Ноябралъул байбихьуда Югалъулаб Кореялъул Ульсан шагьаралда букIана чIорбутI речIчIиялъул Дунялалъул кубок. «Корейская мишень, 145 м» абураб номинациялда гьениб меседил медалалъе мустахIикълъана Шамил районалъул ТIелекь росулъа МухIамадгIарип Мирзаев. 400 спортсменасда гьоркьоса чемпионлъун вахъарав гьевгун гьал къоязда дандчIвана «ХIакъикъаталъул» редакция. МухIамадгIарипида ракI-ракIалъ бергьенлъиги баркун, гьесулгун гьадинаб гара-чIвариги ккана.
— МухIамадгIарип, кида байбихьараб дуца чIорбутI речIчIизе?
— ЧIорбутI речIчIи нилъер бидулъго бессараб спорт бугин абула дица. ГьитIинаб мехалда росулъ, цIулал чIорбутIги гьабун, чIоралъул бегIераб рахъалда маххги рекъезабун, речIчIулаан чIорал. Политехникияб институталдаги цIалун, рукъалдеги вуссун, магIишат-яшавалда вугев дида чIорбутI ракIалдецин щолароан. 2016 соналда гьалмагъас абуна, рилълъа цо тиралда чIорбутI речIчIизе бажарулищали бихьизеян. Гьеб къоялдаса нахъе байбихьана дица чIорбутI речIчIизе мухIканго ругьунлъизе. Щайгурелъул гьеб буго нилъер диналъги къабул гьабулеб спорталъул тайпа. МухIаммад аварагасул (с.гI.в) чанги хIадис буго, чIорбутI речIчIизе вас ругьун гьавизе инсуда тIадаб бугилан бицунеб.
— Чан улкаялъул вакил гIахьаллъарав гьел къецазда?
— Югалъулаб Кореялда исана тIоцебесеб нухалда тIобитIана чIорбутI речIчIиялъул батIи-батIиял тайпаби гъорлъе рачараб Халкъазда гьоркьосеб кубок. Гьелда гIахьаллъана 32 улкаялдаса 42 къокъа. Кинавниги вукIана щунусгоялде гIагарун спортсмен. Гьенир тIоритIана гIадаталда рекъон чIорбутI речIчIиялъул къецал. Россиялда буго чIорбутI речIчIиялъул анлъго тайпа. Гьезда гьоркьоса бищунго захIматаб ккола гIадатияб (традиционный) тайпа. 2023 соналда Россиялъул гIадатияб чIорбутI речIчIиялъул къокъаялъул нухмалъулевлъун вищана нилъер дагъистанияв, лъарагIав Жамал Магьдибеков. Кореялдаги вищана гьев «Ассоциация традиционной стрельбы из лука» абураб гIуцIиялъул членлъун. Дунялалъулго Ассоциациялъул анкьго членасда гьоркьов вуго нилъеравги. Гьединаб къадруги гIелму-лъайги бугев чи вуго Жамал.
— ГIицIго тарихияб чIорбутI речIчIийищ Кореялда букIараб?
— Къецазул букIана ункъо номинация:
- «Жамбы ату» – гьеб ккола казахазул тарихияб спорт. Гьелда рекъон спортсменас чIорбутI речIчIизе ккола 30 метралъул манзилалда 150 сантиметралъул борхалъиялда кварида дализабураб ва 25 сантиметралъул борхалъиги 15 сантиметралъул гIеблъиги бугеб хьвагIолеб горалде. Гьеб горги букIуна меседалъул къотIел гIадин гьабураб. ЧIорбутI речIчIизе ккола кварида, гьеб тIезабурав чиясе щола доб кесекги.
- «Турецкая пута» — турказул тайпа. 70 метралда букIуна генул гIадаб сурат бугеб 110 сантиметралъул борхалъиги бищун гIебаб бакIалда 70 сантиметрги бугеб чIел.
- «Венгразул чIел» — гьениб чIел букIуна 90 метралъул манзилалда. Гьелъулги букIуна 60 сантиметралъул гIеблъиги 120 сантиметралъул борхалъиги. Гьеб букIуна ракьалда эхетизабун.
