КIудияб ВатIанияб рагъул кор боркьараб 1942 соналда, гIарзаги кьун, фронталде ана Болъихъ районалъул Хелекьуриса СултIан ГIабдусаламов. Рокъор хутIана гьесул лъади ва лъабго гьитIинав вас. Гьеб заманалда гьезул бищунго гьитIинав Абулкъасимил букIана лъагIелги анлъго моцIги.
КIудияб ВатIанияб рагъ лъу-гIидал, рокъове эмен вуссараб заманалда, Абулкъасим вукIана анлъго сон барав вас. Фронталда щварал инсул рагъулал шапакъатаздаса вохун вукIунаан гьев. Амма рохелалда цадахъ рокъосезе рахIат хвезабулеб букIана СултIание фронталда щварал ругъназ гIакъуба кьолеб букIиналъ. Инсуеги, жеги судулел ругъналгун рагъдаса тIадруссарал цогидал росуцоязеги ва унтаразеги хIакъикъаталдаги гьечIеб медицинаялъулаб кумекалъ бижун батила Абулкъасим СултIановасулъ тохтурлъун вахъине анищ. Гьесул гIумруялъул 14 сон тIубайдал, ахираталъул рокъове ана эмен. ЛъикIал къиматазда лъугIизабуна Хелекьури росдал анкьгосонилаб школа, хадусеб цIали гьабизе ана Болъихъе, гьенив вукIана интернаталда.
Болъихъ росдал школа лъугIарав гIолилас хIукму гьабуна Буйнакскиялъул медицинаялъулаб училищеялде цIализе лъугьине, гьенив педагогикияб училищеялда цIалулев вукIана Абулкъасимил кIудияв вац Гъазлудинги.
Буйнакскиялъул медучилищеялда цIалулеб заманалда Абулкъасимица жигараб гIахьаллъи гьабулаан жамгIиябгун спортивияб гIумруялъулъ. Гьев вищун вукIана училищеялъул комсомолалъул комитеталъул секретарьлъун, волейболалъул командаялъул капитанлъунги.
Медучилище лъугIизе хутIун букIана ункъо моцI. Абулкъасим ахIула Буйнакск шагьаралъул ра-гъулаб комиссариаталде ва Советияб Армиялда рагъулаб хъулухъ гьабизе ине кколилан лъазабула. Гьедин, 1961 соналда гьев витIула СССРалъул МВДялъул жанисел аскаразда рагъулаб хъулухъ гьабизе Свердловск шагьаралде. МагIаруласул къамартIлъиги рагъулаб хIадурлъиги бихьидал, часталъул командованиялъул цебелъеялда рекъон, Уралалъул рагъулаб округалъул рагъулабгун тохтурзабазул комиссиялъ (ВВК) Абулкъасим СултIанов цIализе витIана санитариял инструкторазул, Вильнюсалда букIараб школалде. Гьениб медицинаялъулаб комиссия гьабулаго, терапевтлъун хIалтIулев подполковник Дадоновас дагъистаниясда цIехола мун киса, кив цIаларавин, кин гьеб школалде ккаравин. Абулкъасимица жавабал кьедал, гьес гIолохъанчиясда малъула, Буйнакскиялъул медучилищеялда рагIалде бахъинчIеб цIали, Вильнюсалъул медучилищеялда лъугIизабизе рес кьеян, санинструкторазул школалъул директорасухъе гIарза хъваян. А. СултIановас подполковникас ма-
лъухъе гьабула, амма гьесул гIарзаялъе школалъул директорас инкар гьабула ва гьес Литва ССРа-лъул МВДялъул министрасухъе цIидасан гIарза хъвала.
— Цо къоялъ рагъулаб часталде бачIана Литваялъул жанисел ишазул министрас дида хадуб битIараб машина, — ян ракIалде щвезабуна Абулкъасимица. — Дун гьесухъе вачана, гьесги воха-хинлъун къабул гьавуна. Щиб, дир вас, мун къварид гьавулевищ вугевилан цIехана. Гьесул буюрухъалда рекъон, дие кьуна Вильнюсалъул медучилищеялде дарсазде хьвадизе пропуск.
