хъизамалдеги бугеб рокьиялъе. Диеги бокьулаан цIализе художествияб литература. Гьедин васаздаги малъана дица. Гьелги ругьун гьаруна тIахьал цIализе. Нужедеги хитIаб буго дир, хириял цIалдохъаби — тIахьазулгун гьудуллъи ккве. Гьедин гурищ кIалъарав гIун бачIунеб гIелалда ЦIадаса ХIамзатги. ТIахьаз бицуна нилъее Ва­тIаналъулги, гьудуллъиялъулги, эбел-инсулги, гIадатазулги ва цоги­даб­ги лъикIабщиналъулги хIакъа­лъулъ. ЦIале тIахьал, цIаларалдасан тIо­ритIе бахIсал. Гьеб киналъго нужее кумек гьабизе буго гIумру би­чIчIизе ва гьелъул нухаздасан, тIекъ­лъиги къезабулаго, церехун ине, — ян абуна гьес.

Гьадинав инсул вас батIиявлъун вукIине ресги букIинчIо. Бихьулеб букIана гьесие бигьа гьечIолъиги. Амма гьес, щибго хIалги лъазе течIого, рекIел тIиндасан бурун бачIунеб пашманлъиги бахчулаго, ахиралдаги абуна:

— Дун чIухIула дирго васасдаса. БатIияв МухIамад дица къабул гьавизе вукIинчIо. Дун гIадал, васал камурал умумул гIемерлъана улкаялда. Амма гьезул щивасги, жакъа дица гIадин, абизе бугеблъиялда ракIчIола дир, — ан

Школалъул цIалдохъабаз литературияб композицияги сайгъат гьабун букIана МухIамад ХIасановасе ва цогидалги СВОялъул гIахьалчагIазе.

Тадбиралъул кIиабилеб бутIа тIо­битIана школалъул библиотекаял­да. Гьеб нухда бачана Гьарун ХIусено­­вас. Школалъул директорас ва Салимхан Иразихановас цIалдохъабазда бичIчIизабуна экстремизм ва терроризм щиб кколебали. Гьаруна гьезие малъа-хъваял. Гьенибго ракIалде щвезаруна МухIамад ХIасановасул росуцояв, Россиялъул БахIарчи, араб гIасруялъул 1999 соналда Дагъистаналда рагъулал тунка-гIусиял ккараб мехалда, СОБРалъул командирлъун вукIарав Арзулум Ильясовасул багьадурлъиялъул нухалги. Гьесие сайгъат гьабураб бокIонги бугоан школалда. Гьелдасан бихьулеб буго школалда патриотикияб тарбия кьей тIадегIанаб даражаялда букIин.

МухIамадил яц Мариятилгун букIараб гара-чIвариялдаги гьелъ ракIалде щвезабун букIана, росулъе вачIанщинахъе, Арзулумие бараб памятникалъухъе щолаанин гьев.

— МухIамадие цIакъ хирияб букIана росуги росу машгьур гьабурал гIадамалги. Бокьулаан гьесие росдал тарихги. Инсуца ниж ругьун гьарун рукIана тIахьал цIализе. Гьес кидаго абулаан ВатIан бокьизе кколин рухIалдасагийилан. Мисалалги рачунаан ВатIаналъе гIоло рухI кьуразулги гьелъие гIоло рагъарал бахIарзазулги, — ян абуна гьелъ.

Къисматалъги, гьунаралъги, багьадурлъиялъги цолъизавурав кIиго росуцояв, хадусел гIелаз жидер ба­хIарчилъиялдаса мисал босизе ругел. Гьедин куцалеб буго гIун ба­чIунеб гIел нилъер бахIарчиял гIолохъабазул гьунараз.

Жал гьезул гьунаразеги цIаразеги мустахIикъал рукIине ругилан гьа бана школалъул 7 «в» классалъул цIалдохъабаз. Гьеб классалда букIине буго «БахIарчиясул партаги».

Наслабиги цолъизарулаго, тIа­де­гIан­лъиялде боржунеб буго дир Дагъистаналъул бахIарчилъи, жиндирго тарихалда цIиял гьурмалги рагьулаго.

Шамай Хъазанбиева