ГIумрудул завалалда дунял тарав бахIарчи

Исана 120 сон тIубана хъвадарухъан, журналист, жамгIияв хIаракатчи, магIарул прозаялъе кьучI лъуразул цояв Ражаб ДинмухIамаев гьавуралдаса.

Ражаб гьавуна 1905 соналда гьанжесеб Лаваша районалъул Урма росулъ ДинмухIамал ва ГIашатил мискинаб хъизамалда. Ражаб гуревги, гьезул йикIана яс Салиматги.

ГьитIинав чи Ражаб ссылкаялде витIарав бидулав инсуда цадахъ ккола гIурус ракьалде: Якутск ва Тула губерниязде, ахирги 1916 соналда Петербургалде. Гьел соназ Ражабица лъазабула гIурус мацI, лъай-хъвай гьабула гIурусазул рукIа-рахъиналъулгун, маданияталъулгун. 1917 соналда гьев эменгун цадахъ Дагъистаналде тIадвуссуна. Амма гIемераб заман иналдего, эмен хола ва эбелалъулги яцалъулги тIалаб гьаби Ражабида тIаде ккола.

Инкъилабалда хадуб Россиялда багъа-бачарараб граждан рагъ Дагъистаналда цIакъго гIасияб сураталде сверула: цо рахъалда рукIуна ХIоцоса Нажмудинил рахъккурал, цогидаб рахъалда — Деникинил ва Бичераховасул хъахIаскарилал, лъаб­­абилеб рахъалда — багIарал партизанал. Жеги гьитIинав чи вугониги, Ражабица кIвараб кумек гьабулеб букIуна багIарал партизаназе. Гьесул рагъулаб кагътида 1919-1920 сонал рагъулал ругин тIадежубайги батула.

Дагъистаналда рагъул гуч чучарабго, Ражаб витIула Шурагьиб бугеб интернаталде. Гьенибго комсомолалъул хIалтIудаса байбихьула гьесул жамгIияб хIаракатчилъи. 1925 соналъ гьев вахъуна ВКП(б)-ялъул членлъун, ва гьебго соналъ гьев витIула Москваялде, Бакъбаккул захIматчагIазул коммунизмаялъул университеталде цIализе. Гьенив цIалула 1928 соналде щвезегIан.

1926 соналдаса байбихьула Р. ДинмухIамаевасул хъвадарухъанлъи. Текстал кодоре щун гьечIониги, лъалеб жо буго, гьесул тIоцересел асарал «Къанал чIваяв Къади» ва «Цеве Аллагь, хадув рос» абурал харбал рукIин.

1928 соналда Р. ДинмухIамаев лъугьуна «Социализмалъул байрахъ» газеталъул бетIерав редакторлъун ва гьелдаса нахъе байбихьула гьесул журналистикияб ва публицистикияб нух. Газеталда рахъула гьесул жамагIаталда гьоркьоб кIвар бугел суалал рорхарал макъалаби, чанго батIияб лъугьа-бахъиналъул хIакъалъулъ хъвай-хъвагIаялги репортажалги.

1929 соналъ басмаялда бахъула «Бидухъ би» къисаялъул тIехь. Гьелда Р. ДинмухIамаевас борхулеб буго доб заманаялда цIакъ кIвар бугеб тема — «бидулаб къисас ва гьелъул заралияб хIасил».

1930-абилел соназ хъвадарухъанасул творчествоги хIаракатчилъиги лъикI цебетIола. 1934 соналъ гьев хIалтIизе лъугьуна республикая­лъул «МагIарул большевик» газеталъул жавабияв редакторлъун. Гьебго соналъ Ражаб восула Дагъистаналъул Хъвадарухъабазул союзалде, гIахьаллъула ТIолгосоюзалъул хъвадарухъабазул съездалда, басмаялда бахъула авар адабияталда жаниб тIоцебесеб роман – «Хъабчилъ бахIарзал». Гьеб романалда жаниб гIадатаб росдал гIадамазул мисалалдалъун бихьизабулеб буго инкъилабалда цебе мискиназулги бечедазулги букIараб хIал ва гьелдаса хадур лъугьарал хиса-басиял.

1935 соналъ ДинмухIамаевас хъва­ла «Галинал «гьалбал» абураб къиса. Гьениб хъвадарухъанас цIал­долезда цебелъолеб буго Галина абурай гIолохъанай гIурус учительницаялъул къисмат, ва гьелъ жиндир намусалде гьесарал «гьалбадерие» гьабураб дандечIей.

Гьесда кIочон толаро журналистикияб ва публицистикияб хIалтIиги. Ражабица хъвала колхозазул хIалтIи билълъинабиялъе квалквал гьабулезда данде кIудияб макъала. 1937 соналъ бахъараб «Лъималазул литература борхизабе» абураб макъалаялда гьес критика гьабулеб буго лъималазе хъварал асаразул даража цIакъго гIодобегIанаб бугилан. Гьенибго гьес рецц гьабулеб буго гIун рачIунел шагIирзабазе — Расул ХIамзатовасе ва Ибрагьим Утарбиевасе.

