Авар адабияталъул тарихалда кIвар бугеб лъугьа-бахъин

2021 соналда басмаялда бахъана Дагъиста­налъул халкъияв хъвадарухъан, машгьурав ма­гӀарул прозаик, шагӀир, таржамачи ва критик МухӀамад ГӀабдулхӀалимовасул «Эркен­лъия­лъул багьа» абураб лъабго тӀехьалдаса гӀу­цӀараб тарихияб роман.

Авар адабияталъе тарихияб роман цӀияб жанр гуро. Араб гӀасруялда МухӀамад Хуршиловас хъвана «Сулахъалъ нугӀлъи гьабула», МухӀамад Сулимановас – «Огниялда», Муса МухӀамадовас – «Къисас» абураб трилогия. Советияб заманалдаса хадуб авар адабият бечед гьабуна Машидат Гъайирбеговалъул «Имам Шамил», ГъазимухӀамад ГъалбацӀовасул «Суракъат», Шапи Казиевасул «Шамил имам» ва «АхӀулгохӀ» (гӀурус мацӀалда) ва цогидал тарихиял романаз. «Эркенлъиялъул багьа» ккола гьанже заманалда хъвараб тӀоцебесеб роман-трилогия. Гьелда бицунеб буго миллияб тарихалда 200 соналда жанир (1681-1877 с.с.) ккарал тарихиял лъугьа-бахъиназул хӀакъалъулъ. Сюжет гӀуцӀун буго унго-унгоял гӀадамазул гӀумруялда ккарал хӀакъикъиял лъугьа-бахъиназул кьучӀалда, руго авторас ургъарал багьадуралги.

ГӀагараб ракьги эркенлъиги цӀунулаго, гӀум­руялда барахщичӀого, рагъулел рукӀарал Да­гъистаналъул халкъазул бахӀарчилъигун къо­хӀе­хьей ва къвакӀи бихьизабулеб буго авторас романалда. Аслиял лъугьа-бахъинал ккола хъва­дарухъанасул ватӀаналда – ТӀелекь росулъ. Гьениб халкъалъе гӀакъуба-гӀазаб кьолеб буго Гъазигъумекиса МухӀамад-ханасул наслабазул щуабилеб кьералъ – росдал бегавул Чупаницаги гьесул кӀудияб гӀагарлъиялъги (ХӀамзатхан, АмирхӀамза, Турулав ва гьезул лъимал). Гьез хъамал гьабула халкъалъул боцӀи; зулму гьабун, жидедаго цере хӀалтӀизе тӀамула гӀадамал; инжит гьарула руччаби. Романалда гьел рихьизарун руго гӀицӀго жидерго бечелъи цӀикӀкӀинабиялъул гурони ургъел гьечӀел бахьикъосарал гӀадамаллъун.

Руго цогидалги багьадурал – халкъалъул рахъкколел, гьелъие хӀалае рахъунел. Гьединаллъун ккола Къебед-МухӀамад дибирги гьесул гӀадлу-низамалда чӀолел чагӀиги. КӀиябго къапилаялда гьоркьоб буго даимаб питна, кидагосеб кьал ва дандеккунгутӀи.

Романалда бицунеб буго эркенлъиялъе гӀо­ло магӀарулаз гьабураб къеркьеялъул хӀакъа­лъулъги. КъебедмухӀамад-дибир вукӀана Кавказалъул рагъул жигарав гӀахьалчи. Гьесул нухмалъиялда гъоркь гӀемерал тӀелкьалги гӀахьаллъана гьеб рагъулъ. Гьеб къеркьеялда гӀахьаллъулаго, загьирлъана МухӀамад Ярагъиясулги, ГъазимухӀамад, ХӀамзат ва Шамил имамзабазулги, гьезул ишцоязулги тӀадегӀанлъиги гӀадамазда гьоркьоб гьезул къадру букӀинги.

Романалда рихьизарун руго гӀадатияб хал­къалъул бахӀарчилъиги, документалиял хӀу­жабиги, тӀехь цӀализе гъира базабулел лъу­­гьа-бахъиназдаса махщалида гӀуцӀараб сю­жет­ги ва бищун аслияб — рекӀее асар гьабиги, ас­лиял багьадуразул къваридаб къисмата­­­лъу­л хӀакъикъатги, халкъалъул бергьенлъабигун къварилъиги. Гьеб кинабго бихьизабизе хъвадарухъанас кӀвар кьолеб буго магӀарулазул рукӀа-рахъиналъул мухӀканал хӀужабазде ва гьединлъидал тӀехь цӀалулесда цебечӀолеб буго халкъалъул гӀумруялъул такрарлъи гьечӀеб хӀакъикъат.

«Эркенлъиялъул багьа» абураб романалъе хасиятаб буго тарихияб мухӀканлъи. Авторас кьочӀое росулел руго хӀакъикъиял лъугьа-бахъинал, тарихияб гӀелмуялъ тасдикъ гьарурал баянал. ГӀемерал ва батӀи-батӀиял гӀадамазул си­патаздалъун гьес бицунеб буго халкъалъул гӀумруялда кӀочонареб лъалкӀ тарал кӀудиял хиса-басиязул хӀакъалъулъ. Романалъул багьадураз гӀумру гьабулеб буго бичӀчӀизе захӀматаб ва хӀалуцараб заманалда. Авторасухъа бажарун буго гьезул эпикияб сипат гӀуцӀизе, замана­лъулги бакӀалъулги хаслъи рагьизе, доб заманалъул хӀакъикъат художествияб къагӀидаялъ цӀи гьабизе. Цебесеб тарихалъул хӀакъалъулъ бицунеб бугониги, романалъул багьадурал тӀехь цӀалулесда церечӀола чӀагоял, ай гьабсагӀаталда жамгӀияб гӀумруялда жигараб гӀахьаллъи гьабулел, унго-унгоял бахӀарзаллъун. Гьелъие кумек гьабула доб заманалъул халкъалъул жамгӀияб хӀаракатги, идеологияги ва психологияги рагьизе бугеб хъвадарухъанасул бажариялъ. Гьединаб художествияб асаралъ рекӀее гъваридаб асарги гьабула, халкъалъул тарих лъазабизе гъираги базабула, хасго гӀолилазулъ.

ТӀехь хъван буго бечедаб, сипатияб ва берцинаб магӀарул литературияб мацӀалда.

Миллаталъе кӀудияб кӀвар бугел лъугьа-бахъиназул тема рагьулаго, М. ГӀаб­дул­хӀалимовас загьир гьабун буго халкъалъул тарихалдеги, гьелъул рекӀел унтиялдеги бугеб жиндирго бербалагьи. Гьесул мурад буго гьеб тарих наслабазул рекӀелъ цӀуни, некӀсиял умумузул рухӀияб дунялалде жакъасел ма­гӀарулазе нуцӀа рагьи ва эркенлъи бокьулел, гьелъие гӀоло гӀумруялда барахщичӀел умумузул адаб гьабизеги къадру цӀунизеги жакъасел наслаби ахӀи.

«Эркенлъиялъул багьа» абураб М. ГӀабдул­хӀалимовасул роман-трилогиялъ мустахӀикъаб бакӀ кквела гьанже заманалъул магӀарул адабияталда.

Маржанат ХӀажиахӀмадова, Дагъистаналъул пачалихъияб университеталъул Дагъистаналъул халкъазул адабиятазул кафедраялъул доцент