Ахирзаманалъул гIузру

Ахираб анцIго соналда жаниб Россиялда рак унтиялъ унтаразул къадар 20 проценталъ цIикIкIанин абулеб буго Россиялъул бетIерав онколог Андрей Каприница. Жеги анцIго соналдасаги гьединабго къадаралъ цIикIкIине бугин дунялалдаго онкологиялъ унтаразул къадарин баян гьабулеб буго жидерго сайталда РФялъул Минздравалъул пресс-хъулухъалъги.

 

ЧIахIияб ригьалъул гIадамаз бицунеб рагIула, жидер заманалда онкология абураб унтиго дандчIвалеб букIинчIин, ресукъго ругониги жидецаго гIезабураб бацIцIадаб нигIматги кванан рукIунаанин, заралиял кванил нигIматал цIикIкIиналъ багъарараб унти кколин гьеб абун.
ХIакъикъаталдаги ахирзаманалъул гIузруйищха рак унти кколеб? Гьеб гIузруялде данде къеркьеялде пачалихъалъ кигIанго кIвар кьуниги, унтаразул къадар щай цIикIкIунеб бугеб?
Онкология сундаса лъугьунеб ва кинаб дару-сабаб гьабизе бегьулебали хъварал гIемерал макъалаби ратула Интернеталдаги. Камуларо гьеб унти сах гьабулин абун гIадамал махсараде кколелги, унтун ругин гьерсал рицун гIарац гьабулелги. Кинал бигьалъаби ва ихтиярал рихьизарун ругел онкологияб унти бугезе?
2024 соналде щвезегIан онкологиял унтабазде данде къеркьеялъе триллион гъурущ биччазе бугин бицунеб буго Минздравалъул онкологаз. Сунда тIад хвезабизе бугеб гьеб гIарац ва кин гьелъ унтаразул гIумру хисизабизе бугеб?
РекIел унтабаздаса хадуб кIиабилеб бакIалда буго онкологиял унтабаздалъун гIадамал хвей. Онкологазда цебечIараб масъала буго 2024 соналде щвезегIан рак унтудаса гIадамал хвеялъул къадар 100 азарго чиясда гьоркьоб 185 чиясул къадаралде бачIинабизе (2018 соналда – 100 азаргоясда гьоркьов 222 чи). Рак унтудаса холезул къадар дагьлъизабизе бажарулин рикIкIуна гьеб унти байбихьудаго тIатинабизе кIвани.
Жакъа къоялда 56 процент гIадамазул тIоцебесеб ва кIиабилеб даражаялда бугеб рак унти тIатинабизе кIолеб буго. АнцIго соналъ цебе — байбихьудаго рак унти тIатинабизе кIваразул къадар 33 процент гурони букIинчIо.
Ахирал соназда онкологиял унтаби цIикIкIиналъе гIиллабазул цояблъун онкологаз рикIкIунеб буго, гьеб унти хехго тIатинабизе бажарулел медицинаялъул къагIидаби ва технологиял церетIеял рукIин. Дунялалдаго гьарулел медицинаялъул цIех-рехазул 50 процент ккола онкологиял унтаби тIатинариялда ва сах гьариялда бухьараб. Рак унти лъугьиналъе гIилла бихьизабулеб гьечIониги, унти багъаризабулеб ахIвал-хIал лъалеб буго онкологазда. Гьелде дандечIеялъе кIвар бугеб ишлъун рикIкIуна иммунитет щула гьаби, гьелда гъорлъе уна пайдаял нигIматал кванаялда тIадчIей гьабиги, стрессалъулал, ццим бахъунел лъугьа-бахъиназдаса цIуниги. ХIатта, онкологиял ва цогидал захIматал унтаби ругезе дунялалъулго медицинаялда паллиативияб кумек бихьизабун буго.
Паллиативиябин абула захI­матго унтаразе ракIбатизе, гье­зул дунялалдаса тIубанго ракI­буссинаредухъ психоло­газ гьабулеб кумекалда. Гьел­да рекъон, унтаразе гуреб­ги, психологияб кумек щве­зе ккола унтаразул цебесеб гIагарлъиялъеги. Араб гIас­руялъул 80-абилел соназ­да байбихьана дунялалдаго паллиативияб кумек гьабулел гIуцIаби ва медицинаялъул идарабазда отделениял рагьизе.
Дагъистаналдаги МахIач­хъа­ла­лъул тIоцебесеб клиникияб больницаялда хIалтIулеб буго паллиативи­яб кумекалъул отделение. «Вера» гур­хIел-рахIмуялъул фондалъул учре­дитель Нюта Федермессерица, улкаял­даго гьабулеб паллиативияб кумекалъул бицунаго, нилъер республикаялда унтаразе гьабулеб паллиативияб кумек цIакъ беццана РФялъул президентасулгун букIараб гара-чIвариялдаги.
— Дагъистаналда лъидаго малъизе кколаро унтарав гIагарав чи рокъове вачеян. Унтарав чи больницаялда хвезе рехун толаро гьез. ГьитIинго захIматаб унти бугел психоневрологияб диспансералде яги интернаталде кьун рукIарал унтаралцин сахлъизе гьечIеблъи лъайгун гьез рокъоре рачуна. Республикаялда бакIазде хьвадулеб паллиативияб хъулухъ гьечIонигицин, гьенир гIумру гьабун ругел гIадамазул гIагарлъиялдехун бугеб къиматалъ ва рокьиялъ цебетIун буго сах гьаризе кIоларел унтаразе гьабулеб кумек», — ан бицана гьелъ.
Паллиативияб кумекалде хIажаталлъун гIемерисеб мехалда онкологиялъ унтарал гIадамал рикIкIуна. ГIемерисеб мехалда гьабулеб даруялдасаги гьединал унтаразе тохтурзабазул берцинаб кIалъай, гIагарлъиялъул рахъалдаса кверчIвай лъикIаб букIунин рикIкIуна. Нужеда кин ракIалде кколеб? Онкологиял унтаби ругел, тIоцебесеб иргаялда, кинаб кумекалде хIажат ругел?
ГIагарлъиялда гьоркьоб бу­кIа, мадугьалихъ букIа гьеб гIузрудул кьогIлъиялда берчIвачIев чи къанагIат гурев ватиларо. Рак унти жидер яги гIагарав чиясул букIин лъайдал тIоцебе квер бегьизе бакI лъаларого хутIула гIемерисел, амма гьелда гъорлъе лъугьун хадуб тохтурзабаздасаги лъикI лъалеб батула жидерго унтул хIакъалъулъги. Гьединаб ахIвал-хIалалде ккараз, цогидазеги гIемерал малъа-хъваял гьарула. ДандчIвала гьеб гIузруялдаса хвасарлъаралги, гьелде дандечIезе къуват гIуралги.