1938 соналъ Ражабил гIумруялда жаниб лъугьуна кIудияб хиса-баси. Гьев партиялдаса нахъе рехула, хадубго газеталъул редакторлъиялдасаги вахъула. ВКП(б)-ялъул Дагъистан областалъул комитеталъул бюроялъ гьабураб хIукмуялда рекъон, гьелъие гIиллабилъун рихьизарун руго:

1) «Хъабчилъ бахIарзал» тIехьа­лъул политикияб зарал букIин;

2) Халкъалъул тушман Самурский веццун кагътал хъвай;

3) Дагъистаналда буржуазиял националистазул тушманаб хIалтIи загьир гьабулеб «Известия» газеталъул макъалаялъул хIужабиги нахъчIвалаго, цебе бахъараб хъвадарухъабазул къокъаялъул собраниялъе бетIерлъи гьаби ва нухмалъи кьейги балъго гьаби.

Гьелдаса хадуб рагъ байби­хьи­зегIан, Р. Дин­му­хIамаевасул я ма­къа­лаби, я художествиял асарал я га­зеталда, я тIехь биччан къватIире рачIинчIо.

Рагъ байбихьаралдаса нахъе ДинмухIамаевасе бокьун букIуна ВатIан цIунизе ине. КIиабизе тIад хIалтIи гьабулеб букIараб «Хъабчилъ бахIарзал» романалъул щвараб бакIалда гьес хъвала: «Жакъа рагъ лъазабуна, романалда тIад хIалтIи лъугIизе тана. ВатIан цIуниялъул ишалде байбихьана» — ян. Амма гьесие инкар гьабулеб букIуна.

1941-1943 соназда гьес хъвала рагъул темаялда хурхараб лъабго къиса — «ТIулакьераб борохь», «Гьа» ва «Хиянатчи».

ТIоцебесеб къиса гьес хъвала 1941 соналъул 15 июлалда цо къоял­да жаниб. Гьеб гьитIинаб къи­саялъул аслияб мурад ккола гIа­да­тиял магIарулазул фашистазда — «тIулакьерал борхьазда» — данде Ва­тIан цIунун рагъизе гъира бижизаби.

КIиабилеб къисаялда бицунеб буго, рухIалда барахщичIого, тылалда хIалтIулей эбелалъухъе рагъда вас чIван вугилан ругьел щвеялъул ва бахIарчиго гьелъ гьеб хабар къабул гьабиялъул.

Лъабабилеб къисаялда рагьулеб буго хилиплъиялъул тема. Гьенив вихьизавулев вуго мисалияв эменги вацги ругев гIолохъанчи, ВатIан цIунизе къо тIаде щвараб мехалъ, цо лахIзаталъ хIинкъиялъул кверщаликье ккей ва тIаса бищараб нухалъ гьев кинаб хIасилалде вачуневали. «Хиянатчи» къисаялъул текст батана гIицIго 1967 соналъ адабиятчи МухIамадрасул ГIусахIовасда.

1943 соналъ Р. ДинмухIамаев ви­тIула Типлисалде, рагъуе хIадур­лъиялъул курсазде. Гьев тIовитIизе рачIуна гьесул гIагарлъи ва гьудулзаби — таржамачи ХIамид Темирханов, лингвист Шигьабудин МикагIилов, хъвадарухъан МухIамад Хуршилов ва гь.ц. Курсал лъугIун хадуб гьев витIула Украинаялъул фронталде. Гьесул «агитатор» хъулухъ букIуна, звание — цIикIкIарав лейтенант.

1944 соналъул 10 апрелалда Тернополь областалъул Заболотивко росдада аскIоб гIасияб кьалулъ Р. ДинмухIамаев чIвала. Цин гьев вукъула гьенивго, хадуб 1957 соналъ гьесулги жеги 35 рагъухъанасулги рукьби цIидасан рукъула Чортков шагьаралъул хабзалалъ. Гьел рукъараб бакIалда лъун буго 36-ясулго цIарал тIад хъвараб гIарас (зани). Гьединго хъвадарухъанасул цIар кьун буго Урма росулъ цо къватIалъеги гьоркьохъеб школалъеги.

Р. ДинмухIамаевас нахъе тана кIудияб ирс: макъалаби, очеркал, репортажал, харбал, къисаби ва роман. Гьесул асарал лъугьана гьанжего гьанже гIуцIулеб магIарул прозаялъул щулияб кьучIлъун. Амма жакъа къоялде гьесул гIемерисел асарал цIалдолесухъе щвечIого хутIун ру­го, школалъул программаялда бугеб цо-кIиго къиса хутIизегIан. Жа­къа гьесде ва гьесул творчествоялд­е кIвар кьолеб гьечIониги, хьул буго, букIинеселда Ражаб Динму­хIамаевасул цIаралъ авар адабияталда жаниб мустахIикъаб бакI кквезе батилин.