ЧIегIербоцIул нилъее хасиятал, нилъ ругьунал тайпаби ккола гIачи-оцал ва гIодоблъиялда — ганщал. ГIага-шагарго гьебго тайпаялда гъорлъ рехсезе бегьула нилъеда гIемер лъикI лъаларел якалги. Амма гьел руго нилъер республикаялъул мугIрузда рукIине рекъарал, хьихьизе санагIатал хIайванал. Гьелъул (Кашемиралъул, Тибеталъул, Монголиялъул оцинги абула гьелда) тарихияб ватIан ккола Тибет. ГьабсагIаталда дунялалда тIад буго яказул 17 млн бетIер. Гьезул аслияб къадар (95 процент) буго Китаялда. Россиялда буго 20 азаргогIанасеб бетIер, аслияб куцалда — Тываялда, Бурятиялда ва Алтаялда. 1970-абилел соназда Северияб Кавказалъул республикабазде (Кабардино-Балкария, Карачаево-Черкесия, Чечено-Ингушетия) гьел рачIун рукIана Алтаялдаса. Гьедин гьел щвана Дагъистаналдеги. Жакъа нилъер гьаниб буго гьезул чанго нусго бетIер, аслияб куцалда — Юждагъалда, Сулейман-Стальск районалда, цо бутIа ЧIарада, Шамил, ЛъаратIа районазул мугIрузда.
Якал руго борхалъиялде (2500-3000 метр) ругьунал хIайванал. Гьединаллъун рукIиналъе гьезул ракI ва гьуърул руго гIачи-оцазулалдаса гIемерго кIудиял, гьезул бидулъ буго цIикIкIараб къадар гемоглобиналъул, цIакъго дагь руго гIетI базабулел гIаламатал. Гьез хIехьола цIорой, пулеб гьорол къварилъи букIунаро, гьезие бокьуларо хинлъи, цIакъго захIмалъула хинлъиялъул 15 градусалдаса тIаде араб бакIалда гIумру гьабизе. Гьезие хIажалъуларо хасаб тIалаб, кванала жидерго цIайиялъул цо проценталда бащалъулеб бакIлъи бугебгIанасеб чIахI-хер (мисалалъе, гIачияз кванала 3 процент). Гьезда махI чIвала цIакъ лъикI, квеш рагIула ва бихьула. ЦохIо цIам бани гурони, кьезе кколаро кIалцIи, къваригIунаро хасал бокьал. Гьезул гьан буго инсанасул черхалъ бигьаго къабул гьабулеб, къиматаб (гIемер лъангутIиялъ нилъер гьаниб багьа гьединаб гьечIониги), пайдаяб. Рахь дагь гурони бечIчIуларо, лъагIалие 600-700 литр (сордо-къоялъ 6-7 литр). Амма гьеб буго беэнлъи гIемераб (3,5-7 процент, букIине бегьула анцIгоги).
Гьаб киналдаго тIаде «ГIурада» СПКялъул нухмалъулев ГIали Асиятиловас кьуна гьадинаб баян:
— Дагьал якал нижецаги росун рукIана хIалбихьи гьабиялъул мурадалда. Гьел руго цIакъ тириял, цIцIани гIадин ххарулел, лъелго ун гурони чода рекIун берцинго рахинецин кIоларел мугIрул рагIаллъабазда рукIунел хIайванал. Нижеца гьезул тIалаб гьабизе кколаро (гIицIго бала цIам), тIубараб лъагIелалъ рукIуна жалго жидецаго хьихьун. Гьеб буго къуватаб, ццин бахъани, цебе бихьун жо толареб хIайван, бацI-хъумур гьелда аскIобе къаларо, сунцаниги гьелда кIал чIваларо, чIвазе жубараб гьелъ бихъ-бихъун бала. Гьелъул гьан буго гIезегIан тамахаб, чуязулги гIачи-оцазулги жубараб гIадинаб тIагIамалъул. Нижеца гьел бокьахъе гъоларелъул, рахь бечIчIуларо. Квас буго цIакъ керчаб, амма гьебги нижеца къунцIуларо, риидал гьел жалго хIулула. Къехь-тIомалъулги, цоги боцIулго гIадин, тIалаб гьечIелъул, гьебги хутIула гIадада. Жалго жидедаго рукIунелъул, унтабиги гьезда гIемер хъинтIуларо.
Лъаларо, абадиялъго гIи-цIцIани, гIачи-бачал хьихьун ругьунал магIарулал журазе ругищ якал хьихьизе яги гьечIищали. Амма мухIканго лъала цо жо — кколаро гьелъул пайда, лъугьунаро гьеб ишин абизе кинго бегьуларо. ГIемераб цогидалъего гIадин, гьелъиеги жаваб заманалъ кьела.
ГIабаш ГIабашилов