Гьедин, Буйнакскиялъул мед-училищеялда гьоркьоса къотIун букIараб цIали Абулкъасимица лъугIизабуна Вильнюсалъул медучилищеялда ва гьениб гьесие щвана кIиго мацIалда хъвараб дипломги. Санинструкторазул школаги мед-училищеги лъугIизабун, Свердловскиялде тIадвуссарав Абулкъасим тIамуна рагъулаб часталъул санитарияб бутIаялъул фельдшерлъун. Гьев часталъул коммунистаз КПССалъул кьеразулъе восула ва гьесул тIадегIанаб медицинаялъулаб лъай босизе пикру ккола. Рагъулаб хъулухъалъул заман лъугIизе лъабго моцI хутIидал, гьес часталъул командованиялде гIарза хъвала жив мединституталде цIализе лъугьине экзаменазде хIадурлъизе виччаян. Гьесул гьари къабул гьабула ва Свердловскиялъул медицинаялъулаб институталде экзаменалги кьечIого восулев вукIарав гьев Дагъистаналде тIадвуссуна. Доб заманалда ДГМИялъул вукIарав ректор МухIамад Макъсудовас жиндихъего вачIарав гIолохъанав сержантасда лъазабула, мун киназего гIаммал шартIазда цIализе восизе вугин. Абулкъасим СултIановас бергьенлъиялда кьола ДГМИялде цIализе лъугьиналъул экзаменал ва 1964 соналъул тIоцебесеб сентябралда байбихьула сах гьариялъулаб факультеталда цIализе. Дагъмединституталда цIалулеб анлъго соналда жаниб А. СултIановас тIадчIун лъазаруна медицинаялъулал гIелмаби, цIикIкIун бокьулаан нейрохирургия, гIахьаллъи гьабулаан машгьурав нейрохирург, жиндирго районцояв Рашидбег ГIумахановас нухмалъи гьабулеб букIараб студентазул гIелмияб кружокалъул хIалтIулъ. ЦIалиялда цадахъго, рокъосан рес гьечIолъиги хIисабалде босун, Абулкъасим хIалтIана ДГМИялъул кафедраялъул лаборантлъун, республикаялъулаб централияб больницаялъул нейрохирургиялъулаб отделениялда фельдшерлъун.
1970 соналда мединститут багIараб дипломалда лъугIизабурав Абулкъасим гьенивго ординатураялда цIализе ва хIалтIизе тезе кколаан. Гьеб нухалдаги ректор Макъсудовас гьеб хIужа хIисабалде босичIо ва СултIанов хIалтIизе витIана Марий-Эл республикаялде. Иошкар-Ола шагьаралъулаб больницаялда байбихьана гIолохъанав хирургасул захIматалъулаб хIаракатчилъи ва гьеб гьоркьоса къотIичIо 50-гIанасеб соналъ.
ГIадамал хирияв, хабар гьуинав, гьабулеб ишалде гъира бугев Абулкъасим гьеб больницаялъул коллективалъ къабул гьавуна, камиллъана махщелги. Амма тIадеги лъай босизе бугеб гъираялъ гьесие рахIат толеб букIинчIо. Гьесул анищ тIубазе кIудияб кумек гьабуна доб заманалда ДАССРалъул сахлъи цIуниялъул министрлъун вукIарав Наби Къураевас.
— Гьес Дагъистаналъул Сахлъи цIуниялъул министерствоялъе кьун букIараб цо бакI (квота) дие кьуна, ва дун цIализе лъугьана Казаналъул мединституталъул клиникияб ординатураялде, — ян ракIалде щвезабуна Абулкъасимица.