- Югалъулаб Кореялда бищунго рикIкIунеб ва кибго тIибитIизабизе гьезие бокьараб тайпа ккола 145 метралъул манзилалда чIорбутI речIчIи. ЧIелалъул борхалъи букIуна кIиго метргун 66 сантиметр, гIеблъи – кIиго метр. Цогидал чIелазда тIад хъван рукIуна, чIорбутI щвараб бакIалъе къимат кьолел тарихал, Кореялъул чIелалда гьел рукIунаро – бокьараб бакIалде чIор щваниги, чIел босараблъун рикIкIуна.
— Къецазул къагIида кинаб букIараб?
— ТIоцебе речIчIула квалификациялъе гIоло. Щуго чIор кьола щуцIул речIчIизе. Гьедин щварал хIасилазда рекъон риччала хадусеб бутIаялде. Квалификациялда дие щвана 18 очко. ГьедигIанго очко щвана анкьго чиясе. Цониги чIор щуйилалде щвечIо дир, жеги хIалбихьиялъул речIчIиялда гIахьаллъунги вукIинчIо, гьединлъидал дун ккана 14-абилеб бакIалде, гIезегIанго къуватав спортсменасде данде. 1/8 бутIаялда вукIарав 16 чиясда гьоркьов киналго рукIана кореялъулал, цохIо дун хутIизегIан. Цогидал тайпабазул къецазда гIахьаллъана Малайзиялъул, Белоруссиялъул, Казахстаналъул, нилъерав — Башкириялдаса ва цогидал улкабазул спортсменал. Дун вугеб бутIаялда букIана хIалуцараб къец – гьелда кидаго кореялъулавлъидал бергьунев вукIарав. 1/8 бутIаялде дун ворчIицин кIудияб рохел бугинги гьеб бергьенлъилъун рикIкIине бегьулинцинги абун, дида аскIове баркизе вачIана Россиялъул командаялъул тренер.
— Цого стадионалдайищ тIоритIарал киналго тайпабазул къецал?
— Кореялъе ругьунаб тайпаялъул чIорбутI речIчIиялъул къец тIобитIана хасаб, некIсиябинцин абизе рекъараб, гIицIго чIорбутI речIчIиялъе хIалтIизабулеб стадионалда. 30, 70 ва 90 метралде речIчIулезул къецал рукIана батIияб бакIалда. КIиябго стадионалда гьоркьоб букIана бащдаб сагIаталъул нух.
Стадионалде ниж щвана цогидал спортсменаздаса бащдаб сагIаталъ цере. Жамалица дида абуна, гьанже нилъ ругила гьалъул бетIергьаби. Цере рачIаразлъидал хадусел спортсменал къабул гьарулелан — дие ракI-макI гьабулев вукIана гьев. «Кореялъул спортсмен вуго жиндирго улкаялъул къадруялъе гIоло къеркьолев чи. Гьединлъидал досул рекIел хIалуцинги (спортивный мандраж) цIикIкIараб букIине буго. Кореялъулазда гьоркьове цохIо мунлъидал ккун вугев, дуда нахъа буго хутIараб кинабго дунял», — ан хабар бицана гьес дие.
Гьедин къецал байбихьизегIан ругел нижеда аскIове гIемерав чи вачIана. Дида тIад ретIун букIана чIегIераб чухъа. ХъахIаб партал тIад ретIарал корейцазда гьоркьов чIегIераб чухъа бугев дун «хъахIаб гъеду» гIадин вугилан махсара гьабулаан дица Жамалие. Чухъил каранда ругел гъазиралги рихьизарун, гьел сигара лъезейищ гьарун ругелан цIехолдана Югалъулаб Кореялъул спортсменал дида. БичIчIизабунаха, гьеб миллияб партал бугин ва гьениб тункIил хер балаанин абун.
— Кореялъул халкъалъ кин къабул гьавурав жидер миллияб спорталда бергьенлъи босарав чияр ракьалъул вакил?
— Кутакалда аваданал, гьитIинаб жоялдасаги рохулел гIадамал ратана гьел. Спортивияб яхI бугел, къедал къадруялда рукIине лъалел спортсменал руго гьел. Къецалъул щибаб бутIаялда бергьенлъи босанщинахъе квер бачунаан, къвал балаан гьезул спортсменас. 1/4 бутIаялда дида данде вукIарас, чIор речIчIун хадуб чIелалъухъ балагьизецин инчIого, дида къвалги бан, дир квер эхеде борхана. Бащдаб финалалда дун бергьиндал, дозул спортсменас дир квер бачана ва цадахъ сураталги рахъана.