МахIачхъалаялъул порталъулаб больницаялда хIалтIулев вукIарав Дагъмединституталъул хирургия-лъулаб кафедраялъул нухмалъулев, профессор Герай Гераевасул гьариялда рекъон, 1976 соналда ординатура лъугIизабун хадуб, Абулкъасим тIадвуссана Дагъистаналде ва хIалтIизе лъугьана гьеб больницаялъул хирургиялъулаб отделения-лъул заведующийлъун.
Хирургиялъулаб махщел камиллъизабиялда цадахъго А. Сул-тIанов хIалтIана медицинаялъулаб гIелмуялда тIадги. 1981 соналда Казаналъул мединституталда «Перитонит сах гьаби» абураб темаялда гьес цIунана медицинаялъулал гIелмабазул кандидатлъиялъе диссертация.
Дагьал гьечIо СултIановасул цIар хIурматалда рехсолел гIадамал. Масала, Татарстаналъул Шаймурзино станциялдаса Роза Абдракиневалъ щибаб байрамалда баркалаялъул кагъат бачIунаан тIадбуссинабураб сахлъиялъухъ. Гьединго баркалаялдалъун А. СултIанов ракIалде щвезавула Тарумовкаялдаса Сергеевазул, МахIачхъалаялдаса Ямовазул, Хановазул, Южно-Сухокумскиялдаса АхIмадовазул, Гъизилюрталдаса ХIамзатовазул ва анцI-анцI цогидалги хъизамаз.
ХIамид Аскерхановас абуна Абулкъасим СултIанов вугин Дагъистаналъул бищунго лъикIал, махщел бугел хирургазул цоявилан.
— ТIолабго гIумруялъ, ай 50 соналъ, гьес сах гьаруна ва хваликьа рорчIизаруна аза-азар чи. Гьев вуго гьунар бугев гIуцIарухъан, гIалимчи, ритIухъав гьалмагъ, жинца гьабулеб ишалдехун тIадегIанаб жавабчилъи бугев магIарулав. Дирго эбелалъе захIматаб операция гьабизе дица гьесде божилъи гьабун букIана, — ян.
Гьесие кьуна «ДРялъул муста-хIикъав тохтур», «РФялъул мус-тахIикъав тохтур» абурал цIаралги. Дагъистаналъул пачалихъияб медицинаялъулаб академиялда цере гьарурал хъулухъазе гIоло гьеб идараялъул медалалъе мустахIикълъана, гьединго кьуна «ЗахIматалъул ветеран» медальги. Гьев восун вуго Дагъистаналъул КIудияб Энциклопедиялдеги (БЭД).
Жиндирго гIумруялъул гьудул Илажугьарида цадахъ гьез гIезабуна лъабго лъимер: кIиго вас ва цо яс. Гьесдаса мисалги босун, гьесул васасги ясалъги инсул махщел тIаса бищана. Яс Мадинаца лъугIизабуна Дагъистаналъул медакадемиялъул стоматологиялъулаб факультет. Хадубго лъугIизабуна гьебго факультеталда клиникияб ординатураги, Москваялъул медицинаялъулгун стоматологиялъулаб университеталда аспирантураги. Гьениб гьелъ цIунана медицинаялъулал гIел-мабазул кандидатасул цIаралъе диссертация. ГьабсагIаталда хIалтIулей йиго Дагъмедуниверситеталъул терапиялъулаб стоматологиялъул кафедраялда ассистентлъун.
Инсул нухдасан унев вуго вас Шамилги. 1995 соналда, Дагъмедакадемияги лъугIизабун, гьевги вахъана хирурглъун.
1999 соналда хирургиялъулаб ординатураги лъугIизабун лъугьана аспирантураялде ва 2002 соналда бергьенлъиялда цIунана медицинаялъулал гIелмабазул кандидатасул цIаралъе диссертация.
Шамил СултIанов хIалтIулев вуго Дагъмедуниверситеталъул госпиталияб хирургиялъул кIиабилеб кафедраялда. Абулкъасимил цогидав вас Дамирица лъугIизабуна Дагъистаналъул пачалихъияб техникияб университет, хIалтIулев вуго инженерлъун.