Меседилаб финал букIана хадусеб къоялъ. Къецал байбихьилелде щивасул чIорал лъолеб бакIида диргоялги лъуна дица. Дида данде чIор речIчIизе вугев спортсменас, дихъа ихтиярги босун, мухIканго халгьабуна чIоразухъ ва, гьезул цоябги босун, дида аскIове вачIана. Гьеб рачIалдаса кьватIун бугоан. Гьаб речIчIизе бегьулароян бичIчIизабуна гьес дида: гIужде щвеялъе квалквал букIуна жагъаллъараб чIор речIчIани. Гьелъги бихьизабуна кореялъулазул дандиязде жахIда гьечIолъи.
ГIадатиял гIадамалги рачIунаан аскIоре гьикъаризе. Чан сон бугебан гьикъидал, дица бицана 60-ян. ХIикмалъана гьел ва «Опа!», — ян ахIана. Гьеб щибин абураб жоян гьикъидал, «кIудияв вац» абураб магIна ккола гьелъулан абуна. ГьитIинав вац кинха букIунебан гьикъана дица. «Тен сен», — ан бицана. Гьелдаса нахъе дида Опаян, дица дозда Тен сенан гьабулаан калам.
Дозул вукIана цо къадруяв спортсмен. Финалалде ворчIичIо дов. Гьес ниж рачана жидерго спортзалалде ва дие сайгъат гьабуна 16 чIорги жиндирго цIар тIад хъвараб чIорбутIазда балеб горги.
— Финал цIакъ хIалуцараб букIун буго къецалъул…
— Финалалдаги ихтияр кьуна лъабцIул щу-щу чIор речIчIизе. Дица речIчIун, дос речIчIун – хIасил бащадго ккана. Нахъеги кьуна щу-щу чIор кIиязухъего, гьединго иргадал речIчIизе. Щуябго досулги гIужде щвана, дирги. Нахъеги кьуна щу-щу чIор щивасухъе. Абуна, цоясул чIор гIужде щвечIого хутIизегIан речIчIизе кколилан. Дандияс речIчIараб тIоцебесебго чIор гIужде щвечIо, дираб щвана.
— Сунца дуе кумек гьабураб гьеб тIадегIанаб бергьенлъи босизе?
— Аллагьас. Гьесул хIалкIолъиялдалъун буго кинабго. Финалалде щвезегIан, цониги нухалда щуябго чIор гIужде щвечIо дир. Цо нухалданиги киналго чIорал гIужде щвезаризе кумек гьабеян гьардана дун БетIергьанасда – финалалда гьедин ккана.
Инсанасда бер ккола, рекIелъ хIинкъи-сороди бачIуна. Гьел жалазукьа цIуниялъул мурадалдаги, къецалъул щибаб бутIаялда гьоркьосеб заманалда Къуръаналъул аятал цIалулаан дица, Аллагьасул квербакъи гьарулаан. ЧIор гIужде щун бугищ, чан очко щвараб – киналъулго халги гьабун, судияв аскIове щвелалде, анкьцIул аятал цIализе рес букIана дир.
Кумек гьабуна къецазда гIахьаллъулел рукIарал спортсменал-бусурбабаз дир рахъкквеялъги. Щибаб бутIаялда дир бергьенлъиялъе «Аллагьу акбаран!» ахIулаан гьез цадахъго.
P.S. Югалъулаб Кореялда тIобитIараб турниралда гIахьаллъараб Россиялъул командаялда вукIана щуго спортсмен. Гьезда гьоркьоб М. Мирзаевасе щвана меседил медаль. Цогидал тайпабазда спортсменазе щварал хIасилалги кьочIое росун, 32 улкаялдаса 42 командаялда Россиялъул командаялъе щвана щуабилеб бакI. Дагъистаналда ва Кавказалда цохIо вугев халкъазда гьоркьосеб классалъул спорталъул мастер МухIамадгIарип Мирзаевасе хадусел къецаздаги икъбал гьарана нижеца гара-чIвариялъул ахиралда.
Гара-чIвари гьабуна К. Сулеймановалъ.
